Рабочая программа по родной литературе для 6 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян



Дата11.03.2018
Размер351.89 Kb.
#62016
ТипРабочая программа
Муниципальное казенное общеобразовательное учреждение

«Дылымская гимназия имени Махмуда Салимгереева»

Согласовано Утверждено

зам. директора Директор МКОУ ДГ

«___»_______ 2014г.

от «30» августа 2014г.

Гаджиева Ж.А. З.С. Темирбулатова

РАБОЧАЯ ПРОГРАММА

по родной литературе для 6 класса

2014-2015 учебный год


ПРОГРАММАЯЛЪЕ БАЯН
Художествияб адабияталъ к1удияб кумек гьабула кинабго рахъ камилав инсан куцазе, г1агараб халкъалъул рух1ияб бечелъиялъул кьуч1алда г1олилазе тарбия кьезе.

Гьединлъидал школалда малъизе т1аса рищун руго ц1алдохъабазе мустах1икъал, маг1наялъул ва мац1алъул рахъалъ щвалде щварал авар литератураялъул ва вацлъиялъул миллатазул цо-цо асарал. Гьезда т1ад х1алт1улаго, лъималазда лъазе ккола художествиял асаразул анализ гьабизе, гьезие бит1араб къимат кьезе ва адабияб теориялъул к1вар бугел баяназдаса пайда босизе, гьелдаго цадахъ гьезие рагьизе ккола художествияб каламалъул пасих1лъи ва гъварилъи.

Раг1ул устарлъиялъул асарал малъи ккола адабияб курсалъул аслияб рахълъун.

Малъиялъул мурадлъун ккола раг1ул устарлъиялда лъимал хадур гъезари, камилал художествиял асаразда гъорлъе раккизе ругьун гьари, пасих1аб сипатияб каламалъул тату лъаялде гьел рачин, гьелъул кьуч1алда асаразулъ рихьизарурал обществиял гъоркьорлъабаздалъун, г1адамазул г1амал-хасиятаздалъун авторасе абизе ва бихьизабизе бокьараб аслияб пикру рагьиялде ва бич1ч1иялде рач1ин.

Адабияб курсалда жаниб хасаб бак1 ккола Ват1ан хиралъиялъул. миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, дунялалъулго зах1мат-халкъалъул мурадал ц1униялъул асар ц1алдохъабалъ куцаялъ.

Адабияталъул дарсаз лъимал т1амула миллатазул адаб-х1урмат гьабизе, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи бищун къиматаб бечелъи х1исабадда къабул гьабизе. Гьеб мурадалъе г1оло ц1алдохъабаз лъай-хъвай гьабула цогидал миллатазул литерагураялдаса авар мац1алде руссинарурал лъик1ал асаразулгун.

Гьеб программаялъул аслияб т1алаб: литератураялде лъималазул рокьи базаби; чвахун ва пасих1го ц1алиялъул бажари камиллъизаби; малъулел асаразул гъварилъуде раккизе ва аслияб пикруялда (идеялда) хадур гъезе к1везелъун, анализалъе авалияб роцада лъимал ругьун гьари, т1ахьал ц1ализе гъира-шавкъ бижизаби.

Щибаб классалъул курс г1уц1ун буго тарихиябгун тематикияб тартибги ц1унун. Гьелъ рес кьола лъималазул лъай г1амлъизабизе, литературиял асаразда кколел лъугьа-бахъинал ч1ванкъот1араб тарихияб заманалда хурхарал рук1ин ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе, ва гьезда бихьизабизе гьел асаразда жаниб бат1и-бат1ияб тарихияб заманалъул г1адамазул г1умруги г1амал-хасиятги ва рук1а-рахъинги гвангъун цебеч1езабун бук1ин; гьелдаго цадахъ лъималазе рагьула жакъасеб къоялдаги гьел малъулел асаразул бугеб к1вар: гьанжесеб г1умруялъе бит1араб къимат кьун бажаруларо, аралда данде кквеч1ого.

Щибаб классалъул программаялда кьун буго к1алзул ва хъвавул калам цебет1езабизелъун т1орит1изе кколел х1алт1абазул къадар.

Гьел х1алт1аби щулаго рухьарал руго адабиял асарал малъиялда. Гьединлъидал лъималги ругьунлъула сипатияб каламалде, поэтазул, хъвадарухъабазул пасих1аб мац1алде, раг1аби дандразе, хабар г1уц1изе, маг1наялда рекъараб форма батизе, жидерго пикру къокъго ва баянго загьир гьабизе. Гьелдалъун асаразул анализ гьабизеги, гьезие къимат кьезеги ц1алдалдохъабазул бажари борхула.

Программаялда ч1езабун буго, адабияталъул курс малъулаго,
лъималазе щвезе кколеб лъаялъул ва лъугьине кколеб бажариялъул
мух1канаб г1урхъи-рахъ. Лъазе ккола малъулел асаразул х1асил бицине,
щибаб классалъул программаялда кьурал литерагурияб теория-
лъул баяназдаса г1ат1идго пайда босизе, программаялъ т1адаллъун
гьарурал текстал рек1ехъе ц1ализе.

Ругьунлъиялъулгун бажариялъул т1алабал к1ийиде рикьун рихьизарун руго:

1. Асаралъул анализ гьабун ва гьелъие къимат кьун бажари;

2. Калам г1уц1ун бажари.

Программаялда бихьизабун буго щибаб художествияб асар малъизе бикьун кьураб ц1алул заман. Ц1алдохъабазул къадаралде, лъаялде ва гьезулгун классалда х1алт1и гьабизе ругел шарт1азде балагьун, яги методикияб рахъалъ чара гьеч1еблъуы бихьулеб бугони, учителасул ихтияр буго, цо-цо темаялъе кьурал саг1тазул къадар, жиндаго лъик1аблъун бихьараб къаг1идаялъ, хисизабизе.

Адабияталъул дарсазда цадахъго г1ат1идго бачине ккола класстун къват1исеб х1алт1иги: адабияб кружок, ц1аларал т1ахьазда т1асан бах1сал-конференциял т1орит1и, литературиял х1аял, пасих1го куч1дул, харбал ц1алиялъул къецал, концертазде, киноялде, театралде цадахъ ин ва бихьаралда т1асан гара-ч1вари г1уц1и, поэтазул, хъвадарухъабазул бак1азде сапарал гьари, литературиял музеязде щвей, халкъияб к1алзул гьунаразул асарал рак1ари г1адал тадбирал.



VI - КЛАСС
( 68 саг1ат)
Асарал лъазаризе — 52 caг1ат.

Калам цебет1езабизе — 8 саг1ат.

Класстун къват1исеб ц1али бачине— 8 саг1ат.
Байбихьи (1 caг1ат)

Адабияталъ художествияб къаг1идаялда г1умру бихьизаби


ХАЛКЪИЯБ К1АЛЗУЛ ГЬУНАР
«Къайицадахъал» (1 саг1ат)

Рак1 бащалъи, чехь бащалъи — гьудуллъиялъул кьуч1. Хиянатчи, гьереси — гьудуллъиялъул тушман. Х1алт1уларев чиясул х1али-хьалъиги, хиянатги, макруги камулареблъи царал мисалалдалъун бихьизаби. Халкъалъ чиясе къимат х1алт1ухъ балагьун кьолеб бук1ин.

Х1айваназул х1акъалъулъ маргьаби (баян).
«Ралъдал чу» (2 саг1ат)

Гьунар ц1ик1к1арасул ц1ар гьаби. Лъик1аб чу бах1арчиясда гурони квегъизе к1унгут1и. Гьит1инав вацасул гьунарал. Ахиралде гьит1инав вац талих1авлъун вахъиналъе г1илла. Жах1да-х1усуд какун бугеб куц. Миккиясалъул ц1одорлъи. Ханасул хъант1и ва гьелъул х1асил. Бaxlapчилъи гьабич1ого, г1олохъанчи мурадалде щунгут1и. Маргьаялда кколел г1ажаибал лъугьа-бахъинал.



Адабияталъул теория. Халкъиял к1алзул асаразул аслиял тайпаби (маргьаби, куч1дул, кицаби, абиял, бицанк1аби) такрар гьари. Г1ажаибал маргьабазул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Гиперболаялъул ва кидагосел эпитетазул х1акъалъулъ баян.

«Муг1рузул Г1али» (2 саг1ат)

Бугьтан лъей, мац1ихъанлъи — инсанасул бищун квешаб г1амал. Загьруял борхьазда мац1ихъаби релълъинариялъе г1илла. Лъадул яц1ц1алъи, х1алимлъи, pyxlrlan Пали вокьулев вук1ин бихьизабулел сипатиял раг1аби. Коч1олъ гаргаралъул к1вар. Талих1аб хъизан балагьалде т1амуразе коч1олъ кьун бугеб къимат.



Адабияталъул теория. Кидагосел эпитетал.

ХЪВАДАРУХЪАБАЗУЛ МАРГЬАБИ ВА КЪИСАБИ

Заирбег Палиханов. «Бецаб сапар» (1 саг1ат)

Маргьаялъул багьадурзабазул г1амал-хасият. Гьезул калам. Рак1бац1ц1адаб гьудуллъиялъ х1илла-макруялда т1ад бергьенлъи боси — маргьаялъул аслияб пикру.



Адабияталъул теория. Халкъиял маргьабаздаги хъвадарухъабаз ургъараздаги гьоркьоб бат1алъи.

Г1умарх1ажи Шахтаманов. «Халкъалъул ццин» (3 саг1ат)

Ват1аналъул хиянатчи — халкъалъул тушман. Боц1уда хъант1иялъ чи вачунеб бак1. Маг1арул халкъалъул ях1-намусалъул байрахълъун Заг1алги Г1азизги рихьизари. Чанхъи — рогьоялъул мугьру. Поэма-ялъул мац1. Хиянатчиясда «Чанхъи» — ян ц1ар теялъе г1илла. Хия­натчи халкъалъул тамих1алдаса ворч1унгут1и.



Адабияталъул теория. Коч1ол къот1елалъул (строфа) х1акъалъулъ авалияб баян.
XIX ПАСРУЯЛЪУЛ АДАБИЯТ

Инхоса Г1алих1ажияв. «Рицинин цо хабарал», «Кицабиял

алфазал (Г1акълудал ралъадалдаса) -сахлъи, -вацлъи, -хъукьлъи,

-рац1ц1алъи, -т1адагьлъи, -х1алихьалъи, -къарумлъи, -сурукълъи,

-бах1арчилъи, -дибирлъи, -бегавуллъи, -зулмулъи, -х1арамлъи.

(2 саг1ат)

Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев...» (1 саг1ат).

Чияр зах1мат кваналел макруял чаг1азул къасдал къват1ир ч1вазарун ругеб куц. Ц1ияб г1умру т1аде щолеб бук1ин бихьизабизе шаг1ирас х1алт1изарулел ругел сипатиял раг1аби. Коч1ол сатирикияб мац1. Эпитеталъул к1вар.



ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ХАЛКЪАЗУЛ АДАБИЯТАЛДАСА

Батирай. Бах1арчиясул куч1дул «Жамав ханасул илхъи цо дуцаго

хъамулев...», «Варакъалъул жалги ккун...», «Рагь-кьал т1аде

бач!ани...», «Бах1арчияв инсуе...», «Ч1аго таги бахЛарчи...»,

«Ц1ар раг1арав бах1арчи...» (2 саг1ат).

Шаг1ирасул г1умруялъул ва коч1охъанлъиялъул х1акъалъулъ баян.

Батирайил заманаялъ Ват1ан ц1униялъул бук1араб ц1арги к1варги. Нусгоясде данде цох1о живго вагъулев бах1арчиясул романтикияб сипат ва гьелъул к1вар.

Батирайил коч1олаб каламалъул гъварилъи, г1адатлъи ва къокълъи.



Адабияталъул теория. Метафоралъул х1акъалъулъ авалияб баян.

Ахтиса Х1ажи. «Мискинчияс г1акълу кьуни», «Цо кагьат бит1е»

(2 саг1ат)

«Мискинас г1акълу кьуни», гьесухъ г1инт1амунгут1и, г1адгьави. Бечедасул гьури-муч1 гьваридаб пикрулъун тей — ращалъи гьеч1еб жамг1ияталда билълъараб закон. Мискинчи — х1алт1уда, х1алихьат — тахида.

«Цо кагьат бит1е» — Бакуялда киг1ан х1алт1аниги, кодобе жо щоларого вугев шаг1ирасул чара бух1и. Кибго мискинчиясул т1ом ччук1и рек1еда зах1малъи. Сих1ирги саяхъги бет1ералда, мискинзаби гьезул зулмуялда гъоркь г1азаб ч1амулел.
Йирчи Гъазахъ. «Икъбал», «Сибиралдаса кагъат» (2 саг1ат)

Шаг1ирасул г1умруяльул ва гьесул заманаялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

«Икъбал». Бечелъиялде балагьун, чиясул къадру борцунеб социалияб г1уц1иялде авторас г1унт1изабулеб г1айиб.

Бах1арчилъиялде, гьунаралде, г1акълу-лъаялде балагьич1ого, г1арац ц1ик1к1арасул ulap гьабулеб бук1иналдаса шаг1ирасул пашманлъи.

«Сибиралдаса кагъат». Ват1анги тезабун, Сибиралде рит1арал дагьистаниязул кьог1аб г1умруялъул сурат цебеч1езабун бугеб куц. Туснахъ къот1аразул рижараб ракьалъухъ урхъи.

Зулмуяб х1укуматалде дандеч1еялъул бакънал коч1олъ загьирлъи.


Кьуркълиса Шаза. «Саву ккана каранда», «Къваридаб xla-раялъуб къараб гулла киниги...». «К1анц1и хехаб мугГрул чан...» (2 саг1ат)

Шазал г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

Бечедав вук1иналъ жиндие щоларев васас, ячинилан гуккун, рехун тарай ясалъул кьог1аб къисмат, рокьул г1азаб, рух1ияб бечелъи рагьизе коч1охъаналъул бугеб гьунар.
XX Г1АСРУЯЛЪУЛ АДАБИЯТ

Ц1адаса Х1амзат. «Шамил», «Чоде», «Пилги Ц1унц1раги», «Маймалакги ц1улал устарги» (4 саг1ат)

«Шамил». Халкъияв багьадурасде бугьтанал льей, кьуч1 гьеч1ел ч1орал, раг1и рехи — мекъаб иш бугин абураб шаг1ирасул пикру коч1олъ загьирлъи. Шамилил бах1арчияб тарихалъе къимат кьезе, гьелъул к1вар рагьизе Х1амзатица х1алт1изарурал сипатиял раг1аби.

«Чоде». Жиндирго хъах1аб чол х1акъалъулъ Х1амзатил куч1дул. Коч1охъанасул махсара, чода бадир ч1ваял, ва г1айибал гьари. Гьел гьариялъе г1илла. Мац1алъул пасих1лъи.

«Пилги Ц1униц1раги». Жиндирго къуваталде мугъч1вайги гьабун, ч1ух1и бихьизабураб Пилалъул мисалалдасан шаг1ирас г1адамасулъ рекъеч1еб пахруяб ч1ух1и какулеб куц.

Баснялъул насих1ат.



«Маймалакги ц1улал устарги». Баснялъул аслияб маг!на жиндир гуреб иш т1аде босарав чи сурулеб куц бихьизаби. Маймалакапъул г1амал бутел г1адамазда гвангъараб мисалалдалъун Х1амзатица реч1ч1улсб сатираялъул ч1ор. Кколареб ва жинда лъалареб иш гьабулев чиясул г1амал жиндаго багъи.

Баснялъ кьолеб г1акълу.



Адабияталъул теория. Баснялъул х1акъалъулъ баян. Аллегориялъул х1акъалъуль бич1ч1и.

Заид Х1ажиев. «Х1анч1ик1к1ал», «Цакьуги Циги» (3 саг1ат).

«Х1анч1ик1к1ал». Эркенаб цадахъаб зах1мат талих1-рохелалъул кьуч1 бук1ин xlop бахъарал х1анч1азулги х1алт1удаса нахъе к1анц1араб Гагулги мисалалда бихьизабун бугеб куц. Ц1одораб т1инч1 х1анч1алъе ин ва цадахъ х1алт1иялдаса щвараб рохел. Гагул макрулъи. Х1анч1азул эркенаб зах1матги Гагул пахрулъиги бихьизабизе шаг1ирас х1алт1изарурал сипатиял раг1аби.

Т1абиг1аталъул сурат цебеч1езабизе шаг1ирасул махщел.



«Цакьуги Циги». Рек1елъ чаран бук1ин чилъиялъул аслияб шарт1 кколеблъи Цакьулги Цилги мисалалдалъун шаг1ирас загьир гьаби. Цилги Цакьулги хасият-г1амал рагьулел сипатиял раг1аби. Баснялъул насих1ат.

Адабияталъул теория. Метафораялъул х1акъалъулъ бич1ч1и жеги гъварид гьаби.

Ражаб Дин-Мух1амаев. «Хиянатчи» (4 саг1ат)

Ват1аналде къо ккараб мехалъ, нахъе къан ч1арав чиясул рогьояб г1умру ва гьелъул кколеб инжитаб ахир. Ват1аналъе хилиплъарав чияс жиндирго г1агарлъи, йокьарай яс учузго ричулеб куц. Хиянаталде Мух1амадил нух. Хъвалис Х1амзат — жанисел тушбабазул цо тайпа. Багьадураздехун ва гьезул ишаздехун авторасул бугеб бербалагьи эагьир гьарулел эпитетал, дандекквеял, метафорал ва гьезул к1вар.



Адабияталъул теория. Хабариял асаразул тайпаби. Хабар. Къиса.

Расул Х1амзатов. «Россиялъул солдатал», «Къункъраби»

(4 саг1ат)

«Россиялъул солдатал». Поэмаялъе кьоч1ое босараб х1акъикъат. Халкъазда гьоркьоб гьудуллъи. Падамазе Ват1аналъул хиралъи. Рагъухъабазул бах1арчилъи, рух1ияб бечелъи, тушманасдаса бергьун гурони, къун ч1езе к1унгут1и. Г1абдулманаповасул рух1ияб бечелъи рагьизе шаг1ирас х1алт1изарурал сипатиял раг1аби. гаргаралъул к1вар.

«Къункъраби». Ват1аналъул намус-ях1 ц1унун рагьарал, х1алт!арал бах1арзазе сайгъат гьабураб кеч1. Г1адан хиралъиялъул т1аде- г1адан acap загьир гьабун, авторасда ратарал сипатиял раг1аби.

Адабияталъул теория. Метафораялъул х1акъалъулъ бич1ч1и гъварид гьаби.

Фазу Палиева. «Дир рахьдал мац!» (1 саг1ат)

Мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат. Миллат т1аг1арал къавмал — рух1ияб ицц къараб къулг1а. Рахьдал мац1алде маг1арулаз муть рехулеб бук1ин бихьарай шаг1иралъул рекГел бух1и, гьеб рух1ияб хазина ц1унеян балеб ах1и.



Х1усен Х1ажиев. «Г1алибегил къулг1а» (2 саг1ат)

Г1алибегилги гьесул ч1ужу Айизалги г1аданлъи, рек1ел сахаватлъи, адаб-х1урматгун инсан к1одо гьави. Г1адамазе жив х1ажатав вук1иналдаса Г1алибегил ч1ух1и. Херав маг1аруласул г1амал-хасият. Сверухъ бугеб т1абиг1аталдехун гьесул бугеб рокьи ва т1алаб. Г1алибегица чанил ц1ц1е хвасар гьаби. Иццуда «Г1алибегил къулг1а» абураб ц1ар лъеялъе г1илла.

Харбил пикруялъул гьварилъи.

Мух1амад Г1абдулх1алимов. «Госпиталалъул вас» (4 саг1ат)

Х1амзатилги Сахратилги гьудуллъи ккей. Лъукъарал солдатаз Х1амзатил эбелалъул х1урмат гьаби. Дзгуевас васасе орден кьей. Капитан Симоновги Х1амзатги. Эбел фронталде иналъе г1илла. Орден бикъи. Эбелалъул кагъат бач!1ин. Х1амзат фронталде лъути.

Ват1аналъе хилиплъии — к1удияб такъсир — къисаялъул аслияб пикру.

Адабияталъул теория. Асаралъул г1уц1иялъул (композициялъул) х1акъьалъулъ авалияб баян. Къисаялъул х1акъалъулъ баян гъварид гьаби.

Багъатар. «Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул» (4 саг1ат).

Маг1арул хъизамалда ва школалда зах1маталде рокьи базаби ва гьеб бечелъилъун рик1к1ин. Падамазе, г1аммаб маг1ишаталъе иайда гьабиялдаса къисаялъул багьадуразул ч1ух[и ва рохел. Къисаялъул аслиял багьадуразул сипатал. Г1исиназдаги ч1ах1ияздаги гьоркьоб гьудуллъи. Къисаялъул х1еренаб сипатияб мац1. Аслиял багьадураздехун авторасул бербалагьи загьир гьарулел сипатиял раг1аби.



Адабияталъул теория. Пейзажияб лирика.
ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ХАЛКЪАЗУЛ АДАБИЯТАЛДАСА

Эфенди Капиев. «Маг1арухь чвахунц1ад», «Разведчикал», «Сабаб» (3 саг1ат)

«Маг1арухъ чвахунц1ад». Maг1арул т1абиг1аталъул бериинлъи. Хабаралъ рек1ее гьабулеб аваданаб асар. Г1агараб ракьалде авторасул бугеб рокьи бихьизабизе сипатиял раг1абазул к1вар.

«Разведчикал». Хъвадарухъанасул асаразулъ К1удияб Ват1анияб рагъул тема.

Рагъулаб т1адкъай т1убазе тушманасул тылалде арал разведчиказул къвак1и, таваккал ва гъунки. Тушманасдаса рец1ел босизе бугеб г1ишкъу. Исмаг1иловасул сипат.



«Сабаб». Очеркалъе кьоч1ое босараб х1акъикъияб лъутьа-бахъин. Рагьда лъадарун рахъарал бах1арзал. Разведчиказул командир Х1ажи Ибрагьимовасул сипат.

Бергьенлъиядъул ицц — халкъазул гъункараб цолъи, Ват1аналде гъваридаб рокьи.

Рагьда хвалдаса ц1унулеб сабаб — ц1одорлъи, бах1арчилъи, х1инкъи лъангут1и.

Адабияталъул теория. Очеркалъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Хабаралъул х1акъалъулъ баян.
Мух1амад-Султан Ях1яев. «Питна», «Г1урул ханал» (2 саг1ат)

Лъималазул гьудуллъи-вацлъи. Гьезда гьоркьоб питна бекьулев ягъзин. Гьудулзаби рагъизе т1ами ва гьелъул х1асил. К1иялго рекъон, питнадулав вухи.



«Г1урул ханал»— гьалмагьзаби гуккун, ц1ар босизе къвариг1арав ц1алдохъанасул къухьаб г1амал. Х1арам кида-къадги т1атинч1ого хут1унгут1и. Лъималазда гьоркьоб х1алихьалъи бегьунгут1и.

Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ VI классалъул ц1алдохъабазда церелъолел аслиял т1алабал:

Ц1алдохъабазда лъазе ккола:

— лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал;

лъазарурал адабиял терминал, багьадурасул ва т1абиг1аталъул сурат, гипербола, аллегория, кидагосеб эпитет;

— программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал.


Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола;

— Минуталда жаниб 100-110 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал рит1ун, paг1ун ва чвахун ц1ализе;

— лъазабураб асаралдаса хасал лъугьа-бахъинал рат1а рахъизе;

— лъазабулеб асаралда жанир кколел лъугьа-бахъиназда гьоркьоб заманияб асаралдаса хасал лъугьа-бахъинал рат1а рахъизе;

— лъазабулеб асаралда жанир кколел лъугьа-бахъиназда гьоркьоб заманияб ва г1илла-мурадияб бухьен ч1езабизе;

— лъазабулеб асаралъул гексталда жанир сипатиял раг1аби ратизе;


— лъазабулеб асаралъул багьадуразул ишазде балагьун, гьезул г1амал-хасияталъул бицине;

— художествиял, рич1ч!изе бигьаял г1елмиял текстал рит!ун, чвахун, раг1ун ц1ализе;

— художествиял асарал пасих1го ц1ализе;

— гьит1инаб асар, яги к1удиялъул кесек изложение х1исабалда

бицинеги хъвазеги;

— зах1маталъул темаялда сочинениял хъвазе;

— хабарияб асаралъул, яги гьелъул цо бут1аялъул план г1уц1изе;

— асаралъул багьадураздехун ва лъугьа-бахъиназдехун лъугьараб бербалагьиги загьир гьабун, жинцаго ц1аларал асаразе къимат кьезе.




п\п


Содержание



Формы, методы, приемы



Домашняя работа



Общее

кол-во часов

по разделу


Колич-во часов по теме

Примечание



1- полугодие

1.

Адабияталъ художествияб къаг1идаялда г1умру бихьизаби.

1.Авалияб гара-ч1вари.

Маргьабазул тайпаби такрар гьаризе.

1с.

1с.




2.

«Къайицадахъал».

1. Учителасул мисалияб ц1али.

2. Словарияб х1алт1и.

3. Текст ролязде бикьун, пасих1го ц1ализе лъимал ругьун гьари.

Суратал рахъизе, маргьа бицине лъазе.



1с.

1с.




3.

«Ралъдал чу».

1. Маргьа лъуг1изег1ан ц1али.

2. Гара-ч1вариялъул формаялда анализ гьаби.

3. Анализалъул кумекалдалъун г1акълу ц1убазабила.

Хадуб-цебе рекъон ккарал диафильмалъул суратал рахъизе.



2с.

1с.




4.

«Ралъдал чу».

1. Анализ х1исабалда х1асил бицине т1амила.

2. Багьадуразул сипат г1уц1ила.



Маргьаялда кколел г1ажаибал лъугьа-бахъинал рицине.






1с.




5.

Калам бечед гьаби. Миккиясалъул сипат г1уц1изе.

1. Литературияв героясе къимат кьезе.








1с.




6.

«Муг1рузул Г1али». Лит.теория. Халкъиял куч1дузул х1акъалъулъ авалияб баян.

1. Муг1алимасул пасих1аб ц1али.

2. Словарияб х1алт1и.

3. Коч1одасан диафильмалъе кадраби ургъизе.


Пасих1го ц1ализе х1адурлъизе ва кадраби лъуг1изаризе.

2с.

1с.




7.

«Муг1рузул Г1али».

1. Учителасул нухмалъиялда гъоркь, ц1алдохъабаз кеч1 пасих1го ц1али.

2. Гара-ч1вариялъул формаялда анализ т1обит1ила.



Т1ехьалъул т1адкъаял т1уразаризе.






1с.




8.

Сочинение «Мац1ал гьаруразул мац1ал къот1аги».

Мац1ихъанлъиялъ рач1унел балагьазде лъимал кант1изари.








1с.




9.

З.Г1алиханов «Беццаб сапар».
Лит.теория. Халкъиял маргьабаздаги хъвадарухъабаз ургъарал маргьабаздаги гьоркьоб бат1алъи.

1. Муг1алимас маргьа пасих1го бицина.

2. Т1ехьалдаса т1еч1ого анализ гьабиялдалъун маргьаялъул багьадурзабазул г1амал-хасият рагьи.



Маргьа ц1ализе суалазе жавабал гьаризе.



1с.

1с.




10

Г1.Шахтаманов. «Халкъалъул ццин».

1. Авторасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

2. Учителасул бет1ерлъиялда гъоркь, анализ гьабулаго, Чанхъица тушбабазе Ват1ан бичулеб бак1алде щвезег1ан ц1алила.



Ц1ализе. Суалазе жавабал х1адур гьаризе.



3с.

1с.




11.

«Халкъалъул ццин».

1. Гара-ч1вариялъулаб анализ.

2. План г1уц1изе лъуг1изег1ан.

3. Лъуг1изег1ан ц1ализе.

Планалда рекъон бицине х1адурлъи.






1с.




12.

«Халкъалъул ццин».

1. Планалда рекъон бицина.

2. Цере-хадур кколел лъугьа-бахъиназул сурат гьабила.

3. Асаралъе сипатияб анализ гьаби.

Хиянатчиясе халкъалъ гьабулеб талих1 – асаралъул аслияб пикру бицине.






1с.




13.

Инхоса Г1алих1ажияв «Будун дамдамаги»

1. Г1алих1ажиясул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

2. Пасих1аб ц1али.

3. Ц1аларалъул х1акъалъулъ пикру баян гьаби.

Кеч1 ц1ализе. Суалазе жавабал х1адур гьаризе.



2с.

1с.




14.

И.Г1алих1ажияв. Кицабиял алфазал»

1. Анализалъул кумекалдалъун ц1алдохъабазул г1акълу ц1убазаби.

2. Халкъиял к1алзул асаразе хасиятал рахъал ратизе.



Кицабиял алфазал рек1ехъе лъазаризе.







1с.




15.


Хъах1абросулъа Мах1муд «Рек1елъ иях1 бугев…»

1. Мах1мудил г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

2. Кеч1 ц1али.

3. Словарияб х1алт1и.

4. Сипатияб анализ.



Кеч1 пасих1го ц1ализе. Суалазе жавабал гьаризе.



1с.

1с.




16.

Тестовый х1алт1и.










1с.




17.

Класстун къват1иб ц1али.

Куч1дул ц1алиялъул конкурс.







1с.




18.

Класстун къват1иб ц1али.

«Бурут1алъулгун» лъай-хъвай. Газеталъулаб материалалда т1ад х1алт1и.

Салатавиялъул шаг1ирзабазул асарал.




1с.




II- четверть

19.

Батирай. Бах1арчиясул куч1дул. «Жамав-ханасул илхъи цо дуцаго хъамулев», «Варакъалъул жалги ккун».

1. Авторасул г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

2. Учителасул пасих1аб ц1али.

3. Лъималазул сасараб ц1али.

Ц1ализе, рек1ехъе бицине лъазе.



2с.

1с.




20.

Батирай. «Бах1арчияв инсуе». «Ч1аго таги багьадур», «Ц1ар раг1арав бах1арчи».

1. Лъималаз куплеталккун ц1али ва баян кьей.

2. Сипатияб анализ гьаби.



Кеч1 пасих1го ц1ализе лъазе.






1с.




21.

Калам цебет1езаби.

Сочинение «Бихьинчи кинав вук1ине кколев?»








1с.




22.

Хашагиса Бецав Къурбан «Мискинав Шахул яс»

Лит.теория. Метафораялъе баян.



1. Авторасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян.

2. Кеч1 пасих1го ц1ализе.

3. Ц1алдохъабазул пасих1аб ц1али.


Рокъобе берцинго ц1ализе ругьунлъизе. Суалазе жавабал гьаризе.

2с.

1с.




23.

«Мискинав Шахул яс»

1. Гара-ч1вариялъулаб анализалдалъун сипатияб анализ гьаби, аслияб пикруялде рач1ин.

2. Шахул ясалъулги ханасулги сипатал рагьи.




Суалазе жавабал гьари.

Эпитетал метафорал ратизе.






1с.




24.

Йирчи Гъазахъ «Икъбал»

1. Цебераг1и.

2. Словарияб х1алт1и.

3. Кеч1 ц1ализе.

4. Анализ гьабизе.




Пасих1го ц1ализе. Суалазе жавабал гьаризе.

2с.

1с.




25.

Йирчи Гъазахъ «Сибиралдаса кагъат»

1. Тарихияб баян.

2. Кеч1 ц1али.

3. Г1адатаб гара-ч1вариялъулаб анализ гьабун, аслияб пикру рагьи.

Т1ехьалъул т1адкъаял т1уразе.






1с.




26.

Къуркълиса Щаза «Саву ккана каранда»

1. Цебераг1и. Авторалъул г1умруялъул х1акъалъулъ баян.

2. Пасих1го ц1али.

3. Сипатияб анализ.

Сипатияб анализ. Эпитетал, метафорал ратизе.




1с.

1с.




27.

Ц1адаса Х1амзат «Шамил»

1. Ц1.Х1амзат г1умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

2. Кеч1 пасих1го ц1али.

3. Шамилил к1алзулаб сурат.

Кеч1 пасих1го ц1ализе ва рек1ехъе лъазабизе.



4с.

1с.




28.

Ц1.Х1амзат «Чоде».

1. Учителас пасих1го ц1алила.

2. Къиматазе пасих1аб ц1али.

3. Ц1алулаго художествияб каламалда т1ад х1алт1и (эпитетал, метафорал).

Суалазе жавабал кьезе. Пасих1го ц1ализе.






1с.




29.

Ц1.Х1амзат «Пилги ц1унц1раги».

Лит.теория. Баснялъул х1акъалъулъ баян.



1. Учителас пасих1го ц1алила.

2. Ролязде биххун ц1али.

3. Асаралъул драматизация гьаби.


Суратал рахъизе.

Ролязде биххун ц1ализе х1адур гьаби.






1с.




30.

«Маймалакги ц1улал устарги».

Лит.теория. Аллегориялъул х1акъалъулъ бич1ч1и.



1. Басня пасих1го ц1ализе.

2. Гара-ч1вариялъулаб анализ.

3. Диафильмалъе цере-хадур кколел лъугьа-бахъиназул суратал рахъизе.

Басня рек1ехъе лъазабизе.






1с.




31.

Тестовыяб х1алт1и.

1. Цебе араб материялалъул лъаялъул хал гьаби.








1с.

Тестал.

32.

Класстун къват1иб ц1али.

1.Ц1адаса Х1амзатил ва Заид Х1ажиевасул баснябазда т1асан церерахъинал – драматизация.

Басняби ц1ализе.




1с.




33.

Класстун къват1иб ц1али.










1с.




34.

Заид Х1ажиев «Х1анч1ик1к1ал»

Г1умруялъул х1акъалъулъ баян. Асар ц1алун анализ.

Асар ц1ализе.

3с.

1с.




35.

«Х1анч1ик1к1ал»

Эркенаб цадахъ. зах1мат талих1-рохелалъе кьуч1 бук1ин асар.аслияб пикру.

Асар ц1алун, сипатияб анализ.




1с.




36.

«Цакьуги циги».

Баснялъул насих1ат.

Баснялъе анализ.




1с.




37.

Ражаб Дин-Мух1амаев «Хиянатчи».

Г1умруялъул х1акъалъулъ баян.

Асар ц1ализе.

4с.

1с.




38.

«Хиянатчи»

Асаралда т1ад х1алт1и.

План г1уц1изе.




1с.




39.

«Хиянатчи».

Мух1амадилги Мадиналги сипатазда т1ад х1алт1и.

План.р.бицине. Сочинениялде х1адурлъизе.




1с.




40.

Инжитав хиянатчиясдехун авторасул бербалагьи.

Лит.теория. Хабар.



К1.калам б.гь. Мух1амадил сипат.

Асаралъул аслияб пикруялда т1ад х1алт1и.




1с.




41.

Сочинение.










1с.




42.

Расул Х1амзатов

Лекция. Г1умру ва творчество.

Биография лъазе.

4с.

1с.




43.

«Россиялъул солдатал».

Поэмаялъул х1акъикъат. Анализ.

Поэма ц1ализе.




1с.




44.

Г1абдулманаповасул ва гьезул гьдулзабазул анищал, ишал.

Поэмаялъул аслияб пикру.

Рек1ехъе бут1а.




1с.




45.

«Къункъраби»

Лит.теория. Метафора.



Кеч1алъул х1акъикъат, Анализ гьабун, аслияб пикру рагьи.

Кеч1 рек1ехъе.




1с.




46.


Класстун къват1иб ц1али.

К1удияб Ват1анияб рагъул темаялда хъварал асарал.

Рек1ехъе рицине, ц1ализе.




1с.




47.

Фазу Г1алиева «Маг1арулав».

Асаралъе сипатияб анализ.

Ц1ализе.

2с.

1с.




48.

Х1усен Х1ажиев «Г1алибегил къулг1а».

Асар ц1алун, анализ.

Ц1ализе.




1с.




49.

«Г1алибегил къулг1а».

Сипатазда т1ад х1алт1и, пикруялъул гъварилъи.

Анализ. План р.бицине.




1с.




50.

Сочинение «Росдада сверун ругел иццал, гьезул ц1арал, гьел ц1унун ругеб куц».

Т1абиг1аталде рокьи бижин.мурад. ц1алд.х1алт1и.

Эбел-инсулгун цадахъаб гара-ч1вари гьаб темаялда.




1с.




51.

Мух1амад Г1-х1алимов «Госпиталалъул вас».

Асар ц1ализе.

2 бут1а бицине лъазе.

4с.

1с.




52.

«Госпиталалъул вас».

Сипатазда т1ад х1алт1и.

Сахратилги Х1амзатилги сипатал.




1с.




53.

«Госпиталалъул вас»- рагъул заманалъул х1акъикъат.

Х1амзатил эбелалъул сипат. Лъукъарал рагъухъаби.

План г1уц1изе.




1с.




54.

Асаралъул аслияб пикруялда т1ад х1алт1и. Асаралъул г1уц1и-композиция. Лит.теория.

Ват1аналъе хилиплъи – к1удияб такъсир.

Багьадуразе къимат. Содержание лъазе.




1с.




55.

К1алзул калам б.гьаб.дарс. К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ лъималазе щвараб баян г1ат1ид гьаби.

Рагъ – к1удияб балагь. Жидерго пикру загьир гьабизе т1ами.

Диафильм г1уц1изе. К1удияб Ват1анияб рагъ.




1с.




56.

Багъатар. «Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул». Г1умруялъул х1акъалъулъ баян.

Цересел бут1рузул къокъаб х1асил бицина – лекция.

Асар ц1ализе.

4с.

1с.




57.

«Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул».

«Нухда».


Маг1арул т1абиг1аталде, х1алт1уде рокьи бижинаби – аслияб пикру.

Асаралъул бут1аби ц1ализе.




1с.




58.

«Ц1ияв гьудул».

Аслиял багьадуразул сипатазда т1ад х1алт1и.

План г1уц1изе.




1с.




59.

Багъатарил багьадураздехун бербалагьи, мац1алъул х1еренлъи. Лит.теория. Къисаялъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Т1абиг1ияб лирика.

Асаралъул аслиял проблемабазда т1ад х1алт1и.

Х1амзатил сипат. Сочинение хъвазе х1адурлъизе.




1с.




60.

Сочинение. «Гьудуллъи».










1с.




61.

Дагъистаналъул халкъияб адабият.

Эфенди Капиев «Маг1арухъ чвахунц1ад».



Лекция. Анализ.

Ц1ализе. Т1абиг1аталъул сурат.

3с.

1с.




62.

«Разведчикал».

Ц1алун анализ.

Бицине лъазе суалазе жавабал.




1с.




63.

«Сабаб». Лит.теория. Очеркалъе баян.

Эфф.Капиевасул асаразул аслияб пикруялда т1ад х1алт1и.

Бах1арчияв разведчикасул сипат.




1с.




64.

Мух1амад-султан Ях1яев «Лъабго бакъ».

Лекция. Авторасул г1умруялъул х1акъалъулъ баян.

Ц1ализе.

2с.

1с.




65.

Асаралъул х1акъикъат. Улубий Б. – полит.х1аракатчи.

Анализ цо-цо бут1рузе.

Ц1ализе. Ул.Б.-сипат.къимат.




1с.




66.

Тестазулаб х1алт1и










1с.




67.

Класстун къват1иб ц1али.










1с.




68.

Класстун къват1иб ц1али.










1с.










Каталог: http schools -> 1717 -> dilimgim -> admin -> ckfinder -> core -> connector -> php -> connector.phpfck user files -> files
files -> Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
files -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
files -> Рабочая программа по родной литературе для 11 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
1717 -> «Тlаса лъугьа, гьалмагъ майор»
1717 -> Ц1арубак1азул маг1на
files -> Рабочая программа по родному языку 3 класс


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница