Ибрагьим Ибрагьимов – сахлъи цIуниялъул багьадур



Дата18.12.2018
Размер67.74 Kb.
#108153

Ибрагьим Ибрагьимов – сахлъи цIуниялъул багьадур.

ГIемерал руго дунялалда батIи-батIиял профессиял, амма гьездаса бищун хIажатал ругин ккола учителасул ва тохтурасул хIалтIи. Инсанасда гIелму малъи ва гьесие сахлъи кьей гьечIищха киналъулго кьучI? Тохтурзаби ккола жидерго рекIел ахIиялъ хъахIаб халгIат ретIарал, къваригIараб мехалъ унтаразе кумекалъе аскIор ратизе хIадурал чагIи. Руго нилъер республикаялда жидерго рухIалда ва сахлъиялда барахщичIого гIумру гьеб халтIуе кьурал, тIадегIанаб лъаялъул специалистал. Гьединаздаса цояв ккола Дагъистан Республикаялъул медицинаялъул централъул нухмалъулев Ибрагьим Ибрагьимов. Аби буго, гIемерал чагIаз гьабулин гIумру, амма унго-унгояб къагIидаялъ гIумру нухда бачине киназдаго лъаларин. Ибрагьимица гьанжелъизегIан гьабураб гIумру ккола гIун бачIунеб гIелалъе лъикIаб мисаллъун.

Гьев гьавуна 1934 соналъ КъахIиб (гьанжесеб Шамил) районалъул ТIидиб росулъ векьарухъанасул хъизамалда. Росулъ анкьго классги лъугIизабун, экзаменалги кьун, Ибрагьим цIализе лъугьана районалда цо бугеб КъахIиб гьоркьохъеб школалда. Гьеб букIана рагъ лъугIараб, ретIине ретIел щолареб, кваназе квен дагьаб гурони гьечIеб цIакъ захIматаб заман, амма Ибрагьим гьитIинаб мехалдаса нахъе ругьунлъана тIаде ккараб къо хIехьезе. ЛъикIал хIасилазда школаги лъугIизабун, гьес документал кьола медицинаялъул институталде. Эбел-инсуе бокьун букIана гьев росдал магIишаталъул институталда цIализе, амма Ибрагьимил батIияб букIана анищ. БагIараб дипломгун Дагъистаналъул медицинаялъул институтги лъугIизабун гьев витIана ЛъаратIа районалде хирурглъун хIалтизе. Гьесул бугеб хIаракат, бажари, махщел бихьун районалъул нухмалъулез гьарун гьев тIамула бетIерав тохтурлъун. ГIемераб букIана гьабизе ккараб хIалтIи, къойил дандчIвалел захIмалъаби. Ибрагьимил къуркьулареб хасияталъ гьел захмалъаби къезаруна, лъебелал разияб къагIидаялъ борхатаб даражаялде хIалтIиги бахъинабун гьев щуго соналдаса гIагараб Советский районалде бетIерав тохтурлъун витIана.

1967 соналъ Ибрагьим МухIамадович тIамуна ДАССРалъул сахлъи цIуниялъул министрасул заместительлъун, 1983 соналъ – сахлъи цIуниялъул министрлъун. 13 соналъ нухмалъи гьабуна гьес министерствоялъе. Гьеб заманаялда жаниб Дагъистаналда гIуцана 26 республикаялъул, 51 централияб (10 шагьаралъул ва 41 районалъул) больница, 160 стационар, 208 амбулаторияб учреждение, 18 поликлиника, 1065 фельдшер-акушеразул пункт, 167 росдал амбулатория, 48 медицинаялъул хехаб кумекалъул станция. Пикру гьабуни, кигIан гIемераб хIалтIи, макьу гьечIел сардал ругел гьел тарихазулъ. ХIухь бахъулел къоязцин Ибрагьим гьава-бакъалде яги квешал нухазде балагьичого унаан рикIкIада ругел районазул больницабазда бугеб ахIвал-хIал жиндаго бихьизе, гьезие хIажатаб кумек чIезабизе. «Дида ккола Ибрагьим хъахIаб халгIаталъулъ гьавун ватилин ва гьес гьеб гIумруялъго бацIцIадго цIунанин. Гьесул пикраби, гIамал-хасият ва гIаданлъи руго гьеб халгIат гIадинал рацIцIадал. Гьесул унтараз абухъе: Ибрагьимил буго тохтур Лукманил гIадинаб махщелги, Сулейманил гIадинаб гIакълуги. Гьев ккола унго-унгояв сахлъиялъул багьадур» - ян хъвалеб буго хъвадарухъан ГIарип Расуловас.

Амма цо чиясда кIоларо гьединаб захIматаб хIалтIи кумекчагIи гьечIого тIубанго рагIалде бахъинабизе. Ибрагьимил кидаго букIана унго-унгояб къагIидаялъ хIалтIулел специалистал ратIа рахъизе махщел. Гьез жидерго нухмалъулесул адаб-хъатирги гьабун, ракI бацIцIадго тIубазабуна тIадаб иш, гьелъие хIужалъун ккана хIалтIул лъикIал хIасилалги.

1996 соналдаса нахъе жакъа къо щвезегIан Ибрагьим Ибрагьимов ккола Республикаялъул медицинаялъул централъул нухмалъулев. Гьенив хIалтулев вуго 600 сотрудник. ТIоцеве гьеб Централде щварав чи хIикмалъун хутIула гьениб бугеб бацIцIалъиялъул, гIадлу-низамалъул, унтаразде бугеб хассаб бербалагьиялъул. Коридоразда гIодор тIамун руго халичаби, къеда ран руго берцинал суратал, руго аквариумал, тамахал диванал ва бакIал, чIезарун руго унтаразе киналго ресал. ЦIакъго кIудияб тIалаб гьабула рагъул гIахьалчагIазул ва инвалидазул. «Унтарав кидаго витIарав вукIуна» - ян абула Ибрагьимица. Нилъеда лъикI лъалаха кинан больницабазда сайгъатал кьечони цо-цо тохтурзабазул бербалагьи букIунебали. Гьаб медициналъул централда рищват боси инжитаб иш букIин гIадатлъун лъугьун буго. Гьединаб лъугьа-бахъин ккани, тохтурасулгун яги медсестраялъулгун хабар къокъаб букIуна – гьел хIалтIудаса нахъе рехула. «Кин бугониги, яхI-намус бугел тохтурзаби гIезегIанго цIикIкIун руго» - рикIкIуна Ибрагьимовас.

Унтарасул гIарз гьес рикIкIуна пайдаяблъун. «Гьезухъе бербалагьи букIине ккола ракI гурхIараблъун. Унтарав сах гьавизе ккола дарабаздалъун, уколаздалъун гуребги, хIеренаб ва берцинаб кIалъа-басаялдалъунги. Гьебги буго унтарасул рекIее бигьалъиялъе ва гьев сах гьавиялъе цоги шартI» - ян малъула жидерго хIалтIухъабазда Ибрагьимица. Щибаб организациялъул нухмалъулесда бараб букIуна коллективалъул хIалтIиги. Республикаялъул медициналъул централъул хIалтухъаби руго цо хъизан гIадин цадахъ рекъон хIалтIулеб коллектив. Гьенив вуго 11 Дагъистаналъул мустахIикъав врач, 12 Дагъистаналъул мустахIикъав хIалтIухъан. КигIан гIемер хIалтIи бугониги, Ибрагьимица тIадчIей гьабула жиндирго лъай ва махщел цIикIкIинабиялда, гьес хъвана медицинаялъул гIемерал статьяби, очеркал, монографиял, малъула гIолохъанал тохтурзабазда.

Соналдаса соналде цIикIкIунел руго Централде рачIунел унтарал. Гьезие чIезабун буго чIобогояб сах гьари, лъикIал ресал, ункъго нухалъ тIагIамаб квен. Централда Ибрагьимил хIаракаталдалъун чIезабун буго гьанжесеб лъикIаб оборудование. ЛъикIаб хIалтIи бугони лъикIал хIасилалги рукIуна. 2004 соналда букIараб ТIолгороссиялъул конкурсалда 64 ветераназул госпиталазда гьоркьоб Дагъистаналъул госпиталъе щвана 3-еб бакI, 2006 соналда щвана 2-еб бакI. Гьелъ бицунеб буго госпиталалъул коллектив ва гьезул нухмалъулев намус бацIцIадго хIалтIулел рукIин.

ГьитIинаб мехалдаса нахъего Ибрагьим кидаго ургъулаан рухIияб рахъалдеги. Гьесул эмен МухIамадил анищ букIана хIежалде ине. Рес ккарабго гьеб анищ 17 нухалъ тIубазабуна гьесул васас. Гьелъ батила Ибрагьимил соналдаса соналде иман лъикIлъулеб, бусурбан чиясе кумек цIикIкIунеб бугеб. Гьес гьаруралщинал лъикIал ишазул къадар цIакъго кIудияб буго. ЛъикIаб бухьен букIуна Ибрагьимил росуцоязулгунги. Гьесул бажариялдалъун ТIидиб росулъ рагьана кинабго къваригIанщинаб оборудование чIезабураб участковияб больница, сайгъат гьабуна хIежалде ине бокьарал тIидихъабазе автобус. Ибрагьимовасул кIудияб квербакъиялдалъун росулъ рагьана кIитIалаяб типовая школа. Росулъ гьанже балеб буго мадраса, гьенибе Ибрагьимица кьуна 100 азарго гъурущ жиндирго гIарцул, ризго гьабула садакъаги. Аллагьас къабул гьабеги гьес гьабурабщинаб лъикIаб гIамал.

Дагъистаналда сахлъи цIуниялъе гьабураб хIалтIиялъухъ Ибрагьим Ибрагьимов мустахIикълъана ВатIаналъул гIемерал шапакъатазе. Гьев ккола ТIолгодунялалъул гIелмабазул Академиялъул Член-корреспондент, Россиялъул мустахIикъав врач, Дагъистаналъул халкъияв врач. Гьесие кьуна сахлъи цIуниялъул бищун аслияб шапакъат – Гиппократил орден, орден «Знак Почёта», гIемерал медалал, Россиялъул ва Дагъистаналъул хIурматалъул грамотаби ва гьел гурел цогидалги шапакъатал. Гьев вищун вукIана Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутатлъунги. Амма бищун къиматаб шапакъатлъун Ибрагьимие кидаго букIана гьес сах гьарурал гIадамазул ракI-ракIалъ кьолеб баркала.

Дида ккола, хIалтIулъ Ибрагьимил хIасилал гьединал гьарзаял рукIинароан аскIой кумекалъе хIадурай чIужу йикIинчIейани. Гьесул хъизан Парида йиго ракI лъикIай, сахаватай, бетIергьанчиясул хIурмат-адаб гьабулей гIадан. Киназдаго лъала кинан Ибрагьимие кIалъазе захIмалъулебали, амма лъадул цIар гьес цIакъ лъикI абула. Ибрагьимил буго анлъго лъимер, гьездаса ункъгоял ана инсул нухдаса. Бищун кIудияв, Ибрагьимов Танка ккола профессор, Москваялъул стоматологияб университеталъул кафедраялъул заведующий, Мадина – медициналъул гIелмабазул кандидат, Нажабат ва Хадижат хIалтулел руго Централда. Гьезулги лъималаца машгьурав кIудадаса мисал босилин ккола. Абизе бегьула, тохтурзабазулго хъизан бугилан. Живго Ибрагьимица абуни эбелалъул вац генерал-полковник МухIамад Танкаевасдаса босулеб буго мисал (гьесул кIудияб сурат буго Ибрагьимил кабинеталда къеда бан).

Ибрагьим МухIамадовичас гIумру гьабуна ва гьабулеб буго унтарал сах гьарун, хIажатав чиясе кумекалъе кидаго вахъун чIун, медициналъул институт лъугIараб мехалъ кьураб «Гиппократил гьедиялъе» кидаго ритIухъавлъун. Гьаб, яхI-намус бичулеб заманаялда, Ибрагьим гIадинал магIарулал дагьал хутIун руго. Нилъеца гьезул къимат гьабизеги ккола, гIун бачIунеб гIелалъе унго-унгоял рагъул ва захIматалъул бахIарзазул мисалаздалъун тарбияги кьезе ккола.



Ахбердило Ахбердилов, ТIидиб школалъул тарихалъул мугIалим,

Шамил район.

Сураталда: Ибрагьим Ибрагьимов.

Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница