Ахбердило – гIалим



Дата09.01.2018
Размер86.97 Kb.
#41844


Ахбердило – гIалим.
Советияб историографиялъ кидаго бицунеб букIана, Октябралъул революция бергьинегIан, Дагъистаналъул мугIрузул районазда къанагIатги цIализе яги хъвазе лъалел чагIи рукIинчIилан. Гьеб баян кьолаан тIадегIанал цIалул заведениязул студентал–рукIинесел мугIалимзабазе, гьедин малъулаан гьезги жидерго цIалдохъабазда. Гьел рагIабазулъ, дир пикруялда, тIубараб ритIухълъи гьечIо цо гьадинаб гIиллаялдалъун. КинабгIаги щаклъи гьечIого, Советияб власталъ унго-унгоги щивасе щвезабуна, гIарац кьечого, лъай босизе рес, гьелъул баракат нилъеца жакъаги, гьаб капитализм гIуцIизе мурад цебе лъураб Россиялда гьанжелъизегIан хIалтIизабулебги буго. Гьелъул къимат гьабизе ва гIун бачIунеб гIелалда бицине, доб мехалъ цIалулел рукIарал, гьелдаса пайда босарал нилъеда тIадабги гьечIищха. Амма лъицаниги ракIчIезабизе бегьуларо, 1917 сон щвезегIан, гьаб магIаруллъиялда, тIубанго лъай-гIелму гьечIеб бецIлъиялда, гIалхул хIайваназда релълъун гIумру гьабулел рукIанин гIадамалилан абун. ХIакъикъаталдаги, гьезда лъалеб букIинчIо нилъее цIакъ хирияблъун лъугьараб гIурус мацI, Россиялъул ва Европаялъул халкъазул культураялъул бергьенлъаби. Амма цивилизациялдаса рикIкIад гIумру гьабулел магIарулазул цо-цоязда бергьун лъикI лъалеб букIун буго гIараб мацIги, тIарикъатги, исламияб гIелмуги. Гьеб рахъалъ гьел борхатаб даражаялде рахунги руго. Гьидерил тIалъи ккола устарзаби, гIалимзаби ва шайихзаби рахъараб, нилъер магIаруллъиялъего баракат кьураб ракь. Гьениса гIалимзабазул цояв вукIун вуго устарлъи кьезе мустахIикъав вугин абун гIемерисез рикIкIунев ТIидиса Ахбердилоги (1856-1961 сонал). Дун гьавилалде анкьго соналъ цеве, хирияб кIал биччалеб къоялъ Аллагьасул къадаралде щварав кIудадал хIакъалъулъ бицине дидаса мустахIикъал рукIина гьев лъикI лъалел рукIарал, соназде рахъарал ва гIумруялъул кIудияб хIалбихьи бугел росуцоял.

АлдухIил Зайнаб (89 сон). Ахбердилас гIумру гьабулеб букIана росдал басрияб авалалда. Ниж рукIана лъикIал мадугьалзабилъун, рукъзалги доб заманалда гъункун, цоцазда тIад цоял ралаан. Гьесул кIитIалаяб минаялъул рагъида рукIана наязул тIулби, гьоцIо гьес хисулаан квен-тIехалъухъ. Цо гьацIул лълъарахъ доб мехалъ кьолаан кIиго гIачиязул нахул лълъар. Дун гьитIинаб мехалъ гIемер хIинкъизаюлаан хупаз (шайтIабаз), Ахбердилас абуни, цIалун ясин-дугIагун, гIодой юссинаюлаан. Хадуб дир унтарав васги сах гьавулаан гьебго къагIидаялъ. Гьев вукIана мажгиталда дибирлъун ва хадуб устарлъи щварав Ибрагьимхалил-апандил мугIалимлъунги. ТIидиса гурелги, цоги росабалъаги рачIунел рукIана Ахбердиласухъе гIелму лъазабизе бокьарал мутагIилзаби. Бищун ризго гьесухъе щолаан МачIадаса ШейхмухIамад, гьел кIиялго рукIана тIарикъаталъул нухда гьалмагъзабилъун. Цо нухалъ нижер ккана гьадинаб хабар. Ахбердилас лъимал кинан ругел абун цIех-рех гьабидал, дица абуна гьесда: «Цо-цо мехалъ дида ккола лъимал гьечIого лъикIан, нахъа заманалда напс капурлъизе бугилан абулелъулха»,-ян. Гьелде гьес жаваб гьабуна гьадинан: «Дир яс, гьедин ккоге дуда, гьабзазул горбода Къуръаналги ран, малакь-хIатIикь дин мерхьунеб заман бачIинаян хъван буго тIахьазда. Кин бугониги, цо Аллагьасда лъала, оцол габур гIадин биццалъулеб, квасул кун гIадин тIеренлъулеб жо буго дин. Щиб лъалеб, нахъа заманалда гьеб къиматалда букIинеги бегьула»,-ян. Гьес цоги абулеб букIана: «Вакъфуялъул ракьалда минаби разе бегьуларо»,-ян. Дида бицунеб рагIана, ахикье цIогьал кIанцIараб мехалъ, Ахбердилас гьезул кIуш кквезабулеб букIанин. Хадуб гьел цIогьал, тату хвараб мехалъ, гьесухъе рачIунел рукIанин тIаса лъугьаян гьаризе ва гIалимчияс, дугIаги гьабун, гьел сах гьарулаанилан. Лъаларо, уябищ гьеб хабар букIараб яги ургъун бахъарабищ.

ГьитIихIмадил МухIамад (82 сон). Ахбердило вукIана цIакъ цIаларав, гIараб гIелму лъалев чи. Гьес ТIидиб дибирлъи гьабуна рагъ байбихьилалде, хадуб росулъ мажгит къана. Гьесда балъголъабиги лъалел рукIана. Рагъде унев васасда хадуй гIодулей эбелалда Ахбердилас абун буго мун гIодой йиччай, гьев МахIачхъалаялдецин щвезе гьечIилан, гьедин ккун, нахъ вуссун вачIунги вуго гьев гIолохъанчи. Гьес гIемерал лъималазе саваб хъван, гьел берккеялдаса цIуниялъе хIаракат бахъулаан. ЦохIо гьеб мурадалъе хIалтIизабулеб тIехьги букIана гьесул, гьелдаса хъван, пайда босулаан хадуб цогидал цIаларал чагIазги. Дида лъалеб мехалъ, наял хьихьун гурони, гьесул гIи-боцIи букIинчIо. Оц балеб къоялъ, гIаксалда ретIун тIимугъгун, тIаде лъимги тIун, дугIа-алхIамги цIалун, тIоцересел рахъал ралел рукIана Ахбердиласги цоги цIикIкIарал чагIазги. Къаси кванан хадуб, квен биине ва хIатIал ритIа-рищизаризе, гIунтIун гIансагун, жиндиего кири щвезе нухда батараб гамачIги нахъе рехулаго, гьев чара гьечIого вилълъун унаан кIиго километраялъ, ХIадол гьабихъе щвезегIан. ЩибгIаги гIадамазе зарар гьесдаса кколароан. Доб букIана кутакалда ракъараб заман, ХIону магIарда бекьулеб букIана колхозалъул картошка. ЛъикI хIалтIун, сайгъаталъе гьениса бищун щвараб картошкаги белъун, Ахбердиласухъе гIагарай чIужу щвараб мехалъ, гьес гьеб къабул гьабун гьечIо: «Йохъ, рокъобе босизе бегьиларо. Лъоба хуриб кваназе бегьула гIорцIизегIан, амма рокъобе босизе хIарамаб буго»,-ян. Доб конфетал гьечIеб мехалъ, гьес тIаде рачIарал лъимал рохизаризе, цIулал гъуд (гьелда цIар букIана гIащукъ) цIун гьезие гьоцIо кьолаан.

ГIалидибиров МухIамад (77 сон). Ахбердило ризго вачIунев вукIана нижехъе къулгьу гьабизе. Гьесул букIана доб заманаялъ, цогидазда данде ккун, гIезегIан кIудияб мина, ресалда вугев чи вукIана гьев. КIиго сон барав дир вац захIматго унтун вукIун вуго. ГIадамаз эбелалда Ахбердиласухъе вачеян абун буго. Кодов ккун васгун, гьес абун буго гьелда: «Вай дир яс, кватIун йиго мун, унти байбихьарабго вачине кколаан дихъе»,-ян. Ахбердилас Куръаналъул аятал цIалигун, гьитIинав вац, гьесул магжида квералги рахъун, лъикIаб хIалалдаги лъугьун, мех балелде сахлъун вуго. ДагIба-къец ккараб бакIалда гьес гIадамазда гьоркьоб гIемер гьабулаан маслихIат, жамагIаталъго гьесул кутакалда къимат гьабулеб букIана. Гьес, гIадамазе гьоцIо бикьун, ризго гьабулаан садакъаги. ДугIа цIалун гуребги, унтаразе хIажатаб чIахI-херги кьун, гьеб хIалтIизабулеб куцги малъулаан гьес. Абизе бегьула, гьев халкъалъулго тохтур вукIанилан. Оц балеб къоялъ, 100 сон барав Ахбердилас, жамагIаталда цевеги вахъун, лъикIаб, магIнаяб вагIза гьаби ракIалда буго дида. Гьев хвараб кIал биччалеб къоялъ МачIадаса ШейхмухIамадица, гьесул хIакъалъулъ кIудияб кIалъайги гьабун, ахиралда абуна: «Дир гIелму гьав мунагьал чураяв Ахбердиласул гIелмуялдалъун лъугьараб буго»,-ян.

ШейхмухIамадов ХIажи (МачIада школалъул тарихалъул мугIалим). Хунзахъ районалъул ХIариколо росулъ вукIун вуго бицен бугев, имам Шамилил мугIалимлъунги вукIарав, Лачинилав абун цIар бугев гIалимчи. Гьесул вас, цIар арав кIудияв гIалимчи МухIамадихъ (1937 соналъ гьев туснахъги гьавун чIван вуго) Хунзахъ цIалун руго ЦIадаса ХIамзат, ТIидиса Ахбердило, Гьандихъа ГьитIиномухIамад – дибир (АхIмад-Апанди) ва дир кIудада ШейхмухIамад-ГIараб. Хадуб ЛъаратIе унаго ЦIадаса ХIамзат вачIун вуго МачIаде, цо сордо гьенибги бан буго, гьеб рохалилаб хабар лъарав Ахбердилоги тIаде щун, данделъун рукIун руго гьенир. Лачинасул МухIамадихъ гьел ункъалго гьудулзаби цIалун руго лъабго-ункъго соналъ. Ахбердиласул хIакъалъулъ кIудадаца дида гIемер бицунаан. Дун доб мехалъ вукIана гьитIинав чи, дида гьеб хабар гIемерисеб ракIалдаги чIечIо. КIал къабул гьабизе, Ахбердиласухъе унев дир кIудадада (гьанже кьо бугеб бакIалда) дандчIван вуго пашманаб хабар босун, чуялдаги рекIун, гьев ТIидиве вачине вачIунев цо гIолохъанчи. Ункъго къо гьенибги бан, щвана кIудада росулъе, Ахбердиласул хабада кIудияб вагIзаги гьабун букIун рагIула гьес. Доб заманалда Ахбердилоги ШейхмухIамадги Гьидалъго цIар арал гIалимзаби рукIараллъи гIемер бицуна цIикIкIарал чагIаца.

МуртазагIали Башир (58 сон). ГьитIинаб мехалъ, ракь кванан, цIакъ унтулеб букIана дир чехь. ЦIакъго тату хвараб мехалъ дица гьарулаан эбелалда дун Ахбердиласухъе вачеян. Дида гьев цеве чIола загIипав, гIемер сонал рарав, бусаде ккарав чи. Вачун гьесда цеве гIодов чIезавураб мехалъ, гурдеги эхеде цIан, вай дир мискиниланги абун, чехьалда кверги бахъун, дугIа цIалулаан. ГьебсагIатго, гьес дугIа цIалулаго, дир унти къотIулеб букIана, чанги сордоялъ кьижизе кIвечIого вукIарав дун, гьесда цеве кьижун кколаан. Гьенисан эбелалъ кьижарав дун, мугъалда ваччун, унев вукIун вуго рокъове. Чанго нухалъ гьединан, 4-5 сон барав дун вачана эбелалъ Ахбердиласухъе. Щибаб нухалъ, гьес дугIаги цIалун, вугеб бакIалдаго дир хIехьезе кIолареб унти къотIизабулаан. Гьесухъе ризго дунги вачун ине намуслъарай эбелалда гьес абулаан: «Дир цо саваб буго гьав васасе. Дуца гьав, чохьол унтуца гIакъуба кьезе течIого, хехго дихъе ваче»,-ян.

Ахбердиласул хIакъалъулъ гьидерил росабазул харабаца гIемер бицуна гьесул гIелмуялъул даражаялъул борхалъи ва Аллагьас кьураб тIабигIияб махщел хIакъикъаталдаги устарлъиялъе мустахIикъаб кколаанилан абула. Нахъа заманалда гьадин букIине бугилан абун гьес бицараб тамашаяб хIалалъ загьирлъана жакъаян рукIуна гьел. Гьев гIалимчиясул рокъоб букIун буго гIезегIан кIудияб библиотека, гьелъул нахъе хутIараб цо бутIа нижер хъизаналъе баракатлъун ккола жакъаги. Ахбердилас гьаб дунялалда бан буго 105 сон, нусгониги лъагIел кьун буго гьес гIараб гIелму лъазабизе ва цойгидазда гьеб малъизе. Гьесул букIун буго гьитIинабго хъизан: кIиго вас ва цо яс. Доб цIакъ мукъсанаб медицина бугеб, батIи-батIиял унтабаздалъун холел гIадамазул, бищунго лъималазул, къадар цIикIкIараб заманаялда, Ахбердило-гIалим гIадинал чагIи рукIун руго халкъиял тохтурзабилъун (народные исцелители). Жидерго бугеб махщелалда рекъон, гьез, цIалун дугIагун, хъван савабгун, унтаразе бигьалъаби гьарун, гьел хвасар гьарулел рукIун руго. КинабгIаги рекIее асар кьолеб хIикмалъи бихьарабго, соназде рахъарал тIидисез абула гьелде Аллагьасул хIалкIолъиян. Гьединаб букIун буго Ахбердиласул гIелмуги гьелдалъун унтарал сах гьаризе махщелги. Дунялалъул магIишаталъе гуребги, нилъеца кIвар кьезе ккола рухIияб рахъалъеги, къимат гьабизе ккола кинабгIаги гIелму тIалаб гьабулел ракьцоязулги. Унго-унгоги жидерго ВатIан бокьулез хIаракат бахъула гIагараб росдал тарих ва гьеб бечед гьабурал мустахIикъал чагIазул хIакъалъулъ, мухIканго цIех-рех гьабун, лъазабизе. Гьединаб мурад цебе лъолеллъун рахъаги нилъ киналго. Дунги, хIурматиял районцоял, цIакъ рази вукIина дир кIудадал гIумруялъул бицаразе ва тIадеги кинабгIаги ритIухъаб баян кьуразе.



Ахбердило Ахбердилов, ТIидиб школалъул тарихалъул мугIалим, Шамил район.

На снимке: мой дед Ахбердило – алим.

Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница