«Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»



Дата11.11.2017
Размер49.33 Kb.
#34355
:

Авар мац!алъул рагьараб дарс:



Х!адур гьабуна

Г!абдулвах!идова П.М

Дарсил технологияб карта№13

2 «б» класс

16 ноябрь 2012г.

Тема: «Авар мац!алъе хасиятал

рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»



Предмет: Авар мац!.

Дарсил мурад: 13 хасаб гьаракь мух!канго абизе гьел рихьизарулел х!арпал бит!ун хъвазеги бегеб бажари цебет!езабизе.

Дарсида х!алт!изарулел алатал

А) карточкаби;

Б) суратал.

Дарсил структура:

ЗАМАН

2 мин.

5 мин.

3 мин.

10мин

Этапы

урока


1.Г!уц!и-

ялъул


момент.

2.Рокъобе

кьураб


х!алт!ул

хал гьабе.



3.Берцин-

хъвай.


4.Ц!ияб

дарс.




5мин.

5мин.

7мин.

3мин

3мин

2мин.

5.Т!ех!а

лдасан


х!алт!а

би.


6.Калам

цебет!е


цаби.

7.Тетра-

дазда


х!алт!а

би.


8.Дарс

щула


гьаби.

9.Дар-

сил


ахир.

10.Ро-

къобе


х!алт!и.

Дарсил г!уц!и:

1. Г!уц!иялъул момент.

Ц!алдохъаби дарсиде х!адур гьари.

- Рорч!ами! Г!одор ч!а. Жакъа нижер дарсиде рач!ун руго

Гьалбал. Гьел рач!ун руго нужеда рахьдал мац! кин лъалебале балагьизе.



2.Рокъоб кьураб х!алт!и хал гьаби.

Рокъоб кьураб х!алт!и хал гьабизе ва тетрадал рак!аризе,

цогидал тетрадал рикьизе.

- Лъимал, рагье тетрадал. Рокъоб кьураб х!алт!и гьабизе зах!малъарабищ? (х!алт!и 58).

-(Ц!алдохъабазул жаваб).

-Тетрадал рак!аре.

(Ц!алдохъабаца цоцазухъе кьун тетрадал рак!арана).

Лъимал, араб дарсида берцинго хъвадарен руго Мух!а-

Мадова П. Мажидова Ф. Абубакарова Ф. Мух!амачиев Х!.

Цогидазги гьездаса мисал босизе ккела.

Рагье тетрадал,хъвай число ва классалда х!алт!и.

3. Берцинхъвай.

Берцинхъваялъе кьун ругел х!арпазул хал гьабе.

Т!т! Ч!ч! Ц!ц! Лълъ

Т!ут! ч!ор ц!ам лъим

Гьал х!арпал ва раг!аби тетрадазда берцинго хъвай.



4. Ц!ияб дарс.

-Балагье стендалъухъ.

- Авар мац!алъул хасиятал х!арпал.

- Гьел х!арпазда рекъон раг!аби ургъе.

-Г!- г!азу, Гь- гьудул, Гъ- гъуд, Х!- х!ули, Хь- хьаг, Хъ- хъаз,

К!- к!ал, Кь- кьибил, Къ- къед, Т!- т!емет!и, Ч!- ч!ер,

Ц!- ц!ул, Лъ- лъен.

- Бит!ун буго. Баркала. Гьел раг!абиги гьоркьоре ккезарун

предложениял г!уц!е.

-Г!азу балеб бугищ?

- Х!ули г!адаб г!азу балеб буго.

-Воре, квачазе вук!унге!

- Кинал предложениял нужеца ургъарал?

- Суалияб, хабарияб ва ах!ул предложениял.

- Бит!ун буго. Х!алч!ахъадал! Цо мухъги биччан бурцинго

хъвай тетрадазда.



5. Т!ехьалдаса х!алт!аби.

- Рагье т!ахьал 27 гьум. Бате 59 х!алт!и. Ц!але щиб гьабизе колебали.

- Кеч! ц!але. ( Ц1алдохъанас кеч! берцинго ц!алана ва рагьукъал гьаркьал бит!ун абиялде к!вар кьуна).

- Хаслихълъиялъул моц!ал лъида лъалел?

-Сентябрь, октябрь, ноябрь.

- Бит!ун буго.





6. Калам цебет!езаби.

- Балагье сураталъухъ. Кинаб заман бугеб бихьизабун?

- Сураталда бихьизабун буго роол заман.

- Кин нужеца гьеб ч!езабураб?

- Роц!араб къо буго. Авлахъалда г!урччинлъи г!емер буго.

Х!айванал рехъен гьабун кваналел руго.

-Роол моц!ал лъида лъалел?

-Июнь, июль, август.

- Бит!ун буго.

7. Тетрадазда х!алт!аби.

- Цо мухъги тун тетрадазда хъвай «Словарияб х!алт!и».

Рахь, гьобо, къед, ц!ад, баг!ли, хъарпуз, лъар, кьег!ер, х!ет!е, кокон.

-Баг!ли щиб кколеб?

- Гьеб кола пихъ.

-Цойги коконги пихъ буго. - Бит!ун буго.





8. Дарс щула гьаби.

-Бокьарабищ нужее дарс?

- Щиб нужеда лъараб?

- Гьанже бицанк!оялъе жаваб кье.

К1ал гьеч!еб, мац!ги гьеч!еб,

Малъизе гьунар бугеб;

Бер гьеч!еб, калам гьеч!еб

Кинабго жо бицунеб. (т!ехь).



9. Дарсил ахир.

Дарсида берцинго х!алт!ана т!олабго класс. Баркала нужее.



10. Рокъобе х!алт!и.

-Х!алт!и 62 гьум. 29.




Каталог: http schools -> 1711
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
1711 -> Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 11 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница