КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби


Калам цебетIезабиялъул 2 дарс



страница3/10
Дата30.01.2017
Размер0.68 Mb.
#13883
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10

Калам цебетIезабиялъул 2 дарс.


Тема. Ругьунлъиялъул изложение

Дарсил мурад: тексталъул тема баян гьабизеги гьелъул хIасил, планалда рекъон, тартибалда кьезеги бугеб бажари цебетIезаби.

Дарсил I – себ вариант. Изложение хъвазе цадахъго хIадурлъи гьаби.

I. Тексталъулгун лъай – хъвай гьаби. Гьелъул тема баян гьаби. Гьелда цIар лъей.

Изложениялъе текст.

Цо нухалъ ниж рохьоре ун рукIана. Рохьил рацIцIалъуда цо кIу-дияб махил гъотIол гьодриниб рузил бусен батана нижеда. Буса-да бугоан цо рузил тIинчI. Нижеца гьеб школалде бачана. Шко-лалда рагъидул мокърукь клеткаялда жаниб лъуна нижеца гьеб.

Нахъисеб къоялъ къасиялде эбелаб руз школалда цебе махил гъо-тIода рещтIана. ГIадамал жанире руссаралго, гурхIуледухъ ахIдезе лъугьана руз. ТIанчIицаги гьелъие жаваб гьабуна.

Гьеб къагIидаялда щибаб сордоялъ боржун бачIун, рогьинегIан жиндирго тIанчIиде ахIдолеб букIунаан. Рузил тIанчIида куркьбал рижаралго, нижеца гьеб эбелгун цадахъ боржине биччана.

II. Текст жидецаго цIали. ХIасилалда тIасан накъит гьаби ва рагIизабун тIасабищун цIали.

III. Текст аслиял бутIабазде бикьи.

IV. Мугъ чIвазе бегьулел, аслиял рагIаби ва рагIабазул дандраял ралагьи (рохьоре ин, рузил тIинчI бати, клеткаялда жаниб лъей, эбелаб руз школалда цебе рещтIи, руз ахIдезе лъугьин ва гь.ц.

V. ХIасил бицин.

VI. Текст хъвазе хIадурлъи. Лексикияб, синтаксисияб ва битIун-хъваялъулаб хIалтIи.

VII. Текст хъвай. Гьелъул хал гьаби.

Дарсил 2 вариант. ТIехьалда кьураб 7–леб къагIидаялдасан пайдаги босун, изложение хъвай.

РагIул гIуцIи


Школалда рагIул морфемияб гIуцIи лъазабиялде кIудияб кIвар кьола, щай гурелъул рагIул гIуцIи лъаялъ цIалдохъабазе рес кьола гьеб рагIул лексикияб магIна гъваридго бичIчIизе ва каламалъулъ рагIаби мухIканго хIалтIизаризе.

Нилъеда лъала рагIул щибаб магIнаяб бутIаялъ (морфемаялъ) ра-гIулъ цо чIванкъотIараб хъулухъ тIубалеблъи. ”Кьибил ккола Ра-гIул бетIераб морфема, щай гурелъул гьелъ кумек гьабула рагIул ас-лияб магIна загьир гьабизе. Аффиксаз (суффиксалъ, ахиралъ) тIаде журарал, кумекалъулал (ай рагIи лъугьиналъул ва грамматикиял) магIнаби загьир гьарула.”

Масала, бетIергьанас абураб рагIулъ бетIер кьибилалъ рагIул гIаммаб лексикияб магIна кьола, -гьан суффиксалъ цо сунданиги лъиданиги квершел гьаби бихьизабула, -ас ахиралъ цолъул форма, актив падеж бихьизабула.

Байбихьул классазул программаялъ цIалдохъабазухъа тIалаб гьа-буларо батIи – батIиял каламалъул бутIабазул суффиксал лъаза-ризе. Амма лъималазул кIвар буссинабула рагIул лексикияб магIнаялдаги гьелъул морфемияб гIуцIиялдаги гьоркьоб бухьен чIезабиялде.

РагIул морфемияб гIуцIи лъазабиялъ цIалдохъабазе кумек гьабу-ла битIунхъваялъул бажари лъугьинабизеги. Масала, суффикс, ас-лу (кьибил) лъазабулаго, цIалдохъабаз тIадчIей гьабула д, т гьаркьал гьоркьоса тIагIиналде, рагьукъал ва рагьарал гьаркьазулъ кколел хисабазде.

Лъабабилеб классалъул программаялда рекъон, лъималазда бажа-рула рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе. Гьаниб абизе ккола би-тIун ва бичIчIун рагIул анализ гьаби рагIи лъугьиналъул къагIида цIалдохъабазда бичIчIиялда бараб буго. Цо чIванкъотIараб моделалъул рагIи лъугьунеб къагIидаялдалъулгун цIалдохъабаз лъай – хъвай гьабурабго, гьел тIамула гьебго моделалъул рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе.
I8 дарс

Тема. МагIна гIагарал рагIаби.

Дарсил мурад: магIна гIагарал рагIабазул хаслъабазулгун лъай – хъвай гьаби, рагIаби дандекквеялъул бажари цебетIезаби. РагIаби хъваялъулъ ва хIалтIизариялъулъ, предложениял гIуцIиялъулъ кка-рал гъалатIал ритIизариялъул бажари цебетIезаби.

I. Бищунго лъикIал изложениязулгун цIалдохъабазул лъай – хъвай гьаби.

II. ГъалатIазда тIад цадахъго хIалтIи.

1. ХIасилалъул гъалатIал: темаялда хурхичIеб материал, бицина-лъулъ (хъваялъулъ) тартиб цIуничIолъи.

2. Изложение гIуцIиялъулъ риччарал гъалатIал: цо кинаб бугони-ги бутIа ками, цого цо пикру кIиго нухалъ такрар гьаби ва гь. ц.

3. Предложениял гIуцIулаго, риччарал гъалатIал.

4. Лексиялгин стилистикиял гъалатIал (рагIи хашго хIалтIизаби,

цого цо рагIи такрар гьаби).

5. БитIунхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул гъалатIал.

III. МагIна гIагарал рагIабазулгун лъай – хъвай гьаби. ЦIалдо-хъанасул суал цIали ва гьелъие кьураб жаваб балагьи.

Жидер гIаммаб бутIаги гIаммаб магIнаги бугел рагIабазда магI-на гIагарал рагIабиян абулелъул, лъикI букIинаан, гьеб кIиябго гIаламат бихьизабизе, гьединал рагIабазулгун цIалдохъабазул лъай – хъвай гьабуни.

Масала, мугIулимас цIалдохъабазда цIехола:



- Щиб жо кколеб тукен? (Лъималаз жаваб кьун хадуб, тукен абураб рагIи доскаялдаги тетрадаздаги хъвала.)

- Тукадаса къайи биччулев чиясда кин абулеб? (Доскаялдаги тетрадаздаги хъвала тукенчи абураб рагIи.)

Гьединаб къагIидаялъ цIалдохъабаз бетIергьан, вацгIал абурал рагIабазулги баян гьабула.

РагIаби хъвазе ккола хIубал гьарун:

тукен бетIер вац

тукенчи бетIергьан вацгIал

Гьедин чIезабула рагIул лексикияб магIнаялдаги гьелъул мор-фемияб гIуцIиялдаги гьоркьоб бугеб бухьен. МугIалимас цIалдохъа-базда цадахъ материал хIасилалъе хIадур гьабула. ЦIалдохъабаз жидецаго хIасил гьабула, мугIалимасул гьал хадусел тIадкъаял тIуралаго:



-Щибаб хIобода ругел рагIаби дандеккве ва сундулъ гьел ре-лълъарал ругилан бице. (ЦIалдохъабаз жаваб кьола щибаб хIобода ругел рагIабазул гIаммаб (цогояб) бутIа бугин ва гьел магIнаялъул рахъалъ релълъарал ругин.)

МугIалимас лъималаз кьураб жаваб гIаммлъизабула ва гьезул цIияб бичIчIиялъулгун лъай – хъвай гьабула: “ГIаммаб бутIа ва гIаммаб магIна бугел рагIабазда магIна гIагарал рагIаби абула.”

Лъималаз учебникалда кьураб теорияб баян цIалула.

IV. МагIна гIагарал рагIаби ратIа гьариялъул хIалтIи (№ 82).

V. ГIаммаб бутIа ва гIаммаб магIна бихьизаби (№ 83).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 84).


I9 дарс

Тема. Кьибил, кьибил цоял рагIаби.

Дарсил мурад: “Кьибил”, “Кьибил цоял рагIаби” абурал би-чIчIиязулгун лъай – хъвай гьаби; кьибил ва кьибил цоял рагIаби рала-гьиялъул ва ратIа росиялъул бажари лъугьинаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 84).



- Кинал рагIабазда магIна гIагарал рагIабиян абулеб? (ЦIалдо-хъабаз хIужжабаздалъун чIезарула 84 хIалтIулъ рохь, рохьихъан абурал рагIаби магIна гIагарал кколеллъи.)

-МагIна гIагарал рагIабазул гIаммаб бутIа бихьизабе.

II. Кьибилалъулгун ва кьибил цоял рагIабигун лъай – хъвай гьаби.

ЦIалдохъабаз учебникаялдаса темаялъул цIар ва цIалдохъанасул суал цIалула. 85 хIалтIи тIубала. Кьибилалъе ва кьибил цоял рагIа-базе кьураб теорияб баян цIалула (47 гь.), магIна гIагарал рагIабазе кьураб баян ракIалде щвезабила.

III. Кьибил цоял рагIаби ралагьи, кьибил бихьизаби (№ 86, 87).

IV. Дарсил хIасил гьаби



- Кинал рагIабазда кьибил цоял рагIаби абулел? Нужерго ми-салал раче.

- Щиб жо кколеб кьибил? РагIулъ гьеб кин бихьизабулеб?

V. Рокъобе хIалтIи (№ 89).


20 дарс

Тема. РагIул ахир.

Дарсил мурад: РагIул ахиралъулгун лъай – хъвай гьаби ва пред-ложениялъулъ рагIул ахиралъул бугеб кIвар бичIчIизаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 89).

Кьибил цоял рагIабиги гьезул кьибилги битIун рихьизарун ругища-

ли хал гьабула.


II. РагIул ахиралъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей.

МугIалимас, доскаялда цебеккунго хъвараб гьаб хадусеб текст цIа-лизе, цIалдохъаби тIамула.



Асма рохьое ана. (Асма) гIурдахIан батана. (Асма) гьеб бакIара-

на. (Асма) гIурдахIан цIакъ бокьулаан. (Асма) эбелалъ гIурдахIа-налъул цIакъ гьуинаб квен гьабулаан.

- Щиб гьабизе кколеб, лъимал, предложениял магIна бичIчIу-леллъун лъугьинаризе? Предложениялъул магIнаялда рекъон, цIалдо-хъабаз Асма абураб рагIи хисула. МугIалимас скобкаби рагьула ва батIияб кьералъул мелалъ ахирал (рагIул хисулеб бутIа) хъвала. Цинги рагIул хисулеб бутIа ахир кколин абула.

III. Ахир рагIул хисулеб бутIа букIин бихьизаби (№ 9I).

IV. Цого цо рагIул формаби батIи – батIиял рукIин бичIчIизаби (№ 92).

V. Предложениялъулъ рагIул ахиралъул бугеб кIваралъухъ бала-гьи. РагIабаздасан предложениял гIуцIи (№ 94).



- ТIехь, эбел абурал рагIаби щай хисизаризе ккарал? Сундуе ахир къваригIун бугеб, нилъер каламалъулъ кинаб хъулухъ гьелъ тIубалеб? (5I гьумералда бугеб теорияб баян цIали).

VI. Суалаздалъун дарсил хIасил гьаби.



- Щиб жо кколеб ахир? (РагIул хисулеб бутIа.)

- Предложениялъулъ ахиралъ кинаб хъулухъ тIубалеб? (Ахи-ралъ предложениялъулъ рагIаби цоцазда рекъезарула.)

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 95).


2I дарс

Тема. РагIул ахир ва аслу.

Дарсил мурад: аслуялъулгун ва гьелъул хаслъиялъулгун лъай – хъвай гьаби. Предложениялъулъ рагIаби цоцазда рекъезариялъул му-радалда ахир хисулеблъи бихьизаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 95).

II. Аслуялъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей.

ЦIалдохъабаз чIегIер хъвараб рагIи, магIнаялъул рахъалъ рекъон кколедухъ, хисизабун, 96 хIалтIи хъвала ва рагIул ахир батIа гьабу-ла. МугIалимас, ахир нахъе рехун, хутIараб рагIул бутIаялда аслу абулеблъи бичIчIизабула, 53 гьумералда бугеб теорияб баян цIа-лизе лъимал тIамула.

III. РагIаби гIицIго аслуялдасанги аслугун ахиралдасанги гIуцIа-рал рукIунеллъи бихьизаби (№ 98).

IV. ПасихIго цIали. РагIаби суалазул кумекалдалъун хисизари (№ 99).

V. ХIасил гьаби.

VI. 97 хIалтIулъ кьураб тIоцебесеб лъабго предложение членазде биххи.

VII. Рокъобе хIалтIи (№ I00).

Калам цебетIезабиялъул 3 дарс


Тема. Сураталдаса сочинение хъвай.

Дарсил мурад: Сураталдасан хабар гIуцIизе, гьелда цIар лъезе, гьелъул тема баян гьабизе бугеб бажари цIебетIезаби.

I. Сураталъулгун лъай – хъвай гьаби; гьелъул тема, аслияб пик-ру загьир гьаби; гьелда цIар лъей.



- Сураталъухъ кIвар кьун ралагье (№ I2I).

-Художникас щиб гьаниб бихьизабун бугеб? (Лъималаз сура-талда тIасан батIи – батIияб пикру загьир гьабула.)



- Сураталъул тема кинаб бугеб? Гьелда кинаб цIар лъезе бе-гьулеб? (Масала: “Чанахъаби”, “Чанаве ин”.)

- Сураталъул аслияб пикру загьир гьабизин. Гьеб сураталда-лъун художникасе щиб бицине бокьун бугеб? Жинца бихьизабураб жоялде кинаб бербалагьи гьесул бугеб? (Аслияб пикру гьадин загьир гьабизе бугьула: “Гьоялъ чанахъанасе цIакъ кIудияб кумек гьабула”.)

II. Хабар гIуцIиялъул тартиб.



- Текст сундасан байбихьани, лъикI букIунеб? (Аслияб пикру загьир гьабураб предложениялдасан байбихьизе бегьула. Гьелъ рес кьола хутIарал цогидал предложениял аслияб пикру рагьиялда хур-хинаризе.)

- Аслияб бутIаялъулъ нужеце сундул хIакъалъулъ бицунеб бу-геб? (Чанахъанасулги гьоялъулги хIакъалъулъ бицине ккола.)

- Текст кин лъугIизабизе кколеб? (Сураталда тIаса цIалдохъана-сул пикру загьир гьабиялдалъун. Масала: Дие гьаб сурат цIакъго бокьула. Чанахъанасул гIажаибго лъикIаб гьой буго….)

Текст батIияб къагIидаялъги бицине (хъвазе) бегьула: текста-лъул байбихьуда хасел бачIиналъул, хасалихъ тIабигIаталъул би-цуна; аслияб бутIаялъулъ чанахъабазул хIакъалъулъ бицуна; текст лъугIизабула аслияб пикру загьир гьабураб предложениялдалъун.

III. Сочинение хъвай. Гьелъул хал гьаби.
22 дарс

Тема. Суффикс.

Дарсил мурад: суффиксалъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей. РагIулъ суффикс бихьизабиялъул бажари лъугьинаби. РагIулъ суффикса-лъул бугеб кIваралъулгун лъай – хъвай гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 100).

II. Дарсил мурад бицин. Суффиксалъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей, цIиял рагIаби лъугьинаризе гьелъул бугеб кIвар бичIчIизаби, рагIулъ гьелъ кколеб бакI бихьизаби.

ЦIалдохъабаз 101 хIалтIулъ ругел кьибил цоял рагIаби цIалула. Гьел рагIабазул кьибил ва ахир батIа гьабула. ХутIараб рагIул бу-тIа суффикс кколин мугIалимас абула ва цIалдохъаби тIамула суф-фиксалъ ккураб бакI бихьизабизеги кьибилалда тIаде щиб гьабизе гьеб жубарабали пикру гьабизеги. Цинги лъималаз учебникалъул 55 гьумералда бугеб теорияб баян цIалула.

III. ЦIиял рагIаби лъугьинаризе ругьун гьариялъул хIалтIаби (№ № 102, 104, 107).

IV. Кьибилги суффиксги цоцаздаса ратIа гьаризе ругьун гьари-ялъул хIалтIи (№ 103).

V. Дарсил хIасил гьаби.

- Жакъа нужеда щиб цIияб лъараб? Сундуе ругьунлъарал?

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 105).
23 дарс

Тема. РагIул аслуялъулъ гьаркьазул хиси.

Дарсил мурад: цо – цо рагIабазул кIиго батIияб аслу букIин би-чIчIизаби, рагIул аслуялъулъ рагьарал гьаркьал хисулел къагIида-базулгун лъималазул лъай – хъвай гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 105).

II. Дарсил мурад бицин. РагIул форма хисулаго, аслуялъулъ гьар-кьазул хиси кколеблъи ва гьел хисухъе хъвазе кколеблъи бичIчIи-заби.

Лъималаз учебникалдаса цIалдохъанасул суал цIалула ва 109 хIалтIи тIубала.



- ТIоцебесеб хIобода ругел рагIаби цIале. Гьезул аслу батIа гьабе. (Киналго рагIаби гIицIго аслуялдасан гIуцIарал руго.)

- КIиабилеб хIобода ругел рагIаби цIале. Щиб гьезие лъугьун бугеб? Аслу бате. Гьезулъ ругел рагьарал гьаркьазе щиб лъугьун бугеб?

Учебникалъул 59 гьумералда бугеб тIоцебесеб теорияб баян цIали.

III. РагIабазул диктант (№ 110). Учебникалъул тIадехун бихьизабу-раб гьумералдаса кIиабилеб теорияб баян цIали.

IV. РагIаби битIун хисизаризе ругьун гьари (№ № 112, 113).

V. Дарсил хIасил гьаби.


  1. Рокъобе хIалтIи (№ 111).


24 дарс

Тема. РагIул аслуялъулъ гьаркьазул хиси.

Дарсил мурад: рагIул аслуялъулъ рагьарал ва рагьукъал гьар-кьал битIун хисизаризе ругьун гьари. РагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 111).

II. Cуалазе жаваблъун кколедухъ рагIаби хисизари (№ 115).

III. РагIаби хисизари ва рагIабазул дандраял гIуцIи (№ 116).

IV. БицанкIабазе жавабал рати (№ 114).

V. РагIул гIуцIиялъул разбор гьаби (№ 117).

VI. Рокъобе хIалтIи (117 хIалтIи лъугIизаби).

Калам цебетIезабиялъул 4 дарс


Тема. Тексталъул гIуцIи. Суалазда рекъон, изложение хъвай.

Дарсил мурад: хабарияб тексталъул гIуцIиялъул хIакъалъулъ бугеб лъай мухIкан гьаби; суалазда рекъон, тексталъул хIасил бици-налъул бажари цебетIезаби.

I. Тексталъулгун лъай – хъвай гьаби.



Изложениялъе текст

БацIги гIакаги.

ГIачиязул рехьед гIалахалда кваналеб букIана. Цо гIака бечегун цадахъ кIкIалал рагIалдегIан ана. Гьеб кIкIалахъ бахчун букIана бацI.

БацIида гIакаги бечеги бихьана. КIкIалахъан кIанцIун бачIана гьеб ва бачида тIаде бортана. Амма гIакдаца жиндирго бече цIунана. Гьелъ бече гъотIодехун ккезабуна, ва, бацIидехун бегIе-рал лълъурдулги руссинарун, чIана. БацI кинаб рахъалдасан кIан-цIаниги, гIака гьелдехун буссун чIолаан.

ГIакдал гIергIеди гIухьбузда рагIана. Гьел, гьойги бачун, гьени-ре рортана. БацIида гIухьби рихьана. Гьеб кIкIалахъе тIурун ана.

Гьал хадусел суалазе жаваб кьезе хIадурлъе:



I. ГIака бечегун цадахъ кибе араб?

2. Гьениб щиб букIараб?

3. ГIакдаца бече кин цIунараб?

4. БацI щай тIурун араб?

ЦIалдохъабаз текст цIалула ва суалазе жавабал кьола.



- Щай тексталда “БацIги гIакаги” абураб цIар лъун бугеб?

Суалазе жавабал кьолаго, рагIабазул дандраял ва рагIаби мухI-канго хIалтIизариялде кIвар кьола: кIкIалал рагIалдегIан ана, кIкIа-лахъан кIанцIун бачIчIана, гъотI-дехун ккезабуна, буссун чIолаан, гIергIеди, кIкIалахъе тIурун ана.

Цо – цо рагIи ва рагIабазул дандрай, лъималаз мугъчIвазе, мугIа-лимас доскаялда хъвала. Хъвазе бегьула цо – цо предложениеги: Гьелъ бече гъотIодехун ккезабуна, ва, бацIидехун бегIерал лълъур-дулги руссинарун, чIана.

II. Лъабго бутIаялдасан гIуцIун букIин хIисабалдеги босун, текста-лъул анализ гьаби. (байбихьи (тIоцебесеб ва кIиабилеб суал), асли-яб бутIа (лъабабилеб суал), ахир (ункъабилеб суал).)

III. Текст цоги нухалъ цIали ва битIун хъваялде кIвар кьезе кко-лел рагIабазда тIад хIалтIи гьаби.

IV. Текст хъвай.

V. Тексталъул хал гьаби.
25 дарс

Тема. РагIул гIуцIиялъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби.

Дарсил мурад: кьибил цоял рагIабазулги рагIул магIнаял бутIаба-зулги хIакъалъулъ щвараб лъай камил гьаби; рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Изложениялъулъ риччарал гъалатIазда тIад хIалтIи гьаби.

II. Тексталъул анализ гьаби ва рагIул гIуцIиялъул раз-

бор гьаби (№ 118).

III. Текст рекIехъе хъвай (№ 119).

IV. РагIаби магIнаял бутIабазде риххи (№ 120). (Бицун.)

V. РагIаби битIун хисизари (№ 123). (Бицун.)

VI. Дарсил хIасил гьаби (№ 124).

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 122).
26 дарс

Тема. Контролияб диктант.

Дарсил мурад: аслуялъулъ гьаркьазул хиси ккарал рагIабиги геминатал гъорлъ ругел рагIабиги битIун хъвазе бугеб бажа-риялъул хал гьаби.




Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница