Р. Х1амзатовасул «Къункъраби»



Дата26.09.2018
Размер81.28 Kb.
#83579
Усаматова Марьямасият Шихмирзаевна,

Казбек районалъул Дилим росдал

Мах1муд Салимгереевасул ц1аралда бугеб гимназиялъул учительница.
Расул Х1амзатовасул «Къункъраби».

Адабияталъул дарсида ИКТ х1алт1изаби.
Дарсил тема: Р.Х1амзатовасул «Къункъраби».

Дарсил мурад: Кеч1 пасих1го ц1али. Кеч1 бижиялъул ва коч1ол хадусеб

къисмат рагьи. Расул Х1амзатовасул творчествоялде рокьи

бижизаби.

Дарсил алатал: Расул Х1амзатовасул сурат. К1удияб Ват1анияб рагъда

хварал Р.Х1амзатовасул вацал. Ахилчилги Мух1амадилги

суратал. Расул Х1амзатовасул т1ахьазул выставка. Ц1ада

росдал сурат. Компьютер, интерактивияб доска.


Доскаялда дарсил тема.

Эпиграф: Дида ккола рагъда камурал васал

Кирго рукъун гьеч1ин, къанабакь лъеч1ин,

Доба борхалъуда, хъах1ил зобазда

Хъах1ал къункърабазде сверун ратилин. Р.Х1амзатов.


Муг1алим: Ассаламу г1алайкум, ц1алдохъаби! Цебесеб дарсида нилъецца

бицана «Россиялъул солдатал» абураб поэмаялъул. Лъица гьеб

хъвараб? Сундул х1акъалъулъ хъван бугеб поэма? Щал кколел

гьелъул багьадурал?


Ц1алдохъан: «Россиялъул солдатал» абураб поэма хъвана Р.Х1амзатовас.

гьениб бицунеб буго К1удияб Ват1анияб рагъда солдатаз

бихьизабураб бах1арчилъиялъул.
Ц1алдохъан: Поэмаялъул багьадурал ккола разведчикал. Гьел тушманасул

к1удияб къуватгун рагъизе ккола ва бах1арчиго хола.


Муг1алим: Цо шагьаралдаса цого миллаталъул васалищ гьенир рук1арал?
Ц1алдохъан: Гуро. Гьенир рук1ана Россиялъул бат1и-бат1иял шагьараздаса

ва росабалъа г1олилал. Гьезда гьоркьов вук1ана

Дагъистаналдаса маг1арулав Мух1амадзайид

Г1абдулманаповги.


Муг1алим: «Дун г1урусав вуго, советчи вуго,

Гьал ч1варал г1адамал дир вацал руго

Ниж цого ват1аналъ г1езе гьарурал

Гучаб Россиялъул солдатал руго».

Гьал раг1аби лъица абурал, гьезул маг1на нужеда кин бич1ч1араб?
Ц1алдохъан: Гьел раг1аби абуна нилъер ракьцояв М-заид

Г1абдулманаповас. Гьесие абизе бокьун бук1ана киналго

эбелаб Ват1аналъе г1оло рагъулел ругин, цо Ват1аналъ г1езе

гьарурал лъимал цоцазе вацал кколин. Гьев фашистаз, г1азабги

кьун, ч1вана.
Муг1алим: Фашистаздаса Ват1ан ц1унулаго, рагъда камуна аза-азар васал,

умумул, вацал, яцал. Нилъеда гьел киданиги к1очене бегьуларо.



Ц1алдохъабазул к1вар буссинабила дарсил эпиграфалде.

Муг1алимас гьеб къот1ел ц1алила.

Муг1алим: Лъимал! Жакъа нилъеца ц1ализе буго Расул Х1амзатовасул

киналго рагъул къурбаназе гимнлъун лъугьараб кеч1

«Къункъраби».

(Муг1алимас кеч1 пасих1го рек1ехъе ц1алила.)

Кеч1 ц1алулеб заманалда, доскаяла рихьизарила зодихъ т1авап гьабулел къункърабазул т1елал, гьебги г1исинго бачунеб маг1арул мац1алда кеч1алъе хъвараб бакъаналда гъоркь.

Муг1алимасда хадуб кеч1 ц1алила лъик1го х1адурлъи бугев ц1алдохъанас. Лъималаз гьесул ц1алиялда хадуб халкквела. Кеч1алъул аслияб пикру рагьизе мурадалда, кеч1алда т1асан гьабила гара-ч1вари.
Муг1алим: Нужеда гьеб кеч1 кида бук1аниги, киб бук1аниги раг1ун

бук1анищ? Лъил х1акъалъулъ бицунеб бугеб коч1олъ?



Ц1алдохъан: Бук1ана. Гьеб ах1ула рагъул г1ахьалчаг1и рак1алде

щвезарулеб мехалъ. Гьениб бицунеб буго Ват1ан ц1унулаго,

хварал бах1арзазул.

Муг1алим: Кинаб асар нужер рак1азе гьабулеб кеч1алъ. Щай нилъ

къваридго зобалазухъ ралагьулел, къункъраби роржунеб мехалъ?



Ц1алдохъан: Пашманлъиялъул асар гьабула.

Муг1алим: Бит1араб буго, лъимал! Гьеб кеч1алъ нилъеда рак1алде

щвезарула хварал вацал, васал, ракьцоял, росуцоял. Бит1ун

абулеб буго Р.Х1амзатовас: «Гьел кирго рукъун гьеч1о,

зобалазда т1авап гьабулел руго. Нилъги гьезул кьеразулъе

лъугьине руго»-ян.

Гьеб кеч1 лъугьун буго киналго рагъул къурбаназе гимнлъун.

Щибаб шагьаралда, щибаб росулъ, Ват1аналъе г1оло рух1 кьурал

бах1арзазул бицунаго, «Къункъраби» абураб кеч1 ах1ула.



(Лъималазул к1вар буссинабила доскаялда ругел Р.Х1амзатовасул вацазул суратазде. Бицина кин гьел хваралали, Кир рукъун ругелали.)
Муг1алим: Лъимал, нужеда лъалищ нужерго г1агарлъиялъул рагъда

хваразул ц1арал? Гьезул бах1арчиял ишал, гьел рукъун ругеб бак1?


Ц1алдохъабаз рагъул бах1арзазул х1акъалъулъ лъалеб жо къокъ гьабун бицина. Рагъда рук1арал росуцоязул ц1арал рехсела.
Муг1алим: 1965 соналъ Р.Х1амзатовас хъвана «Къункъраби» абураб кеч1.

(Муг1алимас доскаялда хъвала кеч1 хъвараб заман.)

Къокъ гьабун ц1алила жинцаго авторас кеч1 хъваялъе г1иллалъун ккараб лъугьа-бахъиналъул бицунеб бак1.

Доскаялда бихьизабила Хиросималда атомалъул бомба кьвагьун хадуб «лейкемия» абураб унтиги ккун, хварай ясалъе бараб памятникалъул слайд.




Муг1алим: Унтарай ясалда жиндирго гьалмагъалдасан раг1ана бицен.

Кагътил азарго къункъра гьабурав чиясул мурад т1убалин. Гьелъ

байбихьана кагътил къункъраби гьаризе, амма азарго къункъра

г1езег1ан гьей хут1ич1о. гьелъул гьудул-гьалмагъзабаз г1арацги

бак1арун, бана гьеб памятник. Гьеб памятник лъугьана

атомалъул рагъалде данде бугеб ах1илъун. Гьеб памятникалда

аск1об гьабулеб митингалда вук1аго, Расулихъе бач1уна

телеграмма, гьесул эбел хванин. Гьенир зодир гьесда рихьула

хъах1ал къункъраби. Гьеб киналъулго пикрабалъ вугев Расул

Х1амзатовасул рек1елъе бач1ун батила «Къункъраби» абураб

кеч1.





Муг1алим: Лъимал! Р.Х1амзатовас хъвана коч1ол раг1аби. Лъалищ нужеда

гьеб лъица г1урус мац1алде буссинабурабали? Лъица гьелъие

бакъан хъварабали?

Слайд: Интерактивияб доскаялда лъималазда бихьизабила Наум Гребневасул х1акъалъулъ слайд.



1968 соналъ Наум Гребнев абурав таржумачияс гьеб кеч1 буссинабуна г1урус мац1алде. Наум Гребнев живгоги рагъул г1ахьалчи ккола. Гьев 1944 соналде щвезег1ан рагъда вук1уна, зах1матго лъукъула, госпиталалде ккола. Гьесул г1емерал гьудулзаби хола гьеб рагъда. «Къункъраби» г1урус мац1алде буссинабулаго, гьес абула гьеб бугин жиндирги жиндир гьудулзабазулги х1акъалъулъ бугеб кеч1.


Муг1алим: Щив колев таржумачи?

Ц1алдохъан: Таржумачи ккола переводчик.

Слайд: «Таржума» - гьеб буго г1араб раг1и. Маг1на ккола «буссинаби». Сипатияб адабияталда «таржума» ккола «цо мац1алдаса цоги мац1алде асарал руссинари».
Г1урус мац1алда муг1алимас ц1алила 1-2 къот1ел кеч1алъул.
Муг1алим: Лъимал, лъалищ нужеда композитор щив чи кколевали?

Ц1алдохъан: Композитор ккола музыкалиял асарал хъвалев чи.

Композитораз рахъула куч1дузе бакънал.



Муг1алим: Лъалищха нужеда «Къункъраби» абураб кеч1алъе бакъан лъица

хъварабали?


Слайд: Интерактивияб доскаялда бихьизабила Ян Френкелил сурат. Расул Х1амзатовги Френкельги цадахъ ч1арал слайдал.




Муг1алим: Гьеб кеч1алъе бакъан хъвана Ян Френкелица. Френкелихъе кеч1

кьола гьесул гьудул Марк Бернесица.



Слайд: Интерактивияб доскаялда бихьизабила Бернесил сурат. Слайдалда.



Больницаялда хвалил унтиги ч1ван, вегун вугев ц1ар раг1арав коч1охъан вук1уна машгьурал шаг1ирзабазул куч1дузул т1ахьал ц1алулев, батилародай жиндирго балъгояб анищ загьир гьабизе к1олеб х1айранаб кеч1ан. Гьев гьелде т1аде ккана. Киг1ан дурусгоха гьесул пикраби баян гьарун ругел коч1олъ.



Слайд: Унеб буго боржун свакараб къокъа,-

Дир къайицадахъал, вацал, г1агарлъи.

Гьезул чит1иралъулъ буго цо манзил,

Гьеб батизе буго дие тараб бак1.

Дунги воржун ина, къо бач1арабго,

Къункърабазул т1елгун дове рик1к1аде.

Гьезул мац1алъ дица ракьалда тарал

Рокьулел чаг1азул ах1ила ц1арал.


Гьес хехго больницаялде вач1аян гьарана Ян Френкелида, гьесие кеч1 ц1алана ва бакъан ургъизе к1велародаян абуна. Гьоркьор къоял иналде, Ян Френкель больницаялде вач1ана ва гьес г1урус мац1алда «Къункъраби» ах1ана. Бернесие кеч1 бокьана.

К1иялго гьел рагъул бах1арзазул данделъиялде ана ва гьениб Марк Бернесица гьеб кеч1 ах1ана т1оцебе. Кеч1 киналго г1енеккаразе бокьана, г1емерисезда маг1у кквезе к1веч1о. Кват1ич1ого кеч1 радиоялдасан ах1ана, пластинкаялда хъвана. Рач1а г1енеккизин кеч1алъухъ.


Слайд: Бернесил сурат- кеч1 Бернесица ах1улеб.



Муг1алим: Лъимал! Цоги щиб нужеда лъалеб «Къункъраби» абураб

кеч1алъул х1акъалъулъ?



Ц1алдохъан: «Къункъраби» руссана мармар-гьец1оялде ва мазгаралде.

Нилъер х1укуматалъул бат1и-бат1иял шагьаразда ва росабалъ

ран руго рагъул г1ахьалчаг1и рак1алдещвеялъе гьарурал

памятникал. Гьезул г1емерисезда руго къункърабазул суратал.



Ц1алдохъабазда рихьизарила слайдал.
-Узбекистаналда Чирчик шагьаралъул бакьулъ буго биялда релълъараб лъадал ц1ураб мармаралъул х1ор, гьелъул бакьулъ буго гьаваялде боржун унеб т1елалда хадуб балагьараб кваркьи бекараб къункъра.

- Осетиялъул цо росдал раг1алда буго мазгарул ч1ег1ераб зани, зонодасан цоялда хадуб цояб гьабун гьаваялде бахъун унеб буго анкьго къункъра. К1удияб Ват1анияб рагъда ч1варал Газдановазул анкьавго вацасул образал г1адин.



- 1986 соналъ Гъуниб рагьана Хъах1ал къункърабазул памятник.




Муг1алим: Нилъер х1укуматалдаги гьеб бахун къват1ирехунги

«Къункърабазе» бан буго 30ялдасаги ц1ик1к1ун памятник.



Муг1алим: Лъимал, щиб лъалеб нужеда «Хъах1ал къункърабазул»

байрамалъул х1акъалъулъ?



Ц1алдохъан: Исана «Хъах1ал къункърабазул» байрамалда к1одо гьабуна

Расул Х1амзатов гьавуралдаса 90 сон т1убай.



Муг1алим: Мармар-гьец1оялде сверун хут1ич1о. Р.Х1амзатовасул

«Къункъраби». Гьел сверана к1удияб байрамалде. «Байрамалъул

энциклопедиялда» хъван буго «Хъах1ал къункърабазул» байрам

Дагъистаналда к1одо гьабизе байбихьанин 1986 соналъул 22

октябралда. Исана 27 сон г1ола Дагъистаналда гьеб байрам

к1одо гьабулеб бугелдаса.

Исана гьеб байрамалде рак1арун рук1ана т1олго дунялалдасаго

Р.Х1амзатовги вокьулел гьесул творчествоги бокьулел

г1адамал.

Гьез цоги нухалда бет1ер къулана Расулил «Къункърабазе».

Гьеб хасалихълъиялъул ригьалда Дагъистаналъул зобалазда

т1авап гьабулел рук1ана хъах1ал къункъраби. Гьезул

кьеразулъан нилъехъ ралагьун рук1ун ратила гьеб коч1ое

ч1аголъи кьурал Р.Х1амзатовги, Наум Гребневги, Ян

Френкельги, Марк Бернесги , авар мац1алда кеч1алъе бакъан

хъварав Мух1амад Шамхаловги. Гьел ч1аго рук1ина, кеч1

ч1аго бугебг1ан мехалъ, кеч1 ч1аго бук1ина, г1умру бугебг1ан

мехалъ.


Рач1а киназго цадахъ ах1изин «Къункъраби» абураб кеч1 авар мац1алда.




Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов


Сподели с приятели:




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница