Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай



Дата15.01.2018
Размер171.39 Kb.
#47801
Класстун къват1исеб мероприятие.

Къоял лъуг1ун инсан уна къаникье,

Гьанив хут1улев чи гьеч1о щивниги.

Нахъе хут1улезул рак1азулъ лъалк1ал

Лъик1ал тезе т1адаб буго щивасда.

( Г1абдулмуслим Мух1амадов.)


Тема: Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай.
Мурадал: 1. Ибрагьим Утарбиевасул биография ва творчество ц1алдохъабазе рагьи.

2.Гьесул асаразул хаслъи, пасих1лъи.

3. Авар адабияталде, маданияталде, т1абиг1аталде, Ват1аналде рокьи бижизаби.

Мероприятиялъул ин:
Байбихьи: а) Салам кьей. б) Мероприят. лъимал х1адури. в)Тема ва мурадал баян гьари.
Муг1алим: Нилъер районалда г1езег1анго рахъана раг1ул устарзаби.

Слайд 1.


Гьаб соналъул 26 декабралда 100сон т1убала ,жиндир мунагьал чураяв, Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса.

Слайд 2.


Жакъа нилъеца бицина гьаб мероприятиялда И. У.биографиялъул,гьесул творчествияб нухалъул, гьесул асаразул хаслъиялъул ва пасих1лъиялъул.
1, Бачунев.Утарбиев Ибрагьим Утарбиевич гьавуна Казбек районалъул Буртунай росулъ 1916 соналъул 26 декабралда ,Утарбилги Ханикалги мискинабго хъизамалда.Гьезул хъизамалда г1уна 5 вас.

2.Бачунев:Ц1алана гьев г1агараб росдал школалда.Хадув Дилим росулъ рагьун бук1араб школа- интернаталда. Интернаталда т1убач1еб гьоркьохъеб лъай щварав Ибрагьим Утарбиев ц1ализе лъугьана Буйнакскиялда рагьараб Аваразул педагогияб училищеялда ва хадусан гьес лъуг1изабуна Мах1ачхъалаялда рагьараб к1иго сонилаб партшкола.


1.Бачунев. Жиндир мунагьал чураяв, нилъер росуцояв, Ибрагьим Утарбиевас куч1дул хъвазе байбихьана Дилим росдал школа –интернаталда ц1алулеб, 1934соналъ.
2. Бачунев. Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзатилгун Ибрагьим Утарбиевасул бук1ана к1удияб бухьен.Ц1адаса Х1амзатица Г1арани школа-интернат беццун, Ибрагьим Утарбиевас Дилим росдал школа-интернат беццун куч1дул хъвалаан.
1.Бачунев. 1938 соналъ байбихьана гьес г1агараб Буртунай росдал т1убач1еб гьоркьохъеб школалда учительлъун х1алт1изе. 17 соналъ гьес бет1ерлъи гьабуна районалъул газеталъул редакциялъе.
2.Бачунев. К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьараб мехалъ Ибрагьим Утарбиевасул бук1ана 25 сон. 22 июналъ 1941 соналъул гьес хъвана

«Рагъ байбихьараб къо» абураб кеч1.

.Кеч1 нилъее бицина 6 классалъул ц1алдохъан Хайбулаева Марямица.
Кьабе фашистазда гурх1ел гьеч1ого,

Гитлерил бандазда тезабе дунял!

Ракълил къот1иялде т1аде ракь хъварал,

Рокьукъал г1ангразул г1адалъ ц1а баке!

Нилъер бах1арчиял васалгун ясаз,

Питначаг1и даим къине гьаруна.

Нилъ бергьине руго гьаб нухалдаги,

Гъуждул гурун кьабе кьал ах1аразда!

Кин т1аделъаниги ч1ег1ер гъудузе,

Лачен чучунилан дида раг1ич1о.

Чармил кьуру г1адал нилъер г1адамал,

Гьел г1ащт1ичаг1азе чучизе гьеч1о.

Командир дуцаги изну кье дие,

Адольф Гитлериде данде вагъизе

Вит1е фронталде гьалмагъзабигун,

Ват1ан ц1унуларев ц1ук1а гуро дун.



2. Бачунев. Гьаб асаралъухъ г1енеккараб мехалъ, бокьорав чиясда бич1ч1уна нилъер росуцояв – поэт,живго вижараб ракь бокьулев инсан вук1ин.

Ибрагьим Утарбиев 1943 соналъ,Ват1ан ц1унулезул кьеразулъе

г1арзаги кьун ана.
1.Бачунев. Бах1арчиго тушмангун вагъун, гьевги къезавун, т1адвуссун вач1араб мехалъги ч1езе теч1о Ибрагьимица жиндирго ругьунаб пиша.
2. Бачунев. « Рекъел халкъалъул мурад» абураб асар ц1алараб мехалъ, нилъеда бич1ч1уна, гьев сундулъго рекъел бокьулев ва ракълиде г1адамал ах1улев хъвадарухъан вук1ин. Гьеб кеч1 радиоялдасан хоралъ ах1улаан.

1Бачунев. « Рекъел халкъалъул мурад» кеч1 нилъее ах1изе буго 6 классалъул ц1алдохъабазул хоралъ.
Г1адатал г1адамаз урхъун къвал бараб,

Къуватги х1урматги жиндир к1удияб

Жибго гьоц1 г1адаб гьуинлъи т1ок1аб,

Рекъелан абураб раг1ул берцинлъи.

Куркьбал гьеч1ониги гьаваялдасан,

Гьаб раг1и боржуна муг1рул ц1ум г1адин.

Малърал гьеч1ониги ралъадал къот1ун,

Гьаб раг1и лъедола ччуг1а кинниги.

Гьаб раг1уца тушман пашман гьавула

Гьаб раг1уца гьалмагъ вохизавула,

Гьаб раг1уда жаниб бихьулеб буго:

Бергьенльи, эркенлъи, рохел ва талих1.


1.Бачунев. Рагъул ,зах1маталъул ва партиялъул ветеран х1исабалда Утарбиев г1емер дандч1вала ц1алдохъабигун ва ветеранас к1вар кьураб х1алт1и гьабула г1олеб г1ел Ват1ан бокьулеллъун куцазе.
« Нилъер Ват1ан» кеч1 нилъее рик1к1ине буго Алисултанова Аминатица.

Нилъерго хирияб улка ракьалде

Угьизин дир гьудул дагьал раг1аби.

Дуеги диеги талих1лъун ккараб,

Эбел –Ват1аналда базин т1огьол гор.

Т1адег1анав Ленин жанив гьавидал,

Пурмал кьерги хисун берцинлъана гьеб.

Гьесул г1елмуялъул г1орал чвахидал

Г1умру ц1илъун бач1ун,бечелъана гьеб. Нилъ рохарал руго Ват1аналдаса,

Гьелъул гьунар т1ок1ал лъималаздаса.

Ч1ух1аралги руго партиялдаса,

Гьелъул ц1ар раг1арал членаздаса.

Рохиларел кин нилъ Ват1аналдаса

Гьелъ эбеллъи гьабун хьихьун ругелъул.

Ч1ух1иларел кин нилъ партиялдаса,

Гьеб нилъер халкъалъул цебехъанлъидал.

Нилъее бокьула нилъер г1адинаб,

Г1умру г1адамазул кибго бук1ине.

Квешал г1ащт1ичаг1аз дуниялги тун,

Дандиязги рохун бертин гьабизе.


1.Бачунев. СССРАлъул журналистазул Союзалъул член, Ибрагьим Утарбиевасул асарал ц1алараб мехалъ,нилъеда бихьула , гьес рагьич1еб тема тун гьеч1еблъи, Имам Шамилиде хъвараб гьесул кеч1алъухъ г1енеккараб мехалъ рек1ее асар гьабуларев чи нилъеда гьоркьов ватиларилан ккола дида.

«Имам Шамилиде.» кеч1 нилъее бицина Асланова Мариятица 7 классалъул ц1алдохъан.


Хвалчен къват1ибе бахъун къоло щуго сон барав,

Къуватав пачаясул питначаг1и гъурарав ,

Шамил дур х1акъалъулъ кеч1 кин ах1ич1ого телеб,

Ах1улгох1 нуг1лъун буго, дур къвак1и-гьунаралъе.


Дуца наибзабазда, гьезул муридзабазда,

Мисал бихьизабуна тушбаби гъуриялъе.

Гъоркьч1ел гьабун капурас каранлъ хеч ч1вараб мехалъ,

Гьеб хеч ккун аск1ове ц1ц1ан, ч1вана дуца гьев малг1ун.

Дур бодулъ бах1арчиял чаг1и г1емер рахъана:

Х1ажимурад,Мух1амад,Байсунгъур,Шуг1айп г1адал.

Дур лебаллъи лъан ккана,гьелъ хъулухъ гьабуна дуй

Мун сапаралъ индалги, т1ад вуссун вач1индалги.


Авараг жанив вугеб доб хирияб ракьалда,

Вукъун вуго мун имам Аллагьасе бокьухъе.

Дур х1акъалъулъ къисаби,поэмаби ва куч1дул,

Г1урусазцин хъван руго, мун нижгун ч1аго вуго.


Ч1ух1ула ниж дудаса, дур машгьурлъиялдаса,

Кавказалда гуревги лъала мун дунялалда.

Диналъе,Ват1аналъе г1умру кьурав багьадур,

Дур яцалъул гьунарги гьебги нижее мисал.


Г1урулъе к1анц1ана гъой, тушбабаз кквезе ч1еч1о,

Дур т1огърода ч1ег1ераб т1анк1 лъеч1ого хвана гъой.

Гьединал бах1арзазул Ват1ан буго Дагъистан.

Фашистазул улбулги гьез г1одизе гьаруна.


Имам, дуе баркала ниж ц1унун вагъаралъухъ,

Ват1ан дуе г1адинан нижееги бокьула.

Бихьугеги нижеда дур ц1ар рехсолареб къо

Аллагь,авараг г1адин мун вуго нижер рек1елъ.


Нижее мун вокьула доб Ах1улгох1го г1адин,

Дора шагьидлъаразе щвараб алжанго г1адин.

Аллагьас мунги нижги дандч1вазе хъван батаги,

Дур шапаг1ат щун, нижги Алжаналъуре ккаги!




2, Бачунев.Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай к1одо гьабизе бугин абун «Чапар « газеталда хъвараб мехалъ, жидедаго гьесул рек1ехъе лъалел куч1дул газеталде, хъван рит1ун рач1ана Г1адамаз. Х1амзаюрталда г1умру гьабун вугев Насирдин Элмирзаевичас. « Т1оцере школалде унел гьит1ичазде.»абураб кеч1 бач1ана. Гьеб нилъее рик1к1ина Султ1анова Зайнабица.
Баг1ар бакъул ч1орал

Ч1ван ругин горда

Вахъа школалде.

Дир Г1амал берцин.


Г1елму бокьанщинал

Щун ругин доре,

Дуре мунги дове.

Къвалакь т1ахьал ккун.


Къаламул килщазда

Т1егь х1алигъаяв,

Х1асратай бабал рак1

Къварид гьабуге.

Саг1ат микьгоялде

Школалде щун,

Нуц1ил к1илинк1ич1 ккун,

К1алт1а эхете.




  1. Бачунев. Руго нилъер поэтасул байрамазда хурхарал асаралги.

« Вахъа, кеч1гун данде» абураб кеч1 нилъее бицина 5 «а» классалъул ц1алдохъан Гъазимух1амадова Г1айшатица.

Микьабилеб марталъ каву рагьанин,

Кеч1гун данде вахъа,дир хирияв вац!

Халкъазда гьоркьосеб къо т1аде щванин,

Т1огьол квац1и бегье гьудулзабахъе!
Руччабазулилан абунаниги,

Аб нилъер къо бугин къай дагьав цеве!

Къулг1адухъе вилълъа ведроги босун,

Басрияб г1адаталъ танин дуниял.


Бихьиназ гьабулеб х1алт1и гьеб гурин,

Гаргадулел чаг1ахъ мун г1енеккуге!

Дуца рукъ лълъухьунин,г1акдай хер кьунин,

Г1ак1а ах1ани гьел жалго сурила.


Кверал меседилал ясазда дица,

Гьаб рохалилаб къо баркула жакъа!

Бергьенлъаби росун церехун ине,

Гьезие сахлъиги гьарула дица.




  1. Бачунев. «Чапар» газеталда хъвалеб буго Ажабика Г1абдулаевалъ Хасавюрт шагьаралда г1умру гьабун йигей..1974-1975 соназ жий ц1алулей йик1анила Дилим росдал школа интернаталда.Жидер классалде жаниве лъугьун вач1анила Ибрагьим Утарбиев.Жинда гьев поэт вук1ин лъалаанила. Жинца гьесда гьаранила, жиндир эменги гьеч1ин , 7 лъимер г1езабулей дир эбелалде кеч1 бахъейин. «Гьедиг1ан лъик1ай ва йокьулей эбелалде дуцаго щай гьеб кеч1 хъвалареб?»- анги абун, гьев гьимана.

Кватич1ого Ибрагьимица дихъе рит1ун рач1ана гьал коч1ол мухъал.
«Эбелалде» кеч1 нилъее бицина Гаджиева Зулайхатица. 5 «б» классалъул ц1алдохъан.

Ич1го моц1 базег1ан ургьийги хьихьун,

Эбелалъ ячана дун дунялалде.

Дир г1адан лъугьине, г11акълу дий щвезе,

Г1акъубу-къварилъи бихьана гьелда.
Ярагьунел васаз, гьайбатал ясаз,

Гьабила дур т1алаб даимго эбел.

Дунги налъулайлъун хут1изе гьеч1о,

Хирияй,х1ухьбахъе,х1алт1и дихъе кье.


Дур раг1ул х1еренлъи,кверазул хинлъи.

Киданиги дида к1очон теларо.

Дуца дие г1адин дица дуеги,

Адаб-х1урмат ц1унун, хъулухъ гьабила.




1.Бачунев. Аваразул поэт, Ибрагьим Утарбиевас, хъвана т1абиг1аталде рокьи бижизабулеб темаялда асаралги.
«Их» абураб кеч1 нилъее бицина 5 «а» классалъул ц1алдохъан Х1аписова Х1алиматица.

Г1урх1ел гьеч1еб квачай, кутакаб гьури,

Маг1у т1ун г1одана т1аде их щведал.

Халатал сардалги къокъал къоялги,

Маг1у т1ун г1одана т1аде их щведал.

Рахьхъах1аб г1аздаца бахчун бук1араб

Ракьул гьумералъул гьанже берцинлъи.

Г1урч1ч1инаб харица, гьайбатал т1угьдуз.

Т1аде рух1ч1аголъи ц1ан унеб буго.

Доле, дол хурзабахъ г1иял рехъаби

Г1исинал кьер-кьерал кьаг1игун цадахъ

Кьарияб, ч1ах1ияб жинсалъул тайпа,

Колхозияб боц1и хьихьарал г1ухьби.

Гъоле, гъол хурзабахъ хурухъабиги,

Ихдалилаб рекьи нухда т1амулел.

Т1амаг1ам пихъ кьолел ахихъабигун,

Къецалдеги лъугьун х1алт1и гьабулел.
2. Бачунев. Нилъер росуцояв, Ибрагьим Утарбиевасул асарал, раг1а-ракьанде щун, тарбия , лъай кьолел рук1иналъ, авар адабияталъул,байбихьул классазул т1ахьаздацин хъван рук1ана.

« Тагьи» кеч1 нилъее рик1к1ина 5»б» классалъул ц1алдохъан Курбаналиева Аминатица.


Бец1аб сордоги ун къо т1аде щведал,

Къват1ибе бич1ч1ала бакъуца канлъи.

Къиматаб муг1рул хер кванараб мехалъ,

Кеп щун басандула гьит1инаб тагьи.

Гьелъул колхозалъе лъик1аб чу г1ела,

Г1умарица гьелда т1ад кьили лъела.

Гьеб т1амун бергьина, Г1али вохила,

Г1айшатица гьелда кверлъин бухьина.

Бокьула диеги пионераца,

Тимар-хъулухъ гьабун хьихьараб тагьи.

Гьеб жайран г1адинаб г1едераб буго,

Г1арцул чангит базе рекъараб буго.

«Кьег «Кьег1ер» кеч1 бицине буго 5» б» классалъул ц1алдохъан Мух1амадова Муица..

Нижер бук1ана цо берцинаб кьег1ер,

Ниж Кире аниги хадуб бач1унеб,

Гьелъул рач1 бук1ана хъангъаг1ан г1ебаб,

Хъах1аб т1анк1 бук1ана гьелъул надалда.

Эбел анна хурий, дунги рокъов тун,

Дида аск1об ч1ана гьеб къоялъ кьег1ер.

Дица гьеб бакъизе гьабич1о, лъимал,

Гьеб кьег1ер бук1ана дида божараб.

Дир хирияй эбел харил магьги ц1ун,

Хуриса яч1ана марк1ач1ул г1ужалъ

Гьелъ дие рак1-рак1алъ баркала кьуна

Кьег1ер лъик1 хьихьунин каранде къана.
1.Бачунев.СССРалъул хъвадарухъабазул союзалъул член Ибрагьим Утарбиевасда бихьана рагъ ва рекъел, буголъи-гьеч1олъи, гьединлъидал гьес нилъеде ах1и балеб буго чадил къимат гьабеян.

« Нилъер г1умруялъул эбел буго чед» кеч1 бицина Магомедова Майсаратица.

Ракъи бихьич1еца ,рагъ бихьич1еца,

Рак1алда ч1езаре гьал дир раг1аби:

Нилъер г1умруялъул эбел буго чед.

Гьеб гьеч1они ч1аго рук1унаро нилъ.


Гъол рагъул соназда ккараб ракъиялъ,

Къварилъи бихьана нилъер халкъалда,

Г1орц1изег1ан квине чед, хинк1 щвеч1ого,

Хер кванан унти ккун хвана г1адамал.

Ленинградалда кутул гьабицин,

Кванана чангояз рух1 хвасарлъизе,

Хварал х1айваназул т1омазде г1унт1ун,

Т1аг1ам гьеч1ебщинаб кванана белъун.


Бач1унгеги т1аде чед гьеч1еб заман,

Чадица гурони нилъ хьихьуларо.

Ракъараб мехалда гьац1удасаги,

Гьеб баркаманалда т1аг1ам бук1уна.


Чадица нилъее къуват- х1ал кьола.

Х1алт1изе, ц1ализе кумек гьабула.

Кванил ниг1матазулъ чедг1ан х1ажатаб,

Чорхое бокьулеб хазина гьеч1о.


Хириял г1олилал васалгун ясал,

Нужеца чед ц1уне- пасат гьабуге!

Партиялъ нилъеде малъулеб буго

Умумуца г1адин т1ощел ц1унеян


Х1анч1ун г1одоре ран булкаби тоге,

Буханкаби къот1ун боц1уе кьоге!



2Бачунев. Жиндир мунагьал чураяв, Ибрагьим Утарбиевасда к1очон теч1о г1олохъанал хъвадарухъабиги.Гьес насих1ат гьабун хъвараб кеч1 ккола «Г1олохъанав поэтасде» абураб кеч1, бицина нилъее Рурахмаева Жамилатица.

Кьер берцинаб т1егьалъ т1алил най г1адин,

Т1аде ц1ала инсан пасих1аб кеч1алъ.

Коч1ое раг1аби ралагьун мунги,

Г1олохъанав поэт тира-сверула.
Вахуна борхатаб маг1ардеги мун,

Рещт1уна гъваридаб к1к1алахъеги мун;

Воржуна пикрабаз зодисанги мун.

Лъедола анищаз ралъдалъанги мун.


Гьедин ратуларо дуда раг1аби

Гьел руго г1умрудулъ- нилъер г1адамалъ.

Г1адамал х1алт1улел кир ругониги,

Раг1аби ралагьун., а мун гьезухъе.


Гьеб мехалда дуца куч1дул гьарила,

Кидаго хвел гьеч1ел, ч1аго рук1унел.

Ч1ух1ила дудаса эбелаб Ват1ан,

Ах1ила г1олилаз гъираялда гьел.


1.Бачунев. Ибрагьимил г1емерал асарал рахъана районалъул «Казбек колхозчи» ва республикаялъул « Баг1араб байрахъ» газетазда, бат1и-бат1иял журналазда.

Рокьулароан нилъер росуцоясе мац1ихъаби, х1ел- х1елчаг1и, ц1огьал, гьерсихъаби. Гьеб нилъеда бич1ч1ула « Рак1 бух1ун буго дир, дур гьеб т1огърода» абураб коч1охъ г1енеккараб мехалъ.

Мац1ал гьарулезе ц1ар щолебани,

Ц1ар арав бах1арчи вахъинаан мун.

Гьерсал рицунезе орденал кьуни,

Дуе кьелаан гьел бищунго г1емер.


Басралъун кьер араб бугонаниги,

Рак1 бух1ун буго дир гьеб дур т1огърода.

Мун нечеларедухъ бадибе хъурщун,

Мегьед х1улун буго гьеб гъарималъул.


2.Бачунев. 1962 сон, гьеб бук1ана ,мунагьал чураяв Утарбиевасул ва гьев вокьулелщиназул рохел бук1араб сон. Гьеб соналъ къват1ибе бич1ч1ана гьесул «Талих1алъул бакъ» абураб т1ехь.
1.Бачунев.Гьит1инаб бук1аниги гъваридал маг1наялъул асарал, жинда жанир рак1арараб,т1ехь къват1ибе бач1индал руц1ун ч1езе к1веч1о гьесул къалам цадахъазда.

Гьадин хъвана Казбек районалъул Дилим росулъа поэтесса Х1алимат Керимовалъ « Ибрагьим Утарбиевасе сайгъат гьабула» кеч1 нилъее бицине буго Сутаева Мадинаца 9 клаассалъул ц1алдохъан.


Дун дуй мустах1икъал раг1абазда т1ад,

Щибаб саг1ат рик1к1ун ургъизе ккеч1о.

Устарас г1арцуда накъищал г1адин,

Ишан босун х1арпал рищизе лъинч1о.

Жакъа киназулго рохел бихьидал,

Килщазухъе къалам жибго бач1ана.

Баркиялъул калам г1инда раг1идал,

Рек1елъан раг1аби чвахун рач1ана.


Гьаб Казбек ракьалъул,ц1арги къадруги,

Дур гьит1инаб т1ехьалъ борхизабуна.

Раг1уе пасих1лъи,к1алалъул пагьму.
Ват1аналде бугеб х1асратаб рокьи,

Дуца коч1одалъул бихьизабуна.

Тушманасде бугеб рокьукълъиялъе,

Рагъул майданалда жаваб гьабуна.


Дур пагьмудул гъот1ол г1аркьабазда,

Коч1ол раг1абазул т1амхал рижайги.

Кьалбаца гъвет1 г1адин гьаб ракьалда т1ад,

Халатаб г1умру кьун мун щулалъаги.


Гьаб ц1ияб соналъул киналго къоял,

Коч1ое пагьмулъун духъе рач1аги

Х1йранал саринал гьудулзабазе,

Сайигъат гьаризе квер сорогеги.


Г1ат1идаб шагьраялъ,сухъмахъазулъан,

Дур г1умрудул гьоко гирулеб буго.

Биччанте гьеб нухда лъалхъунгут1изе,

Ва жеги цебехун-цебехун ине.


Дие бокьилаан дир коч1ол мухъаз,

Дур рек1ей гьабулеб асар бихьизе.

Бакъуе т1егь г1адин гьимулагойищ,

Ц1адае зоб г1адин гьумер кьерхунищ.


2.Бачунев. Руго нилъер росуцоясуул рокьул асаралги, балагьараб мехалъ гьев хъвач1еб тема хут1ун гьеч1о.Жиндирго т1убач1еб рокьул х1акъалъулъ гьес хъвалеб буго. « Цо гьудулалде» абураб кеч1 риккине буго Магомедова Мадинаца 9 классалъул ц1алдохъан.

Радал бакъанида, къалъул г1ужалда,

Къойил хьвадулаан,мун дун вихьизе.

Къалъудаса нахъе сардил г1ужалда,

Дунги вач1унаан дур авалалде.
Амма бит1ун рокьи т1егьалеб г1ужалъ,

Г1адамазул мац1алъ, ц1ана мун нахъе

Ригьнал къот1и хъвазе дун къач1адилаго,

Дунги рехун ана мун цогиясе.


Дицаги ячана чалухай лъади,

Чорхолъ гъая гьеч1ей, духъ малъ кьоларей.

Гьелъ дие гьаруна гьайбатал лъимал,

Гьунар пагьму бугел Ват1ан хириял.


Мунилан абуни арав росги хун,

Дандияб билараб чан г1адин йиго.

Чилайдул рухьаца вухьарав диде,

Гьанжеги анищал гьарулей йиго.


Гьаруге анищал Ибрагьимиде

Гьесул г1адат гьеч1о гьудул гуккулеб.


1.Бачунев. Абизе бегьула Ибрагьим Утарбиевас кидаго бухьен къот1изе теч1ин

Дагъистаналъул раг1ул утарзабазулгун.

Х1ажи Гъазимирзаевасулгун, Ц1адаса Х1амзатилгун,Мух1амад Шамхаловасулгун.Расул Х1амзатовасулгун ва гьел гурел цогидалгунги.

«Кидаго нилъгун» кеч1 нилъее бицина Алиева Хадижатица 6кл.иц1алдохъан

Къалам кодоб босун куч1дул хъвалелъул,

Коч1охъаби диде рак1алде щола.

Рак1-рак1алъ раг1аби ургъулеб мехалъ,

Урхъарал г1адамал цере т1амула.


Гьале дида аск1ов Ц1адаса Х1амзат,

Ц1алун ч1алг1ун ,т1ахьалгун вуго.

Т1адег1анаб,лъик1аб гьаб г1умру беццун,

Г1адамазе калам гьабулев вуго.


Басриял хут1елал гьасул жулица

Гьаб дунялалдаса лъухьулел руго,

Рихьизе рокьукъал г1ашт1ичаг1азда,

Гьас кьунсрул данде къан кьабулеб буго.

Улкадул х1акъалъулъ Х1амзатил куч1дул,

Ц1алунги.ах1унги х1алго хьуларо.

Х1алт1улъ ч1ч1ел босарал васал,ясазде,

Гьас хъварал раг1абаз г1анч1 гьабула рак1.


Ват1ан хиралъиялъ халкъияв поэт.

Халкъалъе рух1 бичун х1алт1ана даим.

Х1асратав,г1акъилав къалмил устарас,

Къиматаб хазина тана нилъее.


2 Бачунев. Ват1аналъ Ибрагьим Утарбиевасе кьун буго Ват1анияб рагъул орден ва 10 медальги. Верховный Советалъул Президумалъин абуни гьев к1одо гьавуна к1иго нухалда Х1урматалъул грамотабаздалъун.


  1. Бачунев. 1962 соналъ Ибрагьим Утарбиев нахъеги х1алт1изе лъугьана учительлъун.Г1умруялъул 60сон т1убазег1ан гьес лъималазе тарбия, лъай кьуна.

  2. Бачунев.Мустах1икъаб х1алхьиялда вугониги , гьес къалмил х1алт1и ч1езе теч1о.Хъвана гьес бат1и-бат1иял темабазда асарал.

« Аманат Х1ажи Гъазимирзаевасде.» ( Бачунелъ.)

Гъоб дуниялде мун цеве ккани,

Дуца х1адур гьае дие Х1урулг1ин.

Х1алимай,берцинай,маяк-т1егь г1адай,

Гьелде салам бице дир рахъалдасан.


Дун гьениве щвегун бертин гьабила,

Гьалмагъ мун кьурдизе вахъинавила.

Лъик1азе балеб жо алжан батани,

Элъул членаллъун нилъги рук1ина.


Нилъеца ниг1матал гьарзаго квина,

Куч1дул ах1ун ц1ваби рази гьарила.

Рекъел хириял нилъ,рагъ рихарал нилъ,

Рохун аваданго рук1ине ккола.


Дида лъала мунги лъади гьеч1ого,

Гьединаб бак1алда бегьуларевлъи.

Дуеги ячина чалухай г1адан,

Чорхолъан хъах1лъиялъ канлъи бихьулей.


Талих1алъ дуй щвела гьайбатай якьад

Гьабулеб х1алт1уде данде ч1оларей.

Бакъул гьумер бугей гьудулалъ хъвараб.

Рисалат сабаблъун къец гьабуларей.


Алжаналъул ясал рихьараб мехалъ,

Дуда к1очон тела Гуржи Меседо.

Гургинал беразул Шагьрул къоролалъ,

Къавулъе ц1ала мун рек1елгъеялъе.


Аллагьас гьабила нилъее кумек,

Квешаб г1амал гьеч1ел чаг1и ругелъул.

Гьес нилъее гуреб жужах1 г1уц1араб,

Г1асиял,къосарал,пасаказейин.


Х1ажи мун,сах вук1ин буго, дир мурад.

Сахал г1адамазул анищ т1убазе.

Ах1е, гьудул куч1дул,керен бух1улел,

Мах1мудица г1адин дурго халкъалъе.


1Бачунев. Нилъер раг1ул устарасул руго г1емерал асара, гьел цо мероприятиялда рицун нилъехъа лъуг1унаро.Гьев лъик1го лъалез, гьевгун дандч1валезул раг1абазда рекъон, Ибрагьим Утарбиевас ,жиндирго куч1дул кьун рук1ун руго Дагъистаналъул басмаханаялде, амма гьесул мурад т1убач1о.Хехаб унтиги ч1ван 1998 соналъ Ибрагьим Утарбиев нилъедаса ват1алъана.

2.Бачунев.Къалам цадахъасул ками каранда бак1лъараз гьаруна гьесде шиг1раби ва маг1аби.

1 Бачунев. «Т1уна дир рек1ел ч1ва» росуцояв, Саг1дбег Сабиевасул раг1аби. (Бачунев)

Бач1ун буго хабар,хириял вацал,

Халкъалда ц1ар арав поэт вукьанин.

Къирун буго нуц1а пашманаб хвелалъ,

Хирияй Кабавил каранда жаниб.
Бокьун гьеч1о дие гьелда божизе,

Зарал бокьаразул хабар батила.

Тоге г1инда ч1вазе,ч1ег1ераб калам,

Каранзул т1иналда,т1ад ругъун лъолеб.


Лъалхъе г1елохъаби,балагье херал,

Хирияв Ибрагьим гьеч1евищ ч1аго?

Ч1ух1араб балагьи,гьуинаб сарин,

Сарабищ нилъее даималъего?


Дуе къадар ккейи уяб батани

Тана бесдалъуда васалгун ясал

Лебалаб г1агарлъи, г1умрудул вацал,

Цевеса мунги ун хут1ана пашман.

Дуца нахъе тарай,хирияй гьудул,

Хиси гьеч1ей лъади,лъиде чучилей?

Чорхол къебеллъуда къач1арал куч1дул,

Кодере ирсалъе лъица росилел?


Росуго ч1ух1арав,х1асратав шаг1ир,

Щай Дуца рехарал ниж хиялазде?

Халкъалъул рак1азул к1удияв тохтур,

Таралищ г1одила г1ага-божарал?


Жакъа Мун т1аса ин зах1малъани щиб,

Щвараб къадаралда иман лъун ч1ела,

Ч1аго дунялалда чи хут1уларо,

Т1убай Дурго налъи,нижер Ибрагьим.


Нух бит1аги Дуе хирияв поэт!

Ахираталъул рукъ,къач1ан батаги.

Къисматалъ Дуй кьураб,кьер-кьераб калам,

Кинабго жоялъе жаваблъун ч1айги.


Дуца нахъе тарал таманал куч1дул,

Кодере росулел васалги ругел..

Рокъовеги вач1ун сайигъат гьабун,

Гьудуласе кьураб басмаги буго.


Босила кодобе кири бук1ине,

Дуца хат1 басараб «Талих1алъул бакъ».

Къочила мех-мехалъ Дур раг1абазда,

Г1асрабазе нухлъун нахъе хут1арал.


1 Бачунев. Нижеда рак1алде ккола Дагъистаналъул раг1ул устарзабазул кунч1арал ц1вабзазда гъорлъ, киданиги ссинарин , Салатавиялъул гвангъараб ц1ва, жиндир мунагьал чураяв, Ибрагьим Утарбиев.






Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов
files -> Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница