Калам цебетIезабиялъул 5 дарс
Тема. Ругьунлъиялъул изложение.
Дарсил мурад: хIасилалъулъ гъалатIал риччачIого, хабарияб текст хъвазеги батIи – батIиял каламалъул бутIабазул рагIаби мухI-канго хIалтIизаризеги ругьун гьари.
I. Дарсил мурад бицин.
Тексталъулгун лъай – хъвай гьаби (№ 150).
II. Изложение хъвазе хIадурлъи (8 абилеб къагIидаялдасан пайда боси.
III. Текст хъвай.
IV. Учебникалда рекъон, хал гьаби.
V. Рокъобе хIалтIи (№ 149).
38 дарс
Тема. Предметияб цIар формабазде хиси.
Дарсил мурад: магIнаялде ва суффиксазде балагьун, цолъул ва гIемерлъул формаялда ругел рагIаби ратIа гьариялъулги калама-лъулъ цIикIкIун хIалтIизарулел предметиял цIарал цолъул ва гIемерлъул формабазде хисизариялъулги бажари цебетIезаби.
I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 149).
II. Предметиял цIарал формабазде хисулеллъи бихьизаби
I – себ вариант. МугIалимас цо предмет бихьизабула ва цIалдо-хъаби тIамула гьеб предметалъул цIар хъвазе (масала: тIехь, гъветI ва гь.ц.). Цинги гьединалго предметал кIиго яги цо чанго бихьи-забула ва цIалдохъаби тIамула гьезулги цIарал хъвазе. (тIахьал, гъутIби.)
- ТIехь, гъветI ва тIахьал, гъутIби абурал рагIаби дандеккве. Сундулъ гьел релълъарал ругел? (тIехь – тIахьал, гъветI – гъутIби абурал рагIаби цого цо предметазул цIарал ккола.) Сундулъ гьел релълъунарел? (гъветI, тIехь абурал рагIабаз цо предмет; тIахьал, гъутIби абурал рагIабаз цо чанго предмет бихьизабула ва гьезул гIуцIиги батIи – батIияб буго.)
ЦIалдохъабазул жавабаздасан гьадинаб хIасил гьабула:
Предметияб цIаралъул цолъул ва гIемерлъул форма букIуна.
Цолъул формаялъ цо предмет бихьизабула.
ГIемерлъул формаялъ цо чанго яги гIемерал предметал рихьиза-рула.
Цолъул формаялдаса гIемерлъул форма лъугьуна суффиксазул кумекалдалъун: тIехь – тIахь-ал, гъветI – гъутI-би.
2 – леб вариант. Лъималаз цIалдохъанасул суал цIалула ва гьелъие жаваб балагьизе хIалбихьи гьабула (№ 181). Цинги учебни-
калъул 84 гьумералда бугеб теорияб баяналда тIад хIалтIула.
II. Предметиял цIарал формабазде хисизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 182).
III. Цолъул ва гIемерлъул формаялъул предметиял цIаразе битIун суалал лъезе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 183).
85 гьумералда кьураб теорияб баяналъулгун лъай – хъвай гьаби.
IV. Хасалил тIабигIаталъул хIакъалъулъ 5 – 6 предложениял-дасан хабар гIуцIи (№ 184).
V. Рокъобе хIалтIи (№ I85).
39 дарс
Тема. Предметияб цIар формабазде хиси.
Дарсил мурад: предметиял цIарал формабазде битIун хисиза-ризе бугеб бажари камил гьаби.
I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 185).
ХIай “Лъил кьер (ряд) бергьунеб” яги “Дур кьер (ряд) гуккуге.”
Щибаб кьералдаса цо – цо цIалдохъан доскаялде ахIула. Класс салъ рокъобе кьураб хIалтIудаса цолъул формаялда ругел рагIаби цIалула. Цере рахъарал цIалдохъабаз, гьел рагIаби гIемерлъул фор-маялдеги хисун, доскаялда хъвала. Цинги классалъ битIун хъван ругищали хал гьабула. Риччарал гъалатIалги хIисабалде росун, хIая-лъул хIасил гьабула.
II. Тексталъул анализ гьаби ва рагIаби цолъул формаялде лъей (№ 186).
III. КечI пасихIго цIали ва предметиял цIарал гIемерлъул форма-ялда лъей (№ 188).
IV. Тексталъул анализ гьаби ва предметиял цIарал цолъул формаялда лъей (№ 190). (КIалзул формаялда.)
V. Рокъобе хIалтIи (№ 189).
40 дарс
Тема. Предметияб цIар падежазде свери (падежазде свериялъул хIакъалъулъ гIаммаб бичIчIи).
Дарсил мурад: батIи – батIиял рагIабигун рухьунаго, предмети-ял цIаразул ахирал хисулеллъи бихьизаби; предметиял цIарал паде-жазде сверизаризе ругьун гьари.
I. ХIай “Кинаб кьер бергьунеб.”
- Предметиял цIарал гIемерлъул формаялда лъей.
МугIалимас 187 хIалтIудаса цолъул формаялда ругел рагIаби абула. ЦIалдохъабаз гьел рагIабаздаса жидер кумекалдалъун гIемерлъул форма лъугьунел суффиксал тIаде хъварал карточкаби эхеде рор-хула. ЦIикIкIун карточкаби эхеде рорхараб кьералъ бергьенлъи босула.
II. Предложениялъулъ рагIабазда гьоркьоб грамматикияб бухьен букIунеблъи ракIалде щвезаби.
Гьалмагъ абураб рагIи подлежащеелъун, вачIизе, вокьизе, ви-хьизе абурал рагIаби сказуемолъун ккезарун, предложениял гIуцIула.
- Щай гьел предложенияллъун рикIкIунел?
- Предложениялъулъ подлежащееги сказуемоеги бате.
- Подлежащеялъул ахирал щай нужеца хисарал?
III. Дарсил мурад бицин.
-Жакъа нилъеца предметиял цIарал падежазде свериялъул хIа-къалъулъ бицина. Учебникаялдаса цIияб темаялъул цIар цIале.
IV. Предметиял цIаразул ахирал хисиялда хадуб халкквей.
-
193 хIалтIи тIубай.
-
91 гьумералда бугеб теорияб баян цIали.
V.Предметиял цIарал падежазде сверизаризе цIалдохъаби ругьун гьариялъул хIалтIаби (№ 194, 196).
VI. Дарсил хIасил гьаби.
- Сунда абулеб падежазде свери? Чан падеж нужеда лъалеб? Гьезул цIарал абе.
- Аслияб падежалда ругел рагIаби кинал суалазе жаваблъун рачIунел? ва гь.ц.
-
Рокъобе хIалтIи (№ 195).
4I дарс
Тема. Предметияб цIар падежазде свери
Дарсил мурад: Предметиял цIарал падежазде сверизабизе бу-геб бажари цебетIезаби; падеж чIезабиялъул (лъазабиялъул) къагIи-дабазулгун лъай – хъвай гьаби.
I. Карточкабазул кумекалдалъун, рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 195).
II. Дарсил мурад бицин.
-Жакъа нуж ругьунлъизе ккола предметиял цIаразул падежал цоцаздаса ратIарахъизе (ай щибаб падеж бихьизабизе). Щай нилъеда падежал лъазе кколел?
- Гьал хадусел предложениял дандеккве: Дица цIалдохъанасе тIехь сайгъат гьабуна. Дица цIалдохъанасул тIехь сайгъат гьабуна. МагIнаялъул рахъалъ сундулъ гьел ратIалъулел ругел? (ТIоцебесеб предложениялъулъ тIехь лъие сайгъат гьабун бугебали бицуна, кIи-абилеб предложениялъулъ лъил тIехь сайгъат гьабун бугебали бицу-на.)
ЦIалдохъанасе, цIалдохъанасул абурал рагIабазда гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб? (Гьезул батIи – батIияб падежги батIи – батIиял ахиралги руго.)
- Пикру мухIканго загьир гьабизе, лъикIго падеж лъазе ккола.
III. Падежазул хаслъабазда хадуб халкквей.
- ЦIалдохъабаз доскаялдаса предложениял хъвала: ХарибакIалда Къурбанида лъукъараб къункъра батана. Унтараб къункъраялъе Къурбаница гьекъезе лъим кьуна.
-ТIоцебесеб предложениялъулъ подлежащее бате. Гьелда гъоркь хIучч цIай.
- Подлежащее кинаб каламалъул бутIалъун ккун бугеб? Гьелъул падеж бихьизабе.
- Подлежащеелъун ккараб предметиял цIаралъул падеж бихьи-забизе, цин нилъеца гьелда бухьараб рагIи балагьила ва гьелдасан суал лъела. Гьединаб рагIи балагье ва суал лъе (батана лъида? Къурбанида).
- Нужецаго предложениялъулъ къункъра абураб предметияб цIа-ралда бухьараб рагIи бате ва гьелдаса суал лъе.
- ПалхIасил, предметияб цIаралъул падеж бихьизабизе, къвари-гIуна гьеб предметияб цIаралда бухьараб рагIи батизе ва гьелдаса суал лъезе.
КIиабилеб предложениялъул мисалалдалъун нужецаго гьеб би-хьизабе. (Къункъраялъе, Къурбаница, лъим абурал предметиял цIа-разул падеж чIезабула ва учебникалъул 92 абилеб гьумералда ругел цIалдохъанасул суалги теорияб баянги цIалула.)
IV. Предметияб цIаралъул падеж бихьизабизе ругьун гьария-лъул хIалтIаби (№ 197, 198).
V. РагIаби падежазде сверизаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 201).
Доскаялда вахъула ункъо цIалдохъан: тIоцевесес предметиял цIа-рал абула (эмен ва гь. ц.), кIиабилес гьезул падеж бихьизабула (аслияб падеж ва гь.ц.), лъабабилес гьел предметиял цIаразе суа-лал лъола (щив? лъица? ва гь.ц.), ункъабилес ахир батIа гьабула ( -ца ва гь.ц.).
VI. Рокъобе хIалтIи (№ 199).
42 дарс
Тема. Предметияб цIар падежазде свери.
Дарсил мурад: суалаздалъун падеж падеж бихьизабиялъул бажа-ри цебетIей; батIи – батIиял падежазул формабазда ругел предме-тиял цIаразул предложениялъулъ бугеб кIваралъулгун лъай – хъвай гьаби.
I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 199).
II. Дарсил мурад бицин. Учебникалъул 93 гьумералда бугеб цIал-дохъанасул суал цIали.
III. ЦIалдохъанасул суалалъе жаваб балагьи (202 абилеб хIалтIи тIубай ва учебникалъул 94 гьумералда бугеб теорияб баян цIали).
IV. Подлежащеелъун ккараб предметияб цIаралъул падеж бихьи-забиялъул бажари цебетIезаби (№ 203).
V. Предложениял кколеб тартибалдаги лъун, текст гIуцIи (№ 204).
VI. Предметияб цIаралъул форма, жинс, падеж бихьизабиялъул бажари камил гьаби (№ 209). (Бицун.)
-
Рокъобе хIалтIи (№ 208).
43 дарс
Сподели с приятели: |