Рабочая программа по родной литературе Гайдарбеговой Х. Г



Дата13.01.2018
Размер130.82 Kb.
#45407
ТипРабочая программа











МКОУ «Ансалтинская СОШ Ботлихского района

Рабочая программа по родной литературе

Гайдарбеговой Х.Г





Программаялъе баян

Художествияб адабияталъ к1удияб кумек гьабула кинабго рахъ камилав инсан куцазе, г1агараб халкъалъул рух1ияб бечелъиялъул кьуч1алда г1олилазе тарбия кьезе.

Адабияталъул курсалда хасаб бак1 ккола Ват1ан хиралъиялъул, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, дунялалъулго зах1матхалкъалъул мурадал ц1униялъул асар ц1алдохъабалъ куцаялъ.

Адабияталъул дарсаз лъимал т1амула миллатазул адаб-х1урмат гьабизе, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи бищун къиматаб бечелъи х1исабалда къабул гьабизе.

V-IX классазе ц1алул материал кьун буго тарихиябгун-тематикияб ва жанразул тартибги ц1унун. Гьениб х1исабалде босула байбихьул классазда ц1алул дарсазда лъималазе щвараб хьалбихьи ва гьениб лъураб кьуч1алда г1уц1ула хадубккун литературияб ц1али.

V-IX классазда малъизе программаялда рихьизарун руго лъайгун тарбия кьеялъе лъик1ал ресал ругел, рич1ч1изе бигьаял, художествияб рахъалъ щвалде щварал халкъияб к1алзул гьунаралъул, авар адабияталъул ва вацлъиялъул миллатазул хъвадарухъабазул т1аса рищарал асарал.

Школалда малъизе т1аса рищун руго хъвадарухъанасул художествияб рахъалъ камилал, тарбия кьеялъе мустах1икъал асарал.

X-XI классазда Дагъистаналъул цогидал миллатазул литератураялдаса бищун лъик1ал раг1ул устарзабазул цо-цо асарал гъваридго малъиялъе рес кьола Дагъистаналъул халкъалъул гъунки, рух1ияб цолъи, г1ахьалаб къисмат, бат1и-бат1ияб кьералъул цогояб культура бук1ин бихьизабизе, миллатазда гьоркьоб гьуинлъи-вацлъи бищун т1адег1анаб хазиналъун лъугьин баян гьабизе. Гьел классазда малъула Дагъистаналъул литература.

Программаялда мух1канго ч1езарун руго щибаб классалда лъималазда лъазе кколел литературияб теориялдаса баянал. Асаразул анализ гьабулелъул, ц1алдохъабаз теориялъул баяназдаса г1ат1идго пайда босизе ккола.

Раг1а-ракьанде щун, адабияб лъай кьеялъул масъала т1убан бажаруларо, г1ат1идаб къаг1идаялъ класстун къват1исеб ц1али г1уц1ич1ого. Т1убазе ккола гьелъул программаги. Муг1алимасда т1адаб буго ц1алдохъабазе ц1ализе кьезе цох1о рихьизарурал гурелги, ахираб заманалъ басмаялде рахъал , критиказ реццарал ц1иял асаралги.

5 класс (70 саг1ат)

8 – калам цебет1езаби

8 – класстун къват1ибехун ц1али



Темаби

Саг1ат

1

Адабияталъул х1акъалъулъ авалияб баян

1

2

Халкъияб к1алзулаб гьунар

9

3

Ц1.Х1амзат

5

4

Г1абасил Мух1амад

2

5

Инхоса Г1алих1ажияв

2

6

Элдарилав

1

7

Ц1. Х1амзат

2

8

Кочхюралдаса Саг1ид

2

9

Абут1алиб Гъафуров

3

10

Г1азиз Иманагъаев

2

11

Мух1амад Шамхалов

2

12

Мух1амад Сулиманов

4

13

Расул Х1амзатов

4

14

Г1абдулмажид Хачалов

3

15

Фазу Г1алиева

2

16

Мух1амад Г1абдулх1алимов

3

17

Абулмуслим Жафаров

2

18

Кадрия Темирбулатова

1

19

Такрар гьаби

3

Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал

- лъазарурал асаразул багьадуралги ва гьел гьоркьор г1ахьаллъулел лъугьа-бахъиназул рахасги

- адабияб теориялдаса баянал: худож-яб асаралъул багьадур, багьадурасул монолог, диалог, дандекквей, олицетворение, эпитет.

- адабиял маргьабаздаса халкъиял маргьабазул бат1алъи

- программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал



Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

- минуталда жаниб 90-100 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал раг1ун, рит1ун ва чвахун ц1ализе.

- рек1ехъе лъазарурал асарал пасих1го ц1ализе.

- гьит1инаб яги к1удияб хабарияб асаралъул цо бут1а изложение х1исабалда бицине ва хъвазе.

- зах1маталъул темаялда сочинение хъвазе

- асаралъул багьадурасул хасият рагьизе

- хабарияб асаралъул цо кесекалъул план г1уц1изе

6 класс (70 саг1ат)

8 – калам цебет1езаби



8 – класстун къват1ибехун ц1али



Темаби

Саг1ат

1

Адабияталъул художествияб къаг1идаялъ г1умру бихьизаби

1

2

Халкъияб к1алзул гьунар

5

3

Заирбег Г1алиханов

2

4

Г1умарх1ажи Шахтаманов

2

5

Инхоса Г1алих1ажияв

2

6

Хъах1абросулъа Мах1муд

1

7

Батирай

2

8

Йирчи Гъазахъ

2

9

Къуркълиса Щаза

2

10

Ц1адаса Х1амзат

4

11

Заид Х1ажиев

3

12

Ражаб Динмух1амаев

4

13

Расул Х1амзатов

4

14

Фазу Г1алиева

1

15

Х1усен Х1ажиев

2

16

Мух1амад Г1абдулх1алимов

4

17

Багъатар

4

18

Эффенди Капиев

3

19

Мух1амад-Султ1ан Яхьяев

3

20

Такрар гьаби

3

Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал

- лъазарурал адабиял терминал, багьадурасул ва т1абиг1аталъул сурат, гипербола, кидагосеб эпитет.

- программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал



Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

- минуталда жаниб 100-110 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе.

- лъазабураб асаралдаса хасал лъугьа-бахъинал рат1а рахъизе.

- лъазабулеб асаралъул багьадуразул ишазде балагьун, гьезул г1амал-хасияталъул бицине.

- лъазабулеб асаралъул тексталда жанир сипатиял раг1аби ратизе.

- художествиял, рич1ч1изе бигьаял г1елмиял текстал рит1ун, чвахун, раг1ун ц1ализе.



7 класс (70 саг1ат)

10 – калам цебет1езаби

8 – класстун къват1ибехун ц1али



Темаби

Саг1ат

1

Инсан ва гьесул къисмат – худож.литератураялъул аслияб тема

1

2

Халкъияб к1алзул гьунар

5

3

Ц1адаса Х1амзат

4

4

Мух1амад Хуршилов

5

5

Мух1амад Сулиманов

4

6

Эффенди Капиев

2

7

Асадула Мух1амаев

3

8

Мух1амад Шамхалов

2

9

Расул Х1амзатов

3

10

Муса Мух1амадов

4

11

Фазу Г1алиева

4

12

Таймасханов Тажудин

1

13

Къияс Мажидов

2

14

Багьавудин Митаров

1

15

Г1алирза Саг1идов

3

16

Мух1амад-Расул Расулов

1

17

Абут1алиб Гъафуров

2

18

Такрар гьаби

6

Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал

- лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги гьез г1ахьаллъи гьабулел ишазул т1елги.

- лъазабураб асаралъул г1уц1иялъул хасал рахъал.

- адабиял терминал: махсара, сатира, метафора, адабияталъул тайпаби

Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

- минуталда жаниб 110-120 раг1и кколеб хехлъиялда рич1ч1изе бигьаял , г1елмиял ва художествениял текстал рит1ун, дурун, раг1ун ц1ализе.

- художествиял асарал пасих1го ц1ализе.

- хабарияб асар изложение х1исабалда бицинеги хъвазеги.

- хабарияб асаралъул яги гьелъул цо бут1аялъул план бахъизе.

- ц1алдохъанасул жиндирго к1алъаялъе план г1уц1изе



8 класс (70 саг1ат)

8 – калам цебет1езаби

8 – класстун къват1ибехун ц1али



Темаби

Саг1ат

1

Художествияб адабият ва искусствоялъул тайпаби

1

2

Халкъияб к1алзул гьунар

5

3

Ч1ик1аса Мух1амад

1

4

Инхоса Г1алих1ажияв

3

5

Ругъжаса Эльдарилав

4

6

Бакьайч1иса Ч1анк1а

4

7

Хъах1абросулъа Мах1муд

4

8

Инхелоса Къурбан

4

9

Къалухъа Мирза

1

10

Йирчи Гъазахъ

1

11

Ятим Эмин

2

12

Мунги Ах1мад

2

13

Ц1адаса Х1амзат

6

14

Мух1амад Хуршилов

5

15

Мух1амад Шамхалов

2

16

Анвар Аджиев

1

17

Юсуп Хаппалаев

3

18

Мут1алиб Митаров

2

19

Такрар гьаби

3

Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал

- лъазарурал асаразул аслиял темаби ва гьезул г1уц1иялъул хасал рахъал.

- лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги, гьез г1ахьаллъи гьабулел лъугьа-бахъиназул рахасги.

- адабияталъул теориялдаса баянал.

- программаялда рихьизарун ругел текстал рек1ехъе лъазаризе.



Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

- минуталда жаниб 120-130 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал асарал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе.

- жиндирго к1алъаялъе план ургъизе.

- эпосиял, лирикиял, лирикиялгун эпосиял ва драмиял асарал рат1арахъизе.

- жинцаго ц1алараб асаралъе къимат кьезе, гьеб асаралъул багьадураздехун, лъугьа-бахъиназдехун лъугьараб жиндирго бербалагьи загьир гьабизе.

9 класс (70 саг1ат)

8 – калам цебет1езаби

8 – класстун къват1ибехун ц1али



Темаби

Саг1ат

1

50-90 соназда авар адабият

1

2

Расул Х1амзатов

7

3

Г1абдулмажид Хачалов

9

4

Х1ажи Гъазимирзаев

2

5

Машидат Гъайирбеков

2

6

Фазу Г1алиева

3

7

Г1абасил Мух1амад

4

8

Г1умарх1ажи Шахтаманов

2

9

Г1арип Расулов

3

10

Багъатар

4

11

Мух1амад Ах1мадов

2

12

Хизгил Авшалумов

2

13

Нурадин Юсупов

2

14

Ах1мадхан Абу-Бакар

4

15

16


Ибрагьим Х1усейнов

Такрар гьаби



Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал.

- лъазарурал асаразул аслиял темаби ва гьезул г1уц1иялъул хасал рахъал

- лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги, гьез г1ахьаллъи гьабулел лъугьа-бахъиназул рахасги

- адабияталъул теориялдаса баянал

- программаялда рихьизарун ругел текстал рек1ехъе лъазаризе



Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:

- минуталда жаниб 130-140 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал асарал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе

- жиндирго к1алъаялъе план ургъизе

- художествияб адабият г1елмиябгун публицистикияб адабияталдаса бат1а бахъизе

- художествиял асарал пасих1го ц1ализе

- жинцаго ц1алараб асаралъе къимат кьезе, гьеб асаралъул багьадураздехун, лъугьа-бахъиназдехун лъугьараб жиндирго бербалагьи загьир гьабизе.



10 класс (70 саг1ат)

8 – калам цебет1езаби

6 – класстун къват1ибехун ц1али



Темаби

Саг1ат

1

Халкъияб к1алзул гьунар

6

2

18-19 г1асруялда адабият

2

3

Инхоса Г1алих1ажияв

5

4

Г1алих1ажиясул заманалъул поэтал

4

5

Ч1анк1а

3

6

Мах1муд

5

7

Ч1анк1ал ва Мах1мудил заманалъул поэтал

3

8

Ятим Эмин

4

9

Ятим Эминил заманалъул поэтал

7

10

19 г1асруялда лъараг1азул литература

3

11

Батирай

5

12

Батирайил заманалъул поэтал

2

13

Х1асан Гузунов

3

14

Къалухъа Мирза

3

15

Мирзал заманалъул поэтал

1

Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

- Дагъистаналъул литератураялда жаниб 19 г1асруялда ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хаслъи батизе ва бицине.

- поэтазул асаразул хаслъи, миллияб литература цебет1езабиялъулъ гьез лъураб бут1а

- г1урус литератураялъул дарсазда малъарал литературияб теориялъул баяназдаса пайда боси

- рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал асарал

Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:

- хъвадарухъанас рихьизарулел лъугьа-бахъиназул сурат цебеч1езабизе

- художествияб хаслъиги х1исабалде босун , малъараб асаралъул анализ гьабизе

- хабариял, лирикиял, драмаялъул асарал рат1а рахъизе

- малъарал асаралги кьоч1ое росун, авторасул творчествоялъулги гьесул рух1ияб дунялалъулги хурхен ч1езабизе

- ц1алараб асаралъе жинца кьолеб къимат кьуч1аблъун гьарулел х1ужжаби рачине



11 класс (70 саг1ат)

8 – калам цебет1езаби

5 – класстун къват1ибехун ц1али



Темаби

Саг1ат

1

1917-1945с. Дагъистаналъул советияб адабият

3

2

Сулейман Стальский

4

3

Ц1адаса Х1амзат

6

4

Заид Х1ажиев

3

5

Г1азиз Иманагъаев

2

6

Эффенди Капиев

2

7

Абут1алиб Гъафуров

4

8

Абулмуслим Жафаров

6

9

Расул Х1амзатов

5

10

Ах1мадхан Абу-Бакар

4

11

Муса Мух1амадов

3

12

Аткъай Аджаматов

3

13

Фазу Г1алиева

3

14

Мут1алиб Митаров

2

15

Хизгил Авшалумов

2

16

Дарс - КВН

1

17

Такрар гьаби

4

Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

- Дагъистаналъул литератураялда жаниб 19 г1асруялда ккарал тарихиял лъугьа-бахъиназул хаслъи батизе ва бицине.

- поэтазул асаразул хаслъи, миллияб литература цебет1езабиялъулъ гьез лъураб бут1а

- г1урус литератураялъул дарсазда малъарал литературияб теориялъул баяназдаса пайда боси

- рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал асарал

Ц1алдохъабазда бажаризе ккола:

- хъвадарухъанас рихьизарулел лъугьа-бахъиназул сурат цебеч1езабизе

- художествияб хаслъиги х1исабалде босун , малъараб асаралъул анализ гьабизе

- хабариял, лирикиял, драмаялъул асарал рат1а рахъизе

- малъарал асаралги кьоч1ое росун, авторасул творчествоялъулги гьесул рух1ияб дунялалъулги хурхен ч1езабизе

- ц1алараб асаралъе жинца кьолеб къимат кьуч1аблъун гьарулел х1ужжаби рачине.



2

5





Каталог: http schools
http schools -> Мезличила баянти
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
http schools -> «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
http schools -> Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница