Лекция № Байбихьи. § Мац1алъул цо-цо г1аламатал



страница1/7
Дата01.02.2018
Размер0.94 Mb.
#53122
ТипЛекция
  1   2   3   4   5   6   7
Лекция № 1.

Байбихьи.

§ 1. Мац1алъул цо-цо г1аламатал.

Мац1алъ г1адамазе рес кьола бокьараб пикруниги, асаргун х1алниги цоцазе загьир гьабизе, гьединлъидал, гьеб гьезда гьоркьоб рухьен ч1езабулеб алатлъунги рик1уна. Мац1 бук1инч1ебани, обществоги, общество бук1инч1ебани, мац1ги бук1инароан. Масала, г1адан к1алъаларелъуб гьит1инаб къоялдаса нахъего г1урав чиясда мац1 лъазе рес гьеч1о.

Мац1 г1адан х1айваназдаса ват1а гьавулеб жо ккола. Гье­динлъидал, мац1алъ рес кьун буго г1адамасе общество, г1елму, лъай цебе т1езабизе, зодоре роржине спутникал, ракетал гьаризе, т1абиг1аталъул законал лъазаризе, жеги гьезда т1ад кверщел гьабизегицин.

Мац1 ккола миллияб литератураялъул формаялъул (жиб гьеч1ого форма лъугьунареб) аслияб материаллъун. Культура, мац1алда данде ккун, социалиял классазул цо бук1унаро, гье­зул щибалъул идеологиялда т1ад г1уц1араб бук1уна, мац1 гье­зул киназего цояб бук1уна.

Г1адамазул мац1 цоцада бич1ула г1инда раг1унги берда бихьунги. Хъуй гьеч1еб бак1алдаги ч1ван къот1араб манзилалдаги бицунеб жо г1инда раг1ун бич1ч1ула. Канлъи бугеб бак1алда я х1арпаздалъун хъван, я сурат бахъун, яги ишаназдалъун (кверзул, берзул, к1алзул, гьурмал гь. ц.) бич1ч1ула бицу­неб бук1а, загьир гьабизе бокьараб бук1а жо. Ишаназдалъун цо-цо г1адатаб пикру, яги загьир гьабизе бокьараб жо гурого, мац1алда г1адин баян гьабизе к1оларо.

Г1адамаз цоцада пикраби гурелги, жодорго чорхол х1ал-х1укму, асар, гь. ц. бич1ч1изабизе бегьула, абизин, гьаркьидалъун, бакъназдалъун (музыка), кьераздалъун (транспорталда), суратаздалъун (живопись), гь. ц.



Баян. Г1инкъал, раг1и раг1уларел, г1адамал, кверзул ишаназдалъун «хъвалел» х1арпазул хъвай-хъваг1ай малъун, ц!ализарула. Гьеле гьел иша­наздалъун бич1ч1изабула г1инкъаз (канлъи бугеб бак!алда) цоцада баян гьабизе бокьараб жо.

Баян. Беццал г1адамал ц1ализарула рок1к1еналъ кагътиданиги цоги сунданиги рорлъ-рорлъун (расун) «хъвалел» х1арпазул алфавнталда. Беццаз рок1к1аца хъвала, амма т1асан килщал рачун (хъант1ул лагаялдалъун) ц!алула. Гьеб тун нахъиябщннаб жо беццазул (гьел г1инкъалги гьеч!они) гьаркъилаб мац1алда к1алъалел Надамазул г1адаб бук1уна.

Инсанас жиндирго х1албихьи раг1абалъги, калимабалъги, предложениязулъгилъидал щула гьабулеб, гьезул т1оцебесеб маг1на рагьиялдалъун рагьула халкъалъул историялъул к1вар ц1ик1к1арал балъголъабазде нуц1би. Гьелъги хъвараб нек1сияб история жодор гьеч1ел халкъаз рахьдал мац1 лъик1 лъазабиялъул к1вар ц1ик1к1инабула. Мац1алдехун мугъ ч1вай гьабула г1адамасул ликруялъ, хасго роцен ч1езабураб мац1алъ рее кьола инсанасе жиндир пикру бит1унги, къокъги, берцинги загьир гьабизе.



§ 2. Авар литературияб мац1ги, болмац1ги, диалекталги.

Болмац1 лъугьун буго авар халкъалъул, хасго гьелъул хун-дерил диалекталъул кьуч1алда т1ад. Гьеб лъугьин маг1арулазул пачалихъияб цолъи лъугьиналда бухьинабизе бегьула. Гьеб бук1ине ккола ц1акъго цебе, маг1арулазул экономикйябги, культуриябги, политикиябги гьоркьоблъи щулалъизе лъугьараб заман.

Болмац1алъул маг1на халкъияб мац1 бук1ин бич1ч1ула бо (Рочиб-Арчиб мац1алда-халкъ), бол къват!, бол нух, бодараб (-халкъалдаго ч1алг1араб) абурал раг1аби данде ккуни. Болмац1 ккола маг1арулазул г1аммаб халкъияб фольклорги жинда т1ад ах1улаан нек1о куч1дул, т1амулаан кицаби, ч1валаан бицанк1аби. Гьеб мац1алда руго ц1ад, бакъ гьариялъул куч1дул, «Муг1рузул Г1алил», «Кьурулъ хут1арав Г1алил» х1акъалъулъ куч1дул, росдал маг1ишаталда, маг1арулазул г1адатазда, лъаг1алил заманабазда, гь. д. хурхарал халкъиял куч1дул, г1емерал историкиял куч1дул (XVI—XIX в.в.). Надиршагьасул боял маг1арулаз щущахъ рихизариялъул эпос, Хочбарил х1акъалъулъ эпос, г1емерал маргьаби, кицаби, бицанк1аби, абиял, маг1аби, г1емерго рокьулгун кьалул куч1дул, гь. ц.

XIX-аб. векалде щвезег1ан болмац1алъул к1алзул формаялда бук1араб фольклорги XIX-аб. векалда рахъарал авар поэзиялъул классиказул куч1дулги печаталде рахъиялдалъун гьелъул хъвавул форма цебе т1ола. Гьеб мехалдаса бай бихьун болмац1алъул кьуч1алда т1ад бат1аго цебе т1ун нелъер заманалде щун буго авар литературияб мац1.

Совет х1укуматалъул заманалда жаниб авар литературияб мац1 дагьабги ц1акъ цебе т1уна, гьеб лъугьана авар халкъалъул миллияб мац1лъун, гьелда к1алъалел маг1арулал советияб авар миллаталде цолъана.

Литературияб мац1 абула жиндир роцен ч1езабураб халкъияб мац1алъул т1адег1анаб формаялда. Гьабсаг1ат гьелъул норма т1убан цониги диалекталда данде кколаро. Авар литературияб мац1 малъула школазда, педучилища-базда, лекциял цДалула вузазда, гьелда печаталде рахъула художественнияб литература, газетал, бат1и-бат1иял т1ахьал, учебникал, гьелда к1алъала г1емерисел маг1арулал, радиоялдасан дикторал, театралъул сценаялдасан артистал, гьелда ах1ула куч1дул.

Обществоялъул социалиял классазулниги бат1и-бат1иял гъатазулниги вакилзабазул рух1ияб т1абиг1ат бихьизабизе художествениял произведениязда бук1унеб стиллъизабураб калам гъорлъа бат1а гьабун, хут1анщинаб гьезул мац1 литературияблъун рик1к1уна.

Литературияб мац1ги цо хасаб гурого хъулухъ жинца т1убалареб хъвавул мац1ги цого жал кколаро. Масала, г1араб мац1алъ маг1арулазе диниябги, г1елмиябги, пачалихъиял ишазулги хъулухъ т1убалаан XIV—XIX веказда, жеги маг1арулаз гьелда хъварал произведениялгицин руго, амма гьеб мац1 не­лъер литературияб мад1лъун кколароан. Щай гурого, литера­турияб мац1алъул кьалбал халкъияб мац1алда гъорлъ рук1унелъул, гьелъул гьелги рук1инч1елъул. Г1араб мац1 лъалеб, гьелдасан мунпаг1ат босулеб маг1арулазул обществоялъул гъатлъун бук1ана цох1ого цо интеллигенция.

Литературияб мацхалъул к1алзул форма, ай болмац1, лъугьине бай бихьараб бак1 ккола цо кинаб бугониги пикру, лъугьа-бахъин, асаргун х1ал-х1укму загьир гьабизе бат1и-бат1иял ресазда гьоркьоса бищун берцинабги, бит1арабги, квег1енабги х1алт1изабизе лъугьараб мех. Цого жо бат1и-бат1иял ресаздалъун, стилаздалъун загьир гьабизе к1олеб куцалъ мац1 цебе т1езе лъугьараб г1адатияб халкъияб мац1алъул т1адег1анаб роценияб, стилал ругеб форма гьабизе бай бихьараб мех. Гьеб ц1акъго цебе заман ккола.

Литературияб мац1 бечелъизабула жиндирго раг1аби лъугьи-налъул ресаздалъунги, бат1иял мац1аздаса раг1аби росунги. Нек1о г1арабги, парсги, лъараг1ги, гьанже г1урусги мац1аздасан рач1ун руго нелъер мац1алде г1емерал раг1аби. Аслияб куцалъ авар литературияб мац1алъул фонетикиябги, орпоэпиябги, лексикиябги, орфографиябги, грамматикиябги, стилистикиябги, пунктуациябги роцен ч1езабун буго, амма рьелъул цо-цо бак1ал жеги камиллъизаризе ккола.

Литературияб мац1алдаги бак1алъул диалектаздагигьоркьор ругел бат1алъабазул аслиял ккола: а) литературияб мац1алда киналго диалектазул г1адамал к1алъалел, хъвадарулел, ц1алдолел рук1ин, ай гьеб гьел киназего г1аммаб бук1ин; 2) бак1алъул диалекталдаги, хъвай-хъваг1ай гьеч1ел мац1аздаги, лите­ратурияб мац1алда г1адин, киналго маг1арулал к1алъай; 3) ли­тературияб мац1 синонимал, терминал, антонимал г1емераб, гьел рач1унел нухал г1ат1идаб, лъугьине ресал ц1ик1к1араб, стилал г1емераб, бечедабги бечелъизе ресалги г1емераб бук1ин, гьединаб рес диалектазулниги, хъвай-хъваг1ай гьеч1ел мац1азул-ниги гьеч1олъи; 4) литературияб мац1алъул хъвавулги к1алзулги формаби цере т1езе рес бук1ин, гьезулги диалектазулги гьеч1олъи.


Лекция № 2.

ЛЕКСИКА ВА ФРАЗЕОЛОГИЯ

§ 3. Мац1алда жанир ругел киналго раг1абазда лексика абула. Лексикаялъул бицунеб г1елмуялда лексикология абула.

Лексикаялда бицуна мац1алда жанир ругел киналго paгlaбазул хазинаялъулги, гьел х1алт1изарулеб куцалъулги, гьелъул цебе т1еялъулги, гьеб цебе т1езе ругел ресазулги. Раг1абазул маг1набазул бицунеб г1елму — семасиологияги — лексикологиялда гьоркьобе уна.

§ 4. Раг1иги бич1ч1иги. Раг1ул бук1уна гьаркьилабги маг1наялъулабги рахъ. Литературияб мац1алъул щибаб раг1и к1алъалесеги г1енеккарасеги роцен цояб, бич1ч1улеб бук1уна. Т1олго раг1аби рич1ч1ич1они, бицунеб жоги бич1ч1уларо.



Г1адамасул бич1ч1иялъул лугбузде предметазниги лъугьа-бахъиназниги (гь. р.) гьабураб г1аммаб асаралъ гьесул пик-руялда лъугьинабураб х1асилалда бич1ч1и абула. Бич1ч1иялда рек1араб ц1аралда раг1и абула. Масала, бакъ абураб раг1уца нелъеда бич1ч1изабула дунял-г1аламалъего канлъиги хинлъиги кьолеб предмет. Моц1 абураб мехалъ, бич1ч1ула, цох1о канлъи гурого, хинлъи жинца кьолареб предмет. Къанщун пикру гьабу­раб мехалъ нелъеда гьезул (бакъулги, моц1ролги) суратал цере ч1ола. Предметалъе хасиятал г1аламатал рехсаниги нелъеда лъазе к1ола гьеб щибали. Гьедин предмет бич1ч1изабула би-цанкГабаз. Масала: ХъахЫлаб туртит1а тепараб ц1оросаролъ (зодир ц1ваби). К1удияб хуриб хан гьец1о (зодохъ бакъ). Печ абуни, нелъеда цебе ч1ола гьелъул форма, кьер, т1аг1ам. Ц1ек1г1еч абураб мехалъ, нелъер к1алдиб х1ац1уцин ккола. Гьоц1огени абуниги ц1ек1г1еч абуниги, цин цебе нелъеда бич1ч1ула г1ечуе бищун хасиятал г1аламатал (гьоц1о, аи гьоц1ог!ан гьуинаб, ц!ек1, аи ц1ек1аб). Жибго г1еч абун тани, ыелъеда гьелъул я гьуинлъи, я ц1ек1лъи, яги кьер цебе ч1оларо, аи цо даимаб г1аламат цебе бач1унаро. Щайгурого, г1ечуе, цоги гьединал предметазего г1адин, цох1о г1аламат бук1унаро хасиятаблъун, цо чанго бук1уна: баг1арг1еч, хъах1г1еч, т1огьилг1еч1, г1урччинг1еч, гьуинг1еч, г1исинг1еч, ч1ах1аг1еч. Гьал раг1абазе хасаблъун раг1ул т1оцебесеб бут1а батани, г1аммаблъун к1иабилеб бут1аги буго. Гьелдасан бич1ч1ула предметалъул хасалги г1аммалги г1аламатал рук1ин. Бич1ч1иялдаго г1адин, раг1улъги предметалъул, хасал г1аламаталги жалго тун, г1ам-мал г1аламаталги рук1уна кьоч1ое росун.

Хасалги г1аммалги г1аламатал гьеч1ел раг1аби руго цох1ого цо жалго жододагоги ч1еч1ел, цоги раг1абазе жал хъулухъалъеги х1алт1изарулел раг1аби, масала: г1оло, г1ан, г1адин, щинаб, хун, гун...

Жалго жододаго ч1арал раг1абазул хасалги г1аммалги г1аламатал рук1уна, ц1арубак1азул хут1изег1ан. Ц1арубак1азулги жалго жододаго ч1еч1ел, хъулухъалъе х1алт1изарулел кала-малъул бут1абазулги (частицаби, рухьенал, хадурег1елал...) я хасал, я г1аммал гГаламатал рук1унаро: гьаб, гьеб, дун, мун, ниж, нуж, цох1о, -дай, -ин, xla, -гьаха, -цин ва гьеле гь. ц. цебе предметалъул г1аламатал рихьизарулел раг1аби лъезе бегьунгу-т1иялъги бихьизабула нелъеда гьезул киналниги г1аламатал рук1унареллъи.



§ 5. Раг1ул г1емер маг1на бук1ин. Раг1ул маг1на бук1ине бегьула я цо, яги г1емер. Цо контексталда раг1ул маг1наги цо бук1уна. Амма бат1и-бат1иял контекстаздаги х1алаздаги жанибе ккараб мехалъ, цо раг1ул цо чанго бат1ияб маг1наги лъугьуна. Масала, данде ккве:

1. Меседил г1адалнах, г1арцул гвангвара,

Г1адада хвезени хиял бук1инч1о. (М)

2. Меседил маг1ида г1арцул ярагъ бай (х. к.) Гьаниб т1оцебесеб предложениялъулъ «Меседил г1адалнах», «г1арцул гвангвара» абурал калимабалъ хъвалсараб маг1на бич1ч1ула, щай гурого, ч1агояв чиясул я «меседил г1адалнах», я «г1арцул гвангвара» бук1унарелъул, «меседил маг1идаги» «г1арцул ярагъги» бит1араб маг1наялда х1алт1изарун руго. Щай абуни, «меседил маг1ги» «г1арцул ярагъги» бук1ине бегьулелъул.

Контекстазда раг1ул лъугьунел маг1набаздаги бит1араб маг1наялдаги гьоркьоб бат1алъи бич1ч1улеб бугог1анзаманалда хъвалсараб маг1на бат1а бахъизе к1ола.



Хъвалсараб маг1наялда раг1и г1емер х1алт1изабиялъ, гьелдаги бит1араб маг1наялдаги гьоркьоб бат1алъи дагьа-дагьаккун т1аг1уна.

§ 6. Раг1ул асарияб рахъ. К1алъалес абулеб раг1удехун (Стр. 8). жиндирго балагьиги загьир гьабула. Гьеб балагьи г1енеккарасе загьир гьабиялъе аслияб куцалъ рес кьола: а) к1алъалесул гьаракьалъ; б) жибго раг1ул маг1наялъ; в) раг1аби къокъ гьариялъ; г) раг1абазде т1аде цо хасал суффиксал жураялъ; ж) раг1и къокъги гьабун, т1аде суффикс жубаялъ.

а) Масала, раг1и абизе бегьула: х1еренго-хъач1го, берцинго сурукъго, бигьаго — хехго, щурун-раг1ун.

б) Рекъел, рагъ, рокьи, кьал, х1инкъи, рохел, разилъи, г1aкъуба, къварилъи; берцинаб, сурукъаб, х1еренаб, хъач1аб, гьуи­наб, кьог1аб, ц/ек1аб гь. р. раг1абаз г1адамасе жодор маг1иаялдалъун асар гьабула.

в) Мах1амад Maxla; Мух1ума —Myxly; Садрудин —Саду; Сайпудин — Сабу; Асадулагь Аса; Закария Заку; Г1абдулагь Г1аду; Сакинат Саки; Загьидат — Загьи; Пат1имат Пат1и, Хадижат Хади, Х1алимат Х1али гь. р. г1адамазул ц1арал къокъ гьарун абиялдалъун х1урмат, гьит1ин гьари, рокьи загьир гьабула.

г) Жал т1аде жураялдалъун -ч, -к1о, -ко, -ц1, -к, -къ гь. ц. суффиксаз гьит1инлъи, мукъсанлъи, х1акъир гьаби, х1урмат бихьизабула. Масала: гел-гелец1, горо-гороч, яс-ясик1о, вац-вацако, чури-чорок, бег1-бег1укъ, гь. ц.

д) Мах1амад Мах!а Мах1ак1о, Мах1ач; Садрудин Саду Садук1; Пат1имат Пат1и Пат1ик1о; Мух1ума Мух/у Мух1уч; Хадижат Хади, Х1ажи Х1ожок1 гь. р. г1адамазул ц1аразда т1аде, къокъ гьарун хадубги, хасал суф­фиксал жураялдалъун х1урматияб, гьит1инлъи, реэди, рокьизагьир гьабулеб буго.


Лекция № 3

§ 7. Синонимал.

Цоцаде жодор маг1наги г1агарал, абиги бат1иял раг1абазда синонимал абула. Масала, хинаб (лъим), бахьараб (лъим), г1ет1араб (лъим) абурал синонимаз лъел цоцаде г1агарал г1аламатал рихьизарулел руго, амма гьезул цого маг1на гьеч1о. Цоцаде маг1на гьагарал гурелги, синонимазда гьоркьоре уна цого маг1наялъул аби бат1иял раг1абиги. Масала: мех, заман; сон, лъаг1ел; кьин, хасел. Синонимаз кинаб бугониги цо бич1ч1иялъул бат1и-бат1иял рахъал рагьула, гьелдалъун каламалъул мух1канлъиги пасих1-лъиги камиллъула.

Алпазал багьаял, багьа хириял,

Харилъе т!егь г!адал хъвана шиг1раби (М) абураб Мах1мудил коч1оль багьаял, хириял абурал синонимаз шиг1раби абу­раб цо раг1ул формаялъе к1иго рахъалъ (сипат гьабун) баян кьолеб буго. Гьелдалъун коч1ол мухъазул пасих1лъи гъва-рилъиги камиллъун буго. "Авар мац1алда синонимал лъугьиналъе бат1и-бат1иял ресал руго. Гьезул аслияллъун ккола: а) авар мац1алъул сверелаздасанги бат1иял мац1аздасанги авар литературияб мац1алде раг1аби роси; б) авар литературияб мац1алдаго ц1иял раг!аби лъугьин.

а) Хашабги лайикъабги абураб к1иго раг1и авар мац1алъул к1иго бат1ияб сверелалдасан авар литературияб мац1алде рач1иналъ, гьелда гъорлъ бук1араб къадараб абураб parlye синонималлъун ккун руго. Масала: къадараб (раг1и), лайикъаб (раг1и), хашаб (раг1и) абураб мехалъ гьез скобкабазда жанибе бачараб paгlye, цоцаде ц1акъ г1агарал сипатал гьарун, баян кьолеб буго. Гьелдаго релълъун, цого предметалъул ц1араллъуниги, гьезие баян кьолел раг1абилъунниги х1алт1изарула бат1иял мац1аздасан авар литературияб мац1алде рач1арал раг1абиги. Масала: ч1ух1арав (чи), пахруяв (чи); бо, аскар; боц1ц1и, мал; еч1ч1арухъан, доярка.

б) Авар мац1алда раг1аби лъугьиналъул къаг1идабазулги ресазулги кьуч1алда синонимал лъугьиналъе мисалаллъунч1езе бегьула гьал хадур рехсарал раг1абиги: г1енекки, г1ин т1ами; квербакъи, х1алай лъугьин; хьул лъей, хиял лъей; рак1хвей, рек1екълъи; къвак1арав, бах1арчияв, беркъай гьеч1ев, кьварарав.

Масала, г1енекки жубач1еб раг1илъун буго, г1ин т1ами абуни, предметияб ц1аралде глаголияб ц1ар жубан (г1ин 4- т1ами) лъугьун буго, амма гьеб к1иябго раг1и — г1енекки, г1ин т1ами — цоцазе синонимал руго.

§ 8. Омонимал. Абиги цоял, маг1наги бат1иял раг1абаздаги гьезул бут1абаздаги омонимал абула. Т1убарал раг1абиго гlaдин, омонималлъун рук1ине бегьула раг1абазул бут1абиги (цеберег1ел, кьибил, суффикс, ахир, хадурег1ел, хадулъел). Масала, т1ехь (куйдул т1ех1, ц1алулеб т/ехь), нус (нус буц/аризе х1алт1изабулеб алат, нусвасасулниги, вацасулниги ч1ужу, лъади) абурал раг1абазул нус цо къаг1идаялъ, т1ехь цоги къаг1идаялъ абуниги, гьезул жиб-жибалъул к1и-к1и маг1на буго.

Авар манДалда кун абураб мехалъ, к1иго бат1ияб каламалъул бут1а бич1ч1ула: 1) кун (квасул кун, квасквасул кун, чилайдул кун, пахъул кун, маххул кун, ч1ег1ераб кун, хъах1аб кун) предметияб ц1арлъун буго; 2) кун (кун буго г1еч; «гьуинаб кун, ц!ек1аб кун, кеп къабулев вук/ана») деепричастиялъул араб заманалъул буголъиялъул форма.

Гьединго сон абураб раг1и наречиелъунги предметияб пЛарлъунги х1алт1изабула. Сон дир васасул сон т1убана абураб предложениялда жаниб т1оцебесеб сон (ай жакъа гуреб—сон) заманалъул наречие ккола, к1иабилеб сон (аи лъаг1ел) — пред­метияб ц1арлъун ккун буго.

Якьадги нусги нусги ракьаги абураб предложениялда жаниб нус абураб раг1ул маг1на к1иго бат1ияб бугониги, гьеб предметияб ц1ар бугелъул, цо каламалъул бут1а ккола.

Рачарал мисалаздасан нелъеда лъана, омонимал я цо, яги ц1ик1к1ун каламалъул бут1абилъун рук1ине бегьи. Гьелъие мисалал г1емер руго, гьезул цодагьал гъоркьехунги рачинин: Най т1огьоде уна, т1ут1 къеда ч1ола. Бертадул т1ут1 цебе лъуна. Гьакидасаоцал ругьана. Квачан х1ат1ал ругьана. Ракул мач1у гьабуна. Мач1у ц!ер къот1улеб къвак1араб гамач1 буго.

Жалго жододаго ч1арал раг1абиго г1адин, раг1абазул бут1абиги рук1ине бегьула омонималлъун. Масала: а) х1ал-х1алт1и-х1алтухъан абурал раг1абазул кьибил — х1аллъабабго раг1улъ бат1и-бат1ияб маг1наялда х1алт1изабун буго, амма гьеб цого къаг1идаялъ абизеги абула хъвазеги хъвала. б) Охолиса бекьич!еб, хасалихъе бач1унареб. Чармил кьуруялда газа кьабуни, я г1оркьихъа т1ола, я т1огьса хола. Мекъса кколевчиби-т1араб нухде ваче, гьесул напс х1акъир гьабулел бадич1ваял гьарич1ого, Гьел предложениязда гьоркьор ругел охолиса, т1огьса, мекъса, абурал раг1абазул ахиралда бугеб-са суффиксалъ т1оцебесеб раНулъ — заман, к1иабилеб раг1улъ — бак1, лъабабилеб раг1улъ — ишалъул куц бич1ч1изабула. в) Магъ-магъакь, къвал-къвалакь — предметияб ц1аралда т1аде -акь абураб ахир жубаялдалъун т1оцебесеб раг1ул гьоркьохъеб жин-салда бугеб предметияб ц1ар, аи ц1ияб раг!и лъугьун буго, к1иабилеб раг!ул — бак1 бихьизабулеб падежияб форма лъугьун буго. г) Р-окьи абураб раг1улъ бугеб р-алъ, г1амлъул маг1на кьей гуреб, я цолъул, я г1емерлъул форма бич1ч1изабуларо. Гьединал руго киналго р алъул кумекалдалъун г1амлъул маг1на лъугьарал раг1аби (р-акъи, р-укъи, р-ухъи, р-агъ, р-ател, р-агъари, р-егел, р-егари гь. р.), р-окьулел, р-акъулел, р-укъулел, р-ухъулел, р-агъулел, р-ижулел, р-агъару-лел, р-егулел, р-егарулел гь. ц. раг1абалъ р-алъ, цох1о г1емер-лъул форма гуреб, г1амлъул маг1на parlye кьоларо. Гьединлъи-дал, р-к1иябго цоцада данде ккураб раг1абазул къукъаялъулъ цого къаг1идаялъ абулеб, амма к1иго бат1ияб маг!на кьолеб омонимлъун ккараб раг1ул бут1а буго.

д) Дур-г1ан бит1араб хъарщи, добе-г1ан бит1араб хъарщи абурал калимабазул цебесебги хадусебги -г1ан цого абиялъул бугониги, бат1и-бат1ияб маг1наялъул омоним буго. Щайгурого, цебесеб калимадулъ дур-алда хадуб-г1ан раг1иялъ цо хъарщи цогиялда релълъараб бук1ин бич1ч1изабула, нахъиялъулъ абуйи, добе-ялда хадуб-г1ан рег1иялдалъун бак1алъул падежалъул г1урхъи ч1вач1еб маг1на (гьоркьоблъи) загьирлъула. Рохьобе-хун ана, къасиялде-хун ана абураб мехалъ, цебесеб калимаялда бугеб хун-алъ предмет араб рахъ бихьизабула, хадуселда гьелъ предмет араб заман гlaгa-шагараб бук1ин бич1-ч1изабула, аи к1иго бат1ияб омонимияб маг1на кьола. (Стр. 11)

ж) Г1алида хадуб къо хвана, К1икъоялда хадуб къо хвана абурал предложениязда жаниб хадулъелалъ (хадуб) цебеселъулъ Г1али араб мухъ-рахъ ц1ехолаго, т1убараб къо хвей загьир гьабула, хадуселъулъ абуни, к1икъоялдаги хадуб къо, ай заман, хвей бич1ч1изабула.

Т1адехун рачарал мисалаздасан нелъеда лъана омонималлъун, т1убарал раг1аби гурелги, гьезул бут1абиги рук1унеблъи.



Лекция № 4.

§ 9. Омонимал лъугьиналъе ругел ресал. Авар мац1алда омонимал лъугьуна: а) раг1ул бит1араб маг1наялдаса хъвалсараб маг1на бат1алъун, ай раг1ул цо маг1на к1илъун; б) paгlaбиги раг1ул формабиги лъугьунелъул гьезул аби данде ккун; в) бат1ияб мац1алдасан бач1араб раг1ул аби гъоркьго бук1аралъулалда данде ккун; г) раг1абазул т1оцебе бат1ияб аби данде ккун, гь. ц. Мисалал:

а) Нек1о, кагъат баккилалде, нелъер умумуз г1иялъа жоялъул т1охьол т1ад хъвадарулеб (гьанже къолот1а балеб жог1адаб) материал гьабулеб бук1ун буго. Гьединаб материалалъул Пергана (Малая Азия) шагьаралда гьабулеб бук1араб цо тай-паялда пергамент абулаан, Гьале гьеб материалалъул цо роцада къот1арал т1амчалги данде рукъун, яги седоп, ц1ализе, г1елму-лъай т1ибит1изабизе, гьеб нахъе ц1унизе хъвараб жоялдаги т1ехь абураб ц1ар рек/ун буго. Цебе т1охьол т1ехьлда абулеб бук1араб ц1ар гьанже кагътил т1ехьалдаги абула. Гьаб мисалалдасан нелъее загьирлъана: цин раг1ул бит1араб маг1на хъвалсараб маг1налъун х1алт1изаби, цинги, гьеб к1иябго маг1наялда гьоркьоб г1урхъиги хун, к1иго жибго жиндаго чlaраб маг1наялде гьеб бикьи.

Гьединго лъугьарал руго: моц1 — планета, моц1 — ункъго анкьил заман; мац1 — т1аг1ам лъаялъулги, к1алъаялъулги лага (гьанал мац1); мац! — бицунеб мац1 (авар мац/, г/урус мац1)... б) Квасул кун, чиллайдул кун, хъах1аб кун, ч1ег1ераб кун; биццатаб кун, т1еренаб кун абурал калимабалъ кун абураб предметияб ц1ар щи б? абураб суалалъе жаваблъун кколеб, раг1ул форма буго. Печ кун буго, квен кун буго, хур кун буго, ц1ибил кун буго абурал калимабалъ кун абураб деепричастие раг1ул формалъулги ккун), аби данде ккеялъ цоцазе омонималлъун руго, амма кун абураб деепричастие, квин абураб глаголияб ц1аралда хисизабурабго, гьелъ кун абураб предме­тияб ц1аралъе омонимлъи гьабуларо, аби данде ккунгут1иялъ. Гьединалго омонималлъун ккола гьал хадусел калимабазда жанир, ч1ег1ер гьарун, рат1а гьарурал раг1абазул формабиги: гарц1ал рараб квар, гарц1ал рещт1араб квар; г1урул салмаг бессизе ч1вала—Нурул чили маг1ардеги раг/ула; г/алхул чанги чучулеб, чара хвараб бак/алда — ча.нти г/абдаласул г1адалзул щурун, г1арадаги реч1ун, щущазабула (х. к.)

в) Масала, гlypyc мац1алдасан бач1араб рак (унтиялъул ц1ар) збураб раг1ул аби авар мац1алдаго бугеб рак (боц!ул рак) абурзб раг1ул абиялда данде ккеялъ гьел раг1аби (ц1иял) омонималлъун лъугьун руго. Г1араб мац1алдасан бач1араб мал (боц1и-рикъзи, ай кинабго бет1ергьан вугебщинаб жо) абурабги авар мац1алда гьеб бач1иналдего бук1араб мал (чоца мал бана, чоца мал ч1вана) абурабги раг1ул аби данде ккун, гьел цоцазе омонималлъун лъугьун руго. Гьале гьадал т1адехун рачарал мисалаздасанги бич1ч1ула нелъеда бат1иял мац1аздасан рач1арал раг1абазул аби гъоркьго рахьдал мац1алда рук1аралазулалда данде ккеялдалъун ц1иял омонимал лъугьунеблъи.

г) Раг1абазул т1оцебе бат1ияб аби (цо гьаракь догиялде хисун) данде ккун омонимал лъугьиналъе мисалаллъун ч1ола гьадинал раг1аби: ц1ам, ц1ум, ххам, чам абурал раг1абазул ахиралда бугеб м хисун буго н гьаракьалде. Гьелъул х1асилалда, абиги хисун, ц1ан, ц1ун, ххан, чан данде ккун руго гьаркьилаб рахъалъ цоги маг1наялъул раг1абаздагн гьезул формаялдаги. Масала: х1орил ц1ан — квар ц1ан, чакар ц1ан; ч1ег!ер ц1ун — рахь ц1ц1ун; квасул ххан — кат1ари ххан, чан т1ехь? — чан ч1вана.


Каталог: http schools
http schools -> Мезличила баянти
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
http schools -> «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
http schools -> Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа


Сподели с приятели:
  1   2   3   4   5   6   7




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница