«Хъах!абросулъа Мах!муд»



Дата24.10.2017
Размер67.42 Kb.
#33055

на тему
«Хъах!абросулъа

Мах!муд»

Агадинская СОШ

Дибирмагомедов М.М.

Мах!муд вук!ана Унсоколо районалъул Хъах!абросулъ гьавурав аваразул машгьурав коч!охъан. Мах!мудил эмен Мух!амадги вук1ун вуго рохьове ун, т!урччи бух!ун, Хунзахъ базаралде хьвадун, гьеб бичун, маг!ишат гьабулев мискинчи.

Мах!муд гьавураб сон бит!ахъе лъазе к!оларо. Амма Мах1муд Ц!адаса Х!амзатидаса ц!ик1к!арав вук!ине ккола. Х!амзатида Мах!муд т!оцеве вихьана базаралдаса вач!унев чи. Гьев вук!унаан бат!и-бат!иял бак!азда куч!дул ах!улев. Гьеб заманалда Мах!муд вук!ана михъида х!ур ч!варав г!олохъанчи. Мах!муд гьеб заманалда жинцаго кеч! Ах!аниги, Хъах!аб росулъа Мах!муд абураб ц!аралдалъун машгьурлъун вук1инч!о.Гьелдаса чанго соналъ хадуб бахъана Мах!мудил маг!арулазда жаниб борхараб гьаракь ва гьелдаго цадахъ гьесул пасих!ал куч!дул т!ирит!изе байбихьана.

Мах!мудил коч!охъанлъиялде нуц!а рагьулаго, гьенир нилъеда цере ч!ола гьусул заманалъ маг!арулазда жанир рук!арал куч!дул хъвалел г!адамазул цо къокъа.

Берцинги бихьула, цох!о рак!алде щвеялде гуребги, гьезде бака-бахъи, гьабизе ва гьезул асаразда гьоркьоса цо-цо, к!и-к!и куплет рехсезеги.

Мах!мудил заманаялъ маг!арулазда жанир куч!дул хъвалел г1адамал г1езег!анго рук!ана. Гьезул лъик!аздасан вук!ана Мест!ерухъа Нурмух!амад. Нурмух!ама жинцаго кеч! ах!улев чи вук!инч!о. Гьев вук!ана мискинаб т!абиг!аталъул чи, черхалдаги заг!ипав, парта-маг!алалдаги язихъав, хъах!лъи жубараб г1умруялъул, г!елмуялъе гьунар бугилан абулев чи. Хъунзахъ районалъул Гьамущив дибирлъун Нурмух!ама вугеб заманалда, дун вук!ана гьит!инав чи, гьеб росулъе буссараб Бакъда Гьамущи абулеб гьт!инаб росулъ муг!алимлъун. Бакъда Гьамущий,нижеда мадугьалихъ йик!ана Хистаман абулей рос-рукъалда йигей цо г!адан. Гьей йик!ана цо гьайбатай,беричай, берцинлъиялъул ц!ар раг!арай, ц!ураб моц! г!адай г!адан. Гьеб заманяалда Т!алъиялъул ханзабазулги бегзабазулги лъималазул балагьи Бакъда Гьамущибе бук!ана. Амма Хистаман вач!анщинав чиясе раг!и кьолей г!адан йик!инч!о. Гьей йик!ана жиндирго намус ц!унарай, г!адамазда жаний адаб-х!урматги бугей лъик!ай, базалияй г!адан.

Гьанже нилъ рач!инин Ч!анк!ал бицине. Ч!анк1а вук!ана, Мах!мудго г!адин, доб заманаялъ халкъалда жанив машгьурав коч!охъан.

Ч!анк!алги Мах1мудилги чанги бат!и-бат!иял куч!дузул мухъал данде колел руго. Масала:

Ч!анк!а

Маг!арухъ унел,хъах!илал нак!к!ал

Хъван бит!ани, кагъат боссе к!веларищ?

Хунзахъе щолелъул, шамалъул гьури,

Гьит!инаб сайигъат т!обит!иларищ?

Мах!муд


Цо панаяб х!ухьел бух!улеб рек!ел,

. К!веларищ босизе, самаалъул нак!к!?

Соролел лугбазул бугеб г!акъуба,

Г!арза хъван кьеларищ,хъах!ил зодихъ хьухь?

Ч!анк!алги Мах!мудилги гьал раг!аби цоцазде дандеккун балагьани, цо коцонир т!уралг!анги релъарал руго. Гьездасан ва гьединго г!адамазда жаниб билълъараб тавушуралдасанги бихьула байбихьиялда Мах!мудил вач!ин Ч!анк!ал нухдасан бук!ин ва Ч!анк!адаса гьес пайда босиги. Гьеле гьелъие г!олойин г!емерисел маг!арулаз Мах!мудидаса Ч!анк1а цеве гьавулев вук1арав. Амма учителасдаса гьесул ученик лъик1ав вахъин нахъе ч1валев жо гуро.Мах!мудил куч1дузул цо т1ел Ч1анк1алги ва цогидал маг1арул коч1охъабазулги квер г1унт1улареб борхалъиялда буго.

Амма Мах1мудил гьел коч1охъаби хадур г1унт1улареб,жиндир хасаб цоги бат1иябги нух бук1ана. Масала: Мах1мудида релълъинабулаан цо жо цо жоялда г1адин, цо чанго жоялдаса данде гьабура х1ал гьединабго цоги х1алалда. Масала:

Борхатаб маг1арде к1иго г1ищкъул т1егь,

Цоцазе щапула, данде щоларо.

Гъваридаб к1алахе к1иго ицул лъим.

Цоцахе чвахула, гъорлъ жубаларо.

Гьаниб Мах1мудица нилъеда цебеч1езабулеб буго борхатаб мег1ералъул сурат, гьениб гьорочахъдилеб буго к1иго к1иго г1ищкъудул т1егь. Гьеб суратги бихьизабулеб Мах1мудица мат1уялда жаниса г1ади, г1ажаибго гвангъарал раг1абазда жанисан, киназего загьираб х1алалда.

Киг1ан недегьал, гьуинал маг1наби Мах1мудица гьенив нилъеда цере лъалел ругел ва киг1ан берцинаб, гьайбатаб формагьел маг1набаздат1ад гьес рет1унеб бугеб.

Язихъав яшавалъул инсудалъач1о ва бич1инч1о Хъах1абросулъа, рогьалил ц1ва г1адин, кидаго кунч1ун бук1унеб гьунар биисун бук1ин, киг1ан гучго, къуватго

маг1арулазул адабият цебе т1ун аниги, гьелда раг1ад рехизе гьеч1олъи.

гьелъул нур свине гьеч1олъи гьеб х1асратлъунги мисаллъунги бук1ине

бугеблъи. Биценалда рекъон, инсуца васасда гьарулеб бук1ун буго

кеч1ги жибго тун, ракьалде вуссаян, векьарухъанасул г1амал-т1абиг1ат

босун, гьезул кьерулъ ч1аян. Х1атта, ццим бахъарав чияс, васас рек1ел

бидулъ къалам ччун хъварал асарал зама-заманалдаса ц1адареги рехун,

рух1улел рук1ун руго.

Кагъатни бух1изе бегьила, гьелъие г1емераб ц1а къвариг1унаро, хехго

пархун уна, амма кинаб г1асияб ц1адуцаха бух1илеб бах1арчилъиги,

сахаватлъиги, рек1ел г1ат1илъиги, г1адамасдехун бугеб божилъиги:

инсанасул анищги, къасдги, рохелги, пашманлъиги, рокьиги, ццинги,

недегьлъиги, сог1лъиги, х1асратлъиги.Хъвана Мах1мудица камилал,

т1ад раг1и абизе бак1 гьеч1ел къасидаталги, сариналги, щиг1рабиги,

маг1абиги. Хъвана цох1о ах1ун теч1о.

Маг1арулазда лъалаан Мах1мудил х1асрат. Бекьилъ росулъа Муи

йик1ин. Биценалда рекъон, гьей йик1ун йиго г1адатияй маг1арулай,

щибго гьедиг1ан бицинег1ан, коч1олъ ах1изег1ан берцинлъи,

гьайбатлъи гьеч1ей ч1ужуг1адан.

Цониги Мах1мудил коч1олъ гьелъул ц1арги рехсон гьеч1о. Муи гьесул г1емерисел

куч1дул сайгъат гьарун рук1ун ратаниги, х1акъикъаталда гьел гьел гьарун ккана

киналго маг1арул руччабазе сайгъат гьарураллъун, гьезул даража ц1акъго ц1акъ

борхалъуда бахинабураллъун. Дуниялалъуб рокъоб бищун т1адег1анабги, къадруябги,

беричабги, къиматабги, берцинабги-кинабго гьес х1алт1изабуна ч1ужуг1аданалъул

сипат г1уц1изе.

Коч1охъанасул ихтияр бук1ана гьадин хъвазе:

Биинаан гьец1о, бух1илаан ц1ул.

Дуе гьабунщинаб сипат гьабуни;

Биххилаани кьуру, кьват1илаан гох1,

Дуй г1адин рецц гьабун, цеве ч1анани.

Рокьи ва йокьулей гьел рук1ана Мах1мудида жиндир замана жаниса якъинго ва

г1ат1идго к1иго бихьулеб мат1у. Гьелъин коч1охъанасул замана, г1умруялъул

чвахи, г1аламатал, балъголъаби, сахал ва хашал рахъал нилъеда Мах1мудил

асараздасан лъалел ва цере ч1олел.

Киназего гуро вокьулев жидедасаго т1ок1авни.Гьев рик1к1уна «рехъалъа т1убараб

х1айванлъун». Мах1мудида сверухълъи рук1ана, жидерго ресалдаса пайдаги

босун, давла бак1арулел т1адчаг1и, г1орц1изег1ан квине хинк1алги, черх

бицараб рет1илги щвелародаян рух1 бахъун х1алт1улел зах1матчаг1иги. Гьел

рук1ана бат1и-бат1иял напсалъул, хасияталъул, пикрабазул г1адамал.

Ц1акъго «ц1одораз» гьев ах1макъилан толаан, гьеб коч1охъанасдаги

ц1акъ лъик1 бич1ч1улаан. Гьелъин Мах1мудил асаразулъги г1емер

данде ч1валел х1акъикъаталъул рит1ухълъи гьеч1олъиялъул х1акъалъулъ

хъварал мухъал:

Тайпа къадруялъул къецги дир гьеч1о,

Къадарасе буго бит1 дунялалъул.

Гьелъин Мах1муд т1олабго г1умруялъ х1алихьалъиялдеги, х1айванлъиялдеги,

Хъублъиялдеги данде къеркьолев вук1арав. Лъиениги я х1акимчиясе, я

т1адчиясе гьес бет1ер къулич1о, къулана цох1о бац1алъиялде, рит1ухълъиялъе,

гьуинлъиялъе, г1адамазул гьудул-гьалмагълъиялъе, адабалъе.

Квешлъи, хъант1илъи, х1алихьалъи даимго тахида бук1иналдаса рак1

буссиналъ рижараллъун рук1ине ккола гьадинал мухъал:

Гьанже дунялалъул халго гьабуге,-

Хинк1ал ц1ик1к1арасул ц1ар бахъун бугин.

Ц1уяв, бихьинав чи- бат1алъи гьеч1о,-

Т1аде чакар барав хан лъугьун вуго.

Жидерго ях1ги, рух1ги г1аданлъиги бичун данде гьабулеб бугеб маг1ишаталда

Коч1охъанас вешаб раг1и абураб ц1ар лъуна. Гьеб раг1уцаги инсанасул гьан

кванала. Цогияв гьудул-гьалмагъ вичич1ого, данделъулеб жо гуро х1арамаб

боц1и. Гьединлъидал батила Мах1мудил устарлъи жинца цебе бачарав,

гьевго г1адин гьунар т1ок1ав, гьанжесеб заманаялъул ц1ар раг1арав шаг1ир,

Х1амзатил Расулица нилъер заманаялъул тохал ишал къват1ир ч1вазарун

хъвараб гьесие мугъч1варайги гьабун. Жиндирго напсалда, хасияталда,

г1амал-т1абиг1аталда рекъон Хъах1абросулъа Мах1муд вук1ана

къеркьохъанлъун. Къеркьана къисматгун, къеркьана жаваб

гьеч1еб рокьигун, къеркьана квешлъигун, ццингун, къеркьана

тушманзабигун, къеркьана т1адчаг1игунъ.ъ

Т1олго аб дунялгун даг1ба буго дир,

Я дун къуркьуларо, я аб къоларо.


Къуркьи коч1охъанасда лъалароан, къуркьич1о лъиего,

къуркьана цох1о инкъилабалъе, цох1о гьелда к1олаан

Мах1мудие рокьукъаб х1укумат т1аса рехизе. Гьев

гьелъул байрахъалда гъоркь ч1вана жиндирго ахирисеб

кеч1 гьелъие сайигъат гьабуна:

Ракьул бут1а гьеч1ел, бокьоб панз гьеч1ел,

Гьаб бурангун лъугьа дунял лъухьизе.

Дирги г1ищкъуялъул ц1ураб каранзуй.

Кепаб гьугьен бугин гьеб гьуриялъул

«Дуниял г1аламалъе г1ишкъул рукъги бан» къот1нов хут1ич1ого хирияв Мах1муд,

гьелъул г1аксалда жиб-жиб росулъ, жив-жив маг1аруласул рокъов бищунго урхъарав

гьоболлъугн вуго. Гьес т1унилан тараб кьодул сакги, жакъа, г1ищкъуялъул,



х1асраталъул, гьудул-гьалмагълъиялъул, вацлъиялъул кьолъун лъугьун буго
Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов
files -> Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница