«Тlаса лъугьа, гьалмагъ майор»



Дата01.02.2018
Размер120.71 Kb.
#53102
Слайд 1

Тема: «Тlаса лъугьа, гьалмагъ майор».
Гlабдулмажид Хачалов.
Слайд 2
Дарсил мурадал:

1.Лъай кьеялъулал:

Художествияб асаралда жаниб гаргаралъул авалияб баян кьей;

Хабаралъул аслияб пикру баян гьаби-Ватlанияб рагъда гlадамазул таваккал ,къвакlи,бахlарачилъи,цlодорлъи ва тушманасде гьалагаб ццин,миллатазда гьоркьоб гьудуллъи,вацлъи-нилъер къуват букlин баян гьаби.
2. Лъай цебетlезабиялъул:

Хабарияб асаралъул гlадатаб анализ гьабизе лъималазда малъи;

кокъго ва тексталде гlагарун хlасил бицине бажари;

хабарияб асар берцинго,чвахун цlализе кlвей.


3.Тарбия кьеялъулал:

Ватlан хиралъиялъул асар лъималазулъ цlикlкlинаби,гlун бачlунеб гlелалъулъ гьудуллъи-вацлъи куцай.


Слайд 3
Дарсил алатал:

Презентация,авторасул сурат, слайдал.


Дарсил тайпа:г1амлъизаби.
Слайд 4

Дарсил эпиграф:

«Ватlан хириясе хвел букlунаро».



Дарсил ин:
1. Дарсил байбихьи.

Лъималазе салам кьей ва гьел дарсиде хlадури.


Слайд 5

2.Дарсил темаялда т1ад х1алт1и
Учитель:Хириял лъимал,исана нилъер Ватlаналъ кlодо гьабулеб буго Гитлерил фашизмалда тlад бергьинлъи босаралдаса 70 сон тlубай.Гьелда хурхараб буго нилъер жакъасеб дарсги.Дарсил тема кола Г1абдулмажид. Хачаловасул «Тlаса лъугьа,гьалмагъ майор» абураб хабар.
Слайд 6,7
Цlалдохъан:

"Бихъ-бихъун,бухъ-бухъун балеб букlана

Нилъер эбелаб ракь,угьди-зигардун,

Эбелалда кодор лъимал кинигин,

Гьелъул каранлъ тlепун холаан васал.

Хъахlлъарал щапана заман щвелалде,

Загьруяб тlухьиялъ.тlул –ракlги борлъун.

Гlолилал къанщана михъал раккичlел,

Минаялъ зодихъе кьвагьизе гьарун."
Слайд 8,9
Учитель:1941 соналъул гьатlанкъоялъ сагlат ункъгоялда нилъер Ватlаналде-Совет пачалихъалде тlаде Гитлерил армиялъ гlарадаби разе байбихьана .Байбихьана Кlудияб Ватlанияб рагъ. Рагъул тlоцересел къоязго Ватlан цlунизе,гьелъие гlоло рухl кьезе хlадураб букlана Совет Союзалъул тlолабго халкъ.Гlуцlун рукlана жидеего бокьун рагъде унезул штабал.Гьезда гъорлъ рукlана Дагъистаналъул киналго миллатазул бищунго лъикlал васалги ясалги.Щивасул аслияб мурадги букlана гитлерилаб фашизмаялда тlад бергьинлъи босиялде кинабго къуват буссинаби.

Рагъде инчlого хутlараз жидерго къуватги бажариги буссинабуна тушманасде данде халкъ бахъинабиялде.Цlадаса Хlамзатица хитlаб гьабуна Кавказалъул киналго халкъазде.



Ц1алдохъан: Кеч1: «Рахъа дида хадур,харабазул тlел».Ц1адаса Х1амзат.
Слайд 10
Учитель:Ватlан цlунизе арал дагъистанияз бахlарчилъи ва хlинкъи гьечlолъи бихьизабуна. Кире кканиги,Ватlаналде бугеб рокьи рекlелъ цlунана гьез,гьелъие гlоло рухl бичун рагъизе хlадурал рукlана.Гьединавлъун ккола тlоцебе Бахlарчиясул цlар щварав Мухlамад Хlажиев,Гъуниб районалъул Мохlоб росулъа машгьурав ралъдахъан.Гьесул нухмалъиялда гъорлъ гъанкъизабуна 27 гама.

Слайд 11
Лъида лъаларел Крымалъул бахlарзал?

Анкьавго гlурус вас.гlазаб кьун,чlвана,цо Гlабдулманапов хутlана нахъе.Ва гьесул каранда рекlарал нусаз бикl-бикlун цlваялъул сурат бахъана.

Ватlан цlунулезул цересел кьеразда рукlана поэтал ва хъвадарухъаби.40-ялдаса цlикlкlун хъвадарухъанас гlахьаллъи гьабуна Ватlанияб рагъда.


Улкаялъул хlукуматалъ гlемерисел раг1ул устарзаби рагъде рачунгеян лъазабун букlана.Амма хъвадарухъаби гьелъухъ балагьичlого,кьун гlарзагун ана тушманасде данде, кодоб ярагъги ккун.

Щал гьел кколел?


Слайд 12-15
Гlабдулмажид Хачалов,Ражаб Динмухlамаев,Мухlамад Сулиманов,Мутlалиб Митаров,Эфенди Капиев,Багьавдин Митаров ва гь.ц.
Учитель:Лъимал,анцlго хъвадарухъан ва поэт кьалул нухдаса нахъвуссинчlо.

Гlалимпаша Салаватов,Мухтар Абакаров,Багьавдин Митаров,Абакар Тlагьиров ва цогидалги.

Гьел рагъана коч1одалъун ва хочодалъун.

Г1абдулмажид Хачаловас ккола аваразул адабияталда хасаб бак1.



Учитель: Г1. Хачаловасул г1умруялъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб?
Ц1алдохъан: Г1. Хачалов гьавуна Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ 1926 соналъул 3 июлалда. Г1агараб росулъ школаги лъуг1изабун, гьев чанго соналъ учительлъун х1алт1ана. К1удияб Ват1анияб рагъул соназ 18 сон барав г1олохъанчи Г1абдулмажид, жиндиего бокьун, фронталде ана ва, рагъ лъуг1изег1ан, тушманасде данде вагъана. Рагъдаса хадусел соназдаги Хачалов цо чанго соналъ учительлъун бат1и-бат1иял бак1азда х1алт1ана.

1950 соналдаса Г1абдулмажид «Баг1араб байрахъ» газеталъул редакциялда х1алт1ун вуго.


Учитель : Г1. Хачаловасул творчествоялъул х1акъалъулъ баян кье.
Ц1алдохъан: Г1. Хачаловасул хъвадарухъанлъиялъул нух байбихьана 1946 соналда. Гьелдаса нхъе гьес хъвана бат1и-бат1ияб тайпаялъул таманалго асарал. Т1оцересел асарал гьес хъвана лъималазе.

"Устарасул сайигъат",

« Щибали лъай», «Катил т1инч1 сабаблъун», «Моц1роде сапар» ва цогидалги.

Гьел асаразулъ буго лъималазул хасият-г1амал, т1абиг1ат, г1умруялде бугеб гьезул бербалагьи.



Учитель: Бит1араб буго, лъимал, лъималазе хъвараб литература цебет1езабиялъулъ Г1. Хачаловас кlудияб лъалкl тана.
Учитель:Хъвадарухъанасул творчествоялда жаниб кlвар бугеб бакl ккола рагъул темаялъ.Гьеб темаялда хъвараб буго нилъеца цlалараб «Тlаса лъугьа,гьалмагъ майор» абураб хабарги.
Учитель:Хабаралда рехсарал кина-кинал героял нужеда ракlалда чlарал?

Ц1алдохъан: Саша Горбунов,гьесул эмен Иван Горбунов сержант Гъазихъов,капитан тохтир,Петрус-даци,руччаби лъимал,офицерал,немцал,гьезул пулеметчик,базалияв солдат.

Учитель:Лъагlалил щиб заман гьеб кколеб?

Гьеб харбил бутlаялда жанир гурел кинал рагlабаздалъун гьеб чlезабизе кlолеб?



Ц1алдохъан: Гьеб букlана хасалил заман.

Къокъаб тlимугъ хъабарча,землянка.


Учитель:Горбуновасул рахlат щай хун букlараб?Гьес разведчикал кире ва щибизе ритlун рукlарал?

Ц1алдохъан: Горбуновас разведчикал ритlун рукlана росулъе,гьениб бугеб ахlвал-хlал лъазабизе.

Учитель:Щив гьзухъе щварав?

Ц1алдохъан: Гьез ккун вачlана кьертlураб гьумералъул 8-9 сон барав гlадав вас.
Учитель:Вас хlинкъунищ чlичlидарав?Щай гьес Петрус-дацил богlлал тlамурал.

Ц1алдохъан: Васасда гьел немцалин ккун рукlана,гьел хlинкъизеялъе гlоло ахlдана гьев киналго нуж Пертус-дацида жанир тlамизарилин,ва цохlо течlого гъанкъизе ругин.
Учитель:Командирас гlолохъанчиян щай васасда абураб?

Ц1алдохъан: Кlудияв чиясул гlадин гьесул хlурмат гьабун.

Учитель:Хlеренго гlурус мацlалъ жиндехунго кlалъаниги,щай Сашаца кьварун «Дица фашистазда цlар бицунаро".- ян абураб?

Ц1алдохъан: Сашада лъикlго лъалеб букlана фашистазул нахъегlанлъи;вахlшилъи;къабихlлъи.
Учитель:Щайдай гьесда командирас «Бахlарчи»-ян абураб?

Ц1алдохъан: Сашал хlинкъи гьечlолъи бихьун.
Учитель:Гьедин хъачlго данде кlалъани,немцаз живго чlвалеблъи васасда лъалеб букlарабищ?Лъанигийищ гьес кlалгьикъи гьабураб?Гьеб кинаб хасият кколеб?

Ц1алдохъан: Бахlарчилъи,къвакlи,хlинкъи гьечlолъи.
Учитель:Цоги гьединав кьварарав герой кинаб асаралда ватарав?

Ц1алдохъан: «Ганчlил вас».
Учитель: Командир жиндир эмен вукlин васасда лъарабищ?

Сашаца тlаса лъугьайилан щай гьарараб?Кинаб тарбия щварав чилъун гьев вихьулев?


Учитель:Гlазул цlураб бецlаб рохьов ватиялъ кинав васлъун Саша рикlкlине бегьулев?

Саша вукlана бахlарчияв,хlинкъи лъаларев,къвакlарав вас.


Учитель:Командирасул щаклъи сунда ккараб ва тlадчlун гьес васасул цlар щай цlехолеб букlараб?

Ц1алдохъан: Майорасда лъикl лъала жиндир хъизан лъимал жанир тараб гlагараб росдада аскlове щун вукlин, гьев гьитlинав васги гьениса ватиялда щаклъи букlинчlо,хlатта жиндирго вас ватиялда щаклъун цlехолдана гьев,разведчикалги гьебго росулъе ритlун рукlана гьес,гьесие лъазе бокьун букlана жиндирго хъизаналъул къисмат.
Учитель:Сашадасан щиб лъараб майорасда?

Ц1алдохъан: Майорасда лъана Саша жиндирго вас вукlинги,росу тlубанго фашистаз ккун букlинги.

Учитель:Цин щай майор разилъарав? Хадуб сунда гьесул ццин бахъараб?

Ц1алдохъан: Майорасул гьурмада разилъиялъул гlаламат загьирлъана гьев гьитlинав бахlарчи жиндирго вас ватидал.

Хадуб кисинир къазарухъе зарал рук1кlана,кlутlби данде къан, тушманасдехун бугеб ццин тlадеги гьалаглъана.



Учитель:Чанабилеб сон букlине кколеб,рагъ ккараб соналъ эмен армиялде арав ватани?

Ц1алдохъан: Гьеб букlине ккола 1945 сон.

Учитель:Майор щиб миллаталъул чи вукlарав?Сержант киса вукlарав?

Ц1алдохъан: Майор вукlана гlурусав,сержант Гъазихъов вукlана магlарулав капитан вукlана гуржияв

Учитель:Майорас ишара гьабурабго,сержант векерун тlадкъай тlубазе ана.Ишара гьабигун цоцазда ричlчlиялъ ва иш тlубазе векериялъ,гlурус командирасулги магlарул рагъухъанасулги кинаб гьоркьоблъи букlин бихьулеб?

Ц1алдохъан: Рагъда дагъистанияздаги гlурусаздаги гьоркьоб букlана гьудуллъи-вацлъи.Халкъазул цолъи букlана аслияб сабаблъун нилъер кlудияб бергьенлъиялъе.Гьел киналго цолъизарун рукlана цогояб мурадалъ- эркенлъи бокьиялъ,Ватlаналде бугеб рокьиялъ.

Учитель: «Сашаца кваниде бер ккезе биччачlо»-ян абурал рагlабаз Саша кинав васлъун вихьизавун вугев?

Вас вакъун вукlин майорасда сундалъун лъараб?



Ц1алдохъан: Кигlанго вакъуца тату хун букlаниги, Сашаца кваниде бер ккезе биччачlо нечеялъ,намуслъана гьев,чурпаялъулъ валагьун хьулхьудизе лъугьана.

Майорасда бихьана васас балъго хlацlу къулчlулеб букlин.



Учитель: Т1ад хъал бакъварал, щук1дул цере рехарал васасул квераз сундуе нуг1лъи гьабулеб бугеб?

Ц1алдохъан: Фашистаз ккурал росабалъ лъималазул ва руччабазул ракъуца тату хвезабун бук1ана, немцаз гьезие кьеч1еб г1акъуба теч1о, х1акъир гьарулел рук1ана руччаби.

Учитель: Васасул бет1ер лъукъун бук1ин майорасда кин лъараб?

Ц1алдохъан: Майорас бат1ералда квер хъварабго, вас вук1кlунги ун г1одове къулана, ва к1иябго квералъ бет1ер ккуна.
Учитель:Щай Сашаца жигар бахъулеб букlараб кlвар гьечlого ругъун тезе?-Сундул ургъелалъ гьесда гьелъул унти лъазе толеб бук1инч1еб?

Ц1алдохъан: Радал фашистаз ч1вазехъин ругел росдал г1адамазулги,бищунго цебе гьезда гъорлъ килисаялда жанир т1амун йигей эбелалъулги,гьит1инав вацасулги ургъелалъ.
Учитель:Командирасда щиб бич1ч1араб васас кванде берт1амич1еб мехалъ?Щай гьев къват1иве арав?

Ц1алдохъан: Вас,нечеч1ого парахат кваназе тезе.Гьесухъе тотир ах1изе.
Учитель:Майорас жив эмен вук1ин щай васасдаса балъго гьабураб?

Ц1алдохъан: Эмен х1исабалда гурев, командир х1исабалда иш гьабизе бокьун ва васасул бах1арчилъиялъул х1урмат гьабун.

Учитель:Сашал бет1ер лъукъиялъе г1илла щиб?Кибе араб т1агъур?

Рохьове вачlинегlан, нужер пикруялда кив вукlарав гьев?


Ц1алдохъан: Фронт тlаде щолеб мехалъ,фашистаз росулъ хутlанщинав чи-руччаби,лъимал килисаялда жанире гъун рукlуна,радал жалго нахъе лъутилалде,цlаги гъун рухlизе хlисабалда.Къаси сардилъ эбелалда цадахъ килисаялъув вукlарав Сашаца хlукму гьабула, кумек гьарун, гlагарлъун ругел нилъеразухъего нух бахъизе.Немцазул хъаравул гьечlеб рахъалъ килисаялъул чlедераб гордал цlерги бекун,къватlиве кlанцlулаго,бетlерги,лъукъун,тlагъурги бортун,вас рохьове лъутана.

Тlагъур балагьизе гьесул заман букlинчlо.Гьесда лъалаан кват1ич1ого фашистаз эбелги аскlор рукlарал росдал гlадамалги рухlизе рукlин.Гьезул гlумруялда хlинкъиялъ буго васасул кьерги тlураб,магlуги бортараб?Гьев вуго бахlарчияб сапаралъ ахlуд вахъаравги.



Учитель:Гьедин иш росулъ букlин командирасда кида лъараб?

(Гьеб бакl цlале).



Учитель:Командирас щиб хlукму гьабураб?Щай командирас радал щугоялдаго гьужумалъе заман цlараб?

Щай росдал минабазда тlаде,гурхlель тун,гlарада баян буюрараб,

-Росу бахъулеб мехалъ Сашаца щиб гьабулеб букlараб?

Жавабал мухlкан гьарила тексталде мугъчlвай гьабун.


3.Т1ехьгун х1алт1и

(Рагlун цlализабила ахирисеб бутlа.)



Учитель: Кlиго сагlаталъ кватlаралани щиб ккезе букlараб?

Учитель:Щай Петрус-дацицаги гьесул гьамагъабацаги росдал гlадамал хвасар гьаричlел?

Ц1алдохъан: Партизанал цlакъго дагьал рукlун,гьеб росулъ фашистазул къуват цlикlкlун букlун.

Учитель: Командир жиндирго эмен вукlин кида лъараб Сашада?

Учитель: Рагъда дагъистаниязулги гlурусазулги гьоркьоб гьудуллъи,вацлъи лъил мисалаздалъун бихьизабун бугеб?

Учитель: Фашистаздехун бугеб жиндирго ццин нилъер гlадатал гlадамазул бахlарчилъиялдаса чlухlи кинал рагlабалъ ва ишалъ загьир гьабун бугеб авторас?

Ц1алдохъан: «Хlатlица кьабураб торгlо гlадин»,

«Хъурумсахъал»-фашистаздехун. Ц1акъго г1ужда рач1ана, дир лъимал, нуж... Учитель: Саша Горбуновасулъ Хачаловас рихьизарун руго рагъул коронире ккарал г1емерисел советиял лъималазе хасиятал рахъал къвак1и , х1инкъи лъангут1и, таваккал, бах1арчилъи, бергьараб намус- ях1, эбел- инсуде, Ват1аналде г1урхъи гьеч1еб рокьи , тушманасде бугеб гьалагаб ццин , рагъуе гьунар. Гьаб нилъеца ц1алараб Г1. Хачаловасул хабаралъулъ кинал гвангъарал суратал цере ч1езаризе нилъеда кколел? Ц1алдохъан: "Вас разведчиказухъе щвей." "Гьез Саша командирасухъе вачуна , васас росулъ бугеб ах1вал-х1алалъул бицуна." "Солдатаз гьужумги гьабун, Березкино росу фашистаздаса эркен гьабула"



Учитель:Аслияв герой щив кколев хабаралъул?

-Нилъеда х1акъикъат лъазе цох1о авторасул каламалъги гуребги сунца кумек гьабураб?



Ц1алдохъан: Авторас рихьизарун ругел героязул к1алъаяздасанги.

Гьезул гаргарги авторасул каламги рекъон ккеялъ.



Учитель:Хабаралъул аслияб пикру щиб колеб лъимал?

Ц1алдохъан: К1удиб Ват1анияб рагъда нилъер миллатазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи -нилъер къуват бук1ин,г1адамазул бах1арчилъи,къвак1и,таваккал,тумманасде бугеб гьалагаб ццин.

Учитель:Г1емераб къварилъиги х1ехьон щвана бергьенлъи.

Гьеб г1асияб ва зах1матаб рагъда г1емеразе щвана Совет Союзалъул Бах1арчиясул ц1ар,гьезда гьоркьор руго нилъер дагъистаниялги.

50-ялдаса ц1ик1к1ун чиясе щвана Совет Союзалъулб бах1арчиясул ц1ар,7-ясе щвана лъабабго даражаялъул реццалъул орден.

-Нужеда лъалищ лъимал гьезул ц1арал?



Ц1алдохъан: Совет Союзалъул к1иц1ул бах1арчи Ахметхан Султан,Мух1амад Х1ажиев,Саг1аду Г1алиев,Мух1амад Танкаев Валентин Эмиров ,Леонид Гальченко Мух1амад Г1абдулманапов.
Слайд 18-33
Учитель:Гьел кьварарал 1940 соназда рагъде вас т1овит1ич1ей эбел къанаг1атги хут1ич1о.Гьел т1орит1ана т1адруссун рач1иналде хьулгун.Гьедин рагъде ана нилъер росуцоял.
Слайд 17
Кеч1:"Къункъраби".

Учитель:Г1.Хачаловас гуребги цогидал хъвадарухъабазги хъвана К1удияб Ват1анияб рагъул темаялда асарал,рахъана суратал ,рана памятникал,щивав чияс жинда бажарухъе бихьизабуна Ват1аналъе г1оло рух1 кьурал к1очон гьеч1еллъи.

Учитель: Лъалищ лъимал нужеда гьединал бах1арзазул х1акъалъулъ кицаби.
Слайд 16
Ц1алдохъан: "Ват1ан хириясе хвел бух1унаро","Бах1арчи цоц1ул хола,х1алихьат нусц1ул хола",

"Ват1анияб т1алаб т1обит1улаго,т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар къот1уларо:

"Бах1арчияс бадибе абула,х1алихьат нахъасан к1алъала".

Учитель: Ват1аналъе г1оло рух1 кьурал кидаго хвел гьеч1еллъун лъугьинаруна Р. Х1амзатовас жиндирго "Къункъраби" абураб коч1одалъун.
Слайд 17
Гьеб кеч1алъ асар гьабич1ев чи хут1ун ватиларо,щай абуни нилъ г1емерисел ругелъул рагъда г1ахьаллъи гьабурал умумузул ирсилал.
4.Ц1алдохъабазул к1алъай:

(Лъималаз бицина жидецаго х1адур гьабураб рагъул г1ахьалчаг1азул х1акъалъулъ: Дагуев Мух1амадх1ажил, Х1амзаев Г1абдурах1манил, Мутачов Х1амзатил х1акъалъулъ).



Ц1алдохъан:Дицаги,К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчиясул- Дагуев Мух1амадх1ажил ирсилав,х1аракат бахъила Ват1аналъе хъулухъ гьабун,рит1ухъавлъун вук1ун, къункърабазул т1елалда гьоркьов ч1езе.

Ц1алдохъан: Дицаги жигар бахъила,нилъее умумуз тараб бечедаб ирс - Ват1аналде бугеб рокьиги,тушманасде бугеб боркьараб ццинги,рит1ухълъиги сабруги,ях1 - намусги ясбер г1адин ц1унизе.

Ц1алдохъаби: Нижецаги умумузул ва Ват1аналъул васигат к1очене теларо ва щибго хъублъи хъвазе теч1ого, нижедаго хадур г1олезухъе кьела.

Учитель: Дида рак1алде ккола лъимал жакъасеб дарсида нужер рек1ее цо бат1ияб бицине х1алк1олареб асар гьабун батилин.

Нилъер ракълилаб г1умруялъе г1оло рух1алда барахщич1ого рагъарал, хварал ва ч1агоязда цере нилъ абадиялъ налъулал руго.


5.Дарсил х1асил.

Лъималазе къиматал лъей.


Слайд 34
6.Рокъобе х1алт1и.

Сочинение.



"Саша - гьит1инав бах1арчи".


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница