Театрализованная игра: «Шамилил хъала»



Дата11.01.2018
Размер22.46 Kb.
#44261

Театрализованная игра:

«Шамилил хъала»



Разработала: Абдулазизова С.С.

д/с. «Чебурашка» с.Ленинаул


Казбековского района

2015г.




Мачуялги чухъабиги рет!арал васал бегун т!агъралги т!ад лъолаго, кодор хунжрулги ккун,Дагъистаналъул бакъаналда рекъон рач!уна группаялде жанире.



Бакьулъги ч!ун ах!ула кеч! «Кавказалъул бах!арчи»

(муз.народная, сл. Абдулазизовой С.)

Муг!рузул Дагъистан

Г!асрабалъ даим

Шамилил ц!ар буго

Ц!валъун кунч!улеб.

Халкъалъе эркенлъи

Жинца рагьарав

Шамилил х1акъалъулъ

Бицуна нижей.

Кавказалъул васал

Шамилил т!анчч!и

Воре ц1уне рек!елъ

Шамилил къвак!и.

Хвел гьеч!ев Шамилий

Саламги бит!ун

Г1исинал лъималаз

Ах!ула гьаб к1еч1.



Расул. Байзе буго жакъа

Шамилил хъала

Къвак!арал васаца

Цадахъги лъугьун.



Ах!мад. Амма нилъер хъала

Тушманасдаса

Ц1унун дунгун х!айзе

Рази ругелищ?



Васал. Руго.

Шамиль. Билал, Г!абдулагун

Ах!мад, Хункаргун

Рук!ина нуж жакъа

Наибзабилъун.

Мун мут!иг1ав, Мурад

Х1ажимурадлъун

Толев вуго дица

Дихъ валагьея!

Дунгони абуни Шамиллъидал дун.

Г1ин т!амун рук!а нуж

Буюрухъалъухъ.

Кьея Х!ажимурад буюрухъ.



Хункар. Буюрухъ гьадинаб

Бук!ина жакъа

Киналго рак!аре

Къалъуда хадур.

Гьаб Шамилил хъала

Ц1унизе бугин.



Васал. Агьа!

Абдула. Къват!ире рахъана

Хундерил вассал.



Билал. Жакъа чучарасул

Чараги хвайги.

Чучун хьваг!арасул,

Хвалчен бекайги.



Воспитатель. Гьел раг!абиги абун, лъималаца байбихьула хунжрул цоцалъ кьабизе, Дагъистаналъул бакъаналда гъоркь.

Дагъистан ц!унила

Къвак!арал васаз.

Г!адалъ тушманасда

Ханжарги кьабун.

Эбел. Васал, рокъоре!

Васал. Эбелазул гьаракь

Рагинч!ебани,

Х!айзе рук!ана нилъ

Рогьинег1анги.



Шамиль. Метерги рач!ина нилъ.


Каталог: http schools -> 1717 -> Dscheburashka -> admin -> ckfinder -> core -> connector -> php -> connector.phpfck user files -> files
1717 -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
files -> Старшая группа
1717 -> Рабочая программа по родной литературе для 11 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
1717 -> «Тlаса лъугьа, гьалмагъ майор»
1717 -> Ц1арубак1азул маг1на
1717 -> Рабочая программа по родной литературе для 6 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
1717 -> Рабочая программа по родному языку 3 класс


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница