КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби


Калам цебетIезабиялъул 6 дарс



страница8/10
Дата30.01.2017
Размер0.68 Mb.
#13883
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10

Калам цебетIезабиялъул 6 дарс


Тема. ГIелмияб тексталъул изложение (планалда рекъон).

Дарсил мурад: планалда рекъон, гIелмияб тексталъул изложе-ние хъвазеги текталъулъ прилагательноял хIалтIизаризеги бажари.

I. Тексталъул хIасилалъулгун (содержаниялъулгун) лъайхъвай гьаби (№ 337). Киназго цадахъ план гIуцIи (бицун).

Словаралдаса рагIи: страус.

II. Текст хъвазе хIадурлъи.

ГIелмияб тексталъул хаслъаби баян гьари.

Доскаялда план хъвай:

I. ВаранихIинчI дунялалда тIад бищунго кIудияб хIинчI ккей;

2. ВаранихIинчIалъул къаркъалаялъул борхалъи;

3. ВаранихIинчIалъул хоно;

4. ВаранихIинчI цIакъго къуватаб хIинчI букIин;

5. ВаранихIинчI, рукъалъул хIинчI гIадин, фермабазда хьихьи.

III. Цоги нухалъ текст цIали.

IV. Планалда рекъон, текст хъвай.

V.Текст битIун хъван бугищали хал гьаби.


46 дарс

Тема. Цого яги гIага – шагараб магIнаялъулги гIаксаб магIна-ялъулги прилагательноял.

Дарсил мурад: синонимазул ва антонимазул хIакъалъулъ цIалдо-хъабазул бугеб лъай гъварид гьаби, каламалъулъ гьел битIун хIалтIи-зариялъул бажари цебетIезаби.

I. Тексталъул хIасил (содержание) кьеялъулъги, предложениял гIуцIиялъулъги, предложениязулъ рагIаби хIалтIизариялъулъги, рагIабазул битIунхъваялъулъги риччарал гъалатIазда тIад хIалтIи.

II. ГIаксаб магIнаялъул прилагательноязда хадуб халкквей (221 абилеб хIалтIи тIубай ва 104 абилеб гьумералда бугеб теорияб баян цIали).

- Щай нилъеца каламалъулъ цо предмет цогиялда данде кко-леб? (Щибаб предметалъул бугеб хаслъи лъазе.)

III. ГIаксаб магIнаялъул прилагательноял дандекквей (№ № 222, 223).

IV. Цого яги гIага – шагараб магIнаялъул прилагательноязда хадуб халкквей (№ 224).


  1. Рокъобе хIалтIи (№ 225).


47 дарс

Тема. Сипатияб текст.

Дарсил мурад: сипатияб тексталъул хаслъабазулгун лъай-хъвай гьаби; сипатияб текст гIуцIизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 225).



- Прилагательноял – синонимал абе. МагIнаялъул рахъалъ сундулъ гьел релълъунел ругел? Гьел цоцаздаса сундулъ ратIалъулел ругел?

II. Дарсил мурад бицин.



- Жакъа нилъеда лъазе ккола щиб жо кколебилан сипатияб текст. Нуж ругьунлъизе руго сипатияб текст гIуцIизеги.

III. Сипатияб тексталъул хаслъиялда хадуб халкквей (226 аби-леб хIалтIи тIубай ва учебникалъул 105 абилеб гьумералда бугеб теорияб баян цIали).

IV. ГIалхул хIайваналъул сипат гьабураб тексталъулгун лъай – хъвай гьаби (№ 229).

V. Цо кинаб бугониги гIалхул хIайваналъул сипат – сурат гьа-бун, къокъаб сочинение хъвай (№ 228).

VI. Сочинениялъул хал гьаби.


  1. Рокъобе хIалтIи (№ 227).


48 дарс

Тема. Прилагательноял жинсазде хиси.

Дарсил мурад: прилагательное, жинсалде балагьун, хисулеб бу-кIин цIалдохъабазда бичIчIизаби; предметиял цIаразул жинс бихьи-забиялъул бажари цебетIезаби.

I. Сочинениялъул анализ гьаби. ГъалатIазда тIад хIалтIи.

II. Предметиял цIаразул жинс бихьизаби.

МугIалимас абун, гьал хадусел рагIабазул дандраял хъвала: цIодо-рай яс, вицата чи, цIакъав вас, кепаб хабар, хехаб гIор, разияй эбел.



- Предметияб цIаралъул жинс бихьизабе.

- Предметияб цIаралъул жинс кин лъазабизе бегьулеб?

III. Дарсил мурад бицин.

Жакъа нуж ругьунлъула прилагательноязул жинс бихьизабизе, гьединго нужеда лъала прилагательноял жинсазде хисулеллъиги.

- Прилагательноялъул жинс кин чIезабизе бегьулеб? Хъварал ра-гIабазул дандраязул анализги гьабун, палхIасил гьабула.

IV. Прилагательное жинсазде хисиялда хадуб халкквей

(230 абилеб хIалтIи тIубала ва 107 гьумералда бугеб теорияб баян цIалула).

V. Таблицаялда тIад хIалтIи гьаби. Лъурал суалазе жавабал кьей ва тIадкъаял тIуразари (№ 231).

VI. БицанкIабазе жавабал рати (№ 235).

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 237). РагIабазул дандраял гIуцIи ва хъвай.



49 дарс

Тема. Прилагательноял формабазде хиси.

Дарсил мурад: прилагательноялъул цолъул яги гIемерлъул фор-ма чIезабиялъул бажари цебетIезаби; предметиял цIаралгун прила-гательноязул рагIабазул дандраял гIуцIизе ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 237).

II. Словарьгун хIалтIи.

- Словаралдаса чиясул, чIужуялъул ва гьоркьохъеб жинсалъул кIи – кIи предметияб цIар тIаса бищи. МагIнаялъул рахъалъ данде кколел прилагательноялгун гьел хъвай. (Масала: ХIеренаб рас ва гь. ц.)



- Прилагательноязулъ кинал суффиксал нужеца хъварал ва щай? Цолъул формаялда гьел рукIин кин нужеца чIезарурал? Гьел гIемер-лъул формаялда лъе.

III. Дарсил мурад бицин.

- Цолъул ва гIемерлъул формаялда, гIицIго предметиял цIарал гурелги, прилагательноялги хисула. Жакъа дарсида нужеда лъала прилагательное цолъул ва гIемерлъул формаялда кин хисулебали ва прилагательноязул гьеб форма кин чIезабулеб бугебали.

IV. Прилагательноял формабазде хисиялда хадуб халкквей.

Лъималаз жидецаго цIалдохъанасул суал цIалула, 239 хIалтIи гьа-була ва учебникалъул 112 гьумералда кьураб теорияб баяналъул-гун лъай – хъвай гьабула.

V. Прилагательноялъул цолъул ва гIемерлъул формаялъул суф-фиксал битIун хъвазе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 241).

VI. Предметиял цIаралгун прилагательноязул рагIабазул данд-раял гIуцIизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 242).

VII. Дарсил хIасил гьаби.



- Прилагательное кинаб формаялда бугебали лъазе ккани щиб гьабизе кколеб?

  1. Рокъобе хIалтIи (№ 248).


50 дарс

Тема. Контролияб диктант.

Дарсил мурад: прилагательноялъул хIакъалъулъ щвараб лъаялъул хал гьаби.

ЦIад бан хадуб.

ТIадагьал хъахIал накIкIал раккана. Гьезул залимаб, чIегIераб накIкIул парча лъугьана. Цинги зобго цIуна. Мехалде щвезегIан тамахаб цIад бана. Къечараб ракьалъ регьел лазаталда къулчIана. Киналго рижулел жалаз кутакаб рохел гьабуна. Сварал хурдул цIилъана. РечIарал тIугьдуз бутIрул рорхун ккуна. Хаган букIараб ролъ гIурччинлъана.

ХIалимав кIудада, гъудал рикIизе, бакъалде вахъана. ХIалтIуде хIасратай эбел магъилъе ана. (52 рагIи.)

Тадкъаял. 1. Предложение членазде биххизе (I- себ вариант щуабилеб предложение, 2 – леб вариантанлъабилеб предложение). БетIерал членазда гъоркь хIучч цIазе, рагIабазул данд-раял ратIа гьаризе. 2. ГIакса магIнаялъул прилагательноял ургъизе (I – себ вариант - гьетIараб тIил - …; тIуцал рукъзал - …; 2 - леб вариант – къокъаб хабар - …; чIедераб нух - …).




Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница