«формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»



Дата25.02.2018
Размер155.54 Kb.
#58975
МИНИСТЕРСТВО ОБРАЗОВАНИЯ И НАУКИ

РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН
ДАГЕСТАНСКИЙ ИНСТИТУТ ПОВЫШЕНИЯ КВАЛИФИКАЦИИ

ПЕДАГОГИЧЕСКИХ КАДРОВ
Кафедра филологического образования


ПРОЕКТНАЯ РАБОТА

НА ТЕМУ:
«ФОРМИРОВАНИЕ НРАВСТВЕННЫХ КАЧЕСТВ И ПАТРИОТИЧЕСКИХ ЧУВСТВ УЧАЩИХСЯ ПРИ ИЗУЧЕНИИ ТВОРЧЕСТВА РАСУЛА ГАМЗАТОВА»

( По произведениям народного поэта Дагестана Расула Гамзатова)


СЛУШАТЕЛЬ:

Гасанов Магомед Алиханович,

учитель родного (аварского) языка и литературы

МКОУ «Уралинская СОШ» Гунибского района РД

РУКОВОДИТЕЛЬ:

Юсупова Р.М., к.ф.н.,

ст.преп.кафедры филологического образования ДИПКПК

Махачкала - 2015

3
РЕКЪЕЛ Ц1УНИ – КИНАЗУЛГО НАЛЪИ

( Байбихьи)

Дир муг1рул т1алъидул гьит1инаб горду


Г1ат1идаб ракьалде рагьараб буго.

Гьелда цебе ч1оге, мугъ г1ебаб тайпа,

Те хъах1илаб ралъдал гьулчи бихьизе.
Биччанте дунялги дир Дагъистанги

Цоцазда рихьизе, цоцазда лъазе.

Горда цере ч1оге, биччай рукъой бакъ,

Биччанте бакъуде къалъизе Ват1ан.

Расул Х1АМЗАТОВ
«Щибаб соналъул 1 сентябралда т1олалго школазул киналго классазда т1обит1ула «Ракълил дарс». Нилъее гьеб дарс кьола нилъер учительзабаз ялъуни гьеб дарсиде ах1арал улбуз-умумуз, рагъул г1ахьалчаг1аз, г1алимзабаз, шаг1ирзабаз, хъвадарухъабаз. Гьез нижее бицуна Россиялъул ва рекъел бокьулел киналго улкабазул г1адамал ракълие г1оло, рагъалде данде къеркьолел ругеб куцалъул, нилъер улкаялъул ракълилаб политикаялъул. Гьайгьай, нижги г1иц1го гьеб дарсихъ г1енеккун ч1оларо. Нижецаги ц1алдохъабазда гьоркьоб цоцазе бицуна нилъер Россиялдаги къват1исел улкабаздаги лъимал ракълие г1оло къеркьолеб куцалъул, гьезулгун бугеб нижерго гьудуллъиялъул.

«Ракълил дарсида» нижеца рик1к1уна ва ах1ула ракълил, гьудуллъиялъул х1акъалъулъ куч1дул. Нилъер ва цогидалги рекъел бокьулел улкабазда г1емерал ц1алдохъабазги г1ахьаллъи гьабулеб буго Ракълил фонд бечед гьабиялъулъги. Г1емерал васаз ва ясаз жалго х1алт1ун щвараб г1арац гьеб фондалде кьолеб буго. Цох1о Дагъистаналъул ц1алдохъабазги Ракълил фондалде кьолаан анц1аза-азар гъурущ г1арац. Г1адат х1исабалда, жакъаги гьединал лъик1ал ишал даималъего ц1унизе х1ажат буго нилъее. Гьединаб г1арац унаан рагъалъ бесдал гьарурал Ливаналъул, Палестиналъул, Никарагуаялъул, Афгъанистаналъул ва цогидалги гьединал улкабазул лъималазе. Бихьулищ жакъаги нилъеда аск1об цун бугеб Украинаялъул лъималазда ч1ун бугеб къо?! Квен-т1ехги т1аг1ун, ц1алулел школалги риххун, бесдал хут1араб ах1вал-х1алалде ккун ругеб куц гьел! Гьединазе квербакъани, Аллагьасул кириги г1адамазул баркалаги камилароан нилъееги»,- абун хъвана жиндир цо сочинениялда учительлъун дун х1алт1улеб Болъихъ районалъул Т1асут1и росдал школалъул цо пуланай ц1алдохъаналъ.

Т1олабго дунялалда лъала ракълил ва рагъул х1акъалъулъ Россиялъул лъималазул пикру. Гьелъул х1акъалъулъ цогидал улкабазул лъималазул кинаб пикруха бугеб? Масала, 1945 соналъул 6 августалда дунялалда т1оцебе атомалъул бомбаялъул къурбанлъун лъугьараб, 270 азарго чи т1аг1араб Хиросимаялъул лъималазул? Гьеб тарихалда бан, Хиросимаялъул цо школалъул учитель Синдзоца т1обит1ана г1адатияб гуреб дарс: «Метер, Хиросимаялъул къурбанал рак1алде щвезариялъул къоялъ, нужер эбел-эмен ине руго шагьаралъул Ракълил паркалде рагъалдехун жидерго рокьукълъи загьир гьабизе. Жакъа дица нужеда гьарула «Рагъ щиб жо?» абураб темаялда сочинение хъвайилан. Нужер х1алт1аби рит1ила нужго


4
г1адал Москваялъул ц1алдохъабазухъе. Гьездаги лъазе биччанте Япониялъул васазулги ясазулги пикру»,- ян абуна учителас.

Гьале гьадин хъвалеб буго гьез: «38 соналъ цебе (1984 сон. Авт.) Хиросимаялде рехун бук1ана атомалъул бомба. Гьелъул пикру гьабураб мехалъ, дир ц1акъ рах1ат хола. Аза-азар г1адамал хвана, ч1аго хут1арал гьаб жакъаги г1азабалда руго.
Дие бокьилаан киналго г1адамазда гьеб жужах1 рак1алде щвезе, т1олабго дунялалда рекъел бук1ине. Дие рагъ рихараб буго. Дунги ц1алдохъан Ота САТИКО».
«Рагъ бук1унгурт1изе, киналго г1адамал цолъизе ккола. Цониги шагьаралде атомалъул бомба бортизе бегьуларо. Рагъ х1ажат гьеч1о! Морикава ТАЙДЗЮ».
«Цо киб бугониги рагъ бугилан раг1ани, дица пикру гьабула: щай гьел рагъулел ругел? Унго, Хиросимаялъулги Нагасакиялъулги балагьалъ г1адамал кант1изарич1ищ? Хамагути МИХО».
Щибаб сочинениялда буго рагъ х1ажат гьеч1илан абураб пикру. Гьеб пикру цого къаг1идаялъ г1ахьалаб ва хасиятаб буго т1олабго дунялалъул г1емерисел лъималазе. Киданиги х1ажат гьеч1о рагъ, х1атта гьеб раг1улъгицин бихьула кьог1аб маг1на. «Рагъалъ вас гьавуларо, гьавуравги ч1вала» абураб кици буго маг1арулазул. Нилъее х1ажат буго роц1араб зобги ракълилаб г1умруги даималъего нахъе хут1изе.


ХЪАЧАГЪАЗДЕ
Чачаналъа бандал, чаран г1адинаб

Дагъистаналде щай т1аде к1анц1арал.

К1к1алабахъ нужее хвел батулеблъи

Лъач1ого рач1унищ щварал нижехъе.
Къо ккедал къвак1улел маг1арулазул

Раг1унго бук1инч1ищ нек1о бицунеб.

Гьаниса бергьун чи нахъе унарин,

Умумузг1агийищ г1акълу малъич1еб.
Г1акълуги намусги рек1елъ бугеца

Мадугьалзабазде ярагъ бахъилищ.

Ях1ги г1аданлъиги г1одоб теч1еца

Божут1а гьабилищ гьаб инжитаб рек1к1.
( «Лачен» журналалдаса )

5
«РАГЪУЙ КЪАЛИ БУХУЛЕЛ

ЖАЛГО РУХИЗЕ РУГО»

( Аслияб бут1а)
Симферополалда буго г1аммаб хоб

Анкьго г1урусасул, цо аварасул.

Хабада эхетун буго чармил танк

Чанги тушманасул бет1ер ч1инт1араб.
Мармар гьец1оялда хъван руго ц1арал

Ц1адулал васазул нилъер Ват1аналъ.

Ц1ализе риччан те гьел гьудулзабаз,

Ц1ализе риччан те гьел тушбабаца.

Расул Х1АМЗАТОВ
«Россиялъул солдатал»… Гьеб поэмаялъулги темалъун буго цебехун бицен гьабурал асаразулго г1адаб тема – Россиялъул ва т1олабго дунялалъул халкъазул вацлъи.

Симферополалда буго анкьго г1урусасул ва цо маг1аруласул г1аммаб хоб. Гьеб буго фашистазе мук1урлъич1ел советиял рагъухъабазул хоб. Г1иц1го жидерго улкаялъ гуреб, гьезул х1урмат гьабуна Прагаялъги, Варшаваялъги, Софиялъги. Берлиналъул рейхстагалде щварал рагъухъабаз гьенир къадада рик1ана хварал Бах1арзазулги ц1арал.

Анкьавго г1урусавги гьезул гьалмагъ маг1арулавги рук1ана г1адатиял г1олилал. Бух1улеб Сталинградалде щварал гьезда жалго рихьула, рагъ лъуг1ун хадуб, гьеб шагьар балел, Волгаги Донги цолъизабулел, хъизаналгун цадахъ Крымалде х1ухьбахъиялъе унел. Гьеб киналъего г1оло, г1олохъаби рагъана тушманасда данде рах1му гьеч1ого:
Рагъана гуллбуца, рагъана хучдуз,

Рагъана хадур гьал цабзаца, квераз.

Рагъана бадиса канлъи инег1ан,

Рагъана каранлъ рак1 бугог1ан мехалъ.
Хириял танкистал, дир гьудулзаби,

Нужее памятник бана улкаялъ.

Нужор хабада т1ад буго чармил танк,

Россия кинигин кутакаб, гучаб.
Тату хварал, анц1-анц1 ругънал щварал гьел кверде росана немцаз. Гьез анкьавго г1урус вас г1азаб кьун ч1вана, нахъе хут1ана цох1о маг1арулав Мух1амадзагьид Г1абдулманапов. Фашистазул хьул бук1ана гьес г1урусазулгун вацлъиялдаса инкар гьабилин, гьев жидедехунго вуссинин. Амма гьес жаваб кьуна жив советияв чи вугин, ч1варал г1олохъабиги жиндир вацал ругин.
Амма г1урусазе мун чияр вугин,

Г1алхулал фашистаз абураб мехалъ.

Гьесда гьеб унтана жиндир каранда

Киналго лъун ругел ругъуназдаса

6
Беразул ч1ег1ерал т1елхалги рорхун,

Ч1ух1ун цеве вач1ун тушманасда гьас,

К1арат1а росулъа маг1арул васас,

Цин бадибе туна, цинги абуна:
«Дун г1урусав вуго, советчи вуго,

Гьал ч1варал г1адамал дир вацал руго!

Ниж цого Ват1аналъ г1езе гьарурал

Гучаб Россиялъул солдатал руго!
Гьединан абуна. Кеч1алъе г1оло

Дица цох1о раг1и т1аде жубач1о.
Гьединан абуна, гьелъие г1оло

Г1урусакьа г1адин х1инкъун ч1вана гьев.

Ва гьесул каранда рек1арал нусаз

Бик1-бик1ун ц1ваялъул сурат бахъана.
Гьединан лъуг1ана г1умрудул къоял

Микьго г1олохъанав рагъухъанасул.

Г1алхулазда лъач1о гьезул ц1аралцин,

Мармар гьец1оялда гьанже хъван ругел…
Фашистаз ч1вана Мух1амадзагьидги, гьесул карандаса гьан къот1ун, гьез бик1ана ц1ваялъул сурат. Советияб улкаялъ жиндирго рит1ухъал рагъухъабазе кьуна бищун т1адег1анаб х1урматияб ц1ар – Совет Союзалъул Бах1арзазул ц1ар. Абадиялъго к1очонареллъун лъугьана К1арат1а росулъа маг1арулав Г1абдулманапов.

К1иабилеб дунялалъулго рагъ лъуг1аралдаса жеги улбуз ч1ег1ер бахъун гьеч1ониги, Америкаялъул ва цогидалги пачалихъазул, хасго Бакът1ерхьул Германиялъул империалистазда гьелъул дарсал к1очонел руго, дунялалъул бак1-бак1азда биял г1одоре т1олаго, жеги рагъ къот1ун гьеч1о…

Гьединлъидал, поэтас ракълил тушбабазда бич1ч1изабулеб буго нилъер г1адаб гучаб гвардия Кореялдаги бук1ин, Матросов Вьетнамалдаги, Олег Кошевой Испаниялдаги вук1ин. Гьединаб куцалъ, г1емерал цогидал асаразулъго г1адин, гьанибги Расул Х1амзатовас жиндирго гьаракь борхулеб буго халкъазда гьоркьосеб рекъелалъе, дунялалъулго халкъазул эркенлъиялъе г1оло.

Россиялъул солдатазда гьоркьоб тушманлъи ккезабизе гьабулеб къасд кидаго к1алагъоркье ч1вазе буго, киданиги т1езе гьеч1о маг1арулазул г1урусазулгун бугеб вацлъи – гьединаб буго поэмаялъул идея.

Гьединаб г1умруялъулги хвалилги, дунялалда кколел ругел лъик1алги квешалги жалазул, поэзиялъулги г1адамазулги бицунев вугев халкъалъул поэтасда кидаго цереса унаро нилъер улбул. Гьезие сайгъат гьабун буго Расулица роц1ц1араб поэзиялъул к1удияб къиса – «Эбелалъе кеч1» абураб поэма.

Г1аммаб куцалда абуни, Расулил творчествоялда жаниб руччабазул – улбузул, яцазул темаялъ ккола к1удияб бак1. Гьесул руго гьеб темаялда т1асан хъварал нилъ рохизарулелги, пашман гьарулелги, нилъелъ гьездехун х1асратаб рокьи ц1ик1к1инабулелги, гьездехун мекъаб бералъ балагьулезде ццим бахъинабулелги асарал. Амма «Эбелалъе кеч1» абураб поэмаялда гьанжелъизег1ан улбузул х1акъалъулъ гьес хъварал асаразул цонигияб бащалъуларо…

7
Поэтас улбул рик1к1уна ралъадал г1адал гъваридаллъунги, г1ат1идаллъунги, берциналлъунги, муг1рул г1адал рорхаталлъунги:
Дир чамасдакил гъвет1, бигьаридул гъал,

Бищун ц1ал халатаб дир ц1олбол гъабу.

Дир т1ерхьун араб бакъ, т1адег1анаб ц1ва,

Дир каранлъ бакараб кидагосеб ц1а.
Гьеле шаг1ирас эбелалъе гьарурал сипат-суратазулги реццазулги цо-цоял.

Улбул кидаго рук1ана рагъда ругел жидерго васазул ургъалида. Кинаб рак1алдаха к1велеб, жиб сородич1ого, рагъулел ругел васазул ургъалилъ йигей эбелалъул х1ал загьир гьабизе:
Гьанже гьел рехулел киналго топал,

Дир каранда ругин такрар гьабула.

Васазда щвелалде загьруяб т1ухьи,

Т1ул-рак1ги дир бух1ун бугин пещт1елеб.
Жиндир г1умруялда жаниб г1емераб жо бихьарай, бищунго цебе нилъее дуниял кьурай, нилъ г1езарурай, нилъеда т1аде ккараб къоялъ ц1ик1к1арасеб рахъ борхарай эбелалъул х1акъалъулъ раг1и абулаго, шаг1ирас гьей релълъинаюла ракьалда т1ад жиб паркъолеб бугеб ракълил байрахъалда ва гьелъул рак1алъул чаранлъи рагьула гьал коч1ол мухъазулъ:
Къварилъи баччана Ват1аналъ г1адин,

Бет1ерги къулич1о солдатас г1адин.
Расулил рек1елъа нахъе унареб унтилъун буго Хиросима. Гьеб империалистаз рехараб атомалъул бомбаялъ щущахъ биххизабураб шагьар гьесие буго лъилъулареб ругъунлъун. Гьелъул х1акъалъулъ поэтас хъвана г1емер. «Эбелалъул кеч1» абураб поэмаялдаги руго Хиросимаялда рухьарал, поэтас «киналго ракьазул мавзолейлъун» рик1к1унеб, гьесул ях1алда лъурал ругънал регъезе толареб, рух1аразе бараб пашманаб гох1алъул х1акъалъулъ пикраби. Гьел гъваридал, поэтасул гьинал рек1елъан унел т1адег1анал поэзиялъул раг1абаз загьир гьарурал пикрабаз рагъуе х1адурлъулел ругездаса нилъер рак1 буссинабула, нилъ ах1ула т1олабго дунялалда т1ад рекъел ц1униялде.

Дир ч1варал вацазул рахъалъ гьарула,

Гьаб ч1аголъиялъул рахъалъ гьарула,

Гьеч1ого рес гьеч1ел, ц1уне гьал улбул,

Ц1уне унтудаса, ургъелалдаса,

Ц1уне рак1 лъукъулеб хабаралдаса,

Ц1уне маг1у т1олеб раг1иялдаса,

Ц1уне, хвезаруге гьезул макьаби,

Ц1уне гьтез рачунел панаял бакънал,

Ц1уне рагъаздаса рокьи кьун УЛБУЛ,

Рокьулел, ц1уне гьел х1инкъиялдаса.

8

«РАГЪАЛЪ КЪЕД ГЬАБУЛАРО,

БАРАБ БИХХУН ГУРОНИ»

( Ахир)
Америкаялъул школлъималаз Дагъистаналъул

халкъияв поэт, ракълие г1оло машгьурав

къеркьохъан Расул Х1амзатовасухъе бач1араб

КАГЪАТ
Хирияв мистер Х1АМЗАТОВ!

Нижеца кагътил азарго къункъра гьабуна ва гьел Дуе рит1улел руго. Гьел гьарулаго, нижер щивасулъ бук1ана ракълил ишалъе кумек гьабулеб бук1иналъул асар. Рагъул ва ракълил х1акъалъулъ нижеца гара-ч1вари гьабуна учительзабазулгун ва нижерго эбел-инсулгун. Ниж рак1-рак1алъ божула ракълил иш бергьине бук1иналда. Нижеца лъазабулеб буго цогидал халкъазул культура. Гьеб ккола «Миллион къункъра» абураб нижер х1алт1ул проекталъул цо бут1а.

Нижеда рак1алде ккола, нижеего г1адин, нижер къункъраби Дуеги рокьилилан. Биччанте гьез Дуда рак1алде щвезабизе ядернияб ярагъ гьукъиялъе, киназего г1аммаб рекъел щулалъизабиялъе х1алк1олебщинаб жо гьабизе кколеблъи.

Нижго г1адал рекъел ц1уни ва ядернияб ярагъ т1аг1инаби мурад бугел къокъабаз, Духъего г1адин, къункъраби рит1изе руго дунялалъул машгьурав азарго х1аракатчиясухъеги.

1985 соналъул 6 августалда 40 сон т1убана Хиросима шагьаралде атомалъул бомба рехаралдаса. Гьал къоязда Мун Хиросималде щун ватани, гьенир Дуда рихьун ратила нижеца Духъе рит1арал г1адал кагътил къункърабазул чит1ирал. Атомалъул бомбаялъ ч1варазе бараб памятникалда цере лъун руго гьел.

Рак1алде щвезаре памятникалда рик1арал раг1аби:
Дуниялалъе рекъел –

Гьеб буго нижер гьаракь,

Гьеб буго нижер гьари.
Нижее ц1акъ бокьилаан Дургун ва Нужер улкаялъул школлъималазулгун, цоцазде кагъталги хъван, гьоркьоблъи щула гьабизе.
Рак1-рак1алъулаб х1урматгун

Тессерил школалъул 360 ц1алдохъан,

Вашингтон, США.

Расул Х1амзатовасул

ЖАВАБ:
Хириял Америкаялъул школлъимал!

Нужер кагъаталъ дун вохизавуна. Гьелъ цойги нухалъ нуг1лъи гьабулеб буго ракълил, г1емерал балагьал х1ехьараб дунялалъул талих1алъе ва парахалъиялъе
9

г1оло гьабулеб къеркьеялъул к1вар гьеч1ел, гьелъул ургъел гьабуларел г1адамал рук1унареблъиялъе.

Жакъа гьеб къеркьей киназдаго: ч1ах1ияздаги г1исиназдаги хъинт1ула. Гьелъие нуг1лъи гьабулеб буго нужер кагъаталъ ва къункърабазул чит1иралъ. Дие гьел ц1акъго хириял руго. Чанго соналъ цебе дица хъвана, рекъел ц1унулаго, дунялалъул к1иабилеб рагъда ч1варал ва нилъер рак1алдещвеязулъ хъах1ал къункърабилъун хут1арал г1адамазул х1акъалъулъ «Къункъраби» абураб кеч1.

Якъинаб жо буго ядернияб рагъда щивниги бергьунгут1и. Рагъалъ инсанияталъе кьезе руго миллионал г1азабал, хвелал. Гьелъ т1аг1инабизе буго г1асрабаз г1адамаз г1уц1араб хазина. Гьединлъидал, нилъер планета хириялщиназ: американасги, г1урусасги, г1арабисги, поэтасги, рагъухъанасги, минаби ралесги – цоцахъе бегьизе ккола хъах1абги, ч1ег1ерабги, т1огьилабги квер. Цох1о дир пикру гуро гьеб. Гьеб буго т1олабго советияб халкъалъул пикру, анищ. Щайгурелъул, Хиросимаялъул рахъуги, ч1варал миллионазул раг1адалги, аза-азар рух1арал росаби-шагьаралги, Овсенцималда хут1арал лъималазул ясик1абиги нижер рак1азда х1енсолел ругелъул.

Советиял ( Россиялъул. Авт.) лъималги, нужго г1адин, ракълие г1оло къеркьолел руго. Пионеразул лагерь «Артекалда» советиял лъималазул унго-унгояб гьудуллъи ккана нужер улкаялдаса ракълил чапар Саманта Смиталъулгун. Гьелъул талих1 къосараб хвелалъ гьепл пашман гьаруна. Амма лъик1аб иш холаро, гьеб ч1аго бук1уна. Нужер кагъаталъ нуг1лъи гьабулеб буго гьелъие.

Дица х1укму гьабуна нужер г1исинал квераз гьабураб азарго къункъраялъул чит1ир Дагъистаналъул литератураялъул музеялде кьезе. Гьел гьенир ц1унун рук1ине руго. Нужергун бухьен кквезе буго Дагъистаналъул лъималаз-ц1алдохъабаз. Дие бокьилаан нуж гьудулзабилъун рук1ине. Ц1акъ берцин бук1уна к1иго бат1ияб улкаялъул лъималаз цоцахъе гьудуллъиялъул квер бит1улеб мехалъ ва гьел кверазухъ, ярагъ гуреб, т1угьдул ругеб мехалъ.

Дица нужее ва дунялалъулго лъималазе гьарула, нужер рац1ц1адал г1исинал квераз гьарурал кагътил къункърабазе гурони, ракетабазе бак1 гьеч1еб роц1араб зоб.

Цойги дие бокьун буго нужее, нужер г1исинал ва лебалал гьудулзабазе сайгъаталъе «Къункъраби» абураб дирго кеч1 бит1изе, нижеда цадахъ нужецаги гьеб ах1изе.

Рак1-рак1алъулаб х1урматгун,

нужер Расул Х1амзатов.

* * *
Инсан берцинлъизавула лъик1аб г1амалалъги, г1адлияб хьвада-ч1вадиялъги, эбел-эмен рокьиялъги, рит1ухълъи ц1униялъги, г1агараб Ват1ан хиралъиялъги, херазул-ч1ах1иязул адабалъги, гьудуллъи-вацлъи щулалъиялъги. Гьеб кинабго чорхолъ бугев чиясулъ квешлъаби рук1унаро, жиндие бокьулареб жо чидаеги гьабуларо. Гьединал г1адамал г1ураб ракьалда т1ад кьвагьиги бук1инищха? Рач1а нилъ кидаго квешлъиялдаса рик1к1ад ц1унизе, эбелаб ракьалъе рит1ухъаб хъулухъ гьабизе, халкъалъе нилъедаса бажарараб х1алалъ кумек гьабизе.

Расул Х1амзатовасул куч1дул киналго рокьула дие. Нужецаги ц1але гьел, гьаб ракьалда т1ад бугеб лъик1абщиналде куцала нуж гьез. Гьединав к1удияв шаг1ирасул цо раг1иги г1ола инсан мекъаб нухдаса хвасар гьавизе.

Аллагьас квербакъаги квешаб рехун тезе, кинабго лъик1аб гьабизе. Амин!

10
ДИР АНИЩ
Дир к1удадал каранда

Киг1ан медалал ругел,

Рик1к1ине гьал кверазда

Килщалцин г1олел гьеч1о.

Тушман т1аде к1анц1идал,

К1удада, Ват1ан ц1унун,

Ц1ум г1адин вагъун вуго

Гитлерил аскаралгун.
Ахирги бергьенлъигун

Росулъе вуссун вуго.

Гьанже гьев ц1ар раг1арав

Векьарухъанлъун вуго.
Дунги к1удада г1адай,

Г1адамазе йокьулей

Векьарухъан йик1ина

К1удияй г1ураб мехалъ.

11
ПАЙДА БОСАРАБ ЛИТЕРАТУРА:
1.Р.Х1амзатов. Т1аса рищарал асарал, 3 том.

2.Р.Х1амзатов. Улбул ц1уне.

3.Р.Х1амзатов. Эбелалъул кеч1.

4.Р.Х1амзатов. Россиялъул солдатал.

5.М.Х1асанов. Ват1ан – Дагъистан.

6.Х1.Казиев ва С.Х1айбулаев. Дагъистаналъул литература.

7.З.Г1алиханов. Авар кицаби ва абиял.

8. «Лачен» журнал, № 9, 1984 с.

9. «Лачен» журнал, № 2-5, 1986 с.

10. «Лачен» журнал, № 5-6, 2002 с.

11. «Гьудуллъи» журнал.

12. «Х1акъикъат» журнал.

13. Авар адабияталъул ц1алул т1ахьал.

12

СОДЕРЖАНИЕ:
Стр.

1.Аннотация проекта……………………………………………………………..2

2.Обоснование проекта…………………………………………………………...2

3.Описание проекта…………………..…………………………………………...2

4.Рекъел ц1уни – киназулго налъи. Байбихьи….……………………………..3

5.Рагъуй къали бухулел жалго рухизе руго. Аслияб бут1а…………………..5

6.Рагъалъ къед гьабуларо, бараб биххун гурони. Ахир………………………8

7.Пайда босараб литература……………………………………………………...11

2
АННОТАЦИЯ ПРОЕКТА:
Халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъи ва цебет1ей – аслияб пикрулъун босун буго гьаниб авторас. Г1урус миллаталъул г1адамаздаги дагъистанияздаги гьоркьоб гьудуллъиялъулгун вацлъиялъул тема рагьун буго гьаб проекталъулаб х1алт1уда гъорлъ. Гьаниб бихьула миллатазда гьоркьоб рагъулъги х1алт1улъги т1егьан бач1араб щулияб гьудуллъи-къуват, рагъда лъадарараб гьудуллъи-вацлъи хадубккунги т1егьай цебеч1езабула Расул Х1амзатовасул ц1ик1к1арасел асараз. Коч1ол рохалилаб ва пашманаб бакъан. Лъималазде бугеб к1удияб ва х1еренаб рокьи загьир гьабизе шаг1ирас бахъулеб х1аракат, сипатиял раг1аби рагьула гьесул асаразулъ дандекквеязда ва эпитетазда жаниб.


ОБОСНОВАНИЕ И ОПИСАНИЕ ПРОЕКТА:

«Россиялъул солдатал» поэмаялъе кьоч1ое босараб х1акъикъат ккола т1олабго дунялалъулго халкъазда гьоркьоб гьудуллъи ц1уни, г1адамазе Ват1аналъул хиралъи бихьизаби. Рагъухъабазул бах1арчилъи, рух1ияб бечелъи, тушманасдаса бергьун гурони, къун ч1езе к1унгут1и рагьулеб буго к1удияв шаг1ирас жиндирго поэмаялда жаниб. Мух1амад-Загьид Г1абдулманаповасул рух1ияб бечелъи рагьизе Расул Х1амзатовас сипатиял раг1аби х1алт1изарун руго:
«…Хабада эхетун буго чармил танк,

Чанги тушманасул бет1ер ч1инт1араб…»
Цогидаб коч1олъ Расулица хъвалеб буго гьадин:
«Г1адамал, нужеде гьари буго дир,

Панаяб рек1ел ц1а ц1орозе тоге.

Ц1уне гьудулзаби – гьел г1емер гьеч1о,

Г1айиб камурав чи кивго вижич1о».
Ват1аналъул намус-ях1 ц1унун рагъарал, х1алт1арал бах1арзазе сайгъат гьабураб ккола «Къункъраби» абураб кеч1. Г1адан хиралъиялъул т1адег1анаб асар загьир гьабун буго рагъда къанщаразул рахъалъ гьениб авторас.

Г1умруялъул ицц – эбелалде г1урхъи гьеч1еб рокьи шаг1ирас загьир гьабулеб буго жиндирго куч1дузулъ. Эбелалъул рокьиялъ лъимадул чи лъугьинави, гьелъул лъимал улбузда цере даим налъулалъун хут1и х1еренаб, пасих1аб, сипатияб мац1алъ бицунеб буго гьес.

Маг1арулазул ях1-намусалъул, рух1ияб бечелъиялъул, сог1аб т1абиг1аталъул, г1агараб Ват1аналде гьезул бугеб рокьул к1одолъиялъул бат1и-бат1иял мисалал рехсон рагьулеб буго Расул Х1амзатовас.

Рехсараб проекталъул аслияб масъалалъунги мурадлъунги ккола, гьеб кинабго г1елаз г1елазухъе мадиро гьабун цоцазухъе цебе кьолаго, гьаниб х1ужабаздалъун рехсон буго, халкъалъул чорхолъ гьеб бессизаби, гьезие берцинлъиги, гьуинлъиги, гьудуллъи-вацлъиги, гьезул рух1ияб бечелъиги, бук1инеселда божилъиги гьаб дунялалда т1адго даималъего г1агар гьаби. Гьаб проекталъулаб х1алт1уда жаниб, хасго лъималазул мисалаздалъун, рагьулеб буго гьеб кинабго.
Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов
files -> Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница