Педагогияб хIалтIул ветеран



Дата09.01.2018
Размер41.47 Kb.
#41845

Педагогияб хIалтIул ветеран.

Лъай гIуцIун букIуна щибаб къоялъ гIисинккун данде гьабураб хIалбихьиялдасан.



( Д. И. Писарев.)
Щибаб организациялъул коллективалда вуго киназго къимат гьабулев, кинаб бугониги пайдаяб гIакълу къваригIаразе кьун бажарулев, гIумруялъул ва гьабулеб хIалтIул кIудияб хIалбихьи бугев специалист. Вуго гьединав хIалтIухъан Шамил районалъул ТIидиб гьоркьохъеб школалдаги. Гьев ккола Дагъистан Республикаялъул лъай кьеялъул отличник, педагогияб хIалтIул ветеран, старший лейтенант запасалда ГIалидибиров МухIамад МухIамадович.

МухIамад гьавуна 1935 соналъ КъахIиб (гьанжесеб Шамил) районалъул ТIидиб росулъ векьарухъанасул хъизаналда. Рагъул заманалда, гьелда хадубги, Дагъистаналда учительзаби гIоларого рукIиналъ, гьанире кумекалъе ритIун рачIунел рукIана гIурус учительницаби. РачIана гьел ТIидиб анкьгосонилаб школалдеги. Гьез малъулеб букIана лъималазда дарсал гурелги, гIадамазда гьоркьор рукIа-рахъин, кьолеб букIана гьезие лъикIаб тарбия. Гьезул малъа-хъваял ракIалда чIезаруна ва гIумруялъ хIалтIизаруна МухIамадица. Гьез бижизабуна гьесул цIалуде гъира ва рокьи, лъай-хъвай гьабуна бечедаб гIурус культураялъулгун. Гьелъул хIасилги ккана МухIамадица гIицIго щуйил къиматазда ТIидиб анкьгосонилаб школаги лъугIун, экзаменалги кьун, КъахIиб гьоркьохъеб школалде цIализе лъугьин.

Рагъ лъугIун хадубги цIакъ захIмат букIана гIумру гьабизе. Дагьаб гурони кваназе квен гьечIого, ретIел-хьит къанагIат гурони щоларого, хьвадана МухIамадги гьесул кьерилалги КъахIире цIализе. Гьенибги бихьизабуна МухIамадица жив пагьму ва бажари бугев хIаракатчи вукIин, гьев вищула школалъул комсомол организациялъул комитеталъул членлъун. Анкьида жаниб цо нухалъ щолаан цIалдохъаби эбел-инсухъе. Доб заманалда учительзаби гIоларого, байбихьул классазда дарсал кьолаан лъикIал хIасилазда гьоркьохъеб школа лъугIарал цIалдохъабазги. Гьединазда гьоркьов вукIана ГIалидибиров МухIамадги. 1953 соналъ КъахIиб гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, гьев цо соналъ хIалтана ХIотода школалъул байбихьул классазда учительлъун, хадуб кIиго моцалъ гIагараб школалдаги.

1954 соналъ гьев ахIана Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе. ГIемер бицуна МухIамадица доб мехалъ армиялда букIараб гIадлуялъулги, хIехьезе кколел рукIарал захIмалъабазулги, рагъухъабазда гьоркьоб букIараб гьудуллъи-вацлъиялъулги. Сержантасул званиялда росулъеги вуссун, гьев 10 соналъ хIалтана росулъ М. Дахадаевасул цIаралда бугеб колхозалда батIи-батIиял хъулухъазда. 1966 соналъ МухIамадица лъугIизабуна Тифлисалъул гIарадабазул училищеялъул цIалул курсал ва гьесие щвана звание «младший лейтенант». Хадусеб соналъ, нахъеги байбихьана хIалтIизе учительлъун гIагараб школалда. ЦIалуде бугеб гIищкъуялъ, гьев лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда филологияб факультеталъул заочнияб отделениялде, амма черхалъул сахлъи гьечIолъиялъ, ункъго курс лъугIигун, гьес цIали тезе ккана. ХIалтIана школалда военруклъунги. Гьесул цалдохъабаз районалда жанир тIоритIулел «Спартакиада», «Зарница» къецазда кидаго росулаан тIоцересал бакIал.


1980 соналъ ТIидиб гьоркьохъеб школалда рагьана трактор кьеялъул дарс. МухIамад МухIамадовичасе кидаго бокьулаан батIи-батIияб техника. Кивниги цIаличIого, жидерго хIаракаталдалъун, гьес лъазабуна лъималазе борхатаб даражаялда дарс кьезе лъаледухъ къваригIунеб

материал. Гьес гIемераб хIалтIи гьабуна тракторалъул кабинет унго-унгояб къагIидаялъ къачIазе, гьениб жаниб къваригIанщинаб берзулаб пособие чIезабизе. Гьесул цIалдохъабаз районалъул олимпиадазда рихьизарула лъикIал хIасилал. Зама-заманалдаса гьес майданалда чIахIиял классазул цIалдохъабазе кьола трактор бачиялъул дарсал. Экзаменги кьун, гьезие щола пачалихъалдаго хIалтIулеб «А,В,С» категориялъул удостоверение.

ГIалидибиров.М.М. ккола кинабго рахъалъ цеветIурав, жигарав, жидедаго тIад хIалтIулев учитель. Гьесда кIола учительзаби школалда гьечIеб мехалъ, гьел хисун, дарсал кьезе, амма бищун цIакъ гIурус ва магIарул мацI . Гьев вуго цIакъ махщел бугев, къваригIараб бакIалда росуцоязе кумекалъе хIадурарав инсан. МухIамадица цIакъ квербакъи гьабуна ТIидиб кIиябго школа базе. Кинаб къварилъи гIумруялъулъ кканиги, гьесда кIвана гьелда тIаса гали тIамизе, гьеб къинабизе ва борхатго бетIерги ккун цевехъун ине. Гьев вуго ТIидиб гьоркьохъеб школалъул хазина ва чIухIи, цIалдохъабазе ва гьезул эбел-инсуе вокьулев, тIолабго педколлективалъ хIурмат гьабулев Учитель. Гьев ккола Дагъистан Республикаялъул лъай кьеялъул отличник, мустахикълъана районалъул ва школалъул гIемерал шапакъатазе.

Исана МухIамад МухIамадовичас бана 75 сон. ТIидиб росдал жамагIаталъ, учительзабазул ва цIалдохъабазул коллективалъ ракI-ракIалъ баркулеб буго гьесда гьеб юбилей, гьарулеб буго гьесие щулияб сахлъи ва парахатаб гIумру.


Ахбердило Ахбердилов, ТIидиб школалъул тарихалъул мугIалим, Шамил район.

На снимке: Алидибиров Магомед Магомедович.

Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница