Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»



Дата09.01.2018
Размер69.3 Kb.
#41842
ТипРабочая программа
Бартиханов М.М /__________/ Яхияев М.Г /____________/

«____» 2012-2013г «___» 2012-2013г

Рабочая программа

По учебному курсу « Родного языка»

6 класс

«Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб».

Разработано на основе

Примерной программы

«Родного языка»

(автор: А.Г Гамзатов).

Гаджиева Загидат

Абдулаевна

МКОУ «Чиркейский

многопрофильный

лицей».

6 класс (51 саг!ат)

Авар мац!алъул х!акъалъулъ къокъаб баян. Рахьдал мац!алъулги г!урус мац!алъулги цоцаздехун бугеб гьоркьоблъиялъул х!акъалъулъ (1 саг!ат).

Лексика ва фразеология (4 саг!ат).

Лексикаялъул х!акъалъулъ 5 классалда малъараб материал такрар гьаби.

Киназго х!алт!изарулел раг!аби. Диалектикиял (бак!алъулал) ва пишачилъиялъулал раг!аби. Цогидал мац!аздаса рач!арал раг!аби. Ц!иял ва басралъарал раг!аби.

Фразеологияб словарьгун лъай-хъвай гьаби. Ц!иял ва басралъарал раг!аби, фразеологиял сверелал, цогидал мац!аздаса рач!арал раг!аби каламалъулъ х!алт!изаризе лъай.

Раг!и лъугьин ва бит!унхъвай (5 саг!ат).

Морфологияб къаг!идаялъ ц!иял раг!аби лъугьин:

суффиксаздалъун;

к1иго раг!и, яги к!иго кьибил жубаялдалъун.

Журарал раг!абазул бит!унхъвай.

Бат!и-бат!иял суффиксаздалъун ц!иял раг!аби лъугьинаризе ругьун гьари.

Журарал, журарал къокъ гьарурал раг!аби к!алзул ва хъвавул каламалъулъ бит!ун х!алт!изаризе ругьун гьари.

Предметияб ц!ар (3 саг!ат)

Предметияб ц!ар падежазде свери( цолъул формаялда).

Предметияб ц!аралъул г!емерлъул форма лъугьин.

Г!емерлъул формаялда предметиял ц!арал падежазде свери.

Падежазул ахиразул бит!унхъвай.

Предметияб ц!аралъул суффиксазул бит!унхъвай.

Предметиял ц!аразул морфологияб разбор гьабизе лъай.

Прилагательное (7 саг!ат).

Прилагательное. Г!аммаб маг!на, морфологиял г!аламатал ва синтаксисияб роль. Прилагательное жинсгун формаялъулъ предметияб ц!аргун рекъонккей. Качествиял, гьоркьоблъиялъулал ва бет!ергьанлъи бихьизабулел прилагательноял.

Журарал прилагательноязул бит!унхъвай.

Г!урус мац!алдаса рач!арал прилагательноязул бит!унхъвай.

Синонимал ва антонимиял г!аламатал рихьизарулел прилагательноял каламалъулъ х!алт!изаризе лъай.

Прилагательное жинсалъулъ ва формаялъулъ предметияб ц!аргун рекъон ккезабизе лъай.

Рик!к!ен (4 саг!ат).

Рик!к1ен. Г!аммаб маг!на, морфологиял г!аламатал, синтаксисияб роль.

Г!уц!иялде балагьун г!адатал, журарал, составиял рик!к!енал ва гьезул бит!унхъвай.

Къадаралъул рик!к!ен ва разрядал; цадахълъи бихьизабулел, щаклъи бихьизабулел, т!олголъи бихьизабулел, бут1а бич!ч!изабулел; гезул бит!ухъвай.

Иргадул рик!к!ен, гьеб лъугьунеб куц ва гьелъул бит!унхъвай.

Къадаралъул ва иргадул рик!к!еналъул ц!ар падежазде свери.

Ц!арубак! ( 5 саг!ат).

Ц!арубак!. Г!аммаб маг!на, морфологиял г!аламатал ва синтаксисияб роль.

Маг!наялде балагьун, ц!арубак!азул разрядал: гьумералъул, ишараялъул, баянлъул, баянлъи гьеч!ел, суалиял, жибголъиялъул.

Ц!арубак!ал падежазде свери. Ц!арубак!азул бит!унхъвай.

Ц1арубак!ал жиндирго каламалъулъ х!алт!изаризе лъай.

Гьумералъул ц!арубак!ал ниж, нилъ, нуж бит!ун х!алт!изаризе лъай.

Причастие (5 саг!ат).

Причастие- глаголалъул хасаб форма. Причастие лъугьунеб куц. Причастиялъул ва прилагательноялъул г!аммал г!аламатал. Гьезда гьоркьоб бат!алъи.

Предложениялда жаниб причастиялъул роль.

Причастиялъул заманаби: араб, г1ахьалаб, бач!унеб.

Причастиялъул буголъиялъул ва гьеч!олъиялъул формаби.

Предметияб ц!арлъун х!алт!изабураб причастие падежазде свери.

Деепричастие (5 саг!ат).

Деепричастие- глаголалъул хасаб форма. Деепричастиялъул глаголалда ва наречиялда релълъарал г!аламатал. Предложениялда жаниб деепричастиялъул роль. Деепричастиялъул заманаби: араб, г!ахьалаб; гьел лъугьунеб куц.

Деепричастиял сверелал ва гьезулъ лъалхъул ишараби.

Такрар гьаби (1 саг!ат)

Калам цебет!езаби (12 саг!ат).

Каламалъул стиль. Каламалъул гара-ч!вариялъулаб ва г!елмияб стилалъул х1акъалъулъ дагьабго лъай-хъвай гьаби. Тема ва тексталъул аслияб пикру. Текстал раг!ун хехго, гъалат1ал риччач!ого, ц!ализе лъай.

Ц!иял раг!аби бит!ун абизе ва хъвазе, гьезул маг!на бицине, гьезие синонимал ва антонимал ургъизе лъай. Суалаздалъун предложениял т!ирит!изаризе лъай. Г!урусалдаса авар мац!алде 3-5 предложениялдаса г!уц!арал гьит!инал текстал руссинаризе лъай.

Сверухъ бугеб т!абиг!аталда хурхараб темаялда т!асан гара-ч!вари г!уц!изе бажари.

6 классалъул ц!алдохъабазда лъазе ккола:

Цогидал мац!аздаса рач!арал раг!аби, ц!иял ва басралъарал раг!аби, фразеологиял сверелал;

Морфологияб къаг1идаялда раг!и лъугьинабизе;

Цолъул ва г!емерлъул формаялда предметиял ц!арал падежазде сверизаризе;

Г!адатаб ва жубараб прилагательное г!уц!изе;

Причастиял ва деепричастиял лъугьинаризе.

Ц!алдохъабазда бажаризе ккола:

Орфографиялъул рахъалъан:

Предметияб ц1аралъул суффиксал бит!ун хъвазе; журарал предметиял ц!арал бит!ун хъвазе; бат!т-бат!иял каламалъул бут1абаздаса лъугьарал прилагательноял бит!ун хъвазе;

Пунктуациялъул рахъалъан:

Причастиял ва деепричастиял сверелазулъ лъалхъул ишараби лъезе.

Орфоэпиялъул рахъалъан:

Г!емерлъул формаялда ц!арубак!азул падежиял ахирал бит!ун ц!ализе.

Калам г!уц!иялъул рахъалъан:

Жубараб план г!уц!изе;

Бат!и-бат!иял темабазда т!асан хабарияб тайпаялъул текст дурусго ва къокъго бицине;

Темаялъул аслияб пикру х!мсабалде босун, сочинениялъе материал данде гьабизе ва гьеб тартибалде ккезабизе;

6класс ( литература)

Байбихьи (1 саг1ат)

Халкъияб к!алзул гьунар(1 саг1ат)

«Къайицадахъал» (1 саг1ат)

Рак1 бащалъи, чехь бащалъи-гьудуллъиялъул кьуч1. Хиянатчи, гьереси-гьудуллъиялъул тушман. Х1алт1уларев чиясул х1алихьалъиги, хиянатги, макруги камулареблъи царал мисалалдалъун бихьизаби.

«Ралъдал чу» (1 саг1ат)

Гьунар ц1ик1к1арасул ц1ар гьаби. Лъик1аб чу бах1арчиясда гурони квегъизе к1унг1т1и. Гьит1инав вацасул гьунарал. Ахиралде гьит1инав вац талих1авлъун вахъиналъе г1илла.

Адабияталъул теория. (1саг1ат)

Халкъиял к1алзул асаразул аслиял тайпаби

«Муг1рузул Г!али» (1 саг1ат)

Бугьтан лъей, мац1ихъанлъи-инсанасул бищун квешаб г1амал. Загьруял борхьазда мац1ихъаби релълъинариялъе г1илла. Лъадул яц1ц1алъи, х1алимлъи, рух1г1ан Г1али вокьулев вук1ин бихьизабулел сипатиял раг1аби.

Заирбег Г!алиханов. «Бецаб сапар» (1 саг1ат)

Маргьаялъул багьадурзабазул г1амал-хасият. Гьезул калам. Рак1бац1ц1адаб гьудуллъиялъ х1илла- макруялда т1ад бергьенлъи боси – маргьаялъул аслияб пикру.

Г!умарх!ажи шахтаманов. «халкъалъул ццин» (2 саг1ат)

Ват1аналъул хиянатчи – халкъалъул тушман. Боц1уда хъант1иялъ чи вачунеб бак1. Маг1арул халкъалъул ях1- намусалъул байрахълъун Заг1алги Г1азизги рихьизари.

19 Г1асруялъул адабият (1 саг1ат)

Инхоса Г!алих1ажияв. «Будун дандамаги», «Кицаби ва алфазал» (2 саг1ат)

Дунги х!алае ккун г1адамал х1улулел цо-цо будун-дибирасул рух1ияб мукъсанлъи. Г1адамазде бач1араб къварилъиялдаса гьез пайда босизе х1аракат бахъи къват1иб ч1вазаби.

Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев…» (1 саг1ат)

Чияр зах!мат кваналнл макруял чаг1азул къасдал къват1ир ч1вазарун ругеб куц. Ц1ияб г1умру т1аде щолеб бук1ин бихьизабизе шаг1ирас х1алт1изарулел ругел сипатиял раг1аби.

Батирай. «бах1арчиясул х1акъалъулъ» (2 саг1ат)

Шаг1ирасул г1умруялъул ва коч1охъанлъиялъул х1акъалъулъ баян.

Батирай заманаялъ Ват1ан ц1униялъул бук1араб ц1арги к1варги. Нусгоялде данде цох1о живго вагъулев бах1арчиясул романтикияб сипат ва гьелъул к1вар.

Метафоралъул х1акъалъулъ авалияб баян. (1 саг1ат)

Хашагиса Бецав Къурбан « Мискинав Шахасул яс»

(1 саг1ат)

Цебе мискинчиясул берцинай яс лъугьин балагь бук1ин-коч1ол тема. Ханзабазул вах1шилъи, нахъег1анлъи, г1адатал г1адамал сан гьарунгут1и, гьезул зулмуялдаса жалго ц1унизе рес гьеч1ел мискинзабазул талих1къин коч1олъ коч1олъ бихьизабун бугеб куц.

Йирчи Гъазахъ. «Икъбал», «Сибиралдаса кагъат» (2 саг1ат)

« Икъбал». Бечелъиялде балагьун, чиясул къадру борцунеб социалияб г1уц1иялде авторас г1унт1изабулеб г1айиб.

«Сибиралдаса кагъат». Ват1анги тезабун, Сибиралде рит1арал дагъистаниязул кьог1аб г1умруялъул сурат цебеч1езабун бугеб куц.

Къуркълиса Шаза «Саву ккана каранда..» (1 саг1ат)

20 Г1асруялъул адабият

Ц!адаса Х!амзат. «Шамил», «Чоде», «Пилги ц1унц1раги», (3 саг1ат)

Заид Х1ажиев. «Х!анч1ик1ал», «цакьуги Циги» (2 саг1ат)

Ражаб Дин-Мух1амаев. « Хиянатчи» (2 саг1ат)

Расул Х1амзатов. «Россиялъул солдатал», «Къункъраби».

(2 саг1ат)

Фазу Галиева. «Маг1арулав» (1 саг1ат)

Х1усен Х!ажиев. «Г1алибегил къулг1а» (1 саг1ат)

М1х1амад Г1абдулх1алимов. «Госпиталалъул вас» (2 саг1ат)

Багъатар. « Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул» 91 саг1ат)

Эфенди Капиев. «Маг1арухъ чвахунц1ад»,

«Разведчикал», «Сабаб» (3 саг1ат)

М1х1амад-Султан Ях1яев. «Лъабго бакъ» (1 саг1ат)

Авар мац1алъулгун бухьен

Сочинениялъе х1ажатаб материал тартибалде ккезаби. Жубараб план г1уц1и. Г1адамазухъа карал ишазул х1акъалъулъ сочинение хъвай. Т1абиг1аталъул, рук1а-рахъиналъул, рукъ-бак1алъул х1акъалъулъ изложение хъвай.

Контролияб сочинение-6

Класстун къват1ибехун ц1али- 5

Суртидасан х1алт1и-3

6 классалъул ц1алдохъабазда церелъолел аслиял т1алабал

-лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал

-программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал.

-Минутаялда жаниб 100-110 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе4

-лъазабураб асаралдаса хасал лъугьа-бахъинал рат1а рахъизе;

-Лъазабулеб асаралъул багьадуразул ишазде балагьун, гьезул г1амал- хасияталъул бицине;

-художествиял, рич1ч1изе бигьаял г1елмиял текстал рит1ун, чвахун, раг1ун ц1ализе;
Каталог: http schools -> 1711 -> chirkey -> admin -> ckfinder -> core -> connector -> php -> connector.phpfck user files -> files
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
1711 -> «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 11 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница