Рабочая программа учебной дисциплины родная (аварская ) литература (5-11класс). 2014г. Программаялъе баян



страница1/4
Дата09.01.2018
Размер0.56 Mb.
#41846
ТипРабочая программа
  1   2   3   4


МУНИЦИПАЛЬНОЕ БЮДЖЕТНОЕ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНОЕ УЧРЕЖДЕНИЕ «ИЗАНИНСКАЯ СРЕДНЯЯ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНАЯ ШКОЛА»

рабочая ПРОГРАММа УЧЕБНОЙ ДИСЦИПЛИНЫ
Родная (аварская ) литература

(5-11класс).


2014г.


Программаялъе баян

Художествияб адабияталъ к1удияб кумек гьабула кинабго рахъ камилав инсан куцазе, г1агараб халкъалъул рух1ияб бечелъиялъул кьуч1алда г1олилазе тарбия кьезе.

Адабияталъул курсалда хасаб бак1 ккола Ват1ан хиралъиялъул, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, дунялалъулго зах1матхалкъалъул мурадал ц1униялъул асар ц1алдохъабалъ куцаялъ.

Адабияталъул дарсаз лъимал т1амула миллатазул адаб-х1урмат гьабизе, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи бищун къиматаб бечелъи х1исабалда къабул гьабизе.

V-IX классазе ц1алул материал кьун буго тарихиябгун-тематикияб ва жанразул тартибги ц1унун. Гьениб х1исабалде босула байбихьул классазда ц1алул дарсазда лъималазе щвараб хьалбихьи ва гьениб лъураб кьуч1алда г1уц1ула хадубккун литературияб ц1али.

V-IX классазда малъизе программаялда рихьизарун руго лъайгун тарбия кьеялъе лъик1ал ресал ругел, рич1ч1изе бигьаял, художествияб рахъалъ щвалде щварал халкъияб к1алзул гьунаралъул, авар адабияталъул ва вацлъиялъул миллатазул хъвадарухъабазул т1аса рищарал асарал.

Школалда малъизе т1аса рищун руго хъвадарухъанасул художествияб рахъалъ камилал, тарбия кьеялъе мустах1икъал асарал.

Программаялда мух1канго ч1езарун руго щибаб классалда лъималазда лъазе кколел литературияб теориялдаса баянал. Асаразул анализ гьабулелъул, ц1алдохъабаз теориялъул баяназдаса г1ат1идго пайда босизе ккола.

Раг1а-ракьанде щун, адабияб лъай кьеялъул масъала т1убан бажаруларо, г1ат1идаб къаг1идаялъ класстун къват1исеб ц1али г1уц1ич1ого. Т1убазе ккола гьелъул программаги. Муг1алимасда т1адаб буго ц1алдохъабазе ц1ализе кьезе цох1о рихьизарурал гурелги, ахираб заманалъ басмаялде рахъал , критиказ реццарал ц1иял асаралги.

5 класс (35 саг1ат)

2– калам цебет1езаби

4– класстун къват1ибехун ц1али














ДАРСИЛ ТЕМА



САГ1ТАЗУЛ КЪА

ДАР

Дарсил тайпа

Дарсил мурад

Дарсида х1алт1изабулеб методика

РОКЪОБЕ Х1АЛТ1И




1 четверть
















1.

Раг1ул искусство х1исабалда адабияталъул х1акъалъулъ авалияб баян.

«Ганч1ил вас»



1

Ц1ияб

Дарс малъи



Инсанасул г1умруялда жаниб

Ц1алдеялъул к1вар рагьи.Литература рагlул исскуство букlиналъе баян кьей.Тlехь гlакълуялъул ицц букlин ва умумуз нилъее ирсалъе тараб рухlияб хазиналъун кколеблъи бичlчlизаби.


Цlалдохъабазул цlалул бажари борхизаби.Ват1ан хиралъи- маргьаялъул аслияб маг1на бук1ин бич1изаби

Тlехьгун хlалтlи,калам цебе тlезаби.

гьум. 3-4

2

«Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи»

1

Ц1ияб дарс малъи

Гlажаибал ишазул хlакъалъулъ маргьабазе баян кьей.Маргьаялъул аслиял бутlаби къокъго рицине ругьун гьари.

Художествияб къагlидаялъ маргьа бицин. Суалазе жавабал кьей

Пасих1го ц1ализе, суратал рахъизе

3

«Х1амаги бац1ги». Лит. теория.

1

Ц1ияб мат.

малъи


Х1айваназул х1акъалъулъ маргьабазе баян кьей. Цlалдохъабазул цlалул бажари борхизаби ва маргьаялъул х1асилалда хадур гъезари.

Учителасул баян. Рит1ухълъиялъ бергьенлъи босизе бук1ин бихьизаби.

Ролазде бикьун ц1ализе

4

Класстун къват1исеб ц1али. «Гьабигьанасул лъимал»

1

Вн.чт.

Аслиял героязе баян кьей




х1асил бицине

5

«Кьурулъ хут1арав Г1али»

1

Ц1ияб дарс малъи

Коч1олъ х1алт1изарурал маргьаялъе хасиятал рахъал рихьизари. Халкъияб коч1ол х1акъалъулъ авалияб баян кьей. Чвахун, бит1ун кеч1 ц1алиялъул бажари куцай.

Пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Жалго жидедаго ч1ун, лъимал тексталда т1ад х1алт1изари.

гьум. 20-21, пасих1го ц1ализе

6

Калам цебет1езаби. Ц1алараб асаралъе къимат кьей.

1

Ц1ияб мат.

малъи


Ц1алараб асаралъе къимат кьей







7

Бицанк1аби
Кицаби ва абиял

1

Ц1ияб тема малъи.

Бицанк1абазул хаслъи ва к1вар рагьи. Бицанк1аби ч1вай - каламалъул култуоа борхиялъе аслияб шарт1лъун бук1ин ч1езаби.

Кицабазул ва абиязул гъварилъи маг1наялъул бечелъи бихьизабиялдалъун лъималазул г1акълу ц1убазаби. Кицабазул ва абиязул х1акъалъулъ баян кьей.




х1алт1и. Цоцазе бицанк1аби ч1вазе т1ами.

Т1ехьгун х1алт1и. Кицабазул маг1на рагьи.




бицанк1аби ургъизе

кицаби хъвазе




8

Литературиял маргьаби

Ц1адаса Х1амзат « Гъалбац1ги г1анк1ги»



1

Ц1ияб дарс малъи

Коч1одалъун хъвараб асар бит1ун, чвахун, раг1ун ц1ализе ц1алдохъаби ругьун гьари. 8 гьижаялъул коч1ол г1уц1иялъе авалияб баян кьей ва аллитерациялъулгун лъай-хъвай гьаби.

Словарияб х1алт1и. Учителасул баян. Суалазе жавабал.

биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе

9

«Гъалбац1ги г1анк1ги»

1

Комб.

урок


Г1адатаб анализалдалъул кумекалдалъун зулмучиясул ахир хвалдалъун лъуг1улеблъи - маргьаялъул аслияб маг1на бук1иналда лъимал хадур гъезари. Халкъиял маргьабаздаса литературиял маргьабазул бат1алъи баян гьаби.

Аллитерация бихьизаби. Баян кьовул ц1али.

коч1ол кесек рек1ехъе лъазе

10

Г1.Хачалов «Шахламаз»

1

Ц1ияб мат.

малъи


Халкъияб маргьаялъулъ г1адатаб мац1 ,рит1ухълъи бергьин ,т1екълъи къей бихьизаби. Бит1ун, чвахун маргьа ц1ализе ва тексталде г1агарун гьеб бицине лъимал ругьун гьари.

Пасих1го ц1али. Т1ехьалдасан т1ад къаял т1уразари.

биогр. лъазе, х1асил бицине

11

Г1абасил Мух1амад «Ч1ибирикъ»

1

Комб.

урок


«Бах1арчи хъабчилъ ватула» абураб кици –маргьаялъул аслияб маг1на бук1ин бич1изаби. Маргьаялъул аслиял лъугьа бахъиназул бицине ругьун гьари.

Пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Кьералккун ц1али.

Биогр. лъазе,пасих1го ц1ализе

12

Класстун къват1ибисеб ц1али. Г1абасил Мух1амад «Гъалбац1ил хвел»

1

Класс тун къват1исеб ц1али.







пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе

13

Калам цебет1езаби. Изложение х1исабалда хабаралъул къокъаб х1асил бицин.

1

Хал гьабиялъул

Къокъаб х1асил бицине ругьун

гьари





х1асил бицине

14

19 г1асруялда авар адабият.

Инхоса Г1алих1ажиев «Бечедал чаг1азде»

Кицабиял алфазал. Эпитеталъул х1акъалъулъ баян. Лит. теория.


1

Ц1ияб дарс

малъи


Жиндирго зах1маталдалъун бет1ербахъи гьабулев исанасул сахаватлъи ва рек1ел бечелъи бихьизаби. Ц1алул бажари камиллъизаби. Аллитерациялъулгун практикияб лъай-хъвай гъварид гьаби.

Кицабиял алфазазул х1акъалъулъ баян кьей.




Учителасул баян. Словарияб х1алт1и. Баян кьовул ц1али.

Кицаби цоцазе т1ами. Т1ехьгун х1алт1и.




Биогр.лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе

15

Элдарилав «Хъуру - хъара»

1

Ц1ияб материал малъи

Рит1ухълъи гьеч1олъи шаг1ирас каки бич1ч1изаби. 19 г1асруялъул ахиралда мискинал маг1арулазе т1ад чаг1азул бук1араб зулму ц1алдохъабазе рагьи. Цересел обществиял гьоркьолъабазе къимат кьезе лъимал ругьун гьари.

Г1адатаб анализ. Учителасул баян. Баян кьовул ц1али.

биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе

16

Ц1адаса Х1амзат «Г1акдал кеч1»

1

Ком.

урок


Коч1ол пасих1лъи, мац1алъул камиллъи бихьизаби. Х1амзатил махсарадул хаслъи рагьи.

Хоралда пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Баян кьовул ц1али.

биогр. лъазе,пасих1го ц1ализе

17

Кочхюралдас Саг1ид "Милъиршо"

1

Ц1ияб

Дарс малъи.



Ц1алул бажари борхизаби. Т1абиг1аталъул берцинлъи - милъиршо. Живги эркенлъиялде вачеян милъиршоялда гьари.

Пасих1го ц1али. Коч1ол роцен такрар гьаби.

биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе


18

"Ах1е куч1дул, ашуг."

1

Ц1ияб мат.

малъи


Ц1алул бажари борхизаби. Жиндир т1олабго шиг1рияб гьунар г1адатал г1адамазул рак1ал г1ат1ид гьаризе ва гьезул пашманлъи т1аса босиялде коч1охъаби ах1и.

Пасих1го ц1али. Баян кьовул ц1али г1уц1и.

Суалазе жавабал кьезе.

19

Абут1алиб Гъапуров «Дир г1умру»

1

Комбинированияб.

Дандекквеялъе баян кьей. Раг1ул бит1арабги хъвалсарабги маг1наялъул х1акъалъулъ авалияб бич1ч1и.

Диафильмалъул 4-5 сурат ургъизе ва бицине т1адкъала. Суалазе жавабал.

биогр. лъазе, х1асил бицине

20

«Дир г1умру»

1

Комбинированияб

Художествиял деталазул кьуч1азда г1адатаб анализ гьабизе малъи. Революцияз\лда цебе мискинзабазул кьог1аб ва зах1матаб г1умруялда дандеккун, жидерго жакъасеб ч1аголъи талих1аб бук1ин ц1алдохъабазда бич1изаби.

Учителасул баян. Т1ехьгун х1алт1и жалго жидедаго ч1ун

Къокъаб х1асил бицине планалда рекъон

21

«Гъазиз Иминагъаев «Х1алт1ухъанасул г1умру»

1

Ц1ияб тема малъи.

Ц1алул бажари борхизаби, кочол роцен такрар гьаби. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун гьардухъанаб г1умру гьабизе х1алт1ухъаби ккей пачаясул х1укуматалъул г1айиб бук1ин ч1езаби. Кибго мискинзабазул биги г1ет1ги бечедазги т1адчаг1азги ц1улеб бук1иналъул х1асилалде рачун, лъималазул г1акълу бег1ери.

Учителасул баян. Словарияб х1алт1и. Кьералккунги цадахъгоги пасих1го ц1али. Суалазе жавабал.

Т1ехьалъул №№1-5 т1адкъаял т1уразе, пасих1го кеч1 ц1ализе.

22

20 абилеб г1асруялда авар адабият

Ц1адаса Х1амзат «Гьудуллъи лъилгун кквелеб»



1

Ц1ияб

Дарс малъи



Т1ехь рух1ияб бечелъи бук1ин, ва гьелъулгун гьудуллъи кквеялъул пайда ц1алдохъабазда бич1изаби.

Коч1ол насих1атаб хасият бихьизаби. Эпитетазул ва метафораязул к1вар рагьи.







жавабал кьезе

23

Мух1амад Шамхалов «Зурмихъабазул нохъода»

1

Ц1ияб

Дарс малъи



Литературиял героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Анализалъул кумекалдалъун гьудуллъиялъул закон бич1ч1иялде лъимал рачин. Лъималазулъ сахаватаб г1амал куцай.

Учителасул баян, художествияб къаг1идаялъ хабар бицин. Т1оцебесеб бет1ералъул тексталдаса 4-5 сурат цебеч1езабизе ва бицине т1адкъай.

биогр. лъазе, х1асил бицине, 2 бет1ер ролазде бикьун ц1ализе х1адурлъизе.

24


«Зурмихъабазул нохъода»

1

Г1амлъизабиялъул

Рексги Игитги дандекквезе т1амун, Абут1алибил лъимерлъиялъул, г1исал ва Расулил г1умруялъул пикру гьабизе ва х1асилалде рач1ине малъун, ц1алдохъабазул г1акълу ц1убазаби.

Ролазде бикьун ц1ализаби. Худ. деталазде магъч1вайги гьабун, г1адатаб анализ гьаби. Учителас х1асил гьаби.

х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе

25


Мух1амад Сулиманов «Х1инкъараб сапар»

1

Ц1ияб дарс

малъи


Диалогалъул х1акъалъулъ баян кьей лъималазул ц1али дурус гьаби.

Учителасул баян. Худ. къаг1идаялъ учителас къиса бицин. Гара-ч1вари.

"Гьудалзаби", "Квешав гьобол" - бич1ч1араб жо бицине.

26

«Х1инкъараб сапар»

1

Комб.

Набилги Самилги ц1аралдасан х1асил бицине лъай. Лъималазул гьудулъи к1удияб къуват бук1ин бихьизаби.

Ролазде бикьун ц1али. Г1адатаб анализ. Т1ехьгун х1алт1и.

"Паркъараб г1аламат" - ц1ализе.

27

Класстун къват1исеб ц1али. Х1ажи Гъазимирзаев «Дир Дагъистан»

1

Класстун къват1иб ц1али.




Пасих1го ц1али

пасих1го, чвахун ц1ализе

28

Р.Х1амзатов «Вера Васильевна»

1

Ц1ияб тема малъи.

Дандекквеялъул х1акъалъулъ авалияб баян кьей. Ц1алул бажари борхизаби.

Учителасул баян. Словарияб х1алт1и. Пасих1го ц1али. Гара-ч1вари.

биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, дандекквеял тетрадазда хъвазе.

29

«Маша»

1

Ц1ияб дарс малъи

Пасих1го ц1алиялъул бажари камил гьаби. Халкъазул гьудуллъи гучаб къуват бук1ин баян гьаби.

Пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Суалазе жавабал.

пасих1го ц1ализе, 1 бут1а рек1ехъе лъазабизе

30

Г1абдулмажид Хачалов «Т1аса лъугьа, гьалмагъ майор»

1

Ц1ияб дарс малъи

Художествияб асаралда жаниб гагаралъул к1варалъул авалияб баян кьей. Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ ц1ик1к1инаби.

Учителасул пасих1аб ц1али. Суалазе жавабал.

биогр. лъазе,пасих1го ц1ализе

31

Фазу Г1алиева "Рии т1ад бан буго дир т1алъелалда"

"Ц1ад"


1

Ц1ияб тема малъи.

Ц1алул бажари борхизаби. Т1абиг1аталде ва Ват1аналде рокьи куцай.

Пасих1го ц1али. Суалазе жавабал.

биогр. лъазе,пасих1го ц1ализе

32

Мух1амад Г1абдулх1алимов «Инсул мина»

1

Ц1ияб

Дарс малъи.



Авторас эбел- инсул адаб- х1урмат гьабизе ккей бич1ч1изаби. Жидецаго хабарияб асарги ц1алун, гьелъул щивав героясул - г1амал хасият борцине ругьун гьари.

Пасих1го ц1али. Т1ехьгун х1алт1и.

биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе


33

Класстун къват1исеб ц1али. Г1арип Расулов «Кант1и»

1

Класс тун къват1исеб ц1али.







х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе

34

Дагъистаналъул халкъазул адабияталдаса

Абулмуслим Джафаров «Сих1ираб ци»



1

Ц1ияб дарс малъи.

Литературияб мац1алъул т1алабазда рекъон худ. текст бит1ун ц1ализе ругьун гьари.

Авторас г1агараб ракъ т1абиг1аталъул берцинлъи бихьизаби



Учителасул баян.

Пасих1го ц1али. Суалазе жавабал.



биогр. лъазе, х1асил бицине, цоцазе кьезе суалал ургъизе.

35

Кадрия «Дир лъимерлъиялда хиял бук1ана»

1

Ц1ияб тема малъи.

Шаг1иралъул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьей. Ц1алул бажари борхизаби. Эпитетазул, метафорабазул к1вар рагьун, шаг1иралъул рек1ел мурад рагьи. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун лъималазул г1акълу ц1убазаби.

Учителасул баян. Суалазе жавабал. Т1ехьгун х1алт1и.

биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе


Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал

- лъазарурал асаразул багьадуралги ва гьел гьоркьор г1ахьаллъулел лъугьа-бахъиназул рахасги

- адабияб теориялдаса баянал: худож-яб асаралъул багьадур, багьадурасул монолог, диалог, дандекквей, олицетворение, эпитет.

- адабиял маргьабаздаса халкъиял маргьабазул бат1алъи

- программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал





Сподели с приятели:
  1   2   3   4




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница