КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби



страница4/10
Дата30.01.2017
Размер0.68 Mb.
#13883
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10

Сапар


Хасалихълъи букIана. Нухда хIарщ ва гIисинал хIорал рукIана. ГъутIбуздаса тIанхал гъунел рукIана. ГIурччинго хутIараб жо цIини букIана. Ункъо километр нухлул тана. Рахине ккана цо кIичI – кIичIараб нухдасан. Чодаги хIалица бахине кIолеб букIана. КъотIана рохьосан. РикIкIадасан бацIил рурудулеб гьаракь рагIулеб букIана. Цо гIанкIил тIуриялдасанги кеп босана. Рохь лъугIана. На-хъеги ккана битIараб байданалде. РукIкIиналде росдал рагIалде щвана.

ТIадкъаял. I. КIиабилеб предложениялъулъ бетIерал членазда гъорлъ дандекколел хIуччал цIай. 2. Геминатал гъорлъ ругел ра-гIаби, ратIа росун, хъвай. 3. Жал хисулаго, аслуялъулъ гьаркьал хи-сарал рагIаби, ратIа росун, хъвай ва, щиб? абураб суалалъе жаваблъун кколедухъ, хиси.
Каламалъул бутIаби

Щибаб каламалъул бутIаялъул букIуна гIаммлъизабураб лекси-кияб магIна, морфологиял гIаламатал ва синтаксисиял хаслъаби. Кинаб бугониги рагIи цо чIванкъотIараб каламалъул бутIаялда гъор-лъе ккезабулаго, хIисабалде росула гьеб рагIул киналго гIалама-тал, ай гьелъул лексикияб магIна ва грамматикиял хаслъаби.

Каламалъул бутIаби рикьула жалго жидедаго чIараздеги кумека-лъулаздеги.

Жалго жидедаго чIарал каламалъул бутIабазда гъорлъе унел рагIа-базул лексикияб ва грамматикияб магIнаги букIуна, ва предложе-ниялъулъ гьел цо кинаб бугониги бетIераб яги бетIераб гуреб членлъунги хIалтIизарула.

Кумекалъулал каламалъул бутIабазда гъорлъе уна гIицIго грам-матикияб магIнаги бугел ва предложениялъул членаллъунги рукIу-нарел рагIаби.

Байбихьул классазул программаялъ бихьизабун гьечIо кумека-лъулал каламалъул бутIабазулгун цIалдохъабаз лъай – хъвай гьа-бизе кколеблъи. Лъималаз лъазарула жалго жидедаго чIарал калама-лъул бутIабилъун кколел предметияб цIар, прилагательное, глагол, рикIкIен ва цIарубакI. Гьединго цIалдохъабазда лъала предметияб цIар, прилагательное, глагол предложениялъул членаллъун ккезе бегьулеблъи. (“Каламалъул бутIаби” абураб тема лъазабулаго, кIиабилеб ва лъабабилеб классазда цере чIарал масъалабиги гьел лъазариялъул тартибги цебехун бихьизабун буго.)


27 дарс

Тема. Каламалъул бутIабазул хIакъалъулъ бичIчIи.

Дарсил мурад: каламалъул бутIабазул гIаламатазулгун лъай – хъвай гьаби; каламалъул бутIаби цоцаздаса ратIа рахъизе ругьун гьари.

I. Дарсил мурад цебе лъей. 127 хIалтIи тIубай.



- Нужеца кина – кинал рагIаби ургъарал? (Предметал рихьиза-рулел, гьезул гIаламатал ва ишал рихьизарулел рагIаби ургъана.)

- РагIабаз щиб бихьизабулеб? (Предметал, гьезул гIаламатал ва ишал.)

- Предметал, ишал, гIаламатал рихьизарулел рагIаби кина – кинал суалазе жаваблъун рачIунел?

- МацIалъулъ рагIаби цIакъго гIемер руго ва каламалъулъ жиде-дасан бигьаго пайда босизе гьел рикьун руго батIи – батIиял тIе-лазде. Балагьизин, кинал тIелазде гьел рикьун ругел?

II. 59 гьумералда кьураб теорияб баян цIали. Таблица гIуцIи.



Каламалъул бутIаби

Предметияб цIар

Прилагательное

Глагол

Суалал

Щиб бихьизабулеб?












III. Таблицаялъулъ рагIаби хъвай (№ 129).

IV. ХIасил гьаби.

- Кинал хаслъабаздалъун нужеца рагIаби тIелазде рикьарал? (Суалазде ва рагIабаз рихьизарурал гIаламатазде балагьун).

V. Каламалъул бутIаби цоцаздаса ратIа гьариялъул хIалтIаби (№ 130, 131).



- РагIи кинаб каламалъул бутIалъун кколебали лъазе щиб гьаби-зе кколеб? (60 гьумералда бугеб баян цIали.)

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 133); [сс], [цц], [цIцI] геминатал рихьи-зарулел хIарпал гъорлъ ругел рагIаби хъвазе хIадурлъи.


28 дарс

Тема. Каламалъул бутIаби ва предложениялъул членал.

Дарсил мурад: предметияб цIар, прилагательное, глагол цоцаз-даса ратIарахъизеги, предложениял членазде риххизеги, предложени-ялъулъ батIи – батIиял каламалъул бутIаби битIун хIалтIизаризеги бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 133).



1. Цо каламалъул бутIа цогидалдаса кин батIабахъизе кколеб? Нужерго мисалаздалъун гьеб бихьизабе.

2. [сс], [цц], [цIцI] геминатал рихьизарулел хIарпал гъорлъ ругел рагIаби хъвай.

ЦIалдохъабаз рагIаби иргадал абула. Гьезул битIунхъваялъул хал гьабула карточкабазул кумекалдалъун.

II. ТIанкIазул бакIалда хIарпалги лъун, текст хъвай, каламалъул бутIаби рихьизари (№ 134).

III. Щибаб мухъида ругел рагIабаздасан предложениялги гIуцIун, текст хъвай. Щибаб бетIераб членлъун кинаб каламалъул бутIа ккун бугебали хал гьаби (№ 135).

IV. Предложениялъулъ батIи – батIиял каламалъул бутIаби хIал-тIизариялда хадуб хал кквей (№ 137).

V. Дарсил хIасил.



- Подлежащее, сказуемое ва битIараб дополнение щал кколел? (Предложениялъул членал ккола.)

- Предметияб цIар, прилагательное, глагол щал кколел? (Каламалъул бутIаби ккола.)

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 138) (Лъурал суалазе жавабал хъвай.)


29 дарс

Тема. Хабарияб текст (гIаммаб бичIчIи). Хабарияб тексталъул изложение.

Дарсил мурад: хабарияб тексталъул хаслъабазулгун лъай – хъвай гьаби; тексталда цIар лъезеги бутIабиккун гьеб бицинеги бугеб ба-жари цебетIезаби.

I. Дарсил мурад бицин.

- Цогидаздаса рагIараб жоялъулги, жинца цIаларалъулги, жинда бихьаралъулги хIакъалъулъ гIумруялда жаниб инсанас чанцIулго би-цуна. Гьедин гьабизеги ккола, гьабичIони, нуж лъиданиги ри-чIчIуларо. ЦIалул дарсида нуж ругьунлъула текст кIалзул формаялда бицине. Жакъа дарсида нилъеца текст хъван бицина. Учебникалда цIалдохъанас кинаб суал лъун бугеб? ЦIале.

II. Хабарияб тексталъул хаслъабазда хадуб хал кквей.

Лъималаз учебникалъул 57 гьумералда бугеб цIалдохъанасул суалги хабарияб тексталъул хIакъалъулъ баянги цIалула ва гьеб тексталъул хаслъабазул хIакъалъулъ бицуна.

- Текст кинал суалазе жаваблъун бачIунеб?

- Тексталъул сундул бицунеб? (Цо кинаб бугониги лъугьа – бахъиналъул хIакъалъулъ бицуна.)

- Текст кинал бутIабаздасан гIуцIун бугеб? (КъваригIуни, теори-яб баян цоги нухалъ цалула.)

III. Тексталъул анализ гьаби (№ 125).



- Текст цIале. Щай гьеб хабарияблъун рикIкIине кколеб?

IV. Изложение хъвазе хIадурлъи.

ЦIалдохъабаз учебникалда кьурал тIадкъаял (58 гьумер)

тартибалда тIурала: тексталъул тема баян гьабула, тексталъе цIар кьола ва гьал хадусел бутIабазде биххула: байбихьи, аслияб бутIа, ахир.

V. Словарияб хIалтIи.

VI. БитIун хъвазе захIматал рагIабазда тIад хIалтIи.

VII. Текст цоги нухалъ цIали.

VIII. Хабар хъвай.

IХ. Учебникалда рекъон, хал гьаби.

Х. Рокъобе хIалтIи (№ 126).





Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница