Росдае гIоло вахъун чIарав



Дата11.01.2018
Размер100.13 Kb.
#44264

Росдае гIоло вахъун чIарав.
Гьаб хIалуцараб заманалда нилъеда гьоркьор дагьал хутIун руго унго-унгояб къагIидаялъ гIадамазде, бищун цIакъ мискиназде ургъел бугел, ракI гурхIун жиндир хIалтIи гьабулел хIакимзаби. Советияб заманалда 30 соналъ батIи-батIиял хъулухъазда (сельсоветалъул председатель, колхозалъул председатель, партийный организациялъул секретарь, колхозалъул бригадир ва гь.ц) ТIидиб росдал жамагIаталъе цевехъанлъи гьабуна АлдухIица. Ункъго классалъул гурони лъай гьечIев, 17 сон барав гIолохъанчи вищун вуго гьев росдал бегавуллъун. ЦIикIкIарал соназул чагIаца бицухъе, АлдухI вукIун вуго кIалдиса пасихIав, маслигIаталъе махщел тIокIав, халкъалда гьоркьоб къадру-къимат бугев, гIадамазе нухмалъи гьабун бажарулев чи. ХIалтIуде жигар, росдае гIоло вахъун чIей, гIаданлъи, гIадатлъи, бихьинчилъи, яхI-намус ва цогидалги гьесул хасияталъул лъикIал рахъал ирсалъе щвана бищун гьитIинав вас ХIусениеги. Цо-цо чагIаца абула, Октябралъул революциялдаса жакъа къо щвезегIан, ТIидиб вахъинчIин гьедин гIемер хайираб хIалтIи жамагIаталъе гьабурав росдал бетIер абун. Унго-унгоги, гьел рагIабазул щулияб кьучI буго. Гьал къояз АлдухIил ХIусеница тIубана 50 сон, бащадабниги гIумру гьесулги ана батIи-батIиял хIалтIабазда, жиндирго инсуца гIадин, халкъалъе ракIбацIцIадго хъулухъ ва нухмалъи гьабулаго.

1989 cоналъ пединституталъул математикаялъул факультетги лъугIизабун, ХIусен витIулев вукIана учительлъун хIалтIизе Дагъбаш росулъе, амма росдал собраниялда гьев вищана совхозалъул профкомалъул председательлъун. Гьеб хъулухъалда хIалтIана 1997 соналде щвезегIан, хадув 2003 соналде щвезегIан, совхозалъул директорасул заместительлъунги. 2003 соналъ АлдухIил ХIусен жамагIаталъ вищана ТIидиб росдал администрациялъул бетIерлъун. «Дие гьеб хъулухъ гьедигIан бокьунги букIинчIо, мунагьал чураяв инсуе букIараб захIмат ракIалде щун. Амма кIудиял вацаз ва гIагарлъиялъ гьарун, жидеца кумекги гьабилин, духъа бажарулин абун, байбихьанаха гьеб хIалтIи» - ян бицана гьес. Хакъикъаталдаги, росдал бегавуллъун вищизегIанги гьев, тIадегIанаб лъай бугев, кинаб бугониги хъулухъ гьабун бажарулев чи, вукIунаан кидаго, ретIун хIалтIул ретIелгун, басрияб ГАЗ - 53 машина къачIалев, аскIове вачIаравщинав чиясул мурадги тIубазабун, магIарухъа хер ва гIурухъа гамачI баччунев. ХIажат бугевщинав чи ХIусеница киданиги нахъчIвачIо, гьединаб букIана кидаго гьезул хъизаналдаго гIадатлъун чIезабураб гIадамазде бербалагьи ва гьабулеб гIаданлъи.



Аби буго, гьабулев чиясе хIалтIи камуларин, гьесие гьеб кибго захIматабги букIуна. ГьитIинаб мехалдасаго хIалтIуде эбел-инсуца ругьун гьавурав гьес росдал жамагIаталъе нухмалъи байбихьана магIарухъе унел кьоял ва нухал къачIаялдаса, росдае лъим чIезабиялдаса. Киналго кьаву чIварал трубабиги хисун, кIудияб манзилалъ мугIруздаса росулъе бачун щивав чиясул рокъоб чIезабуна гьекъолеб лъим, къулгIабазе гьабуна лъикIаб ремонт. Гьеб рахъалъе ХIусеница цIакъго цIикIкIараб кIвар кьола, щай гурелъул рокъоб хIалтIизабизе гуребги, нагагь цIа ккани, лъим росулъ камун букIине бегьуларелъулха. Цо-цо бакIазда, СССР биххараб мехалъ, клубал къана, ТIидиб абуни, гьелдаса гIемер пайда босула, гьелъул тIубан чердак хисана, цогидалги хIалтIаби гьарулел руго. Росулъ чIунтун унеб букIана басрияб мажгит, гьеб биххизе тани, нилъедаса баракат нахъе унаян абурал цIикIкIарал чагIазухъ гIинтIамун, АлдухIил ХIусеницаги жигар гьабуна гьеб цIи гьабизе, рагIалде бахъинабуна жиндир мунагьал чураяв СагIидбегица байбихьараб цIияб мажгиталъул 50 метр борхалъиялъул михIмар бай. КIудияб кIвар кьола росулъ рацIцIалъи цIуниялъе, батIи-батIиял авалазда чIезарун руго мусор жанибе базе щулиял маххул ящикал, росулъа къватIибе мусор баччула цохIо гьелъие хIалтIизабулеб машинаялъ. Нухал къачIазе, гъутIби чIезе, гIурухъа хурзабахъе лъим бачине ва цоги росдае хIажатал ишазе ризго тIоритIула субботникал, гьенир жамагIатгун цадахъ бищун цебесеб кьерда хIалтIулел рукIуна ХIусенил лъималги. ХIурмат-адабалъул бербалагьи букIуна гьесул бищунго цIакъ рагъул ва захIматалъул ветераназде, гьезие кьола батIи-батIиял сайгъатал, дагьаб цебе, херал гъутIби хъухъан, гьезие кьуна росулъ букIараб кинабго бакъвараб цIулги. ТIидиб буго кибго гьечIеб гIадинаб, берцинаб памятник ВатIанияб рагъдаса руссинчIезе, гьелда аскIоб гьанже бана, рагъдасаги руссун, хадур хваразеги. ТIидиб администрациялде гьоркьобе унеб НакIикь росулъги бана, киналго рагъул гIахьалчагIазул цIаралги хъван, гьитIинаб памятник. Гьединго ТIидиб бана Шамиль имамасул нухмалъиялда гъоркь рагъулел рукIарал росулъа муридзабазе памятник, устар ХIапиз-апандил хабаде зияраталъ рачIунел гьалбадерие санагIат букIунедахъ, хобалазда нахъа бугеб нухда кIудияб манзилалъ тIуна асфальт, «ГъорцIох» абулеб росдал микрорайоналда чIезабуна ток ва лъим, тIадчIей гьабула росулъ кидаго батIи-батIиял телеканалал рихьизариялда, цIакъ берцинго къачIан буго администрациялъул минаги. ХIусенил нухмалъиялда гъоркь росулъ гьарула батIи-батIиял мероприятиял: гугариялъул ва волейболалъул къецал, хасел дандчIваялъул, цIияб соналъул ва оц балеб къоялъул байрамал, тIоритIула мустахIикъал росуцоязул юбилеял. Гьединго 2007 соналъ лъикIаб даражаялда тIобитIана ТIидиб росдал 700 сон тIубаялъул юбилей. РукIуна студентазе ва гIолохъанаб гIелалъе тарбия кьеялъул мурадалда гьарулел данделъабиги. Гьесул кидагосеб бухьен букIуна росдал учреждениязул руководителалгун, лъикIал хIасилал ругел цIалдохъабазе щибаб соналъ кьола гIарцул сайигъатал, чанго нухалъ рази гьаруна ТIидиб школалъул лъималазул кьурдул ва кочIол «Гьидалъ» ансамблялъул гIахьалчагIиги.

Гьаб ичIго соналда жаниб ХIусенил нухмалъиялда гъоркь росулъ гьабураб хIалтIул сияхI цIакъ халатаб буго. Мурадалда ругел лъикIал ишал рагIалде рахъинаризе ккани, гьаб заманаялда къваригIунел руго, тIоцебесеб иргаялда, гIарцул рахъалдаса ресал. Умумуз гIемер бицуна, кин цебе, лъазе гьабурабго, тIолабго жамагIат росдал хIалтIи гьабизе къватIибе бахъулеб букIарабали. Гьанжейин абуни, гвагьи базе ракIарулел чагIи дагьлъун руго, рикIкIадаса бетIербахъизе рачIарал устарзабазе дагьабниги гьабураб хIалтIухъ мухь кьезеги ккеларищха. ЦохIо росдал бюджеталде балагьун чIани, рагIалде бахъинабизе кIвараб хIалтIи букIинаан цIакъ дагьаб. Гьел ресал ралагьизе хIаракат бахъунев вукIуна ХIусен. Гьев кида аскIове аниги, мурад тIубачIого нахъе витIичIо Республикаялъул ветераназул госпиталалъул руководитель Ибрагьимов Ибрагьимица, цIакъ гIемер ТIидиб росдал жамагIаталъе кумек гьабуна мунагьал чураяв Асиятилов Суракъатица, щиб къваригIелалъ аскIове аниги, квербакъи гьабула ДСУ-ялъул нухмалъулев ХIасанов ХIажицаги. ГIакълу дандбазе, ХIусен гIемер уна кидаго росдае хIалае вахъине хIадурав школалъул директор ГIалиев Ибрагьимхалилихъе. ГIемераб гIарцул кумек росдае гьабуна Сельхозбанкалъул директор ХIажимухIамадов ГьитIиномухIамадица, районалъул бетIер Суракъатил МухIамадица ва рехсон хIал кIолареб гьудул-гьалмагълъиялъ. ЛъикIал, пайдаял малъа-хъваял гьарула ветераназул советалъул председатель ХIадов МухIамадицаги. МагIарухъ щолел иххаз ризго хвезарула нухал, риххизарула къадал, киназего гIоларого букIуна гьекъолеб лъим. Цере чIарал масъалаби рукIуна гIемер, амма бищун цIакъ гьал гIагарал соназда ХIусение бокьун буго 15 км рикIкIад мугIруздаса росулъе гьарзаго лъим бачине, росулъ аслиял къватIазда асфальт тIезе ва кIудиял цистерназдаса щивав чиясул рокъобе газ бачине. Республикаялъул даражаялда кумек щвечIони, гьел масъалаби хутIизе ругоха цохIо анищлъун.



ХIусеница бицухъе, Гьидалъ гьанже бищун кIудияб (556 хозяйство, 1517 чи) ТIидиб ва гьелда цадахъ бугеб НакIикь росабазул бюджет буго цIакъ загIипаб. ГIатIилъиялда ругел росдал администрациязул ресал рукIуна ракьал ричизе яги арендаялъе кьезе, магIарухъ, гьеб рахъ босани, цIакъ захIматаб буго. Гьидалъ росаби цIакъго гIагарлъиялда рукIун, гьанир ракьал рукъзал разецин гIоларого руго. Дагьаб цебе Шамил районалда букIине кколаан данделъи Дагъистаналъул президент МухIамадов МухIамадсаламгун. Гьесие ХIусеница кьезе хIадурун букIана живго цIакъ гIемер ургъулеб, ракI унтараб суал: «Росдал администрациялъул бетIерлъун хIалтIизе байбихьараб мехалъ, дида гьаниб эркенго хутIараб, лъицаниги пайда босулареб ракь батичIо, гьаниб кинабниги буго 2000 гектар, гьелдасаги хIалтIизабизе бегьулеб ракь буго цIакъ дагьаб. Соналдаса соналде цIикIкIунеб буго росдал жамагIаталъул къадар, амма гьечIо гIун бачIунеб гIелалъе хIалтIи, рукъзал разе яги гIи-боцIи хьихьизе ракь. Щиб гьабилеб, кинан бихьулеб бугеб президентасда нижер росу 10-15 соналдаса?» - ян. Хакъикъаталдаги, гьеб суал цIакъ захIматаб, ургъизе ккараб гьечIищха? ЗахIмалъаби цо гьенир гурелги руго. Дица пикру гьабула, кьварараб гIадлу бугеб советияб заманалда данде ккун, жакъа къоялъ кIудияб росдал жамагIаталъе нухмалъи гьабизе цIакъ захIматаб бугин абун. Сверун бугеб гIумру хисун буго, гIадамазул ракIал дагьал согIлъун руго. ТIадал ишал цIикIкIун, ихтиярал дагьлъун руго ХIусенилги. Кинан гьес хIаракат бахъаниги, гьабулеб хIалтIудаса рази гьечIел камулелги гьечIо. «Месед тIогьилаб бугилан абун гIайиб чIвалелги рукIуна, гьанада гьоркьоб ракьаги камуларин абулелъулха. Кин бугониги, руководителас гьединаб жоялъул тIалаб гьабизе бегьуларо. Гьанже заманги хисун буго, гIадамалги ресалда руго, гьел ресалда рукIин дирги мурад буго. Аслияб къагIидаялъ нилъер жамагIат лъикIаб буго» - ян абула гьес. Гьел рагIабаз нугIлъи гьабулеб гьечIищха, кинан ХIусение бокьулеб бугеб вижараб ракьги, гIагараб росуги, росдал гIадамалги. Гьеб бугоха эбел-инсуца гьесие кьураб лъикIаб тарбиялъул хIасил. Гьаб дунялалда къоял ахиралде ракIарулел рукIин бичIчIарав жиндир мунагьал чураяв АлдухIица, жиндихъего ахIун лъималгун, малъун буго гьезда: «Лъимал, нужеца гIадамазул ракI белъун хIарамаб магIишат данде гьабуге. Кидаго, кир ругониги цояб квер Аллагьасдаги чIвай. ХIусен, мун бищун гьитIинав вуго. Дуца кIвахI гьечIого батIи-батIияб хIалтIиги гьабула. ЛъикIав вас вугин абун, цо квешаб иш гIадамазда бихьани, гьеб квешаб цIар нахъе бахъизе кIоларо. ГIолохъанчияс цо нухалъ борчула рачел, дуца гьеб чучлъизе биччаге» - ян. Гьесул эбел Зайнабги йиго берцинаб каламалъул, камилаб гIакълуялъул, сабураб хасияталъул, халкъалъго хIурмат гьабулей гIадан. Эбел-инсухъа щвараб тарбия ХIусеница гьанже кьолеб буго жиндирго лъималазухъеги, балагьараб мехалъ, гьезги гьеб босулеб букIин киназдаго бихьулеб буго. Бечелъиялъул, дунялалъул боцIул бицаниги, ХIусеница тIубазабулеб буго инсул васигат. Мадугьал вукIун дида лъикI лъала, кинаб гIадатияб гIумру гьесул хъизаналъ гьабулеб бугебали. Гьесул гьечIо кинабгIаги бечелъи, хIарамаб гIи-боцIи. Дида ккола, росдал бегавулзабазда гьоркьов гьев бищун мискинав ватилин абун. Гьедин бугониги, гьес гIемер гьабула садакъа, росулъ пашманлъи ккарал чагIи ахIула рокъоре хIурмат-хъатир гьабизе. «Дун аслияб къагIидаялъ рази вукIуна гIадамал лъикI ругони. Дир рокъоб бугелдаса, мадугьаласул рокъоб букIине бокьула дие. ГIадамал лъикI ругони, дунги вохун вукIуна, гьезие квеш бугони, диеги гьеб захIмалъула…» - ян абула гьес. Гьел хадусел рищиязде хIадурарал берцинал рагIаби кколаро, гьеб буго ХIусенил гIасруялъул бащадаб гIумруялда жаниб кидаго гьесда цадахъ букIараб хIакъикъат.

Щибаб соналъ клубалда ХIусеница бакIарула жамагIат, жинцаго гьабураб хIалтIул отчёт кьезе, росдал бюджеталъул гIарац хIалтIизабулеб куц бицине. Гьес щибго бахчун толаро, гъурущ гъурщиде кколедухъ, рагIа-ракьанде щун кьола гьелъул хIакъалъулъ мухIканаб баян. Данделъиялде росула суалал: кинал ругел росдал бюджеталъул ресал ва дандчIвалел захIмалъаби, сунде кьезе ккун бугеб цIикIкIун кIвар, кинан чIезабилеб росулъ гIадлу, сундаса цIунизе кколеб жакъа гIун бачIунеб гIел ва цогидалги. Гьел собраниязда ХIусеница гьабураб хIалтIуе къимат кьезе, гьелдаса разилъи загьир гьабизе ва лъикIал малъа-хъваял кьезе, тIаде рахъуна цIикIкIаралги гIолохъаналги. Амма гьересилъун букIина, росулъ бугеб ахIвал-хIалалда жамагIат кидаго рази бугилан абуни. «ГIадлу-низамалъул суал дир ракI рекъараб къагIидаялъ бачине кIолеб гьечIо. Администрациялъул бетIерасул Уставалда хъван буго 34 тIадаб иш, амма цониги гьечIо гIадлу гьабизе ихтияр. КигIан гьитIинаб лъугьа-бахъин кканиги, ахIизе ккола районалдаса комиссия. Цо росулъ ругел гIадамазда гьоркьоб тушманлъи бокьичIого, дица хIаракат бахъула, ахIун гьелгун, берцинго маслигIат гьабизе, магIарухъ законал нилъеда телевизоралда рихьулел гIадин рукIунарелъул. Пачалихъалдаго бугеб гIумруялъул цо гьитIинаб бутIа гьаниб росулъги камилищха» - ян ракI рагьун бицуна ХIусеница. Хакъикъаталдаги, гIадлу бараб букIуна нилъер щивав чиясда, гьесул гIакълуялда, рукIа-рахъиналда, цо росдал бетIерас чIезабулеб жо букIунаро росулъ лъикIаб гIадлу. Гьениб хIалтIи гьабизе ккола росдал администрацияги, участковый милиционерги, киналго эбел-эменги, цIикIкIарал чагIиги, росдал учреждениязул руководителалги цадахъ рекъон. ХIусеница гIемер бицуна гьелъул росдал собраниязда, рузман къоялъ мажгиталда, гIолохъанаб гIелгун гьарулел дандчIваязда ва хабар ккарабщинаб бакIалдаги. КIалъайги гьесул букIуна кидаго магIнаяб, квешал ишаздаса гIолохъаби цIунизелъун ва битIараб нухде ккезариялъул мурадалда гьабулеб. Иншаллагь, букIина, цойгидал гьес гьаруралщинал лъикIал ишазул гIадин, гьеб хIалтIиялъулги киналго росуцоял разияб хIасил.



Дир пикруялда, жиндиего бокьулеб хIалтIи гьабулев чи ккола цIакъ талихIав чи. КигIан свакалев вугониги, гьес гьеб тIубазабула гъираялда, мухIканго, цо жиндиего гуребги, халкъалъе гIоло, дунялалда лъикIаб лъалкI тезелъун мурадалда. Бокьулеб хIалтIуца кьола инсанасе унго-унгояб рохел, ккарал хIасилаздаса разилъи, жамагIаталъго гьесул гьабула адаб-хIурмат. Гьединавлъун вукIана АлдухI, гьединавлъун вуго жакъа гьесул вас ХIусенги. Лъабго нухалъ вищана гьев ТIидиб ва НакIикь росабазул жамагIаталъ администрациялъул бетIерлъун, хадубккунги гьеб киназего пайдаяб иш гьес гьабилин божи буго гьезул. Районалъул администрацияги цIакъ рази буго ХIусенил хIалтIудаса, лъикIал хIасилазухъ гьесие кьуна ХIурматалъул грамота, райадминистрациялъул бетIерасул рахъалдаса къиматаб сагIат, исанаги гьев вихьизавун вуго шапакъаталъе. ТIидиб росдал тIолабго жамагIаталъ баркулеб буго ХIусенида 50 сон тIубаялъул юбилей, гьарулеб буго гьесие ва гьесул эбел Зайнабие лъикIаб сахлъи, рекIее сабур. Лъимал-хъизаналдаса, гIагарлъиялдаса, росуцояздаса вохун таги, ракIалда ругел мурадал тIуразе къуват кьеги, ХIусен, дуе.
Ахбердило Ахбердилов, ТIидиб школалъул тарихалъул мугIалим, Шамил район.

Сураталда: АлдухIил ХIусен.

Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница