Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана



страница1/4
Дата28.02.2018
Размер0.53 Mb.
#60523
  1   2   3   4
РУХ1ИЯЛ ЦЕРЕХЪАБИ
К1УЯДАГИ Г1АЛИМЗАБИ Г1ЕМЕР РУК1АНА
К1уяда росулъ нек1о рук1ун руго маг1аруллъиялдаго ц1ар раг1арал г1алимал-г1арабистал. Гьездасан цояв, Мух1амад Элдарица г1ахьаллъи гьабун буго 1923 соналда Къах1иб т1обит1араб маг1аруллъиялъул г1алимал-г1арабистазул мажлисалда. Халкъалда гьоркьор машгьурал руго Г1усманил Каласол, гьесулго вац Саг1идил, Г1абдуллагь-дибирасул, К1удияв Асадулагьил, Зангал Г1алил ц1арал. К1удияв Асадулагь вук1ун вуго бергьарав г1алимчи-г1арабист. Гьев г1емераб заманаялъ г1елмуялъе ц1алун вуго Къарахъ, ч1ах1иял устарзабазда аск1ов. Гьанже нахъа хвана г1араб г1елму жидеда лъик1го лъалел, росдацаго къимат гьабулел г1адамал, мунагьал чураял Чарахъа Г1абдайил Мух1амад, Шамилов Нуруллагь, Г1алимамаев Хирачмух1амад.
Г1араб г1елму ц1аларал ц1ик1к1араб лъаялъул г1адамал цере К1уяда рук1иналъе нуг1лъи гьабулел мисалал дагьал гьеч1о. Бицуна, К1уяда росу къот1ун унев г1олохъанав Шамилидехун вуссун, Къосел абулев г1алимас: «Нухбит1аги дуе, нахъзаманаялъул даг1бадулав»,- ан абунила. Имамлъунги вахъун, эркенлъиялъе г1оло рагъал унеб заманалда Шамилида гьев чи рак1алде щун вуго ва, гьев хун ватидал гьесул хабадеги ун, дуг1а ц1аларабилан бицен буго.

К1уяда росулъ рук1ун руго мадрасаялде унел, мутаг1илзабазда Къуръан ва цогидаб шарг1ияб г1елму малъулел, гьеб лъик1 лъалел г1адамалги. Ц1адаса Х1амзатида цадахъ г1емер заманалъ х1алт1арав Х1асанов Мухтарил баяназда рекъон, «Рахъа, хъуру-хъара, нухал гьаризе» абураб кеч1 Ругъжаса Элдарилас хъван буго гьенив мутаг1иллъун вугел соназ. Гьеб ккола бечедазул зулмуялда гъоркь, даим нухазда х1алт1улаго г1ет1 т1олел рук1арал к1уядерил мискинал г1адамазул х1акъалъулъ хъвараб кеч1. «Хъуру-хъара» абураб раг1уда авторас данде ккола доб мехалъ бук1араб мискинаб, язихъаб халкъ.

Биценалда рекъон, К1уядаса вук1ун вуго ц1ик1к1араб г1елму-лъаялъул шайих, жиндир баракат щваяв Х1усенов Арсланг1али-х1ажи. Гьесул х1акъалъулъ г1ат1идго хъвалеб буго Ругъжаса Мах1муд Мусаевас г1урус мац1алда басмаялда бахъараб «Палачи и жертвы» абураб т1ехьалдаги.

Гьединал бергьарал г1алимзаби ва лъай бугел г1адамал рук1иналъ нуг1лъи гьабула К1уяда росулъ исламияб диналъул кидаго къимат гьабулеб бук1иналъе. Диналда данде рагъ балеб, мажгитал гьукъараб Советияб заманалдацин росдае дибир камун киданиги хут1ич1о к1уядерил. Дида лъалел лъабкъоабилел – ункъоабилел соназ К1уяда росдае дибирлъи гьабулаан Зангал Г1алица, Г1абдуллагьдибирасул Асадулагьица ва Г1алимамал Хирачмух1амадица. Зангал Г1алихъе ва Асадулагьихъе унаан сабабал хъвазе ва т1ехьалде балагьизе г1адамал. Гьелъие гьезул т1ок1борч1ун г1ураб лъайги махщелги бук1ана. Хирачмух1амад вук1ана лъабкъоялда анц1илъе сонал раханиги, къарт1алда ва жаналда вугев, жиндирго т1адаб иш г1уждаса кьурич1ого т1убазабулев муъминчи. Гьесул вас Хирачмух1амадил Мух1амадги вук1ана жиндир мунагьал чураяв инсулго нух ккурав чи. Гьес бицараб баяналда рекъон, Мух1амадил эбелалъул вац, К1уяда росулъа Х1асайил Г1умарил вас Мух1амад-дибир вук1ун вуго г1елму-г1амалалъул рахъалъ рекъарав г1алимчи. Гьес жиндихъе рач1арал г1адамазул мурад хехго т1убазе гьабулаан. Къуръан ц1ализе рач1аниги сабаб хъвазе рач1аниги, гьезда ц1акъ х1алимго к1алъалаан ва малъулаан. Гьев г1емерисеб мехалъ жиндирго х1ужрарокъов вук1унаан, цо-цо мехалъ жиндирго цодагьал г1иялгун, цадахъ ц1ализе т1ехьги босун, маг1арде т1адеги унаан. Мух1амад-дибир вук1ана Х1асан-устарасул камилав мурид. Гьесухъе рач1унаан т1алаб гьабун къват1иб росабалъа г1алимзабигицин: Къарахъа Х1ажимуса, гьенисаго Малачил Мух1амад. Гьесухъе рач1унаан К1уядаса Зангал Г1али, Г1умачилав, Муртазаг1али-дибир, жиндирго дурц Хирачмух1амад, Къородаса К1удияв-дибир ва г1емерал цогидалги


г1адамал. Гьел гьес г1елмуялъ камил гьаруна, Зангал Г1али вук1ана г1емераб заманаялъ К1уяда росдал дибирлъун. Гьев хваралдаса, К1удияб Ват1анияб рагъдаса т1ад вуссун хадуб, дибирлъи Хирачмух1амадица гьабуна. Заман исламияб диналдехун мугъ рехараб бук1аниги, Хирачмух1амадица т1аде вач1арав чи рак1-рак1алъ къабул гьавулаан ва хирияб рамазан моц1алъул таравих1алъул какалги жиндирго рокъор ралаан.

К1уядаса Х1асайил Г1умарил вас Мух1амад-дибирасул рук1ана к1иго лъимал: цо васги цо ясги. Армиялде арав вас рагъдаса т1ад вуссинч1о. Васасул ясалъ бицунаан машгьурав г1алим Ибрагьим Халил Мух1амадил сурат бихьидал, гьав чи жиндирго к1удадахъе

( Мух1амад-дибирасухъе) г1елму ц1ализе вач1унаанилан.

Мух1амад-дибир ц1ехон К1уяда росулъе вач1ана Т1инди росулъа Х1абибуллагь абулев мубарак. Гьесда аск1об моц1ги бан, Х1абибуллагьие бокьана цогидал ц1аларал чаг1азухъе щвезеги. К1уяда росдал Г1урала колохъ рук1арал Г1усманил Саг1идихъе, Закари-херасухъе, г1алимчи-г1арабист Асадулагьихъе ана гьев. Г1уралисезда бихьана Х1абибуллагьил т1адег1анаб даража ва гьез гьев жидехъгоги ч1езавун, ресукъаб заманги бук1ун киридахъ хьихьана. Херлъизег1ан, бераздаса канлъи инег1ан г1умру гьабуна Х1абибуллагьица К1уяда росдал Г1урала колохъ. Жинди хадув вас вач1индал, унтун заг1иплъиялде ккарав Х1абибуллагьица гьесда абун буго гьанир хобалги хъах1ал ругин, живги гьанив тейилан. Ахирги, вилълъа, дир вас, дун гьанже ах1ана г1агараб росулъейилан уна гьесда цадахъ Т1индиса Х1абибуллагь.

Гьанже т1адруссинин Мух1амад-дибирасде. К1иго гьалмагъгун цадахъ гьав ун вуго Х1асан-афандиясухъе. Къех1дерил муг1рузде щведал, Мух1амад-дибирас абунила жинда файизалъул мах1 ч1ванилан. Х1асан-афандиясухъе щун, вирд кьолаго, гьесул к1иявго гьалмагъасда гьес абунила, нуж т1ок1алъ дихъе рач1ине кколаро, нужеда аск1овго вугев Мух1амад-дибирасухъе а нужилан. Гьанире рач1унаго нухда бахчун тараб жоги т1адруссуда к1очонгейила. Гьеб бук1ун буго гьев к1иясулго хъалияналъе х1адур гьабураб тамахьо.

Мух1амад-дибирас жив т1арикъаталъул щиб даражаялда вугевалигицин г1адамаздаса балъго гьабулаан. Гьесда ва лъадуда гьоркьоб к1алъай ккун буго гьев кидаго х1ужрарокъов ч1ун вук1унин, гьадинги нилъ маг1ишаталде руссинч1ого т1убалищ абун. Сабурго Мух1амад-дидиб лъадуда к1алъан вуго, мун жиндие сабабалъе т1амурай г1адан йигин. Гьеб параялъго гьалда цеве Къородаса К1удияв-дибир рещт1ун вуго жив нужехъе гьоболлъухъ вач1унев вугилан. Т1ок1алъ гьасда к1алъан пайда гьеч1илан рак1алде ккун буго Меседода.

Гьелдаса хадуб Мух1амад-дибирасул къасд ккун буго Гьарак1униса пахрудин-къади вихьизе Буйнакскиялде динияб управлениялде щвезе ине. Буйнакскиялде щведал, дандч1ван вуго Г1уриса К1удияв Х1усенил Мух1амадгун. Гьениса ун, Пахрудин-къадихъе щун вуго ва, Шишилик1 маг1ардаса нахъвуссун вач1унаго, гьасул чехь унтизе байбихьун буго. Нахъеги Гьарак1униве Пахрудин-къадиясул бак1алде т1адвуссун вуго. Мух1амад-дибирасул К1уяда йигей ясалъухъе, хъизаналъухъе ва г1агарлъиялъухъе ругьел бач1ун буго гьев зах1матго унтун вугилан. Т1аде щварал гьезда Мух1амад-дибир гьенив накълулъун ватун вуго. Рек1ине автомашина гьеч1еб доб заманалда, Къорода росулъе щвезег1ан гьев вачун гьоко бит1ун бач1уна гьерек1дерил г1адамаз. К1уядерил т1олабго росдал г1адамал гьесда данде рахъун руго.

Къорода росуги нахъа тун, г1олохъабаз цоцахъа хъамулаго босун буго мубаракасул жаназа К1уяде щвезег1ан. Гьениб нухда, Г1урхъи абулеб бак1алда буго Мух1амад-дибирасул жаназа г1одоб лъураб зиярат. Рилълъун бихьиназда хадургъолеб х1ал бук1инч1илан бицуна гьеб къоялъ руччабазул. Росулъе щведал, гьений йик1арай жеги как-к1ал теч1ей Амирх1амзал К1илъилей абулей муъминч1ужуялда гьесул рокъобе жаназаялда цадахъ унеб г1урччинаб нуралъул х1убал рихьун руго. Мух1амад-дибир хвана 1946 соналда, г1умруялъул лъабкъоялда лъабго сон бук1аго. Гьев хун хадуб, Х1усенил

Мух1амад-афанди гьасул х1ужрарокъоб сордоги базе, хабаде зияраталъги щвезе К1уяде вач1ун вук1анилан бицуна. Аллагьас баракат щваги гьезул киназулго нилъее. Амин!

Нек1о, доб советияб заман щвезег1ан, К1уяда х1алт1улеб бук1ана Росолъ абулеб бак1алда бугеб к1удияб мажгит. Гьелдаса хадуб сверана росдал клубалде, цинги жаниб колхозалъул склад г1уц1ана. Советияб х1укумат биххарал ва исламияб диналъе ихтияр кьурал ункъоялда анц1абилел соназда росдал г1адамазул х1укму ккана гьеб жидерго нек1сияб мажгит ц1идасан къач1азе. К1уядерил г1адамаз жидедаса бажарарабщинаб гьабуна мажгит ц1игьабизе, ц1идасан гьеб базе, т1ох гьабизе, гьенибго минараялъе борхатаб си базе.

К1уяда росдал Агъада колохъа Халиласул Гьит1инав абулев к1удияб ригьалъул г1елму ц1аларав чияс т1аде босана гьелъие жиндихъа бажарарабщинаб х1алт1и гьабизе. Автомашинаялъ рехунги, х1ама-хьваниялъ, мугъалъ баччунги гьениб гьабулеб х1алт1и раг1алде бахинабуна. Гьел соназ Халиласул Гьит1инас росдае дибирлъиги гьабуна. Мажгит баялъе квербакъи гьабуна жиндир мунагьал чураяв Хирачмух1амадов Мух1амадица, Къулдуев Къасумица, Къулдуев Мух1амадица, Жарулаев Х1аскъилица, Нурулаев Жамалица, Къурах1ов Гьит1инамух1амадица – росулъ ва Мах1ачхъалаялда г1умру гьабун ч1арал к1уядерил г1емерисел г1адамаз. Росулъ ругел г1адамазин абуни, кинабниги бак1лъи жидедего т1аде ц1ана, къокъаб заманалда жаниб мажгит бан раг1алде бахъинабуна. Гьабсаг1ат К1уяда росулъ х1алт1улеб буго лъабго мажгит.

Гьеб кинабго буго жакъа к1уядерил г1адамазе цересел умумузул, исламияб г1елму бич1ч1улел ва лъалел г1адамазул баракат. Т1адег1анав Аллагьас жакъа дунялалда, метер ахираталда хвезабураб батич1ого, даража ц1ик1к1ине гьабеги гьелъул. Амин!


Мух1амад Х1АСАНОВ,

Гъуниб район, К1уяда росу
Сураталда: К1уяда росдал цо авал

ЛЪИК1АЛ Г1АДАМАЛ
ГЬАВ ВУК1АНА РОСДАЛ ДЕПУТАТ

Кинабго жо г1арцул кисинибе ккараб гьаб заманалда, унго-унгояв инсанлъун вук1ине бажари буго г1адамасул г1амалалъулги, г1акълуялъулги, г1адлуялъулги - кинабго рахъалдасан г1умруялда жаниб хъван толеб цо маг1на. Гьеб ц1унула нахъе наслабазе. Ирсилазги гьеб, мадиро гьабулаго, цоцахъе кьола.

Гьаниб бицен гьабулев чи ккола г1адатияв инсан, къогоялдасаги ц1ик1к1ун соналъ г1агараб К1уяда росдал Собраниялъул депутатлъи цогидазе мисалияб х1алалъ нухда бачарав инсан. Жакъа гьев депутатлъун гьеч1ониги, рищиязул заман кват1ич1ого нуц1ихъе щолелъул, бокьун буго гьесул х1аракатчилъиялъул х1акъалъулъ цогидаздаги лъазелъун рехсезе. Рищунги т1убаларо депутатал, гьез х1алт1иги гьабизе ккола.

К1уяда росулъа Багьилов Багьавудин лъала сабураб г1амалалъул, г1одобе биччараб х1еренаб каламалъул чи х1исабалда. Гьесул адаб-хъатир гьабула г1исиназги ч1ах1иязги. Гьес г1умру гьабулеб буго Х1ац1униб абулеб колода. Гьеб ккола К1уяда росдал бищунго рик1к1ада Кьилимег1ералда гъоркь ругел кулабаздаса цояб. Лъелав чиясецин, ц1акъго санаг1ат гьеч1еб гурони, нух бук1инч1о гьенибе. Колода г1умру гьабун буго къогоялде г1агарун ц1аракиялъ. Х1ац1униб колохъе шагьранух гьеч1олъиялъ, к1удияб квалквал ва квег1енлъи гьеч1олъи лъугьинабун бук1ана г1адамазе.

Цо чанго соналъ цебе иш кодобе босана Багьавудиница. Байбихьана ц1идасан шагьранух гьабизе. Свак тун гьенив х1алт1ана бульдозеристгун цадахъ. Рак1унтараб кумек гьабуна щибаб ц1аракиялъул г1адамаз, хасго г1олохъабаз. Лъабго километралъул манзилалда шагьранух ц1идасан бахъана. Г1ат1идаб, бокьараб автомашина жанисан хьвадулеб шагьранух гьабуна гьеб колохъе.


  • Гьеб рахъалъ кумек гьарун, дун щвана г1емерал идарабазде,- абун рак1алде щвезабула Багьиловас. – Бульдозералъе ц1атариялъул рахъалъ кумек гьабуна росдал администрациялъ, хут1араб киналъего квербакъана нижерго г1адамаз.

Гьайгьай, бит1ун абуни, кинабго рахъалдасан зах1матаб гьаб заманалда, бигьаяб х1алт1и гуро Багьавудиница раг1алде бахъинабураб. Кьураби-ганч1ал кьвагьун, эхедераял рит1изарун, т1ад к1алъазе бак1 гьеч1еб х1алалъ гьабуна борхатаб муг1рул колоде г1ат1идаб шагьранух. Гьесул жигарчилъи бук1инч1ебани, рак1ч1ун абизе к1ола, жакъа къоялъги лъаларо бук1ине бук1арабищали Х1ац1униб колоде автомашина хьвадулеб г1ат1идаб шагьранух. Хадусеб г1елалъги гьеб рак1унтун ц1унизе бук1иналда божилъи буго Багьавудинил.

Г1емераб заманаялъ, т1ат1алаго цо чанго анц1-анц1 соназ Багьилов Багьавудин вук1ана К1уяда росдал Собраниялъул депутатлъун. Гьел соназда гьес г1емераб пайдаял х1алт1аби гьаруна росдал г1адамазе. Киве ва кинаб идараялде щваниги, къвариг1ел-х1ажат т1убач1ого т1ад вуссунеб г1амалги бук1инч1о Багьавудинил. Г1одове виччан ва сабурго цебе лъолаан идараялъул нухмалъулесда гьес х1ажатаб суал, ч1ванкъот1араб жавабги ишалъулаб каламги жиндие гьесдасан гьебсаг1атго т1алаб гьабулаан ва, мурадги т1убан, т1ад вуссунаан.

Жакъа Багьавудин, ункъогоялдасаги т1аде сонал арав чи, вуго мустах1икъаб х1алхьиялда. Сахлъиялъ рес кьуни, рак1алда буго гьесда жеги пайдаял ишал гьаризе. Гьев ккола росдал Херазул советалъул член.

Лъик1аб тарбия-лъай кьун г1езаруна гьес жиндирго лъималги. Кида х1ажалъаниги, росдае пайдаялъе ратула гьел. Г1ун рач1унел руго лъималазул лъималги. Жидер к1удададаса мисал босула сундулъго гьез.

Аллагьас халатаб г1умру кьеги, Багьавудин, дуе «дурго нухдасан» г1емерал соназ хьвадизе. Дур нух хут1ила халатаб заманаялъ гьал наслабазе даимаб сайгъатлъун.
Мух1амад Х1АСАНОВ, К1уяда росу

Сураталда: Багьавудин ва гьесул лъади Насаб Багьиловал

ШКОЛА ВА Г1УМРУ
АВАР МАЦ1 - Ц1АЛУЛ ПРЕДМЕТ Х1ИСАБАЛДА
Жакъа нилъеца рах1ат хун бицунеб буго г1агараб рахьдал мац1 ц1унизе ккеялъул, щибаб школалда ц1алдохъабазда гьеб к1варкьун малъизе ккеялъул ва гьезулъ авар мац1алдегун адабияталде унго-унгояб рокьи куцазе гьабулеб т1алабалъул х1акъалъулъ. Амма бицунел рук1ин гуреб, цоги бат1ияб лъик1аб рахъалдехун бихьулеб х1асил кьолеб хиси ккей ц1акъ къанаг1атаб жолъун буго гьаб заманалда. Гьелдаго цадахъ, цо-цо лъик1ал х1асилалги камуларо, рак1унтун х1алт1и гьабулеб бугони.
Гьединал темабазда хурхун хъварал макъалаби г1емер рихьизе бегьула «Х1акъикъат» ва «Гъуниб» газетаздаги. Гьездаса нахъе ккун ч1оларо маг1арул радиоги. Гьаб ахираб заманалда маг1арул мац1 ц1униялда сверухъ к1удияб х1алт1и гьабулеб буго Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб аваразул музыкалиябгун драмаялъул театралъги. Кинабха бугеб гьелъул х1асил? Абизе ккола, жакъасеб къоялъ к1удияб к1вар кьолеб буго А.А.Тахо-Годил ц1аралда бугеб Дагъистаналъул г1елмиябгун ц1ех-рех гьабиялъул институталъ ва учительзабазул махщел камиллъизабиялъул институталъ школазда миллияб рахьдал мац1 ва адабият малъулел учительзабазул махщел ва гьунар бечед гьабиялде. Амма бит1араб бугебищха, гьелъул г1аксалда, щибг1аги махщел ва гьунар гьеч1ев учитель лъималазда цеве дарс кьезе ва малъизе т1ами? Цо-цо школазда рахьдал мац1 ва адабияталъул предмет кьолел ратулел руго гьелъул махщел кодосел гурел чаг1иги.

Авар мац1алъул ва адабияталъул ларс кьолев щивав гьалмагъасул бук1ине ккола гьелъие г1ураб хасаб лъай, рак1-рак1алъ бокьизе ккола г1агараб рахьдал мац1. Гьелъ кумек гьабула щивав ц1алдохъанасул рек1елъ ц1иял пикраби т1ирщизеги, нилъерго г1агараб рахьдал мац1 ва гьелъул адабият бокьизеги, хъвавулаб ва к1алзулаб калам цебет1езабизеги.

Мац1 буго киназего г1аммаб, социалияб куцалда къач1араб, г1адамазул гара-ч1вариялъулъги жиб бугеб, цо пуланаб халкъалъе хасаблъунги кколеб жо.

Авар мац1 ккола жиндир цо ч1араб низамги, логикаги, къаг1идабиги ругеб жо. Щибаб лъимаца жиндирго рахьдал мац1 гьелъул низамги къаг1идабиги ц1унун лъазабула. Лъимер жибго к1удияб г1олаго, рахьдал мац1алъул хазинаялда дагь-дагьккун лъимадул кверщел, мац1алъул къаг1идабазда гьелъул ихтияр батула. Гьелъ гьел къаг1идаби жиндирго гара-ч1вариялда гъорлъе лъугьинарула. Цо-цо учительзабаз абула лъималазе грамматика лъазабизе бокьуларилан ва гьезул гьелде гъира бук1унарилан. Щай гьедин бук1унеб? Щайгурелъул, цо-цоязда мац1 лъазабизе ккани, грамматикаялъул къаг1идабиги ругьунлъиялъул х1алт1абиги т1уразаруни г1олилан ккола. Гьелдаго цадахъ, учителасеги ц1алдохъанасеги бокьизе ккола авар адабият, гьелъул г1елмиял терминал лъазариялдеги к1вар кьезе ккола. Жакъа бищунго х1ажатаб жо, гьеч1о миллиял мац1ал ва адабият школазда малъулев учителасе кумекалъе къват1ире риччарал методикиял т1ахьал. Гьелдаго цадахъ, кинав учитель вук1унев, ругелниги маг1арулазул газетал-журналал гьес хъвалелги гьеч1они. Г1иц1го «Х1акъикъат» газеталъ учителасе кумекалъе рахъулел макъалаби ц1аланиги г1елаан жакъа авар мац1 малъиялъул рахъалъ х1албихьи г1ахьал гьабизе. Ц1алдохъанасулъ мац1алде гъира бижизабиялде живго гьеб малъулев учителас кьолеб батуларо т1оцебесеб иргаялда к1вар. Районалда т1орит1улел рахьдал мац1алъул ва адабияталъул предметалъулал олимпиадабазе х1алт1абиги, шагьаралдаса рач1арал гуреб, бак1алдаго х1адурарал ругони лъик1 бук1ина.

Цоги бат1ияб, школалъул г1умруялда гьадинги бук1уна. Ц1алдохъанасда мац1алъул къаг1идаби лъала, амма гьесда гьелдаса пайда босизе лъалеб батуларо. Гьелъул маг1на ккола ц1алдохъанасда гьел къаг1идаби каламалъулъ бит1унхъваялъул ц1илъабилъун лъугьинаризе к1олеб гьеч1ин абураб. Гьелдаса бат1аго гьадинги бук1уна: ц1алдохъанасда бит1ун к1алъазеги бит1ун хъвазеги лъала, амма гьелда цадахъго, мац1алъе к1вар бугеб лъайги бажариги гьесулъ бук1унаро. Гьеб буго мац1алда хурхун бук1ине кколеб лъаялдаги к1алзул ва хъвавул каламалъул ц1илъабаздаги гьоркьоб бугеб данде кколареб бак1. Цо рахъалъан мац1ги, хасго мац1алъул х1акъалъулъ теориялъулаб лъайги каламги цого жо кколаро. Цоги рахъалъан, учителас ц1алдохъабазул каламалъулаб х1албихьи школалде рачинег1ан бук1араб куцалъ теч1ого, гьезул калам монологиялдаса бахъизабизе х1аракат гьабизе ккола. Грамматикаялъул г1уц1и лъазабулаго, ц1алдохъабазе щвараб лъайги бажариги лъик1го бич1ч1ун гуребги, щулаго гьелда гъорлъе ккунги рук1ине ккола. Мац1ги, инсанасул психикаялда бич1ч1и, рак1алда ч1ей, г1акълу-пикру г1адин, гъваридго лъазе ккола. Гьелдаго цадахъ, грамматикияб бут1аялда щвараб лъай г1аммаб куцалда босани, мац1 малъулев ва гьеб лъазабулев чиясдаги лъимералдаги чорхолъги бидулъги бессун бук1ине ккола.

Бич1ч1улеб жо, рахьдал мац1алъул дарсал кьолев щивав учитель, гьаниб цебехун абухъего, живго вук1ине ккола камилаб махщел бугев, гьеб бокьулев ва гьелъул къимат гьабулев чилъун. Гьеб киналъго т1убараб рес кьелаан школазда рахьдал мац1 малъиялъул къаг1идаби лъик1лъизариялъе ва ругел г1унгут1аби т1аг1инариялъе. Гьеб к1вар ц1ик1к1араб иш роц1ц1инабиялъе ва бит1араб нухде бачиналъе квербакъи гьабилаан, щибаб ц1алул соналъ бат1и-бат1ияв учитель хисич1ого, щибаб классалда гьеб х1алт1и лъайги махщелги камилав гьалмагъас кодобе босани, рахьдал мац1алъул предметалдехун щивав педагог ва ц1алдохъабазул умумул рак1унтун ралагьани.


Мух1амад Х1АСАНОВ, К1уяда росдал Г1урала гьоркьохъеб школалъул

авар мац1алъул ва адабияталъул учитель

К1УДИЯБ БЕРГЬЕНЛЪИЯЛЪ 70 СОН Т1УБАЯЛДЕ
КЬАЛУЛЪГИ ЗАХ1МАТАЛЪУЛЪГИ ЛЪЛЪАДАРАРАВ
Рагъулгун зах1маталъул бечедаб ва гьарзаяб нух нахъа тана Ругъжаб росулъа жиндир мунагьал чураяв Гъазимух1амадов Г1алимирзаца. Гьев гьавуна ва г1уна мискинав векьарухъанасул хъизамалда. Гьит1инго хвана эмен Гъазимух1амад, эбел Халунчакар г1емераб заманаялъ х1алт1ана Чапаевасул ц1аралда бугеб Ругъжаб колхозалда.
Росулъ анкьго классги лъуг1изабун, Г1алимирзаца жиндир зах1маталъулаб нухде байбихьана г1агараб колхозалда х1алт1улаго. 1938 соналда лъугьана комсомолалде. 1940 соналде щвезег1ан, к1иго соналъ х1алт1ана Гъуниб райуполминзагалда х1исабчилъун. Гьениса гьев 1940 соналъул 11 октябралда ана Баг1араб Армиялда хъулухъ гьабизе. Гьедин байбихьана т1оцебе жиндир рагъулаб нух Гъазимух1амадовас.

К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьилалде цебе Г1алимирзаца хъулухъ гьабуна Байкалалъулгин Кубаналъул 125 дивизиялда. Гьелдаса хадув Тамбов шагьаралда 93 г1арадачаг1азул полкалда вук1аго, 1941 соналъ Смоленскиялъул рахъалда вагъана тушманасде данде. Гьелдаса хадуб Гъазимух1амадовас хъулухъ гьабуна 518 кьвагьдохъабазул лъелазул дивизиялъул к1иабилеб ротаялда. 1941 соналъул июль – октябрь моц1азда гьеб дивизиялъул к1иабилеб взводалда цадахъ вагъулаго, Ярцово шагьаралда жаниб сардилъ гранатабаздалъун немцал гъурулаго, зах1матго лъукъана. Гьениса гьев зах1матаб ва хвалилаб ругъунги щун, рагъулаб госпиталалде вачана. Т1уванго ват1алъизе вахъана Г1алимирза жиндир квег1аб гъежалдаса. Инвалидлъунги гьавун, гьениса гьев рокъове т1ад вуссана.

Рагъдаса т1ад вуссун хадуб, жиндир т1олабго г1умру Гъазимух1амадовас ракълилаб зах1маталда бухьинабуна. Х1алт1ана г1агараб Ругъжаб росулъ финагентлъун, ВКП(б)ялъул Гъуниб райкомалда г1уц1иялъулаб отделалъул инструкторлъун, районалъул пачалихъалъулаб страхованиялъул инспекциялъул к1удияв инспекторлъун ва цогидалги ишазда.

Г1алимирзада бихьулеб бук1ана жиндирго лъай борхизабизе х1ажат бук1ин. 1962 соналъ х1алт1уда цадахъго ц1алун лъуг1изабуна Буйнакск шагьаралъул финансазулаб техникум. Гьелдаса хадуб, къоло щугог1ан соналъ нухмалъи гьабуна Гъуниб райисполкомалъул финансазулаб отделалъе. Х1алт1ана рак1бац1ц1адго, кинаб ишалда вугониги, бихьизабуна жиндир бажари ва гьунар.

Жиндир мунагьал чураяв Г1алимирза ч1аго вугеб мехалъ, гьесул рокъоб жиндирго хасаб архивалда ц1унун бугоан рагъулги зах1маталъулги кинабниги бат1и-бат1ияб гьесие кьураб къого шапакъат. Гьезда гьоркьор рук1ана орденалги, медалалги, грамотабиги. Гьеб киналъго нуг1лъи гьабула рагъул ва зах1маталъул ветеранасул г1умру г1адада инч1олъиялъе.

Кьалул майданалда лълъадари щварав Гъазимух1амадов Г1алимирза г1адинал умумуздаса мисал босизе мустах1икъаб буго нилъер жакъасеб г1елалъе.


Мух1амад Х1АСАНОВ, журналист
Сураталда: Г1.Гъазимух1амадов
ПИКРУ

«КАКНИ БАЗАБУНИН, АЛХ1АМГИ Ц1АЛИЗАБЕ»
Гьеле гьеб кици дир рек1елъе бач1ана гьал г1агарал къоязда телевидениялъул РГВК ва ВГТРК каналаздасан Дагъистаналъул бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасулгун рагьараб каламалдалъун г1уц1араб передачаялъухъ валагьидал. Гьелъул маг1на буго, цебе шарг1алъул заманалда как баларел чаг1и ч1валел рук1ун руго. Как бач1они, умумуз лъимал рухулел рук1ун руго. Цинги гъозги какал ралел рук1ун руго, форма ц1унун, щибго жоги ц1алич1ого, рак1алъ к1алги гьикъулаго. Гьанже нилъеца гьеб кици бачуна х1алица, рак1 гьеч1ого х1алт1и гьабулев чиясде.

Гьайгьай, жакъа Дагъистаналъул бет1ер вуго ишги лъалев, гьеб гьабизе гьунарги бугев, хасго нилъер маг1аруллъиги бокьулев, Дагъистанги Россияги цебет1езе г1оло къеркьезе х1адурав чи. Гьесда цадахъ лъугьун унго-унгоги гъеж гурун щивав чиги х1алт1ани, х1акъаб жо, гьедин гьеб бук1инеги батила. Заманалда рекъон босула инсанас цебехун гали. Гьеб гьедин гьабизеги ккола, щайин абуни, доб цебесеб «ч1унхут1арабин» абулебги, гьелдаса хадуб, к1варас к1вараб бикьун, хъами-хъул гьабулебги заман нилъеда бихьана. Нилъер умумузда бихьана ракъи-къечалъ къвал барал рагъулал соналги, гьелдаса хадуб щущараб маг1ишат рук1алиде ккезабулаго г1ет1 т1олел зах1маталъ къвал барал къоялги. Гьеб кинабго рак1алде щвезе ва цебе ч1езе ккола жакъа нилъер щивасда. Г1агараб Ват1аналде т1аде къо ккедал къарукъун гьелъие х1алае ратизе ах1улел гьеч1ищ маг1арулазул машгьурай шаг1ир Машидат Гъайирбековалъул коч1олъа росарал гьадинал мухъазги:



«Бухари т1агъразде т1аде къо ккедал,

Рачел къана нилъер къвак1арал ясаз.

Хириял васаца хвалчен борхидал,

Пурцил г1оркьал ккуна муг1рул руччабаз…».

Гьеле гьеб маг1аруласул бидулъги гьаналъги лълъадарун биун т1ураб пурцил г1оркьал кквезе ах1улел гьеч1ищ нилъ Рамазан Г1абдулат1иповас. Цо-цоязни жакъа гьеб калам коцода ч1ваниги, ч1а балагьун нилъ, нахъа кидаг1аги гьеб калам кодоса бортизе батилареб нилъеда. Жакъа маг1арухъги г1емерисел рекьич1ого рехун тун руго ракьал. Пурцил г1оркьал кколел гьеч1о г1емерисел г1олилазги, автомашинаялъул руль гурони.

Исана К1удияб Бергьенлъиялъ 70 сон т1убаялъул юбилеялъулаб сонлъун лъазабуниги, доб цебесеб рагъда рагъаралги тылалда х1алт1аралги улбул-умумузе бугебищха гьабулеб рак1-рак1алъго унго-унгояб квербакъи ва кумек? К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчиго г1адин, килщазда рик1к1ине лъедерлъун унел руго доб мехалъ тылалда х1алт1аралги. Гьезиеги кьун руго Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азул удостоверениял. Киназего бащад руго рихьизарурал бигьалъабиги. Дица ц1ехана гьелъул х1акъалъулъ Гъуниб районалъул КСЦОНалъул цо пуланай х1алт1ухъаналда. Гьединазе жидер рахъалдасан хасаб х1исабалда ругони щолеб ц1ул-кан бич1и, сахлъиялъухъ балагьи г1адаб гуреб бат1ияб кумек бук1унарилан абуна гьелъ. Лъаларо гьезулги щолеб гьеб хъулухъ кинаб бук1унебали, амма Россиялъул президент В.В.Путинил К1удияб Бергьенлъи баркиялъулал кагътал нек1ого щвана гьезухъе, хасал открыткабаздаги хъван. Г1арцулал сайигъатал гъора Мах1ачхъалаялдаса рач1ине кколила тылалда х1алт1аразе, УСЗНалъул т1алабазда рекъонилан т1адеги жубана гьелъ. Лъаларо, гьедин батизеги бегьула гьеб, амма рак1алда буго, К1удияб Бергьенлъиялъ 60 сон т1убаялъул юбилеялде щивав рагъулав гьединав г1ахьалчиясе сайигъат х1исабалда кьуна аза-азар гъурущ. Рес батун, районазулги росабазулги нухмалъулел анц1-анц1 соназдасаг1аги х1алт1изе бегьиларищ рагъулги зах1маталъулги ветераназул рак1ал рохизариялда т1ад?! Гьеб жавабчилъи жакъа нилъеца т1адаблъун гьабизе ккеларищ, метер къо щвезег1анги ч1аго жал хут1илищалицин лъаларел херазул т1алаб гьабиялъул суал.

Гьелдаго цадахъ цоги гьадинаб жо. Мисалалъе, исана сон лъазабун буго ахихъанлъиялъул лъаг1еллъун. Г1емерисеб бак1алда, хасго маг1арухъ, ч1орого кьуниги гъут1би ч1ун, гьезие гьабизе кколеб хъулухъ гьез кьолеб хайиралдаса ц1ик1к1унарищ? Ракь х1алт1изабизеги г1и-боц1и г1езабизеги «Россельхозбанкалдаса» цереги кредитал росарал г1адамазе кьезе кколеб субсидиялъул г1арац жеги г1емеразе щун гьеч1о, кибе ц1а-ц1аниги. Документал х1адурун республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствоялде щвезаруниги, щиб цоги гьенибги х1ажалъулебали балъголъилъун хут1ун буго г1адатияв чиясе. Лъик1ал ишазул х1асиллъун рехсана, ралел руго ч1ах1иял теплицаби гьанир. Амма гьениб г1езабураб пихъги бахчадул ниг1маталги, бак1алъул г1адамазе пайдаялъе ричич1ого, рик1к1ада даран-базаралъе х1алт1изабиги беццич1о гьениб. К1вар бугел г1унгут1абазе ахир лъезе ккелилан лъазабуна Дагъистаналъул бет1ерас. Бугелда г1ей гьабун ч1ани, нилъер цебет1ей бук1унарилан т1адеги жубана гьес.

Рамазан Г1абдулат1иповас г1емерал кант1изариялги бадирч1ваялги гьаруниги, цойидасан хашаб къимат кьеч1о сверухъ бугеб жиндир командаялъе. Амма цо-цо идарабазул министразулги шагьаразулгун районазул бут1рузулги жавабаздасан бихьулеб бук1ана жидеда лъазе кколеб т1адаб иш лъалеб гьеч1еблъи, гьезул жагьилал ва т1асагоял жавабаздаса бич1ч1улеб бук1ана щивасул гьеб бер бухьине г1оло бахъулеб х1аракат бугеблъи. Республикаялъул бет1ерас бит1араб ва х1акъаб раг1и абуниги, ургъел бугеблъун ххвелал х1азеги зах1мат бихьич1о гьезда. Бихьулеб бук1ана, букъараб зар г1еч1они, г1иц1аб квералъ квач1 балареблъи. Т1асахун ругел чиновниказдаса байбихьун, г1адатияв чиясде щвезег1ан х1ажат буго жиндирго ишалде гъеж гурун т1аделъизе ва рак1бац1ц1адго т1адаб х1алт1и т1убазабизе. Гьаб ахираб к1иго соналда жаниб гьабураб х1алт1и г1езег1ан бугониги, гьабизесеб жеги дагьаб хут1ун гьеч1илан баян гьабуна Рамазан Г1абдулат1иповас. Х1исаб гьабуни, цо-цо жоялде нилъ жакъа къоялдаса къого соналъниги нахъе ккун рук1иналдаги рак1ч1езабуна гьес. Бищунго к1вар ц1ик1к1араб ккола парахалъи. Гьеб рахъалдасан цо ч1ара-хьараб х1ал лъугьун буго жакъа.

Гьенибго суал борхана исана хаслихъе т1орит1изе ругел парламенталде рищиязулги. Дир пикруялда, ц1идасан бищизе ккола Дагъистаналъул парламент, ц1идасан бат1иял рищизе ккола росабазул, районазул ва Халкъияб собраниялъул даражаялде г1унт1ун т1олалго депутаталги. Гьайгьай, чвантида божилъун гуреб, бажари-лъаялда ц1ехон, ц1аруе тухум г1агарлъун гуреб, г1адатлъи-г1адиллъи рекъон.



Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов


Сподели с приятели:
  1   2   3   4




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница