Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян



Дата27.08.2017
Размер324.26 Kb.
#28861
ТипРабочая программа
Муниципальное казенное общеобразовательное учреждение

«Дылымская гимназия имени Махмуда Салимгереева»

Согласовано Утверждено

зам. директора Директор МКОУ ДГ

«___»_______ 2014г.

от «30» августа 2014г.

Гаджиева Ж.А. З.С. Темирбулатова

РАБОЧАЯ ПРОГРАММА

по родной литературе для 9 класса

2014-2015 учебный год


ПРОГРАММАЯЛЪЕ БАЯН
Художествияб адабияталъ к1удияб кумек гьабула кинабго рахъ камилав инсан куцазе, г1агараб халкъалъул рух1ияб бечелъиялъул кьуч1алда г1олилазе тарбия кьезе.

Гьединлъидал школалда малъизе т1аса рищун руго ц1алдохъабазе мустах1икъал, маг1наялъул ва мац1алъул рахъалъ щвалде щварал авар литератураялъул ва вацлъиялъул миллатазул цо-цо асарал. Гьезда т1ад х1алт1улаго, лъималазда лъазе ккола художествиял асаразул анализ гьабизе, гьезие бит1араб къимат кьезе ва адабияб теориялъул к1вар бугел баяназдаса пайда босизе, гьелдаго цадахъ гьезие рагьизе ккола художествияб каламалъул пасих1лъи ва гъварилъи.

Раг1ул устарлъиялъул асарал малъи ккола адабияб курсалъул аслияб рахълъун.

Малъиялъул мурадлъун ккола раг1ул устарлъиялда лъимал хадур гъезари, камилал художествиял асаразда гъорлъе раккизе ругьун гьари, пасих1аб сипатияб каламалъул тату лъаялде гьел рачин, гьелъул кьуч1алда асаразулъ рихьизарурал обществиял гъоркьорлъабаздалъун, г1адамазул г1амал-хасиятаздалъун авторасе абизе ва бихьизабизе бокьараб аслияб пикру рагьиялде ва бич1ч1иялде рач1ин.

Адабияб курсалда жаниб хасаб бак1 ккола Ват1ан хиралъиялъул. миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, дунялалъулго зах1мат-халкъалъул мурадал ц1униялъул асар ц1алдохъабалъ куцаялъ.

Адабияталъул дарсаз лъимал т1амула миллатазул адаб-х1урмат гьабизе, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи бищун къиматаб бечелъи х1исабадда къабул гьабизе. Гьеб мурадалъе г1оло ц1алдохъабаз лъай-хъвай гьабула цогидал миллатазул литерагураялдаса авар мац1алде руссинарурал лъик1ал асаразулгун.

Гьеб программаялъул аслияб т1алаб: литератураялде лъималазул рокьи базаби; чвахун ва пасих1го ц1алиялъул бажари камиллъизаби; малъулел асаразул гъварилъуде раккизе ва аслияб пикруялда (идеялда) хадур гъезе к1везелъун, анализалъе авалияб роцада лъимал ругьун гьари, т1ахьал ц1ализе гъира-шавкъ бижизаби.

Щибаб классалъул курс г1уц1ун буго тарихиябгун тематикияб тартибги ц1унун. Гьелъ рес кьола лъималазул лъай г1амлъизабизе, литературиял асаразда кколел лъугьа-бахъинал ч1ванкъот1араб тарихияб заманалда хурхарал рук1ин ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе, ва гьезда бихьизабизе гьел асаразда жаниб бат1и-бат1ияб тарихияб заманалъул г1адамазул г1умруги г1амал-хасиятги ва рук1а-рахъинги гвангъун цебеч1езабун бук1ин; гьелдаго цадахъ лъималазе рагьула жакъасеб къоялдаги гьел малъулел асаразул бугеб к1вар: гьанжесеб г1умруялъе бит1араб къимат кьун бажаруларо, аралда данде кквеч1ого.

Щибаб классалъул программаялда кьун буго к1алзул ва хъвавул калам цебет1езабизелъун т1орит1изе кколел х1алт1абазул къадар.

Гьел х1алт1аби щулаго рухьарал руго адабиял асарал малъиялда. Гьединлъидал лъималги ругьунлъула сипатияб каламалде, поэтазул, хъвадарухъабазул пасих1аб мац1алде, раг1аби дандразе, хабар г1уц1изе, маг1наялда рекъараб форма батизе, жидерго пикру къокъго ва баянго загьир гьабизе. Гьелдалъун асаразул анализ гьабизеги, гьезие къимат кьезеги ц1алдалдохъабазул бажари борхула.

Программаялда ч1езабун буго, адабияталъул курс малъулаго,
лъималазе щвезе кколеб лъаялъул ва лъугьине кколеб бажариялъул
мух1канаб г1урхъи-рахъ. Лъазе ккола малъулел асаразул х1асил бицине,
щибаб классалъул программаялда кьурал литерагурияб теория-
лъул баяназдаса г1ат1идго пайда босизе, программаялъ т1адаллъун
гьарурал текстал рек1ехъе ц1ализе.

Ругьунлъиялъулгун бажариялъул т1алабал к1ийиде рикьун рихьизарун руго:

1. Асаралъул анализ гьабун ва гьелъие къимат кьун бажари;

2. Калам г1уц1ун бажари.

Программаялда бихьизабун буго щибаб художествияб асар малъизе бикьун кьураб ц1алул заман. Ц1алдохъабазул къадаралде, лъаялде ва гьезулгун классалда х1алт1и гьабизе ругел шарт1азде балагьун, яги методикияб рахъалъ чара гьеч1еблъуы бихьулеб бугони, учителасул ихтияр буго, цо-цо темаялъе кьурал саг1тазул къадар, жиндаго лъик1аблъун бихьараб къаг1идаялъ, хисизабизе.

Адабияталъул дарсазда цадахъго г1ат1идго бачине ккола класстун къват1исеб х1алт1иги: адабияб кружок, ц1аларал т1ахьазда т1асан бах1сал-конференциял т1орит1и, литературиял х1аял, пасих1го куч1дул, харбал ц1алиялъул къецал, концертазде, киноялде, театралде цадахъ ин ва бихьаралда т1асан гара-ч1вари г1уц1и, поэтазул, хъвадарухъабазул бак1азде сапарал гьари, литературиял музеязде щвей, халкъияб к1алзул гьунаразул асарал рак1ари г1адал тадбирал.




п\п


Содержание



Формы, методы, приемы



Домашняя работа



Общее

кол-во часов

по разделу


Колич-во часов по теме

Примечание



1- полугодие.

1.

50-90 соназда авар адабият. Р.Х1амзатов г1умру ва творчество.

Лекция.

Р.Х1амзатовасул г1умру.

1с.

8с.


1с.

1с.





2.

"Дир рак1 муг1рузда буго"

1. Поэмаялъе гара-ч1вариялъ. анализ.

Поэма ц1ализе, бицине.




1с.




3.

Поэмаялъул аслияб пикру рагьизе.

Поэмаялъе анализ.


Планалда рекъон рек1ехъе 6 куплет.




1с.




4.

"Дир Дагъистан"

Бут1аби ц1ализе. гара-ч1вариялъул анализ.

Бицине асар.хаслъи




1с.




5.

"Эбелалде".

1. Пасих1го ц1али.

2. Сипатияб анализ.



Рек1ехъе лъазабизе.




1с.




6.

"Авар мац1"

Мисалияб ц1али. Гара-ч1вариялъул анализ.

Анализ.




1с.




7.

"Милъиршаби"

Гара-ч1вариялъул анализ.

Ц1ализе, сипатияб анализ.




1с.




8.

Калам бечед гьаби.

Сочинение.












1с.




9.

Расул Х1амзатовасул творчество.










1с.




10

Г1. Хачалов. Г1умру ва творчество.

Лекция.

Биография лъазабизе.




1с.




11.

"Хваразул ц1аралдасан". Халкъалъе г1оло г1умру кьурал хвел гьеч1еллъун лъугьин.

Пасих1го ц1али.

Анализ.


Цо бут1а рек1ехъе. Содержание лъазе.




2с.




12.

Калам бечед гьаби.

Сочинение.












1с.




13.

Муса Мух1амадов – г1умру ва творчество.

Лекция.

"Манарша" – ц1ализе.




1с.




14.

"Манарша".

Содержание бицине.

План г1уц1изе.



План рек1ехъе бицине.




1с.




15.


Багьадуразул сипатал.

Антитезаялъул къаг1ид. сипатазул анализ.

Сипатал рагьизе.




1с.




16.

Калам бечед гьаби.

Сочинение "Дие бищунго бокьараб образ".







2с.




17.

Х1ажи Гъазимирзаев "Васасде".

Лекция. Г1умру ва творчество. Мисалияб ц1али.

Гара-ч1вар.анализ.



Кеч1 рек1ехъе.




1с.




18.

"Гьудуласде", "Лъалхъуге, дир барти".




Анализ




1с.




19.

Машидат Гъаирбекова. Биография, творч-во.

Лекция.

"Эбелалъул рак1" – ц1ализе, анализ гьабизе.

2с.

1с.




20.

"Эбелалде куч1дул"

Мисалияб ц1али,

Гара-ч1вариялъул анализ.



Анализ.




1с.




21.

Фазу Г1алиева – г1умру ва творчество.

Лекция. Ц1алдохъабазул сообщениял.

"Кини" – ц1ализе.

2с.

1с.




22.

"Кини".

Асаралда т1ад х1алт1и.

Халунил образ.




1с.




23.

Калам бечед гьаби. Сочинение

"Рагъул магъалоялъул бак1лъи".







1с.




24.

Г1абасил Мах1амад "Саба-Меседо".

Лекция. Г1. М. драматургия.




4с.

1с.




25.

"Саба-Меседо" – халкъияб биценалъул кьуч1алда хъвараб пьеса.

Ц1ализе.

Анализ




1с.




26.

Чабхъен, чияр ракьал рахъи каки – аслияб пикру.

Образазда т1ад х1алт1и.







1с.




27.

Асаралъул хаслъи.

Гара-ч1вариялъул анализ.

Ролязде биххун х1азе..




1с.




28.

Калам бечед гьаби.

Багьадуразул хасиятал.







1с.




29.

Г1умарх1ажи Шахтаманов.

Лекция. Г1умру ва творчество.

Биография.




1с.




30.

Шахтамановасул лирика.

Лирикиял куч1дул ц1ализе.

Анализ.




1с.




31.

Шахтамановасул асаразул тема.

Сипатияб анализ.

Кеч1 рек1ехъе.




1с.




32.

Г1арип Расулов "Хазина".

Лекция. Г1умру ва творчество.







1с.




33.

Асар ц1ализе.

Литерат. образазда т1ад х1алт1и.

Багьадуразул сипат.




1с.




34.

Асаралъул аслияб пикру рагьи.

Гара-ч1вариялъул анализ.







1с.




35.

Калам бечед гьаби. Багьадуразул ишазе къимат.










1с.




36.

Багъатар – г1умру ва творчество.

Лекция.




4с.

1с.




37.

"Севералда бугеб дир милъиршо".

Асар ц1ализе.

Анализ.




1с.




38.

Къисаялъул багьадуразул къасдал.

Гара-ч1вариялъул анализ.

Багьадуразул сипатал.




1с.




39.

"Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1".

Ц1ализе.

Содержание лъазе.




1с.




40.

Маг1арул г1олилазул г1амал-хасият.

Анализалъул кьуч1. къимат кьезе.

Образал.




1с.




41.

Къисаялъул г1уц1иялъул хаслъи.

Гара-ч1вариялъул анализ.







1с.




42.

Калам бечед гьаби.

Сочинение.







1с.




43.

Мух1амад Ах1мадов. Г1умру ва творчество.

Лекция.

Биография.

3с.

1с.




44.

Асаразул тематика.

Асарал ц1алун, анализ.

Ц1ализе, рицине.




1с.




45.

Ах1мадовасул лирикаялъул хаслъи.

Сипатияб анализ.







1с.




46.


Адабияталъул теория.

Тема. Пикру, адабият. сипат.







1с.




47.

Хизгил Авшалумов.

Лекция.




2с.

1с.




48.

"Дир мадугьал – дир тушман".

Сатириял сипатал.

Образазда т1ад х1алт1и.




1с.




49.

Адаб.теория. Сатираялъе ва юморалъе баян.










1с.




50.

Нурадин Юсупов, г1умру ва творчество.

Лекция.




2с.

1с.




51.

"Гьавураб къо".

Асар ц1ализе.







1с.




52.

Феликс Бахшиев.

Г1умру ва творчество.

Асар ц1ализе.

2с.

1с.




53.

Асаралъул аслияб пикру рагьи.

Гара-ч1вариялъул анализ







1с.




54.

Ах1мадхан Абу-бакар.

Лекция. Г1умру ва творчество.




5с.

1с.




55.

"Даргиязул ясал".

Асар ц1ализе.

Ясазул образал.




1с.




56.

Цо къоялъ гьарурал 6 ясалъул къисмат.

Гара-ч1вар. анализ.







1с.




57.

Маг1арулазул г1амал-хасият, хьвада-ч1вади рагьи.

Анализ.

Ц1ализе.




1с.




58.

Ясазул къисмат лъида ва сунда бараб бугеб?

Гара-ч1вар. анализ.

Анализ.




1с.




59.

Сочинение.










1с.




60.

Класстун къват1иб ц1али.

Альманахалъе обзор.




2с.

1с.




61.

Класстун къват1иб ц1али.










1с.




62.

Ибрагьим Х1усейнов.

Лекция.







1с.




63.

Поэмаялъул аслияб пикру.

Гара-ч1вар. анализ.

Сипатияб анализ.




1с.




64.

Ах1мад Ж. "Гъот1орк1о"

Асаразда т1ад х1алт1и.




2с.

1с.




65.

"Гьит1инав чанахъан"

Сипатияб анализ.







1с.




66.

Класстун къват1иб ц1али.

Дагъист. хъвадарухъ. ц1иял асарал.







1с.




67.

Класстун къват1иб ц1али.

Салатавиялъул хъвадарухъ-л ц1иял асарал.







1с.




68.

Г1амлъизабиялъул дарс.










1с.



IX КЛАСС



(68 саг1ат)

Асарал лъазаризе — 52 саг1ат. Калам цебет1езабиялъе — 8 саг1ат. Класстун къват1исеб ц1али бачине — 8 саг1ат.



50-90 соназда авар адабият (1 саг1ат)

Миллияб адабият халкъалъул г1умруялда хурхараб бук1ин. Жамаг1аталъул пикру цебет1еялъе миллияб адабияталъул квербакъи ва лъайгун тарбия кьеялъе гьелъул к1вар.



Расул Х1амзатов. «Дир рак1 муг1рузда буго», «Дир Дагьистан»

(гьелдаса «Мац1», «Хъвадарухъанасул зах1мат»,

«Хъвадарухъанасул рит1ухъльи, лебаллъи», «Сундасан мун данде

гьабун бугеб, Дагьистан?», «Гьаб улкаялда чи вижараб куц»),

«Эбелалде», «Авар мац1», «Милъиршаби» (8 саг1ат)

«Дир рак1 муг1рузда буго». Поэмаялда жанир шаг1ирас жиндирго халкъалъул хасияталъул лъик1ал рахъал загьир гьари: кввак1и, г1адатлъи, рек1ел г1ат1илъи, зах1мат бокьи, г1адан хиралъи. Поэмаялъул аслияб пикру — шаг1ирасул х1асратаб, жив халкъгун вугин, гьелъулгун жиндир бухьен т1ун гьеч1ин абураб калам.

«Дир Дагьистан». Асаралъул х1акъалъулъ цебераг1и. Жинде щвезег1ан лъиданиги батун бук1инч1еб х1икматаб жанр Расулица бижизаби. «Дир Дагьистан» — инсанасул ва дунялалъул х1акъалъулъ пикрабазул т1ехь.

Адабияталъул теория. Поэмаялъул х1акъалъулъ баян жеги г1ат1ид гьаби.

«Эбелалде». Лъималазде эбелалъул рокьул к1одолъи ва гъварилъи, гьезул ургъалида ва рух1алида г1умру унел улбузда цере лъимал кидаго налъулаллъун хут1и. Эбелалъул сипаталда ва ц1аралда цеве шаг1ирасул недегьлъи ва рек1ел т1еренлъи.

«Авар мац1». Рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи. Умумуз ирсалъе тараб гьеб хазина наслабазе ц1унич1они, ц1унуларо халкъ. Коч1ол каламалъул х1алуцин. Лирикияв багьадурасул монолог.

«Милъиршаби». Маг1арул т1абиг1аталъул ва г1адамазул рук1а-рахъиназул сурат к1удияб рокьиялда ва махщалида бихьизабун бугеб куц. Сипатиял раг1абазул к1вар.

Адабияталъул теория. Пейзажияб лирикаялъул х1акъалъулъ баян гьварид гьаби.

Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан» (3 саг1ат)

К1удияб Ват1анияб рагьда халкъалъ бихьизабураб бах1арчилъи, къвак1и, къох1ехьей. Гьеб кинабго бач1унеб г1елалда к1очене бегьунгут1и.

Халкъалъе г1оло pyxl кьурал г1адамал хвел гьеч1еллъун лъугьин — поэмаялъул аслияб пикру.

Поэмаялъул г1уц1иялъул хаслъи, мац1алъул пасих1лъи. Хвараздехунги ч1агояздехунги авторасул бербалагьи.



Адабияталъул теория. Асаралъул г1уц1иялъул х1акъальуль баян г1ат1ид гьаби.

Муса Мух1амадов. «Манарша» (къокъ гьабураб) (5 саг1ат)

Маг1арул г1олилазул г1уц1арухъанлъи ва рух1ияб дунялалъул г1ат1илъи. Х1айдарил, Манаршал, Пат1иматил сипатал. Манаршал г1умруялда жаниб эбел Гулжагьаница ва херай Катуралъ кколеб бак1. Манаршаги муг1алимги. Манаршал рух1ияб дунял г1ат1илъизе муг1алималъ лъолеб бут1а.



Х1ажи Гъазимирзаев. «Васасде», «Гьудуласде», «Лъалхъуге, дир

барти» (2 саг1ат)

Шаг1ирасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Умумузул г1амал-хасият, г1агараб ракь, маг1арул халкъ, миллияб мац1 — шаг1ирасул адабияб гьунаралъул аслияб тема.

Гъазимирзаевасул куч1дузул пасих1лъи, мац1алъул бечелъи, пикрабазул гъварилъи.



Машидат Гьайирбекова. «Эбелалъул рак1», «Эбелалъул кеч1», «Коч1олъ батана дир pyxl (2 саг1ат)

Шаг1иралъул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Маг1арул ч1ужуг1аданалъул къадру, намус, зах1мат, гьелъул напс ва т1адег1анлъи к1одо гьаби — Машидатил асаразул аслиял темабазул цояб.

Лирикияб сипат г1уц1изе шаг1ира1ъул бугеб махщел ва бажари.


Фазу Г1алиева. «Кини» (3 caгlaт)

Маг1арул ч1ужуг1аданалъул г1акъиллъи, сабруялъул к1одолъи. Гьелъул рух1ияб дунялалъул камиллъи. Васасдехуи, йик1инесей нусалдехун, цогидаздехун Халунил бербалагьи. Закарил ва Меседул сипатал.

Рагъул магъалоялъул бак1лъи. Гаргаралъул, сипатиял раг1абазул к1вар.

Адабияталъул теория. Художествияб адабияталъул баян г1ат1ид гьаби.
Ц1адаса Х1амзат. «Балагьалъул гъамас» (4 саг1ат)

Меседгун г1арцуца халкъ хвалде ц1аялъе гвангьараб мисал. Бечелъиялъ г1адамазул г1амал-хасият хисизабулеб куц. Жидер зах1маталдалъун, г1урхъулъа ун, г1адан бечелъизе рее гьеч1олъи. Бечелъиги намус-ях1ги цадахъ х1ебт1унгут1и, гьезул цоялъ цояб ч1вай — г1умруялъул закон бук1ин авторас к1удияб махщалида бихьизаби. Жакъасеб г1умруялъул мат1улъун гьеб трагедия бук1ин.



Адабияталъул теория. Трагедиялъул х1акъалъулъ баян. Драматургиял асаразул х1акъалъулъ бич1ч1и гьварид гьаби.

Г1умар-Х1ажи Шахтаманов. Лирика: «Къаралазул rlop». «Рач1а, гьудулзаби», «Г1андадерил xlop» (2 саг1ат)

Шахтамановасул лирикаялъул х1акъалъулъ баян. Гьелъул философия, хаслъи.

Ват1ан, г1агараб халкъ хиралъи, инсанасул намус-ях1, г1амал-хасият, шаг1ир ва заман, шаг1ир ва поэзия Шахтамановасул лирика­ялъул аслиял темаби.

Г1арип Расулов. «Хазина» (3 саг1ат)

Хъвадарухъанасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Хабаралда жаниб х1акъикъияб ва гьересияб цоцада данде тунки. Инсанасул г1умру — даимаб чвахи.

Жиндирго намусалда, г1умруялда, т1абиг1аталъ кьураб пагьму-гьунаралда цебе унго-унгояв устарасул рит1ухълъи ва жавабчилъи — хабаралъул аслияб пикру.


Багъатар. «Севералда бугеб дир милъиршо», «Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1» (4 caг1ат)

«Севералда бугеб дир милъиршо». Жакъасел анищал, къасдал. Миллатазул рух1ияб бечелъи. Къисаялъул аслиял багьадурал, гьезул сипатал. Эбел-инсудехун, ч!ах1ияб г1елалдехун г1олилазул гьоркьоблъи.

Автор — къисаялъул багьадур. Лъугьа-бахъин аслияв багьадурасул ц1аралдасан бициналъе г1илла.

Багьадуразул рек1ел х1ал, къасдал рагьиялъе муг1рузул т1абиг1аталъул, Каспий ралъдал суратазул к1вар.

«Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1». Маг1арул г1олилазул г1умру-хасияталъул тема. Г1олилазул ц1али, анищ, къасдал, рокьи авторас махщалида рихьизари. Циноевасул к1игьумерчилъи. Месей — г1адатай маг1арул яс. Месейил гьалат1 ва жинцаго жиндиего гьабураб тамих1 Гьимат — ях1, намус, г1ишкъу ц1унизе лъалел г1олилазул цевехъан.

Къисаялъул г1уц1иялъул хаслъи. Мац1алъул пасих1лъи. Рак1алдещвеязул, монологазул к1вар.


Мух1амад Ах1мадов. Лирика: «Дие бокьун буго», «Сардалги

къоялги къацандулелъул...», «Гьале г1азу балеб...»,

«Ч1ужуг1адан» (2 саг1ат)

Ах1мадов — авар поэзиялъул ц1ияб наслуялъул вакил. Шаг1ирасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Ват1ан, г1умру, г1адамал, жакъасеб къоялъул рохелги ургъелги, миллияб тарих — ч1ужуг1аданалъул къисмат, заманалда цебе шаг1ирасул жавабчилъи — Ах1мадовасул лирикаялъул аслияб тема.

Рахьдал мац1алдаса пайда босизе, гьеб махщалида х1алт1изабизе шаг1ирасул бугеб гьунар.



Адабияталъул теория. Темаялъул, пикруялъул ва адабияб сипаталъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.
ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ХАЛКЪАЗУЛ АДАБИЯТАЛДАСА

Хизгил Авшалумов. «Дир мадугьал - дир тушман» (2 саг1ат)

Хъвадарухъанасул г1умру ва адабияб х1аракатчилъи.

Мац1ихъанлъи ва базарганлъи гьабулел ч1ук1набазда авторас кьабулеб сатирияб ц1ал.

Гамбарил сипат. Ч1ук1наяс какулев Сары-Самад - рак1бац1ц1адав инсан.

Сатириял сипатал рагьизе авторасул бугеб махщел.

Адабияталъул теория. Сатираялъул ва юморалъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.

Нурадин Юсупов. «Гьавураб къо» (поэма) (2 саг1ат)

Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

Зах1мат бокьулев чи кидаго жиндирго мурадалде щола. Х1алт1уца гурони инсан берцин гьавуларо, гьесул маг1ишат цебет1езабуларо — поэмаялъул пикру.

Маргьа шиг1руяб къаг1идаялда хъван бук1ин — гьелъул хаслъи.



Феликс Бахшиев. «Минаялда т1ад бомба» (2 саг1ат)

Рак1бац1ц1адго х1алт1улев, гьунар т1ок1ав хирургасул намус-ях1 г1арцул сайигъатаз чурун, чучлъулеб куц, жиндаго лъач1ого, гьесул г1амал-хасият хисулеб, рак1алда кьаву ч1валеб, гьелъ хъизаналда жанибгицин гьуинаб гьоркьоблъи бикьулеблъи ва гьеб закон бук1ин авторас бихьизабун бугеб куц. Марат Палихановичасул, лъади Мариял сипатал. Сайгъатилан ришват боси — советияб заманалъго г1адатияб жолъун лъугьин. Гьанже к1алгьикъун гьеб бахъулеб бутеблъи — рух1ияб асар г1арцухъ хисиялъул х1асил.



Ах1мадхан Абу-Бакар. «Магьидул хъалиян», «К1иго херав чи» (4 саг1ат)

Халкъазда, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи. К1иго бат1ияб улкаялъул вакилзабазда гьоркьоб гьудуллъиялъул асар бижи — хабаралъул аслияб пикру. Даниялъул ччуг1ихъабазул образал. Кубани росдал сурат, гьелъул машгьурал устарзабазул сипатал.



«К1иго херав чи». Инсанасул рух1ияб бечелъи зах1маталда бухьараб бук1иналъул х1акъалъулъ авторасул пикраби. Сахаваталлъун, гурх1ел-ц1об бугеллъун рук1ин – г1уруялда нур базаби.

Г1умругун къеркьеялъ чиясул рек1елъ рух1ияб чаран лъей, жиндирго черх куцаялъ, г1акълу лъадариялъ инсан камил гьави - хабаралъул аслияб маг1на. Инсанги т1абиг1атги дандекквей.



Ибрагьим Х1усейнов. «Имам Шамилги ягьудияв Юсупги» (2 caг1ат)

Шаг1ирасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян. Гьесул поэзиялъул хаслъи. Шамилил х1аракаталъе шаг1ирас кьолеб къимат. Эркенлъи ц1унулеб халкъ — камилаб халкъ — поэмаялъул аслияб пикру.



Ах1мад Жачаев. «Гъот1орк1о», «Гьит1инав чанахъан» (1 caг1ат)

Г1исинлъималазул г1умру ва гьезул рух1ияб дуниял бихьизабизе авторасул бугеб гьунар. Гьезул к1арчанлъиялъ ва пикрабаз шаг1ирасе кьолеб рух1ияб лазат.



Рек1ехъе лъазаризе

Расул Х1амзатов. «Дир рак1 муг1рузда буго» (кесек).

Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан» (кесек).

Х1ажи Гъазимирзаев. «Васасде».

Машидат Гъайирбекова. «Эбелалъул рак1».

Фазу Палиева. «Кини» (муг1алимас т1асабищараб бак1).

Г1умар-Х1ажи Шахтаманов. «Къаралазул rlop».

Мух1амад Ах1мадов. «Дие бокьун буго».



Жидецаго ц1ализе кколел асарал

Расул Х1амзатов. «Руччабазул кверал». Машидат Гъайирбекова. «Рак1алъ ц1а гъолеб буго». Мух1амад Сулиманов. «Огниялда».

Муса Мух1амадов. «Рик1к1адал муг1рузда», «Г1урччинаб квер-бац1ц1».

Фазу Г1алиева. «Гъалайчи».

Xlyceн Х1ажиев. «Таваккал» (кьиса).

Г1абдулмажид Хачалов. «Чадил х1акъалъулъ раг1и».

Тажудин Таймасханов. «Ч1ег1ераб нак1к1» (къиса).

Мух1амад Г1абдулх1алимов. «Ч1агоял т1угьдул».

Г1абасил Мах1амад. «Камалил Башир».

Майсарат Мух1амадова. «Х1асрат».

Мух1амад Г1исаев. «Анлъабилеб океан» (т1ехь)

Г1абдула Даганов. «Эбелги, дунги, кеч1ги» (т1ехь).

Раиса Axlматова. Лирика. Рашид Рашидов. Куч1дул.

IX классалда адабиял темабазда т1орит1улел к1алзулал ва хъвавулал х1алт1абазул аслиял тайпаби

Художествиял асарал пасих1го ц1али.

Жинцаго бицине, гьединго хъвазе бугеб жоялъе г1адатаб ва жубараб план г1уц1и.

Хабариял асаразул, гьезул бут1абазул изложение х1исабалда бицунги хъванги анализгун цадахъ х1асил кьезе бажари.

Ц1алдохъабазул жидерго зах1маталъул бицарал сочинениял хъвай.

Жамг1иябгун политикияб, адабиябгун политикияб макъалаялъул къокъаб х1асил хъвай, гьединго гьезул план г1уц1и.

Жинцаго ц1алараб т1ехьалъе, бихьараб киноялъе, телевизоралдасан кьураб асаралъе къимат кьезе бажари.

Авар мац1алъулгун бухьен

Хьвада-ч1вадиялда, жамг1иябгун политикияб темаялда хурхараб сочинение.

Рух1ияб бечелъиялда, жамг1иябгун политикияб темаялда хурхараб 2-3 асаралъул кьуч1алда доклад х1адури.

Хабариял текстазул къокъаб, яги т1асабищараб изложение.



Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ IX классалъул ц1алдохъабазда церелъолел аслиял т1алабал

Ц1алдохъабазда льазе ккола:

— эркенлъиялъе г1оло гьабураб маг1арулазул къеркьеялъулги


адабияталъулги хурхен ч1езабизе;

  • лъазарурал асаразда жаниб тарихиял хаслъаби ратизе;

  • лъазарурал асаразул композиция, сюжет ва сипатал г1уц1араб тартиб;

— лъазарурал асаразул аслиял багьадуразул г1амал-хасияталъул
г1аммаб к1варалъул бицине;

  • лъазарурал асаразул жанралъулал хаслъаби ратизе;

  • критикиял макъалабазда лъазарурал асаразе къимат кьезе;

  • программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал; Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

—хъвадарухъанас раг1удалъун г!уц1арал художествиял сипатал
цереч1езаризе;

—асаралъ рорхулел аслиял суалал ратизе;

—лъазабулеб асаралда жаниб сюжеталъул, композициялъул,
багьадуразул сипатазул ва сипатияб каламалъул к1вар рагьизе;


  • художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

  • бицунебги хъвалебги жиндирго к1алъаялъул план г1уц1изе;

—ц1алараб т1ехьалъе, бихьараб киноялъе, балагьараб спектаклялъе къимат кьун, рецензия хъвазе.

— хъвадарухъанас раг1удалъун г1уц1арал художествиял сипат-суратал цереч1езаризе;



  • идеябгун-художествияб хаслъиги х1исабалде босун, асаралъул тайпа ч1езабизе (эпосиябищ, лирикайищ, драмайищ гьеб кколебали);

  • асаралъ рорхулел аслиял суалал ратизе;

  • малъараб асаралда жаниб сюжеталъул, г1уц1иялъул, героязул образазул ва сипатияб каламалъул идеябгун-художествияб к1вар рагьизе;

  • асаралъул идеяб маг1на рагьизе героясул бугеб к1вар ва авторас гьесие кьолеб къимат батизе;

  • асаралъул ва гьелъул героязул х1акъалъулъ лъугьараб жиндирго пикру кьуч1аблъун гьабизе;

—художествиял, общественниябгун-политикиял, гьединго литературияб критикаялъулал текстал бит1ун, дурун, раг1ун ц1ализе;

  • художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

  • бицунебги хъвалебги жиндирго к1алъаялъул план г1уц1изе;

  • зах1маталъул темаялда творческиял сочинениял хъвазе (жидерго х1алт1ул х1албихьиялъул кьуч1алда ва малъарал асаразда т1асан);

—общественниябгун-политикияб ва литературияб критикаялъулал макъалабазул къокъаб х1асил хъвазе, гьезие план г1уц1изе;

  • цо литературияб асаралда т1асан доклад яги къокъаб к1алъай х1адуризе;

  • жинцаго ц1алараб т1ехьалъе, бихьараб киноялъе, балагьараб спектаклялъе къимат кьун, рецензия хъвазе.






Каталог: http schools -> 1717 -> dilimgim -> admin -> ckfinder -> core -> connector -> php -> connector.phpfck user files -> files
files -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
files -> Рабочая программа по родной литературе для 11 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
1717 -> «Тlаса лъугьа, гьалмагъ майор»
1717 -> Ц1арубак1азул маг1на
files -> Рабочая программа по родной литературе для 6 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
files -> Рабочая программа по родному языку 3 класс


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница