КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби



страница5/10
Дата30.01.2017
Размер0.68 Mb.
#13883
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10

Предметияб цIар


“Предметияб цIар” абураб тема лъазабулаго, цере чIарал масъала-би:

1. “Предметияб цIар” абураб грамматикияб бичIчIи кьей;

2. Предметияб цIаралъе битIун суалал лъей;

3. ГIаммал ва хасал цIаразул хIакъалъулъ бичIчIи кьей. Хасал цIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазе бугеб бажари камил гьаби;

4. Предметияб цIаралъул жинсалъулгун лъай – хъвай гьаби;

5. Предметиял цIарал формабазде хисизаризе; жинс, форма бихьи-забизе бугеб бажари цебетIезаби;

6. Цогидал рагIабигун цолъизарулаго, предметиял цIаразул ахи-рал хисиялда тIад халкквей (предметиял цIарал падежазде сверия-лъул хIакъалъулъ авалияб бичIчIи кьей);

7. ЦIиял предметиял цIараздалъун цIалдохъабазул рагIабазул нахърател бечелъизаби, каламалъулъ гьел (ай предметиял цIарал) хIалтIизаризе бугеб бажари лъугьинаби.

Щибаб масъала, батIа – батIаго гуреб, цадахъго, цоцазда бухьун, тIубала. Амма темаялда тIад хIалтIи гьабулаго, цо чIванкъотIараб заманалда гьел масъалабазул цоялде цIикIкIун кIвар кьола.

Каламалъул бутIа хIисабалда предметияб цIаралъулгун лъай – хъвай гьабулаго, цIалдохъабазда бихьизабизе ккола гьелъул аслияб магIна, гьелъие хасиятал грамматикиял гIаламатал ва каламалъулъ гьелъ тIубалеб хъулухъ.
30 дарс

Тема. Предметияб цIар.

Дарсил мурад: предметияб цIаралъул лексикияб магIная-лъулгун ва гьелъие лъолел суалазулгун лъай – хъвай гьаби, предме-тияб цIаралъул хIакъалъулъ бичIчIи лъугьинаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 126).

II. Нилъер мацIалъулъ предметиял цIараз тIубалеб хъулухъалда хадуб халкквей.

МугIалимас бицуна жакъасеб дарсида лъималаз цIияб тема лъаза-бизе байбихьулин ва гьел тIамула дарсил темаги цIалдохъанасул суалги цIализе. ЦIалдохъабаз хIалбихьи гьабула гьеб суалалъе жаваб кьезе.



- Гьеб суалалъе жаваб нилъеца кьелин, 139 хIалтIи тIубан хадуб. (ХIалтIи тIубала.)

- Цогидал каламалъул бутIабаздаса предметияб цIар кин нужеца батIа бахъулеб?

III. Предметиял цIаразе битIун суалал лъеялда хадуб халкквей.

Лъималаз цIалдохъанасул кIиабилеб суал цIалула ва I40 хIалтIи тIубала.

- Предметияб цIар кина – кинал суалазе жаваблъун бачIунеб?

IV. Предметиял цIарал тIелазде рикьизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 141).

V. ГIаммлъизаби.

- РагIабазул кинал тIелал нужеца хъварал? Гьел киналго цо-цазда сундулъ релълъун ругел? (Гьез киназго предмет бихьизабула ва щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъунги рачIуна. Гьел ккола предметиял цIарал.)

VI. Предложениялъулъ предметияб цIараз тIубалеб хъулухъ би-хьизаби.

ЦIалдохъабаз, 141 хIалтIулъ кьурал рагIабаздаса жидее бокьараб рагIиги гъорлъе ккезабун, предложениял гIуцIула. КIиго бищунго лъикIаб предложение тIасаги бищун, гьел предложениялъул чле-назде риххула ва хъвала.

VII. ГIаммлъизаби.

ЦIалдохъабаз, жалго жидедаго чIун, гьал хадусел суалазе жавабал кьезе хIадурлъи гьабула: 1). Сунда абулеб предметияб цIар? 2). Гьелъ щиб бихьизабулеб? 3). Кинал суалазе жаваблъун бачIунеб? 4). ГIемерисеб мехалъ предложениялъулъ кинаб членлъун гьеб букIине бегьулеб?

VIII. Рокъобе хIалтIи (№ 142).



3I дарс

Тема. Щив? щий? ва щиб? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби.

Дарсил мурад: щив? щий? ва щиб? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIаби цоцаздаса ратIарахъиялъулги предложениял гIуцIи-ялъулги бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 142).



- Лъугьарал рагIаби предметиял цIарал кколеллъи кин нужеца чIезарулел?

II. Предметиял цIаразул гIемер магIна букIин бихьизаби. Бе-тIер, мацI абурал рагIабигун предложениял гIуцIи. (Масала: ГIалил бетIер унтун буго. ТIехьалъул тIоцебесеб бетIер ПатIиматица цIалана. МагIарул мацIалда хъварал гIезегIан тIахьал руго нижер школалъул библиотекаялда. ГIумарил мацIалдаса би бачIунеб буго.) Цого цо рагIул лексикиял магIнаби дандекквей. МугIалимас цIалдохъабазул кIвар буссинабула гIезегIанго предметиял цIаразул цо чанго магIна букIиналде.

III. Щив? щий? ва щиб? абурал суалазе жаваблъун рачIунел рагIабазул хаслъабазда хадуб халкквей (№ 143).

IV. Лъималаз учебникалдаса цIалдохъанасул суалги теорияб баянги цIалула (66 гьумер).

V. Предложениял гIуцIи (№ 145).

VI. Диалог цIали ва предметиял цIарал суалаздалъун ратIа гьари (№ 148).

VII. Дарсил хIасил гьаби.

- Кинал предметиял цIарал щив? щий? абурал суалазе жаваб-лъун рачIунел? Мисалал раче.

- Кинал предметиял цIарал щиб? абураб суалалъе жаваблъун рачIунел? Мисалал раче.


  1. Рокъобе хIалтIи (№ 147).



32 дарс

Тема. ГIаммал цIарал.

Дарсил мурад: гIаммал цIаразулгун лъай – хъвай гьаби; рагIаби тIелазде рикьизе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 147).

Жидер кумекалдалъун цIиял рагIаби лъугьарал предметияб цIаралъул суффиксал доскаялда хъвазе.

II. РагIаби тIелазде рикьи (№ 151).

ЦIалдохъанасул суал цIали ва гьелъие учебникалда жаваб балагьи.

III. Словарияб хIалтIи (№ 153).

IV. БицанкIаби чIвай ва гIаммал цIарал ратIа роси (№ 154).

V. Рокъобе хIалтIи (№ 152).


33 дарс

Тема. Хасал цIарал.

Дарсил мурад: хасал предметиял цIаразулгун лъай – хъвай гьаби (сунда яги лъида лъурал цIарал гьел кколел ва нилъер калама-лъулъ щай къваригIунел:), хасал цIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазе кколеблъи ракIалде щвезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 152).

II. ГIаммал ва хасал предметиял цIарал дандекквей (№ 157.)

ЦIалдохъабаз тIоцебесеб текст цIалула.

МугIалимас кIиабилеб хисараб текст цIалула ва гьеб тIоцебе-селда дандекквезе цIалдохъаби тIамула.

- КIиябго тексталда гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб? (КIиабилеб текст цо дагьабги дурусаб буго, щай гурелъул гьенир мугIрузул, гIоразул, шагьаразул, росабазул ва гIадамазул цIарал кьун руго.)

- МугIрузда, гIоразда, шагьаразда, росабазда, гIадамазда лъурал цIарал цоги нухалъ нужецаго цIале.

- Кинаб каламалъул бутIалъун гьел рагIаби кколел?

МугIалимас гьединал предметиял цIарал хасал кколилан бицуна ва учебникалдаса цIалдохъанасул суалалги, гьелъие кьураб жаваб-ги (ай теорияб баянги) цIализе лъимал тIамула.



- Щай хасал цIаралилан абулеб? ( Щибав чиясда ва щибаб мегIералда, шагьаралда, росдада, гIоралда цогидал чагIаздаса, мугI-руздаса, шагьараздаса, росабаздаса, гIораздаса ратIа гьаризе цIарал лъола. Гьелги жидее хасал, гIицIго жалго бетIергьанал цIарал ккола.)

ЦIалдохъабаз кIиабилеб текст, мугIалимас абун, хъвала (диктант).



- Хасал цIарал нужеца кин хъварал? Гьезда гъоркь хIучч цIай.

II. ХIайваназул цIараздаги ва хIайваназда лъурал тIокIцIаразда-ги гьоркьоб бугеб батIалъи бихьизаби (№ 159). 73 гьумералда бугеб теорияб баян цIали.

III. Предложениял гIуцIи (№ 160).

IV. Дарсил хIасил гьаби.



- Кинал цIаразда хасал абулел?

- Хасал цIаразул бетIералда кинаб хIарп хъвалеб?

V. Рокъобе хIалтIи.

Хасал цIаралги гъорлъе ккезарун, дурго росдал хIакъалъулъ 4 – 5 предложениялдасан гIуцIараб хабар (текст) хъвай (№ 158).
34 дарс

Тема. Хасал цIарал

Дарсил мурад: гIаммал цIараздаса хасал цIарал ратIа гьаризе-ги хасал цIаразул бетIералда кIудияб хIарп хъвазеги бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 158).

II. Словарияб диктант.

Бесизе – бессизе, сан – ссан, си – сси, бичIана – бичIчIана, речIана – речIчIана, чIвад – чIчIвад, сак – свак.

III. ГIаммал ва хасал цIарал ратIа гьаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 161).

IV. Цо – цо рагIабазул магIнаялъул батIалъи бихьизабизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 162).

75 гьумералда кьураб теорияб баян цIали.

V. Дарсил хIасил гьабиялъул хIалтIи (№ 164).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 163).



35 дарс

Тема. Предметияб цIаралъул жинс.

Дарсил мурад: предметияб цIаралъул жинс бихьизабиялъул къа-гIидабазулгун лъай – хъвай гьаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 163).

II. Предметияб цIаралъул жинсазулгун лъай – хъвай гьаби.

1. БатIи – батIиял предметиял цIарал цоцаздаса ратIа гьаризе ру-гьун гьариялъул хIалтIаби (№ 165, 170).

2. Учебникалъул 77, 79 гьумеразда кьурал теориял баяназда тIад хIалтIи.

III. Предметияб цIаралъул жинс, бихьизабизе ругьун гьария-лъул хIалтIи (№ 168).

IV. Сураталъулаб диктант.

МугIалимас предметиял суратал рихьизарула. ЦIалдохъабаз гье-зул цIарал абула, хъвала ва жинс бихьизабула.

V. Предметиял цIаразда рухьарал рагIабазул жинсиял гIалама-таздалъун жинс чIезабизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ I69).

VI. Дарсил хIасил гьаби.



- Предметиял цIарал кина – кинал жинсалъул рукIунел? Пред-метияб цIаралъул жинсал ратIа рахъизе сунца квербакъулеб?

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 166).


36 дарс

Тема. Предметияб цIаралъул жинс

Дарсил мурад: предметияб цIаралъул жинс бихьизабизе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 166).

II. Предметиял цIарал тIелазде рикьи ва жинс бихьизаби (№ 171).


  1. Сураталде балагьун, текст гIуцIи (№ 172).

IV. Текст хъвай ва гьелъул анализ гьаби (№ 173).

V. Рокъобе хIалтIи. ЦIияб сонги баркун, эбелалъухъе яги вацасу-хъе (яцалъухъе), ялъуни бищунго лъикIав гьалмагъасухъе кагъат хъвай.



37 дарс

Тема. Предметияб цIаралъул жинc.

Дарсил мурад: чIужуялъул ва чиясул жинсаздаги лъабабго жинсалдаги хIалтIизарулел рагIабазул жинс баян гьаби, гьеди-нал рагIабигун предложениял битIун гIуцIизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби.

II. Лъабабго жинсалда хIалтIизарулел рагIабазда хадуб халкквей.

1. 174 хIалтIи тIубай.

2. Учебникалъул 8I гьумералда кьураб теорияб баяналда тIад хIалтIи гьаби.

III. РагIабигун предложениял ургъи (№ 176).

IV. Жинсиял гIаламатазда хадуб халкквей (№ 177).

V. БицанкIабазе жавабал рати (№179).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 175).




Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница