«Зирарал ва гъугъал гьаркьал»



Дата05.10.2019
Размер15.51 Kb.
#111501
Зирарал ва гъугъал гьаркьал
Свързани:
8 klass gotov
08.02.2013 год

Тема: «Зирарал ва гъугъал гьаркьал»

Малъиялъул мурад:

  1. Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал

  2. Зирарал ва гъугъал гьаркьал

Дарсил ин

  1. Рокъобе кьураб дарс гьикъи.

Суалал:

  1. Каламалъул гьаркьал лъугьине кина-кинал лугбуз г1ахьаллъи гьабулеб?

  2. Гьаркьил гарц1аз кинаб роль Х1алт1изабулеб каламалъул гьаркьал лъугьинаризе?

  3. Авар мац1алъул гьаркьилаб системаялда чан рагьараб гьаракь бугеб?

  4. Кина-кинал хиса-басиял кколел рагьарал гьаркьазул?

  5. Авар мац1алда кин лъугьунел рагьукъал гьаркьал?

  6. Рагьукъал гьаркьазул рахъулеб бак1 х1исабалде росун чан группаялде рикьулел?

II. Раг1абазул диктант

Квар-кар, ч1вана-ч1ана, къвали-къали, квин-кин, щвай-щай, ч1ва-ч1а, свак-сак, хвараб-хараб, кварал-карал, квела-ккела.



III. Ц1ияб тема

Рагьукъал гьаркьал рук1уна зираралги гъугъалги:

Цох1о хъудиялдалъун жал лъугьарал рагьукъал гьаркьал гъугъал ккола, гъугъал гьаркьал рахъулаго, гьаркьил гарц1аз цоцаде г1агарлъуларо, сородулаго.

Гьаракьги хъудиги бугел рагьукъал гьаркьал зирарал ккола, зирарал гьаркьал рахъулаго, гьаркьил гарц1ал цоцаде г1агарлъула ва сородула.

Рагьукъал гьаркьал жиделъ хъудиялдаса гьаракь ц1ик1к1арал сонорниял ккола.

Гъугъал рагьукъал гьаркьал ккола: п, ф, т, т1, с, сс, ш, щ, к, кк, к!к!, х, хх, ъ, х!.

Зирарал рагьукъал гьаркьал ккола: б, в, д, з, ж, г, гъ, г!, гь.

Руго цоги рагьукъал гьаркьал данде гьч1ел зираралги, данде гьеч!ел гъугъалги.


  1. Данде гьеч1ел зирарал (сонорниял): м, н, р, л.

  2. Данде гьеч!ел гъугъал: ц, цц, ц!,ц!ц!, ч, чч, ч!, ч!ч!, Кь, хь, къ.

IV. Жалго жидедалъун гьабулеб х!алт!и Х!алт!и №251.

Гьанир гъоркьехун кьолел ругел раг1абазул щибалда дандбит!ун, нужецаго ургъун раг!аби хъвай?

Заз-раз

Г1еч-


Пер-

К1ул-


Т1ун-

V. Дарсил х1асил

- Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб?

- Кина-кинал рук1унел ругел рагьукъал гьаркьал?

- Данде гьеч!ел зирарал кинал кколел?



VI. Рокъобе х!алт!и

Параграф 31-33 такрар гьаризе, Х!алт!и-253

Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница