Литература 7 класс 2017-2018 учебный год



Дата03.01.2022
Размер20.79 Kb.
#111787
ТипЛитература
7 КЛАСС АВ.ЛИТ.

Аварская литература 7 класс 2017-2018 учебный год
1.Багъатар Х1ажиевасул «Дихъралагьун ч1а, муг1рул» абураб асаралъул идейно-тематикияб анализ гьаби.

  1. балл)

2.Расул Х1амзатовасул «Вера Васильевна» абурабкоч1ол анализ гьаби.

(50 балл)



3. Щиб жо кколеб адабият?

1)ц1акъго цебе батараб, кагътида хъвач1еб, цояз цоязда бицун халкъалъ ц1унараб, жиндирго хасав авторги гьеч1еб асар;

2)хъвай-хъваг1ай бижун хадуб бижараб, жиндир авторги вугеб, кагътида хъвараб художествияб калам;

3)т1атинч1еб данде кквей, цо предметалъе хасиятал г1аламатал цогиялде г1унт1изари;

4)художествияб асаралъул г1уц1и, баянго ва камилго маг1на рагьиледухъ гьелъул бат1и-бат1иял бут1аби цолъизари.
(3 балл)

4.Киса босараб бут1а гьаб?

Лъавуде вач1аниги, дида к1алъазе к1олеб бук1инч1о. Дидаго лъач1ого операцияби гьарун, ругънал къач1ан ратана. Гьимун бадиреги ралагьун: «Дур фамилия щиб, ц1ар щиб?» - абун сестраби гаргаданиги, дида к1веч1о гьезие жава бкьезе. Гьедин хут1ана дун чанго къоялъ. Дун вугеб палата бук1ана г1емерал лъукъарал чаг1и жанир ругеб рукъ.



  1. «Тамашаяв гьобол» абураб асаралдаса;

  2. «Маг1арулай» абураб асаралдаса;

  3. «Г1андалал» абураб асаралда цебе кьун бугеб тарихияб баяналдаса;

  4. Халкъияб маргьаялдаса.

(3 балл)

5. Ц1адаса Х1амзатил «Дир г1умру» абураб асар ккола:

1) поэма; 2) хабар; 3) драма; 4) очерк.



(3 балл)

6. Коч1олъ чан гьижа бугеб?

Цо расги бежич1еб, жаниб ккал ч1вараб,

Ч1ег1ераб сухари цебе рехана.

«Цевег1анги вук1ун, кванай, гьудул»,-ан

Гьет1араб г1оркьалъул гъуд кодой кьуна.


  1. 8; 2) 11; 3) 7; 4) 5.

(3 балл)

7. Заид Х1ажиевасул прозаялдалъун хъвараб асар бихьизабе:

1) «Баг1араб отряд»; 2) «Х1анч1ик1к1ал» ;

3) «Цакьуги циги»; 4) «Нохъода хварал».
(3 балл)

8. Гьал асаразул кинаб Инхоса Г1алих1ажияс хъвараб?

1) «Муг1алим»; 2) «Муллабазде»;

3) «Бечедал чаг1азде»; 4) «Хурухъанасе насих1ат».

(3 балл)

9. Жиндирго х1акъалъулъ лъица гьадин хъвараб:

«…Дирго росулъа къват1иве вахъунеб мехалда дун вук1ун ватизе бегьула анц1ила лъабго сон барав чи. Дербенталда дун жаниве сверана цо бечедав купецас. Дица хъулухъ гьабулеб бук1ана гьесул лъабго верст бугеб ц1олбол ахалъе, хъаравуллъи гьабулеб бук1ана чуязул бокьалъе, дица бич1улаан ц1ул, лъухьулаан азбар…Гьевчиясе дица рагьт1ателлъи гьабуна ункъо соналъ, дида бат1а бахъизе лъач1о я хасел ялъуни рии. Гьениса нахъе гъураб мехалдаги дие ине бак1 бук1инч1о, цебего г1адин, кисабиги ч1орого рук1ана… »

1) Ц1адаса Х1амзатица; 2) Абут1алиб Гъафуровас;

3) Ст1ал Сулейманица; 4) Г1алирза Саг1идовас.

(3 балл)

10. «Мискинлъи» абураб кеч1 ккола:

1) лъараг1азул халкъияб кеч1; 2) лезгиязул халкъияб кеч1;

З) табасараназул халкъияб кеч1; 4) даргиязул халкъияб кеч1.

(3 балл)

11. Мух1амад-Султ1ан Ях1яевас Уллубий Буйнакскиясул х1акъалъулъ

Хъвараб къисаялда ц1ар щиб?

1) «Кьвагьи»; 2) «Нилъ хвалде рег1ун гьеч1о»;

3) «Лъабгобакъ»; 4) «Гьереси бертин».

(3 балл)

12. Кинаб халкъияб асар гьадинал раг1абаздалъун лъуг1улеб?

Гьардаралгурелдай рохьазул чанал,

Дир г1амал берцинил чорхол гьан кварал.

Цойгиги дах1алал ч1ег1ерал нухъал,

Цо дир вокьулесул берал гьекъарал.

1) «Бокьуларо, эбел, рии бач1ине»; 2) «Бахтикал кеч1»;



3) «Парту Патима»; 4) «Муг1рузул Г1али».

(3 балл)

Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница