Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб



Дата09.09.2017
Размер181.44 Kb.
#29865
Мух1амад Х1АСАНОВ
ГЪУНИБ
Дир къадруяб Гъуниб,

Ц1ар бугеб Гъуниб,

Ц1умаз роржен лъураб

Борхатаб Гъуниб.


Г1елму-лъаялъ кибго

Кьалбал риччараб

Зодихъе г1унт1араб

Г1агараб Гъуниб.


Бакъуй керен кьураб

Кьурул каранда

Как Имамас бараб

Умумузул ракь.


Г1андаллъиялъул ракь,

Бах1арзазаул ракь,

Багьадурал васал

Г1езарураб ракь…


Гьаб дуниялалда

Ч1ч1ел босун щварав

Ч1охъаса Г1алиев

Г1еларищ мисал.


Ралъдал чохьонисан

Чабхъен гьабурав

Х1ажиев Мух1амад

Мох1оса гурищ?


К1уяда Саг1идил,

Ругъжаб Саг1долал

Сапар байбихьич1ищ

Борхатаб Гъуниб?

Рагъул гъугъаялда

Гъалбац1лъун ч1арав

Х1амзатовас тана

Тарихияб ц1ар.


Ц1вабзахъе г1унт1арав

Т1олбоевасе

Т1адмаг1арулаца

Гьабула салам.


Бах1арзазул кьерда,

Загьид, мун вуго

Муг1рузул кьваригун,

Кьурун михъалгун.


Кьилимег1ералъул

Борхалъиялда

Хъвала маг1арулаз

Мун, Г1адилгерей.


Афгъанистаналъул

Гъугъай ч1инт1арав

Ч1ух1ула Дагъистан

Дудаса, Г1умар.


Г1андалазул ракьалъ

Куцарал лъимал,

Кибго ц1ар раг1арал

Ц1а г1адал васал…


Ц1обалъе, х1алае

Гьал улбул-яцал.

Гьезул х1алимлъиялъ

Х1ал г1олел рак1ал.

2.

Г1елмуялъ лъалъараб



Ч1охъги Сугъралъги.

Ч1ух1ула даим рак1

Дур бергьенлъабаз.
Г1абдурах1манх1ажи,

Исмаг1ил Дибир,

Диналъе рух1 кьурал

Нилъер умумул.


Салт1а Узунх1ажи,

Мох1ов Дамада –

Даим наслабазе

Хут1ила ц1арал.


Мух1аммад-Аминил

Ирс щула ккурал

Щукру Аллагьасе

Анир г1адамал.


Надирил аскарал

Нахъе хъамураб –

Хвалчен бег1ерана

Чарамул рак1аз.


Улка хараблъидал,

Хвелгун къеркьарал

Къадру борхат ккуна

Данияловаз.


Г1анхил Мариница,

Дов Элдарилас

Алфазал кьун тана

Тарихалъ хъвазе.

3.

Г1абдулмажидица,



Г1умаржаница

Г1уц1ун адабият

Тана ракьалъе…
Рек1ел аслуялъул

Алфазалъ угьун,

Ах1мадовас кьуна

Кьолораб раг1и.


Абулеб пасих1ал,

Пикру гъваридал

Поэтаз ц1унана

Ц1ар наслабазе.


Нотаби гъваридал

Гъираял бакънал

Къалмиде росана

Варис Нуровас.


Мусаяв Халилбек,

Халкъалъе дуца

Хвел гьеч1ел рикьана

Рек1ел асарал.


Идармачевазгун

Мах1ат1иловаз

Х1алч1ахъаял васал

Куцазаруна.


Къебедх1ажиеваз,

Дол Пироговаз

Даимаб сахлъиги

Сайгъат гьабуна….

4.

Сахал г1адамаца



Г1умру т1егьалеб,

Т1олго дунялалда

Дур ц1ар раг1араб.
Ц1умаз роржен лъураб,

Дун жанив г1ураб,

Г1умру г1уц1улезе

Нуц1а рагьараб…


Рорхатал кьурабаз

Кьалбал гъваридаб.

Дие мун бокьула

Г1агараб Гъуниб.


Гъуниб – дир борхалъи,

Дир ц1алеб х1ухьел,

Х1алт1уе рижарал

Васазул Ват1ан.


5.


Мух1амад Х1АСАНОВ
ВАТ1АН
Дир росуги - дир Ват1ан,

Дир районги – дир Ват1ан,

Дагъистанги – дир Ват1ан,

Россияги – дир Ват1ан.


Т1оцебе лъим гьекъараб

Дир къулг1аги – дир Ват1ан.

Г1иял-кьаг1и кьурдулеб

Кьилимег1ер – дир Ват1ан.


Кьурул борхалъиялда

Бараб хъошги – дир Ват1ан.

Доба к1амуриялъул

К1алг1аги – гьеб дир Ват1ан.

Ясазе ах1улел:


  1. Йохулаго к1ал берцин,

  2. К1алъалаго ца берцин.

  3. Чурич1ого берк1ал хъах1,

  4. Хъвач1ого кьенсер ч1ег1ер. Гьарс. (Кьурди).




  1. Эгъегун гъал бащадай

  2. Гъунисезул меседу.

  3. Гъалгун габур бащадай

  4. К1к1уядерил сурах1и. Гьарс. (Кьурди).




  1. Маржаназул керен ц1ун,

  2. Школалда ятаги.

  3. Курхьабазул гъуждул ц1ун,

  4. Клубалда йихьаги. Гьарс. (Кьурди).

Васазе ах1улел:




  1. Ярагъ чаран, чу гьалаг,

  2. Чвархъан вегьила т1аде.

  3. Чу гьалагав багьадур

  4. Рещт1ина Ват1аналда. Гьарс. (Кьурди).




  1. Эгъе хъах1аб чу рек1ун,

  2. Чвархъиялда вегьила.

  3. Чол багьаяб кьили лъун,

  4. Кьурдулаго вегьила. Гьарс. (Кьурди).




  1. Берал берцин, цидул т1инч1,

  2. Цаби берцин, г1анк1ил т1инч1.

  3. Г1амал берцин, бац1ил т1инч1,

  4. Балъго лъалеб, царал т1инч1. Гьарс. (Кьурди).

Цадахъ ах1улеб:




  1. Мокъокъ буго къвакъвалеб

  2. Къаси жиб берталъеян.

  3. Микки буго гъулгъулеб

  4. Гъарим жибги бачеян. Гьарс. (Цадахъаб кьурди).

ФОТО


Магомед Алиханович ГАСАНОВ
родился 6 января 1961 года в с.Куяда Гунибского района РД. Его перу принадлежат книги: «Песни родника» (1998 г.), «Куяда в истории и в преданиях» ( 1999 г.), «Рассвет» (2000 г.), «Мой высокий Гуниб» (2001 г.), «Высота» (2011 г.), для детей «Рассказы» (2011 г.) и «Вставай рано утром» (2012 г.),

«Родина – Дагестан» (2013 г.), «Тропа жизни» (2014 г.), «Мгновение» (2014 г.), «Совесть» (2015 г.).

Член Союза писателей России, член Союза журналистов России, заслуженный работник общего образования РФ.

Женат, имеет четверых детей.

Ц1АДАСА Х1АМЗАТ
ЭБЕЛ, ЯС ВА БАЗАРГАН

(Сценарий)

Гьоркьор г1ахьаллъула:


  1. Эбел.

  2. Яс.

  3. Базарган.

Пардав рагьарабго экраналда цебе рехун бач1уна Ц1АДАСА Х1АМЗАТИЛ «ЭБЕЛ, ЯС ВА БАЗАРГАН» абураб хъвай-хъваг1ай ва цо бат1ияб формаялда рет1а-къарав базарганасул сурат ( слайд).

Гьенибго сценаялда цере рахъуна миллияб формагун эбел ва базарган. Аск1обго т1ибит1ун бук1уна базарганас бач1араб бат1и-бат1ияб берцинаб бах1аралъул рет1ел-хьит ва цогидаб къайиялъул сайигъат-саламги.

Гьез цоцазда гьоркьоб цо бич1ч1улареб балъгояб хабар-накъиталде байбихьула. Тохлъукьего миллияб маг1арул формагун т1аде яч1арай яс йиххун ккола ва гьезде тамашаго ч1варкьун ялагьун ч1ун хут1ула. Г1исинккун галабиги росулаго, базарган гьениса нахъе уна.

Г1исинккун бачунеб т1амуралъул ( пандуралъул) макъаналда гъоркь, ясалъ ва эбелалъ цоцазде ралагьун хит1аб гьабун, байбихьула берцинаб х1алалъ пасих1го рек1ехъе кеч1 ц1ализе.

ЯС ( Йиххунккун, пашманго):




    • Эбел, нолъ нилъеде вач1ун вук1арав,

Ч1ух1арав гьобол щив, гьес бач1араб щиб?

Нужорги гъосулги гъаст1а бук1араб,

Балъгояб к1алъай щиб щурун бицунеб?
ЭБЕЛ ( Унго-унгоги яс кант1изаюлеб х1алалъ, недегьго):


    • Гьадав гурищ, дир яс, росу бахилав

Нилъерго базарган, завмаг Мух1ума.

Досул сайигъатги гьале, дир канлъи,

Дуе шелбеталги шалил юккаги.

2
ЯС ( Г1одое йиччан, къваридго):




    • Эбел, базаргабаз боц1уда гьоркьоб

Би ц1улилан гурищ ц1ар бук1унебан?

Ц1иял шелбеталги шалил юккаги,

Щибго жо гьеч1ого, рач1арал киндай?
ЭБЕЛ ( Ах1ун, ццидалго):


    • Йилълъа, яре, болъон, мун рег1ун йигин,

Раг1а-ракьан бахъун ц1ехолдич1ого!

Бихъун кьунин дунял, кьабг1е дурго кеп,

Ккунин х1амил рач1алъ цоги чаргъедо!
ЯС ( Рак1 гурх1улеб х1алалъ, х1алимго):


    • Эбел, курс бихьич1ев ккоге гьалмагълъун,

Кинго дир гьесдехун гьудуллъи гьеч1ин.

Класс бат1иясде бит1уге килищ,

Боц1уда бахиллъун хиял лъоларин.
ЭБЕЛ ( Мах1аби рухулаго):


    • Вай жеги арайищ, ун йиссарайищ,

Росасул бицине кин нечоларей?

Инсуй бокьаралъуй кьеян ч1еч1ого,

Кьуркьудизе ккани дур ихтияр щиб?
ЯС ( Сабурго):


    • Бет1ер къот1аниги, къабулай гуро

Къалам кколареб квер кодобе ц1азе.

Къаникь т1упаниги, мук1урлъиларо

Мактаб рагьуларев гьудуллъун кквезе.
ЭБЕЛ ( Ццидалго):


    • Бегулеб г1арацги г1иял къайиги

Къабул гьабич1они, ч1валарейдай мун?

Ч1ах1иял хурзалги ххамил базарги

Берзуе г1еч1они, г1одой реч1ч1ун хва!

3
ЯС ( Х1алимго):




    • Эбел, квеш к1алъаге, к1оларин кинго

Канлъи-лъай реххизе ххамил нат1азухъ.

Хехлъуге, дир эбел, ургъел бикьизе

Бокьоб боц1удейищ нуц1а рагьилеб?
ЭБЕЛ ( Г1акълу кьолаго, г1одое йиччан):


    • Мактабал рагьиги курсал ц1алиги,

Кепказул ход гурищ, хал гьабе, дир яс.

Халкъалъ коч1ол макънал кин рачаниги,

Чадиде руссунин, босе дир г1акълу.
ЯС ( Сих1ирго):


    • Эбел, мунищ г1антай, дунищ г1адалай,

Г1елмуги жагьлуги борцунел ругел?

Бице, к1иязулго кинал нилъ тохал,

Канлъиги бец1лъиги ц1азе лъугьарал?


    • Эбел, боц1и хола, ц1а ккун бух1ула,

Ц1али буго давла,- дида лъалеб жо.

Ц1огьорас хъамула, хъурмица уна,

Хазина – лъай буго, лъалеб батани.
ЭБЕЛ ( Килщал х1анч1улаго):


    • Г1елин, юц1а гьанже, ц1арбахъадил яс,

Ц1орон хут1анин дун дур жавабаца.

Гъадил т1инч1 лумияб эбелалдаса,-

Абунщинаб нахъе босанин дица.
( Пардав къала ).

4
Пардавалда цеве вач1ун т1амурги хъвалаго, базарганас кеч1 ах1ула:

Мактабал рагьизе къоял щун ругин,

Къач1ай, пионерал, гьанже ц1ализе.

Ц1ияб лъаг1алилъе лъугьунел ругин,

К1вараб жигар бахъе хъвай-ц1алиялъе.


Г1елмуялъул нухде т1амураб гали

Галанлъун батила тушманзабазе.

Маданияталде буссараб цо бер

Сангарлъун бук1ина рак1ал хъубазе.


Радал вахъаравго къвалакь т1ехьги ккун,

Къвек1аб ц1ум г1адин ч1а, ц1урмихъ г1енеккун.

Саг1ат микьгоялда, мактабалде ун,

Нуц1ил к1илик1ги ккун, к1алт1а эхете.


Г1елму жавгьар бук1ин жегиги лъач1еб

Лъелаб агьлуялде ункъабго хьваг1е.

Жагьлу загьру бук1ин рак1алде ккеч1ев

Кант1изе гьавизе мисаллъун лъугьа.

Х1адур гьабуна

Г1урала школалъул авар мац1алъул ва адабияталъул учитель

Мух1амад Х1АСАНОВАС

ПЛАН
мероприятий по проведению Международного дня родного языка

в МКОУ «Уралинская СОШ» с 15.02. по 20.02.2016 года.
В связи с Международным днем родных языков, согласно по плану районного отдела образования, в МКОУ «Уралинская СОШ» планируются провести следующие мероприятия:


  1. Выступления учителей родного языка и литературы, посвященные к Международному дню родных языков «Если завтра мой язык исчезнет, то я готов сегодня умереть»;

2.Школьный конкурс на лучшего чтеца произведений дагестанских авторов на родном языке «Моя Родина, мой край, мое село» среди учащихся 1-11 классов _____________________


3.Муниципальный тур олимпиады по родному языку – 14.02.2016 г.
4.Муниципальный тур олимпиады по родной литер. - 21.02.2016 г.
5.Сценарий по стихотворению Г.Цадасы «Эбел, яс ва базарган» _____________________________________________________________
6.Тематические классные часы, посвященные Международному дню родного языка «Родной язык дорог каждому из нас»;
7.Театрализованный конкурс спектаклей по произведениям Гамзата Цадасы и Расула Гамзатова ( Г.Цадаса «Хьитазул устар»);
8.Выпуск школьной газеты, посвященный Международному дню родного языка;
9.Кругозор «Знаешь ли ты свой родной край?»__________________
10.Пародийное шоу среди учащихся «Точь в точь»_______________
11.Итоги Недели, посвященной «Международному дню родного языка».

Составил учитель родного языка и литературы Гасанов М.А.
Ц1АДАСА Х1АМЗАТ
«ХЬИТАЗУЛ УСТАР»
(Щуго пардавалъул пьеса)


ГЬОРКЬОР Г1АХЬАЛЛЪУЛА:
Ислам (Шайхулислам), 20 с.

Гьесул эбел Тамари, 45 с.

Манарша, 52 с.

Гугьарша, 50 с.

Меседу, 23 с.

Гьелъул эбел Баху, 58 с.

Эмен Султанбег, 62 с.

Валиг1умар, 40 с.

Г1алих1ажияв, 50 с.

Х1усендибир, 55 с.

Г1узайир, 25 с.

Зубайир, 23 с.

Гьанкалав, 28 с.
Гьаб иш лъугьуна нек1о заманалда цо пуланаб маг1арул росулъ.

-2-
Т1ОЦЕБЕСЕБ ПАРДАВ:


Пардав рагьарабго бихьизе буго цо хашабго рукъги, гьенир жанир жиндирго формаялда х1алт1улев гьайбатав г1олохъанчи сапожник ИСЛАМГИ, рокъой квал-квадулей гьесул эбел ТАМАРИГИ.
ТАМАРИ. Я, дир вас Ислам, гьав нилъерго Султанбегх1ажил яс Меседуца г1емер бицен гьабула дур, щибжо рак1алде ккун гьадай йигеяли.

ИСЛАМ. Щиб гьелда рак1алде ккелеб, эбел. Мун махсароде кколей ятилаха, гогьал жал рук1уна эл бегзабазул ясал.

ТАМАРИ. Вай гуро дир вас, Ислам. Махсаро-хоч1 лъаларей дунги г1антай гьеч1о. Дудехун цо гьуинлъи гьабизе бокьун йиго дой.

ИСЛАМ. Мун жидерго хъулухъч1ужулъидал, дудехун гьабулеб гьуинлъи батила гьеб, дун щай къвариг1арав гьелъие, гьадингояв сапожник.

ТАМАРИ. Дида лъаларо, Ислам, аск1ое щвелалде мун гьикъула. Жакъа йик1ана абулей цо лъик1ал хьиталг1аги кьелародайила Исламица.

ИСЛАМ. Хьитални дица гьелъие кьела, эбелалда рихьани ясалъул рокьи кколелг1адал. Эл гьаризе ккани, элъул х1ат1ал рорцине кколаха, эбел.

ТАМАРИ. Дица ание ячина гури, дир вас, дой.

ИСЛАМ. Гьаб нилъер ч1унтараб рукъги басрияб къайиги бихьизейищ, эбел?

ТАМАРИ. Рукъги къайиги гуро, Ислам, долъие къвариг1ун бугеб, мун къвариг1ун вуго! Дица дуда аск1ое ячина дой!

(Эбел уней йик1уна, Исламица ч1езаюла).

ИСЛАМ. Талих1 кьеги, эбел, унге!

ТАМАРИ. Инч1ого г1елищ,, дир вас, дир хъулухъ лъаларищ дуда?

ИСЛАМ. Мун ине бегьила, амма дой яс ание ячунгеха, эбел.

ТАМАРИ. Гьале дов унго-унгояв эбелалъул Вух1ума. Ячани элъ ч1вазехъин ватила мун. Гьумер-к1алги чуре, къараб бек1 г1адин вук1а ниж рач1инег1ан.
Пардав къала.

-3-
К1ИАБИЛЕБ ПАРДАВ:


Гьанже Ислам къач1адизе лъугьуна, гьумер-к1алги чурула, мат1уялъувеги валагьун бет1ерги хан лъухьулаго, жиндирго лага-г1уч1алъухъ ва куц-бег1алъухъ балагьула, къвалакь квералги ч1ван, кьурдулаго ва гьарс бачунаго, дове-гьаниве вилълъуна.
ИСЛАМ. Цо ясалъе г1оларев г1оркьилав гуревин дун. Яч1ине йиччан те цо, цинги балагьилин нилъ. Гьарс! Ворч1амиян абила, йорч1амиян абила, цоцазул квералги ккун, «кругалда» сверила. Исламилан абидал, Меседуян к1алъала, к1иязго кверги бачун, кепалда расандила!
(Гьединал пикрабазда Ислам вук1аго, гьекъон кеплъун Г1узайирги Зубайирги жанире лъугьун рач1уна).
Г1УЗАЙИР. Ассалам г1алайкум, квербакъаги, вац Ислам!

ИСЛАМ. Ваг1алайкум ассалам, сардилъ щварал бах1арзал!



(К1орок1улаго гьазул квералги рачун).

Г1УЗАЙИР. Кида, Ислам, кварт1а-гъец1 г1одоб лъелеб?

ЗУБАЙИР. Хьвац1а-накай ч1ами кида ч1алг1инеб?

Г1УЗАЙИР. Гьаб щиб, Ислам, цо ц1акъал щеблетал?

ЗУБАЙИР. Щий ячине пикру бугеб, Камалил Башир?

ИСЛАМ. Гьанкаласул заказ буго, Г1узайир. Г1едег1араб ригьин буго, Зубайир.


(Гьанкаласул ц1ар бахъидал, риххула, рахъун т1агърал г1одор реч1ч1ун, релъула).
Г1УЗАЙИР. Гьанкаласул куц-бег1алъе лъади щай!

ЗУБАЙИР. Лъил ясалъе хоно лъезе хиялдай!


(Хъатги кьабулаго, гьарс ах1улаго, цадахъ кьурдула). Пардав къала.
Пардав къала.

-4-


ЛЪАБАБИЛЕБ ПАРДАВ:
Живго ИСЛАМ, щеблеталги кодоре росун, квал-квадизе лъугьуна ва цересел пикрабазде кавуги рагьун, панаял бакънал т1амизе рек1уна:
Дун, бокьалда руссун гьеч1ев сапожник,

Султанбегил яс абизе вахъун лъик1.

Эбелалъул хабаралъул бицалъи,

Мискин дирги ал хьулазул т1еренлъи!

Росдадаго кьибил лъураб кьолбол яс

Дуй кьеладай, кьер хисич1ев, дир хъарк1ас!

Мармаралъул гьундухъ г1урай Меседу,

Рагьиладай дур рагъиде гьелъ гъалду?


(Гьединал пикрабазда Ислам вук1аго, эбел Тамариги Меседуги нуц1ил к1алт1а рахчун гьесухъ г1енеккула ва, яч1ун Меседуца катил рилълъинги гьабун, нахъасан гьесул беразда хъатал ч1вала. «Г1унайзат, Зулайхат, Халисат, Сапият»,- абун, жиндаго лъалел ясазул ц1арал рехсезе Исламги лъугьуна.Меседуца бадиса кверал рорхула ва нечеялъ гъорлъе т1ерхьун ун авги ккола. Доб йорч1ами, хъваш-башги Исламида к1очон тола, гьабизе жо лъаларого авги хут1ула).
ТАМАРИ. Меседуца нечезавулевищ вугев, бихьинчи?

(Ислам гъорлъе-гъорлъе унев вук1уна).

МЕСЕДУ. Дуца дие гьаризехъин ругел чакмаялищ. Ислам?



(Ислам хиса-басун лъугьуна, кодоб бук1араб роценги г1одобе бортун уна.

«Гьай устаранги» абун, асул т1агъур Меседуца надалде ц1ала).

МЕСЕДУ. Йо, Тамари, гьав васасе ч1ужу къвариг1ун йиго, гух1ай.

ТАМАРИ. Ч1ужу ячине ккани, рукъ къвариг1инарищ, Меседу?

МЕСЕДУ. Лъик1ал рукъзалги ругей, росулъго бечедай ячина нилъеца асие ч1ужу, ав разилъани. Рази вугищ, Ислам?

ИСЛАМ. Бечедазеги бечедал къвариг1унин, Меседу, г1емерго инжит гьавуге дун.

МЕСЕДУ. Гьале бечелъи. (Исламил квералда кверги к1ут1ун). Бикъулареб, хъамулареб, кире нилъ аниги, цадахъ бук1унеб. Бице дие щеблетал кида гьарилелали?

ИСЛАМ. Гьанкаласул буго цо ц1акъ г1едег1араб заказ.

МЕСЕДУ. Гьанкалав-манкалав дида лъаларо, дие гьаризе ккела цо берцинал щеблетал. Кида гьел гьарун лъуг1илелали?

ИСЛАМ. Хамиз сордоялде лъуг1изаризе ккола гьал. (Цодагьав рази-ракилъун, Меседул цебе ккураб килщидаса баргъичги бахъулаго).

МЕСЕДУ. (Гьанкаласе гьарурал щеблеталги цере кколаго). Вохиларев жив, гьеб хамиз къоги бач1ун. Цого х1ат1ида рет1унел лъут1ун руго гурищ, Ислам, гьал. Балагье, Тамари, ургъунго гьарун ратила!


(Исламил т1агъурги беразде г1одобе ц1ан, Меседуги Тамариги нахъе уна. Хадув валагьун, гьак1к1ан к1алгун Исламги хут1ула).
Пардав къала.

-5-
УНКЪАБИЛЕБ ПАРДАВ:


(Угьун биччан, гъванща хъасулев Ислам живго хут1ула. Эбел Тамари, къокъидго Меседуги т1ойит1ун, нахъ юссун яч1уна).
ИСЛАМ. Щай, эбел, гьадиг1ан хекко дой арай?

ТАМАРИ. Дуца аний ч1аян «абидал» ятилаха, дир вас.

ИСЛАМ. Т1ок1ай яч1инародай, эбел, дой?

ТАМАРИ. Меседул хиял бат1ияб бак1алда гьеч1о, Ислам, инсухъе чи вит1еян гьарулеб буго долъ.

ИСЛАМ. Махсароде кколелги рук1инадай, эбел?

ТАМАРИ. Вай, дурги божунгут1и щибха, дир вас! Гьанже т1охдеги яхун, ах1ийищ балеб?

ИСЛАМ. Дида лъаларо, эбел. Росулъго ч1ух1арай дойги, г1адамаз жойидего гьаруларел нилъги, бакъанго рекъеладай алъул?!

ТАМАРИ. Мискинлъи-бечелъи хал гьабулей жого гуро, Ислам, дой.

ИСЛАМ. Щивдайха эзухъе вит1изе ккела?

ТАМАРИ. Гьале нилъерго Манарша. Бокьараб иш т1адкъазе бегьулей г1адан йиго Гугьарша.

ИСЛАМ. Кьеч1они щиб гьабилеб, эбел?

ТАМАРИ. Гьабулеб жо дида лъала: рет1ина дуда т1ад цо берцинаб халг1атги, рехила дур гарбиде цо халатал ч1умалги, гъела дуда цо гьайбатаб мегежги. Рещт1ина мун нилъерго шамалалъул рокъов, Шамалдаса вач1арав будалагьазул чийилан.

ИСЛАМ. Элъ кьелеб щиб, эбел?

ТАМАРИ. Щиб гуреб элъ кьелеб, духъе рач1ина гьеб мехалъ пуланал г1адамал, жидерго къварилъи-г1ат1илъи ц1ехон. Цинги, дуда азул киназулго, росдал г1адамазул х1ал-х1укму лъалелъул, дуца бицина гьезул хъатинивеги валагьун, бугесул бугеб. Цинги мун вук1ине вуго зда аск1ов к1удияв ШАЙХУЛИСЛАМ. Меседул эбел-эменги, нилъеда лъала, дин ккурал г1адамал руго. Дуца щибжо абуниги, эз къабул гьабизе буго.

ИСЛАМ. Вай, эбел, дидасан гьеб иш раг1алде бахъинадай?

ТАМАРИ. Щиб гьениб дуе зах1матаб жо? Мун вук1ина къад – САПОЖНИК, къаси – ШАЙХУЛИСЛАМ! Бич1ч1анищ!

ИСЛАМ. Нагагь лъани щиб гьабилеб, эбел?

ТАМАРИ. Нагагь хвани щиб гьабилеб, эбелалъул Вух1ума! Нахъа бач1унелъул пикру гьабунищ, гьев чи бах1арчи гуро!

ИСЛАМ. Бит1араб буго, эбел. Вит1улев чи х1адур гьаве дурго. Нилъеца иш кьваризабизе буго!

ТАМАРИ. (Гордухъан ялагьун ах1улаго). Гугьарша, гьание яч1а, цо бицине хабар буго дуда!

ИСЛАМ. Валиг1умарил хабарго раг1ич1ищ, эбел?

ТАМАРИ: Валиг1умар чода хадув вортанхъилев вуго, Ислам, ахирги духъе ваккила гъов. Дур шайихлъи раг1ун буго гъосдаги. Дуца гъосулгун хабар «Салих1ица жергъен г1адин» рекъезабе. Дудаги лъай, Валиг1умарил чу дица бачун, доба Мусал колохъ нахъабокьоб жаниб т1амун бугеблъи, бич1ч1анищ?

ИСЛАМ. Бич1ч1ана, эбел, яхщи-махщи!
Пардав къала.
-6-

ЩУАБИЛЕБ ПАРДАВ:


(Пардав рагьарабго, бихьизе буго цо г1адатияб рукъги, гьенир жанир Исламги эсул эбел Тамариги, жидецаго цебеккунго гьабураб планалда рекъон, рет1елги рет1ун, сапожникасул Шайхулислам лъугьинавулел. Гьесухъе, иргаялда ч1ун, росдал г1емерал г1адамал рач1ине байбихьула).
ШАЙХУЛИСЛАМ. (Т1ад рет1ел рет1ун хадуб). Гьале дун Каг1барукъ бюхьич1ев х1ажи. Гьале – бихьун жо лъалев шайих. Щибха Меседуда лъалеб жиндие г1оло дица баччулеб бугеб зах1мат? Нагагь долъ махсароде кколев ватани, гьебги гьеч1ищха к1удияб балагь!

(Гьединал пикрабазда Ислам вук1аго, саламги кьун вач1ун, Валиг1умар х1урматалда асда цеве ч1ола).

ШАЙХУЛИСЛАМ. Щиб, вац Валиг1умар, х1ажатаб жо?!



(Жиндир ц1ар асда лъалеб батидал, Валиг1умар виххун ккола).

ВАЛИГ1УМАР. Щиб бук1инеб, нижер к1удияв, цо рух1г1ан хирияб чу бук1ана дир. Гьеб ун буго бикъун. Гьелъул х1акъалъулъ ваккулев вук1ана духъе, киг1ан дудаса намуслъаниги.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Вай мун ч1аго таяв, дир вац, дун вуго гьадингояв жагьилчи. Дида гьелъул авал-ахир щиб лъалеб?

ВАЛИГ1УМАР. Дур баракат щваяв, Шайхулислам, мун жо лъаларев чи вук1аравани, гьабщинаб г1алам г1адамазул дуда рещт1инароан. Ма дуего гьаб г1арацги, дица мун гьелдаги теларо, бице дир чу бугеб бак1.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Гьанже хабар халат гьабун щиб гьабилеб, дуца дурго квер кьун бихье дихъе. (Гьесул хъатиниса г1арацги нахъе босулаго). Доб Мусал кули лъала гури дуда? Кьабг1ун довеги ун, дурго чу рокъобе баче. Бокьалъул бок1нида бухьун бугебин. Дица бицаниланги лъидаго абуге.

МАНАРША. Дирги, гьай Тамарилго г1адин, цого вугев вас вук1ана, дур бет1ер ч1ахъаяв, гьесул хабар лъалеб гьеч1о, хунищ-вахъунищали. Цо мун балагьизе бокьун яч1ун йик1ана.

ШАЙХУЛИСЛАМ. (Алъул хъатинивеги валагьун). Дур цеве вук1арав росасдасан гьавурав вас вук1ун вуго Сайпудинилан. Гьевги г1уждего вахиналде гъоркье вортун хун вуго. Гьав Г1алих1ажиясе (Манаршада аск1ов ч1ун вугев) аралдаса, дуе лъималги гьарун гьеч1о. Кинав вас дуца дида гьикъулев? Цоги, нужер бук1ун буго цо г1ака, ц1акъ лъик1аб г1акаги бук1ун буго гьеб. Г1емераб рахьги бахъулеб бук1ун буго гьелдаса. Гьеб г1ака хун буго нужер вехьасда цебесан.

МАНАРША. Хвана, бет1ер ч1ахъад, вехьас лъарай биччан батана.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Гьелъул рец1алие бахъун буго нужеца вехьасдаса, гьесул маг1ишатги хвезабун, щуго-анлъго ц1ц1елжо. Бахъана гури?

МАНАРША. (Зах1матго). Бахъана, бет1ерч1ахъад.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Гьеб г1акдал рахь бичулеб мехалъ, дуца т1олеб бук1ун буго, Манарша, гьелда гъорлъе дагьа-макъаб лъим. Т1олаан гури?

МАНАРША. (К1к1велх1изеги гьаюн). Т1олаан, дир канлъи.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Гьеб хиянатаб лъимги данделъун, лъараца ун буго, Манарша, нужер г1ака. Г1алих1ажиясги дуцаги хех гьабун гьел ц1ц1ани нахъ руссинаре, гьел сабаблъун нужерго х1алалаб боц1и чуризе бокьич1они. Бич1ч1ана гури?

МАНАРША. Бич1ч1ана, бет1ерч1ахъад. Гьезул т1анч1иги кьезе ккеладай?

ШАЙХУЛИСЛАМ. Чияр ц1ц1аназул т1анч1и нужейищха рук1инел, манарша? Гьелъие нужеца инкар гьабуни, г1азанАллагь, ц1унагиха метер къиямасеб къоялъ нужее гьабулеб г1азабалдаса.

(Гьел к1иялго уна, Х1усендибир т1аде вач1уна, гьека-гьунщиялда жанив к1анц1ун).

-7-


ШАЙХУЛИСЛАМ. Щиб, Х1усендибир, ц1акъ х1алакун вач1унев чи? Салам гурев, калам гурев!

Х1УСЕНДИБИР. (Жиндир ц1ар абидал виххунккун). Рокъоса къайи-матах1 ун буго бикъун. Гьеб къвариг1ун буго лъазе.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Вай, гьудул Х1усендибир, дида гьеб щиб лъалеб. Дун вуго мунго г1адав вакъварав жагьилчи. (Ц1акъго ургъел ккола).

Х1УСЕНДИБИР. Бикъун ун бук1араб чуги хадуб ц1ан вач1унев Валиг1умар вихьанагури дида. Гьеб лъалеб дуда нижер къайи лъалареб кин? Дица мун рази гьавизе вуго, бице дир къайи бугеб бак1.



(Вортун вач1ун, Х1усендибирица Шайхулисламихъе жиндирго квер кьола. Гьесул хъатиниве валагьарабго, квер бух1араб г1адин, биччан гьебги тун абула).

ШАЙХУЛИСЛАМ. Дур гьаб квералъ бикъич1еб жоги тун гьеч1о, гьекъеч1еб стаканги тун гьеч1о. Гьедиг1ан адаб тун, дида цеве вач1ине бегьилароан мун. Киниги шайихилан вугев чиг1аги гурищ вук1арав? Вилълъа гьанже, анкьго нухалъ ракьул лъеца гьеб кверги чурун, цинги вач1а. Гьеб мехалъ кьела дица дуе жаваб! (Ццин бахъараб ххвел гьабулаго).

ШАЙХУЛИСЛАМ. (Жиндаго абулеб г1адин). Гьанже ккана квешаб бак1алде х1алт1и. Гьеч1еб гьесул къайи лъураб бак1 батизе рес. Лъаларилан ч1ани, т1ад реч1ч1изе къач1ан вугев ав…

(Гьел пикрабаздалъун шайихлъи биххизе хиялалда Ислам вук1аго, къирун нуц1агун, руз г1адин, Валиг1умар жанив ваккула).

ШАЙХУЛИСЛАМ. Щиб, Валиг1умар, чу батич1огоцин гуребищ?

ВАЛИГ1УМАР. Гуро, бет1ерч1ахъад, дуца абураб бак1алда чуги батана. Гьанже цоги гьари буго дир дуде, дуца къват1ибе кьеч1ого телеб батани. Бицине ц1акъго нечараб жо буго, бет1ерч1ахъад. Доб чу бикъарав чи ватилилан щаклъун, пуланав чиясул рокъоса къайи бук1ана дица босун, доб хабалазул раг1алда бугеб пажниб лъун. Дуца абураб жоги кьела, дун къват1ив ч1вазавич1ого те.

ШАЙИХУЛИСЛАМ. Гьев дуца абулев чи пуланав Х1усендибир вук1ине кколаха. Гурищ?

ВАЛИГ1УМАР. У, бет1ерч1ахъад! (Меседу яч1уна).

МЕСЕДУ. Бегьилищ яч1ине?

ШАЙХУЛИСЛАМ. Ва, Меседуйищ? Хекко жание лъугьа!

( Яч1ун Меседу намусго ч1ола).

ШАЙХУЛИСЛАМ. Гьоболасул квер кин босулареб, Меседу?

МЕСЕДУ. Намуслъун йиго.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Бак1 чияр бугониги, чи нилъерго. Расги намуслъуге, баче квер. (Меседуца асул квер босула).

ШАЙХУЛИСЛАМ. (Алъул хъатинивеги валагьун).Дов Тамарил вас лъалищ дуда?

МЕСЕДУ. Бицунеб раг1ана.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Дудаго вихьич1евищ? Гьаб квералъ абулеб буго дуца жиб досул бадиб ч1ванилан. Гьаб килщидаса баргъичги ун буго дос бахъун.

(Меседу г1одойги къулун ч1ола, нечон лъугьуна, асухъа квер бахъизе лъугьуна, асдаса рик1к1аде т1урула).

ШАЙХУЛИСЛАМ. Мун щай т1урулей, шайих лъик1 дуе жагьилчиясдаса.

МЕСЕДУ. Дурго х1урмат тезабуге. Дида гьеб хабар бич1ч1уларо.

ШАЙХУЛИСЛАМ. Дица мун Алжаналъул тахида ниг1матазда гъорлъ тела.



МЕСЕДУ. Ниг1маталги тахалги гуро дие къвариг1арал, Тамарил вас къвариг1ун вуго! (Киназдаго раг1изабун, ах1ун абула).

Пардав къала.

1945 сон.

Х1адур гьабуна Мух1амад Х1АСАНОВАС
Каталог: storage -> files
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов
files -> Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница