Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов



Дата28.02.2018
Размер92.69 Kb.
#60522
ТипКнига
Мух1амад Х1АСАНОВ


РАГЪУЕ ВАСАЛ КЬУРАЙ

Мух1амад Х1АСАНОВ

РАГЪУЕ ВАСАЛ КЬУРАЙ

( ПОЭМА)
Т1ехь сайгъат гьабула Гъуниб районалъул Гьонода росулъа жидер мунагьал чураял Исубил Мух1амадил ва Написатил лъималазе. Автор.
Книга посвящается детям покойного Исубил Мухамада и Написат из селения Гонода Гунибского района. Автор.

Мах1ачхъала - 2015

ББК 84 (2-авар)-5

УДК 821.351


Г-22 Х1АСАНОВ МУХ1АМАД

РАГЪУЕ ВАСАЛ КЬУРАЙ: Пер. с авар.
Г-22 ГАСАНОВ МАГОМЕД

РОЖДЕННЫЕ СЫНОВЬЯ ВОЙНЕ: Пер. с авар.

Маг1арул ч1ужуг1аданалъул сабурлъиялъул, х1алимлъиялъул, х1ал ккедал гьелъул къвак1араб т1абиг1ат-г1амалалъул, К1удияб Ват1анияб рагъул соназда гьелъ баччараб ва х1ехьараб зах1маталъулги бицунаго, авторас поэмаялда жаниб ц1алдолев куцалев вуго г1агараб Ват1ан бокьулевлъун, жиндирго ракьалъул патриотлъун ва тушманасдаса гьеб ц1унизе кидаго х1адуравлъун вук1ине.

С Магомед ГАСАНОВ, 2015

С Изд. ООО «Радуга – 1»


К1УДИЯБ БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪ 70 СОН Т1УБАЯЛДЕ

РАГЪУЕ ВАСАЛ КЬУРАЙ

( Поэма )

Сайгъат гьабула Гьонодаса Исубил Написатие

Жиндир мунагьал чураяй, щуго васасе г1умру кьурай Гъуниб районалъул Гьонода росулъа Исубил Написатица абулаан: «Рагъуе васал гьарурай эбел йиго дун»,- ан.

Написатил рос, щуго васасул эмен Исубил Мух1амад гьонодисезда лъалаан «Баг1арав партизан» абун. Гьев вук1ана партизаназул ц1ар раг1арав командир Хъара Хъараевасул лъик1ав гьудул.

1

Г1агараб Ват1аналде

Т1аде тушман к1анц1идал,

Ц1унц1рахун араб черхалъ

Чаран лъуна рек1еда.
Ват1аналде къо ккедал,

Къарукъун т1аде щолел

Къадруял маг1арулал

Кьолона айгъиралда.
Дица гьаниб бицунеб

Буго багьадуразул,

Бергьенлъиялъ бакараб

Канлъи нахъе ц1унизе.
Ц1вабзахъе кьун ц1ализе,

Кьилимаг1арда хъвазе,

Халкъалъе г1агарлъизе

Нилъер бах1арзазул ц1ар.
Муг1рул борхалъиялда,

Игитил сурат буго.

Кьурул лабаллъиялда,

Лебалил сипат буго.
Исубил Мух1амадил

Хъизамалда щуго вас.

Щуявго нартал г1адал,

Щуявго бакъал г1адал.
Къадалъ ч1вараб маг1 г1адал,

Маг1арул ях1 ц1унарал.

Ц1адулъе чаран г1адал,

Чилъи рек1елъ бакарал.
Чалухаб айгъиралда

Аб борхалъи квегъарал.

Бокьаралъуб квер г1унт1ун,

Г1алам мук1ур гьабурал.
Г1умру жеги бихьич1ел,

Берк1алда даллак хъвач1ел.

Даим жидер росдае

Ратизе х1алай ч1арал.
Рагъул гъугъаялда гъорлъ,

Гъалбац1аллъун лъугьарал.

Кьалул гуллил ц1адулъе,

Ц1иркъаллъун цере арал.
2

Написатил к1удияв

Г1абдулбасир абулев,

Улкаялъул каранда

Камилаб хат1алъ хъварав.
Украина ц1унарав,

Ц1адулъе квер бегьарав,

Одесса, Полтав, Харьков

Хиралъиялъ бокьарав.
Рехулел бомбабаца

Бихъун щущалеб ракьда,

Щубил горо г1адинан,

Г1ащикълъиялъ къочарав.
Чапулеб гуллил ц1адалъ

Ц1алтараб гьаб ракьалда,

Россиялъул байрахъгун

Багьадур г1адин ч1арав.
Хвалиде данде унел

Улкаялъул васалгун,

Сордо-къо кьижич1ого,

Кьалул корохъ рогьарав.
Харьков эркен гьабизе

Рух1алда вагъулаго,

Ругъун чанго лъуниги,

Чаран г1адин къвак1арав.
Къисматалъ т1ад вуссине

Т1адег1анасул хъваялъ

Халкъалъе х1ажатавлъун,

Рокъове т1овит1ана.
Рек1к1аб хвалиде данде

Дарманаз кверги бегьун,

Бах1арчияв рагъухъан

Росдае х1ажалъана.
Рагъулаб туманк1 хисун,

Ручка кодобе босун,

Ракълилаб хъулухъалда

Халкъалъе эхетана.
Учительльун х1алт1ана,

Х1ажаталъув ватана.

Росдал маг1ишаталъулъ

Щулияб бут1а лъуна.
Орденазул керен ц1ун,

Ц1умалъ куркьбал хьваг1ана.

«Мустах1икъав учитель» -

Улкаялъ кодов ц1ана.

3

Исубил Жамалица

Баг1араб дипломалда

Аварпедучилище

Лъуг1изабун бук1ана.
Учительлъун х1алт1изе

Т1амун Ц1унт1е щвелалде.

Щвана рагъулаб хабар,

Хиянат гьабуразул.
Хвалил кьог1лъи баччизе

Рух1алда х1инкъулареб

Къокъаялъул цевехъан

Цеве гьавун къокъана.
К1икъоялда щугояв,

Щвараб бакъ г1адал васал

Г1алхулав тушманасда

Данде рагъизе ана.
Рик1к1адаб гуржиязул

Г1орхъуде г1агарлъидал,

Г1ансиялда гъоркье ккун,

Кьалде унел къанщана.
Анц1гоял нахъе хут1ун,

Хвалица рачун лъурал,

Лъебералда щугоялъ

Щвана Жамалий къадар.
Лъабго къоялъ къеркьана,

Къуват данде бак1арун,

Къисматалъ цо гьарурал

Гьел лъималазул улбузул.
Гьезул цояй Написат,

Сабурай маг1арулай.

Маг1уялъ лъалъана ракь,

Рук1к1еналъ х1енсана рак1.
Рик1к1адаб ракьалдаса

Кьалде ине г1едерав

Г1олиласул жаназа

Жазалъун т1аде щведал,
Щубил гараллъун берал,

Маг1уялъ лъалъан ц1уна.

Лъуна къаникь къого сон

Сапаралъ г1еч1еб лъимер.
Аллагьасул хъваялда

Эбелалъ сабру лъуна.

Т1адег1анасул х1укму

Х1ал лъач1ого баччана.
4

Написатил вас Исуб,

Рагъда цересел соназ,

Госбанкалда х1алт1улев

Къах1ив вугеб заманалъ.
Къойил вуго эргъолев

Армиялде инилан.

Эниве г1арзаги кьун.

Г1едег1изе кколилан.
Бищунго к1удияв вац

Дова рагъда вугилан.

Кьалде унев Жамалги

Г1ансикьги ккун хванилан.
Хиялал г1емер руго,

Г1ищкъуялъ гьалдолаго.

Анищал щущан руго,

Щубилъан лъалъалаго.
Лъилъулеб гьеч1о ругъун,

Рагъул гъугъаялъ лъураб.

Сахлъулеб гьеч1о керен,

Кодобе бак1лъи г1ураб.
Жеги Жамалихъ т1ураб

Маг1у бакъвалеб гьеч1о.

Балъго угьдулеб керен

Эбелалъул лъилъич1о…
Инсулгун къан квер бачун,

Къо-лъик1 эбелгун гьавун,

Гьанже къват1ив вахъана

Къадруяв маг1арулав.
Маг1арул иях1-намус

Ясбер г1адин ц1унизе,

Ц1удулаб мисалалда,

Мурад т1убан вуссине.
Сталинградалъул

Ротаялъул командир,

Кинабго рак1 рагъуе

Рагьана маг1арулас.
Ростов шагьар ц1унулев

Ц1а г1адинав г1олилав

Г1алхулал фашистазул

Г1арадаялъ лъукъана.
Г1ажалаб ругъунги щун,

Щвана Аллагьас къадар.

Вукъана Запорожьялъ,

Орехов шагьаралда.
Гьеб соналъ Исубилги

Къого сон т1убалаан.

Т1егьалаго бекана,

Бакьулъа гъот1ол г1аркьел.
Хвалилаб хабар лъазе,

Лъабиде ч1вараб кагъат

Кодобе кьун ц1алана,

Ц1ад г1уна маг1ил гараз.

5

Исубил Мух1амил вас

Мух1амадил г1умруги

Бищун къокъаб бук1ана,

Къадар хехаб батана.
Къах1ив х1алт1ун лълъадарун,

Лъарат1е т1овит1ула.

Т1адмаг1арулазда гъорлъ

Гъове Шурагьив уна.
Окопал рухъулезул

Ротаялъул цевехъан.

Зах1маталъул армия,

Элъул зах1мат лъаларищ.
Лъалъараб г1ет1уцаги,

Г1ажалаб унтуцаги

Унел рачун г1адамал,

Г1умруялъухъ г1ащикъал.
Сордо-къоялъги х1алт1ун,

Х1алалаб макьуги тун.

Х1анч1изе чедги т1аг1ун,

Чахьалда къоноги бан.
Къадар Аллагьас эниб

Батана Мух1амадий.

К1удиял вацал араб,

Ана г1ажалалъ вачун.
Г1умруялъул т1егьач1еб

Т1огьолаб завалалъул,

Г1иц1го анц1ила анкьго

Кьурун бук1инч1о жеги.
Рагъалъ ч1аго гьарилищ?

Ч1варал ракьалда телищ?

Ч1ег1ер барал руччаби,

Россабахъ къечон лъудби…
Лъазе теч1о инсуда

Ункъабилев васасул,

Исубил Мух1амадил

Маг1у бакъвач1ониги.

6

Бищун гьит1инав Гьимат,

Гьанже щварабищ ирга.

Ункъабилев вацасги

Къанщанин кьалда берал.
Къадаралъ наслуялъе

Нахъе теларищ гьанже.

Эбелалъул маг1илъан

Мунги хадувищ инев?!
Вацал руссинч1еб нухде

Хадуб буссун ссудулеб

Сахлъулареб каранлъ рак1,

Рук1к1буз х1енсон ккураб бак1.
Буго къоял аниги,

Унтун рак1 Гьиматилги.

Гьаб рагъ лъуг1ананиги,

Лъалъан цо кьог1лъиялъги.
Кьурабазда багъулеб

Гъугъай къот1ананиги,

Къунеб гьеч1о каранлъ сас

Гьаб гуллил г1ассилъиялъ…
Эбелалдаса балъго

Лъуна гьас нухде гали.

Гьиматги армиялде

Ана вацазда хадув.
Венгриялъул рагъда

Рагъулаб бак1лъиги ц1ан,

Ц1адул коронивги г1ун,

Г1олилав т1ад вуссана.
Ват1аналъе рит1ухъго

Ракьалда х1ет1еги лъун,

Ракълилаб г1умруялде

Г1ащикъго т1аделъана.
Т1олабго жиндир г1умру

Г1олеб г1елалъе кьуна.

Кьалда лъураб лълъадари

Ракълие назру лъуна.
«Мустах1икъав учитель»,

Улкадул рит1ухъав вас.

Анищалда ц1алулел

Ц1иял т1ахьазул автор.
Т1аде г1олеб г1елалъе

Лъик1лъиялъул рагьизе,

Гьонодисезул тарих

Таварихалъ хут1изе.
Хут1ана дур чанго т1ехь,

Даимлъиялъе музей.

Замана хисаниги,

Хут1ила мун ч1агоялъ.

7

Ч1варал, рагъда къанщараз

Къач1ана нилъей рекъел.

Хварал, къаникь рукъараз

Ракьалда тана х1ухьел.
Х1алалаб гьарзалъиялъ

Гьаб ракьалда ратизе.

Гьуинаб гьудуллъиялъ

Лъик1лъиялде ах1изе.
Лъезин нилъеца бут1а,

Ц1ализан лъик1аб дуг1а,

Даимаб абадиялъ

Аллагьас къабуллъизе.
Рагъуй къали бухулел

Къанабакь жалго лъезе.

Жужах1аб кор бакулел

Балагьалъ жалго ине.
Кьерхаде зоб гъугъалел

Нак1к1ал нахъе хъамизе.

Хинлъиялъ ракь лъалъалел

Бакъул ч1орал къалъизе.
Къисматалъ къварилъарал,

Къороллъуда хут1арал,

Къо х1ехьарал улбузул

Унтараб рак1 лъилъизе.
Рагъуе васал кьурал,

Кьалуе россал тарал

Руччабазул, яцазул

Берзул маг1у бакъвазе.
Хвалчада би г1одулеб

Г1ащикълъугеги заман.

Загьруялъ мугьру ч1валеб

Ч1огеги рагьда г1алам.
2015 сон.

Т1ЕХЬАЛДА РУГО:

Стр.
1.Рагъуе васал кьурай ( Поэма)………………………………………………………

2.Керен г1ужий лъуна, г1умру ц1илъизе……………………………………………

3.Рук1ана умумул, ана бах1арзал…………………………………………………….

4.Кьалдаги ракълидаги къуваталлъун г1уна нилъ………………………………..

5.Гьонодисел К1удияб Ват1анияб рагъда…………………………………………...

6.Иллюстрациял………………………………………………………………………..

МУХ1АМАД Г1АЛИХАНОВИЧ Х1АСАНОВ
МАГОМЕД АЛИХАНОВИЧ ГАСАНОВ


РАГЪУЕ ВАСАЛ КЬУРАЙ
РОЖДЕННЫЕ СЫНОВЬЯ ВОЙНЕ

Редактор Махмуд-Апанди МАГОМЕДОВ

Корректор Г.А.МАГОМЕДОВ

Верстка и дизайн Г.А.МАГОМЕДОВ
Подписано в печать __________________

Бумага офсетная. Печать офсетная.

Формат 60*84 1/16. Заказ №___________

Тираж 100 экз.
Отпечатано в типографии ООО «Радуга –1»,

г. Махачкала, ул. Коркмасова, 11 «а»
Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница