Ц1арубак1азул маг1на



Дата05.03.2018
Размер46.73 Kb.
#61109


Байбихьи – салам

Тема: ц1арубак1азул маг1на

Мурад : Ц1арубак1азул маг1на рагьи, ц1арубак1азул разрядазул х1акъалъулъ бич1ч1и гъваридгьаби, гьелкаламалъулъ х1алт1изегьаризе ругьунгьари;рахьдал мац1алде ва Ват1аналде рокьуласар ц1ик1к1инаби.

Дарсил ин

1. Байбихьи.

Салам кьей.

Рорч1ами нилъейкьезе х1анч1иги рач1ун ругин, Рач1аха нилъецаги рорч1амиян абизин.

-дарсилмурадва тема

-эпиграф

Р.Х1.раг1аби

…Аваразулпашманлъи –

Авар мац1 лъач1ел лъимал

Р.Х1.

Рач1аха, меседилгарал, миллаталъулгопашманлъилъун рук1инаредухъ рахьдал мац1алда сверухъругел т1олалго т1алабал т1оразаризин вагьеб ц1унизин.



Дагъистаналдагорахьдал мац1азул къолъун рик1к1унеб буго 21 февраль вадидакколажакъанилъергьабдарсилцо гьит1инаб бугонигигьелдегъорлъеинилан

Араб темаялъул ц1ех-рех

-Араб дарсиданужецасундул х1акъалъулъ бицараб, лъимал?

- рик1к1еналъул

-Щибхакколеб рик1к1ен?

Предметалъулкъадар яги ирга бихьизабулебкаламалъул бут1аялда рик1к1ен абула.

-Киналсуалазежаваблъун бач1унеб рик1к1ен?

Чан? Чанабилеб ? (мисалалрачина)

-Г1уц1иялде балагьункина – кинал рук1унел рик1к1енал?

г1адатал – цо, к1иго, лъабго.

Журарал – к1икъого, лъабкъого,

Составиял – анц1ила цо, анц1ила к1иго

Тарихазул диктант

Дицажура-гъуранкумекалъулважалгожидедаго ч1арал каламалъул бут1аби абиля, нужецахъвайла.

Нужецакумекалъулкаламалъул бут1аби т1ад – 2 тарих

Жалгожидедаго ч1аразда – 1 тариххъвайла .

Предметияб ц1ар, союзал, прилагательное, хадурег1ел, наречие, рик1к1ен,частицаби.

Карточка №1. Синтаксисияб разбор

Дуца к1алдиб к1иг1аркьелаб мац1 хьихьуге.

Картотчка №2 «Лъабавго» абураб рик1к1ен падежаздесверизабизе

Карточка №3морфологияб разбор «лъабабилеб»

-Лъимал, кин бич1ч1унеб нужеда «к1иг1аркьелаб мац1»

-Гьеббуго к1игьумерчилъи габугейиланабурабжо.

-Бит1араб буго, мусудул ;гьеббугоинсанасулбищунквешаб г1амал, гьединлъидалнилъеца х1аракат бахъизекколагьединаллъун рук1ун гурт1изе.

-Лъималнилъедагьебпредложениялъулъ мух1кан Имамидейищ,Рамазанидейищ,Асиятидейищ к1алъалел ругел бич1ч1ине к1олищ?

-к1оларо


-щайнилъедагьеблъазе к1олеб гьеч1еб?

-щайгурелъулгьенибцолъил бук1аниги ц1ар абулеб гьеч1о, «дуца» абураб раг1и гурони-Бит1араб буго, лъимал, «дуца» абураб раг1и гьениб х1алт1изе гьабунбугоцокинаб бук1аниги ц1аралъул бак1алда.

3. Ц!ияб тема

Гьединлъидал, мусудул, ц1арубак1 кколапредметияб ц1аралъул, прилагательноялъул, рик1к1еналъул бак1алда х1алт1изабулеб каламалъул бут1а.

Гьебжаваблъунги бач1уна жинцахисулебкаламалъул бут1аялъе лъолелсуалазе.

-доскаялда х1алт1и ( ц1арубак1алги гьелъхисарал ц1аралги рате)

Кутакабпирипирхана. Гьелъсверухълъигвангъизабуна.

Устарзабазбана ц1акъаб кьо. Гьединабкьокибнигибатиларо.

Мусацаанкьго сон бана.

Гьедиг1анал соналругоСахулги

Жавабияб х1алт1и

Гьанже г1енекке,хириял, цо гьит1инаб маргьадухъ, ц1арубак1азул хакъалъулъ.

Предметияб ц1ар.

Рак1бохаяб Ц1арубак1, 4-5 къоялъдир х1алт1и щайдуцабачунареб?

Ц1арубак1.

Жакъадицадуе раг1и кьунани, метер-сезе Рик1к1енги Прилагательноеги бач1уна дидецокъойилан, мекъсаккани, г1умруялъ т1ад хут1ула.

Автор.

Унгизеги, каламалъул г1емер такрарлъиялъ, г1адамаздаги ч1алг1ун, херабПрилагательноялъва Рик1к1еналъ тана рак1 лъик1аб Ц1арубак1 жидергохъулухъал т1оралеб.



Ц1арубак1

Дир х1алт1ухъабазул хъулухъхалъулбицун х1ал к1оларо

- Нилъедалъалебжобугокаламалъулгьелжидерго «бут1руздаса» г1езег1анго г1емер х1алт1изабулеблъи. Ц1арубак1аз ч1алг1ине толаронилъедахабар.

Раг1абазул такрарлъи т1аг1инаби буго Ц1арубак1алъул мурад

Словарияб диктант

Т1авап-свери

Къоно-хабалълъолебхъарщи

Манзил – цопредметалдасацогипредметалдегьоркьоббугебнух

Кеч1 «Къункъраби

Гьабнилъеца ц1ализе бугеб кеч1ги буго бат1и- бат1иял куназулкверазбасараб т1анса г1адин ц1арубак1аз басараб кеч1

- Лъицарагьилеб коч1ол идея?

Ват1аналъул намус – ях1 ц1унун рагъарал бах1арзазул ц1ар ц1вабзахъе щолеблъи.

Бит1ун буго ,лъимал, нилъецаги х1аракат бахъизеккола, нилъерго ц1ар нахъе лъик1алъе хут1иледухъ хьвадизе. Ват1аналъе г1оло рух1кьезе х1адураллъун рук1инеги ккола. Гьеб кеч1ги буго Р.Х1гьединал бах1арзазе гьабураб кеч1.

Тетрадазда х1алт1и

- коч1олъ ц1арубак1ал ратизе. Ц1ализарила ц1алдохъабазда

- физминутка

- Лъимал,гьелнилъецахъваразулги хут1арал ругелщинал ц1арубак1азулги маг1наялде балагьунбугожинди-жиндиррукъ

Маг1наялде балагьун ц1арубак1ал рикьулаанкьгоразрядалде

Ц1ияб тема щулагьаби.

Гьанженужеца т1ахьида бугебразрядазултаблицаялдегибалагьун, нилъецабицарабжощулалъизе, дол коч1олъа росарал ц1арубак1азда т1ад разряд хъвай

Группабаздерикьун х1алт1и .

Т1утурал кицабидандеккезаризе;

Ц1арубак1ал ратизе , разряд баян гьабизе

-Раг1абазул дандраялгигьоркьореккезарунпредложениял г1уц1изе.

Жалго т1анч1и, жибгоэбел, щибнигибихьулебжо, т1олго росу т1аделъун.

Тестовияб Х1алт1и

1) ц1арубак1 ккола

1 предметалъулкъадар яги ирга бихьизабулебкаламалъул бут1а

2 предметалъулсипат-суратбихьизабулебкаламалъул бут1а

3 предметияб ц1аралъул, прилагательноялъул,рик1к1еналъул бак1алда х1алт1изабулеб каламалъул бут1а

2) Ц1арубак1алъул разряд буго

1-8


2-7

3-5


3) Гьумералъул ц1арубак1ал

1 гьав,гьев,дов,лъов,гъов.

2 жив,жал,дунго

3 дун,мун,ниж,нилъ,нуж

Ответ 1-3

2-2


3-3

-Сундул х1акъалъулъ нилъецабицараб?

-кинал ц1иял раг1абигун лъай-хъвайгьабураб?

-Щиб бак1ал бищунгобокьарабдарсил?



Рокъобе х1алт1и параграф 31-32 х1алт1и №1 гьумер 98-99





Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница