Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана



страница4/4
Дата28.02.2018
Размер0.53 Mb.
#60523
1   2   3   4

Гьелдаса хадуб маг1арул районазул школазда рахьдал мац1 ва адабият малъулел учительзаби дандч1вана Г1.Г1.Тахо-Годил ц1аралда бугеб Дагъистаналъул г1елмиябгун ц1ех-рехалъул институталъул рахьдал мац1алъул ва адабияталъул секторалъул нухмалъулев Х1айбулагь Вакиловгун. Гьениб гьоркьоблъун дандбана ц1ияб ц1алул соналде х1адур гьабун бугеб авар мац1алъулгун адабияталъул байбихьул ва ч1ах1иял классазул программа, бицана ФГОСалъул т1алабалда рекъон, т1асияб ц1алул соналдаса байбихьун рехсараб предмет малъиялда сверухъ ккезе рес бугел хиса-басиязул. Х1асил-калам, гьединаб киназего пайдаяб ах1вал-х1алалда ана авар мац1 ва адабият малъулел учительзабазул махщел ва лъай камил гьабулеб к1иго анкьил курсазул заман.
Мух1амад Х1АСАНОВ, Хадижат БЕЧЕДОВА ва кинавниги 30 учитель

СУРАТАЛДА: Дагъистаналъул хъвадарухъабигун учительзабазул дандч1вай

Лъай кьей
ЕГЭ ВА ОГЭ АНА РИТ1УХЪГО ВА РАК1БАЦ1Ц1АДГО

т1асан к1алъалел цо-цоял камун гьеч1ониги
Рехсарал экзаменазул х1акъалъулъ нижер мухбирасулгун гьадинаб гара-ч1вари ккана районалъул лъай кьеялъул, культураялъул ва г1олилазул ишазул управлениялъул начальникасул заместитель Мух1амад Амирасуловасул


  • Мух1амад, х1алуцун ана исана цогоял пачалихъиял экзаменал. Кинаб ах1вал-х1ал бук1араб?

  • Гьайгьай, ЕГЭ ва ОГЭ рит1ухъго ва рак1бац1ц1адго иналъе исана гьабун бук1ана мух1канаб х1адурлъи. Къого аудитория бук1ана гьелъие цебеккунго къач1ан. 15 аудитория бук1ана бит1ахъего эркенго къват1ибехун рагьараб бухьен бугеб. Г1урус мац1алъул экзамен кьолаго к1иго аудиториялда рагьараб бухьен ч1езабизе рес г1еч1ониги, гьенибги лъун бук1ана киналъухъго балагьун, лъугьа-бахъунелъул хъван бихьизабулеб камерал лъураб аппаратура. Хут1аралги киналго экзаменал ц1алдохъабаз кьуна къват1ибехун рагьараб бухьен бугеб рехсараб 15-ябго аудиториялда жаниб.

  • Къват1иса рач1арал ва нилъерго наблюдателал рук1ун ратила.

  • Рук1ана федералиял ВУЗаздаса студентал: Осетиялдаса, Ставропль краялдаса, Кабардино-Болкариялдаса ва Астраханалдаса. Гьединго рук1ана районалъул росабазул школаздаса учительзабиги. Экзаменал г1уц1адго иналъе ва нухда рачиналъе к1удияб квербакъи ва кумек гьабуна районалъул ФСБялъул, прокуратураялъул ва полициялъул х1алт1ухъабаз.

  • Мун рази хут1анищ экзаменаздаса, кинал х1асилал ккарал?

  • Цебеялде данде ккун, гьайгьай, экзаменал ана рит1ухъго ва рак1бац1ц1адго, т1асан раг1и рехулел цо-цоял камун гьеч1ониги. Бищунго аслияб, лъималазда нахъеги бич1ч1ана эбел-инсухъ балагьун хадубккун экзаменал рук1ине гьеч1олъи. Гьелдаго цадахъ, г1емерисел ц1алдохъабаз рит1ухъго бихьизабуна жидерго лъай ва бажари. Бищунго лъик1 х1адурлъун ругоан Бухтиб, Ругъжаб, Гъоркьа К1огьориб, К1огьориб, Сугъралъ, Хьиндахъ, Ч1охъ-Коммуна, Г1урала ва Гъуниб школаздаса рач1арал ц1алдохъаби. Мисалалъе, нагагьлъун ц1алдохъанасда кьезе к1веч1еб экзамен ккани, нахъеги т1адруссун гьеб кьезе ч1езабураб хасаб къоялъ г1урус мац1алъул – Шамилхъалаялда ва математикаялъул – К1ик1униб хасаб пункт ч1езабун бук1ана. Математикаялъул ЕГЭ кьолев 404 ц1алдохъанасдаса 32-ясда т1оцебесеб нухалъ кьун бажарич1еб экзамен, К1ик1униб кьуна 22 ц1алдохъанас. Гьелдаса цодагьал лъик1ал х1асилал рук1ана г1урус мац1алъул экзаменалъул. Гьелъул ЕГЭ кьезе к1веч1ев 10 ц1алдохъанасул нахъеги 8-ясдаса бажарана гьеб Шамилхъалаялда кьун. Х1асил-калам, г1емерисез х1аракат бахъана жиндир заманалда ЕГЭ ва ОГЭ кьезе.

Районалдаса щивав медалистас рит1ухъ гьабуна жидеда гьабураб божилъи.

  • Мух1амад, цо-цо бак1азда 9-го класс лъуг1игун лъималаз ц1али рехун толеб бугилан харбал рук1ана. Гьелда х1инкъи бугищ нилъер гьаниб?

  • Нилъер районалда гьелда х1инкъизе бак1 гьеч1о, щайин абуни 9 аб. классалда ОГЭ кьолаго, лъималазда бич1ч1ана экзамен кьолеб бук1ин, цереккунго лъик1 х1адурлъани. Жидедаго т1ад х1алт1изе, хъвай-ц1алиялде т1аде руссине жеги к1игоги лъаг1ел г1унги т1ок1аб буго гьезул.

  • Цоги, дурго пикру кинаб бугеб? Абизе бокьараб жо…

  • Цоги абизе бокьараб, балугълъиялъул аттестат щун гьеч1о гьоркьохъеб школа лъаг1арав 46 ц1алдохъанасе. Исана гьадинаб буго районалда ЕГЭялъул х1асилазул сиях1:


ШКОЛА: Ц1АЛДОХЪАН: АТТЕСТАТ ЩВАНА: ЩЕЧ1О:

1. Агъада 6 4 2

2. Г1урала 5 5 0

3. Кьогъоб 3 3 0

4. Къорода 5 3 2

5. Къородисезул Кьот1а 5 2 3

6. Гьонода 5 3 2

7. Кудалиб 10 6 4

8. Шангъода 4 3 1

9. Бухтиб 9 8 1

10.Ругъжаб 7 6 1

11.Бац1ада 6 3 3

12.Х1утниб 8 3 5

13.Гъоркьа К1огьориб 4 4 0

14.К1огьориб 6 6 0

15.Мох1об 10 8 2

16.Салт1а 5 4 1

17.Г1обох 2 1 1

18.Ч1охъ 2 2 0

19.Шуланиб 8 4 4

20.Гъуниб 38 32 6

21.Х1от1оч1 12 5 7

22.Сугъралъ 10 9 1

23.Ч1охъ-Коммуна 10 10 0

______________________________________________________________
Гара-ч1вари гьабуна Мух1амад Х1АСАНОВАС
Лъималазул х1ухьбахъи
ЛАГЕРАЛ Х1АЛТ1УЛЕЛ РУГО

х1ажатазе путевкаби руго кьезе къач1ан
Гьале исанаги т1аде щвана лъималаз х1ухьбахъи гьабулеб заман. Районалда жакъа къоялъ х1алт1улел ругел лъималазул х1ухьбахъиялъулал лагеразул ва гьезие ч1езарун ругел шарт1азул х1акъалъулъ гьадин бицана нижее районалъул лъай кьеялъул, культураялъул ва г1олилазул ишазул управлениялъул начальникасул заместитель Мух1амад Амирасуловас


  • Гьанжеялде х1алт1улеб буго лъималазул х1ухьбахъиялъулаб 4 лагерь. Гъуниб маг1арда буго 2 лагерь. Гьел ккола «Т1асияб Гъуниб» ва «Маяк» лъималазул лагерал. Гьенир ч1езарун руго лъик1ал шарт1ал, щибаб богалъе кьола хинаб татуяб квен, лъималазе т1орит1ула бат1и-бат1иял х1аял, гьезул сахлъи щулалъизабиялъул мурадалда, спортивиял къецал, рек1елгъеялъул ва тарбия кьеялъул тадбирал. Лагералда лъимал рикьула бат1и-бат1иял спортивиял секциябазде, коч1ол ва кьурдул кружоказде. Гъираялда экскурсиябаз ва походаз щола гьел Шамил Имамасул заманалда Гъуниб маг1арда рагъал гьарурал тарихиял бак1аздеги. Руго гьенир х1алт1улел х1албихьи бугел тарбиячаг1и, богогьаби, медх1алт1ухъаби ва цогидалги. Гьединго х1алт1улеб буго Хьаргаби районалъул Дарада бугеб «Каскад» лъималазул х1ухьбахъиялъулаб лагерь. Х1алт1изе байбихьун буго К1уяда росулъ лъималазул лагерьги. Гьанжеялдаса хадуб, август моц1алъул гьоркьоблъиялде щвезег1ан лъабго нухалъ къабул гьаризе руго гьенире лъимал. Щибаб сезоналда гьезул щибалъуре путевкаби ч1езарун руго 20 ялдаса 45 ялде щвезег1ан къадаралда. Гьабсаг1аталдаги дихъго г1одор лъун ц1унун руго «Каскад» х1ухьбахъиялъулаб лъималазул лагералде хас гьабун кьураб къоло щугог1анасеб путевка. Эбел-инсуда жакъа къоялъги бич1ч1улеб гьеч1о гьеб киналъулго жидер лъималазе бугеб квег1енлъи ва гьезул сахлъиялъе квербакъиялъе бугеб х1ажалъи. Риидалил каникулазул заман г1адада ине биччач1ого, лъик1лъиялъе г1оло х1алт1изабизе лъимал ругьун гьаризе т1адаб буго жакъа нилъер щивасда. Пайда гьеч1ел ишазде руссиналдаса ва гьел х1алихьалъиялде куцаялдаса ц1одорлъи гьабизе т1алъула нилъеда кидаго.


Мух1амад Х1АСАНОВ,

нижер мухбир
К1вар бугеб суал – нужер пикру кинаб бугеб?
СВЕРУХЪЛЪИЯЛДЕ БЕР ЩВЕЗАБИЗЕ ККОЛА

рац1ц1алъи ц1унизе рекъараб буго рокъобги къват1ибги
Цебе умумуз сундулъго рац1ц1алъи ц1унулаан: рат1лилъги, рук1а-рахъиналъулъги, азбар-къоноялдаги, киназего г1аммаб годек1анибги. Замана индал г1адамалги бат1иял рижулелъул батила, гьанже цо рац1ц1а-ракъалъиялъул гуреб, щолеб «давла» - г1арцул тун бат1ияб х1исаб-суал гьабулев чиги къанаг1ат ватулев вуго нилъеда гъорлъ. Доб цебе, сапун-порошок бук1инч1еб заманалъгицин, гьеб ургъизе бат1и-бат1ияб г1илла, ресал ратун, ракьуца кверал чурунгицин чороклъи инабулеб бук1араб умумуз… Гьанжеги буго ургъани бокьараб жо. Балагьеха, инсанасул пикру мукъсанлъиялъул г1аламат. Тукадаса вуссун вач1унев вихьула мороженоеги кваналаго цо г1олилав. Гьелда т1ад жемараб кагъат, кивего балагьич1ого, рехун толеб буго г1одобе. Гьелда рекъараб буго лъим гьекъарал шушбиги, къвариг1ел лъуг1идал къуч1биги, х1атта, маххул банкабицин ралел руго бокьаралъуре г1одоре.

Цо пуланаб бак1алде щведал хъван бугоан: «Катицагицин гьабулила рац1ц1алъийилан». Иях1, гьелдасагицин г1акълу мукъсанлъун, кетуялдаса мисал босизе ккараб х1алалдайищха нилъ ругел?! Щай инсанас ургъун г1умру т1амулареб? Бет1ергьан Аллагьас х1алал гьабун кьураб ризкъиги исраплъизабизего бегьилищ?

Г1едег1ун рихьич1ого, г1енеккея цо дихъ. Цо пуланаб бат1ияб улка-ракьалда ургъун бугебила гьадинаб жо. Нилъеца нахъе хьваг1улел полиэтиленалъул шушбигицин ц1идасан риун т1олеб аппарат бугебила ургъун. Гьеч1ебилаха гьелдаса ц1ц1ик1к1ун хайир кьолеб жо. Х1алт1и гьеч1иланги ах1долаго, буго гурищха х1ажаталъуб гьабуни батулеб гьеб.

Киса-кибго х1ажалъула рац1ц1алъи. Школалдаса байбихьун, рокъобги къват1ибги лъимер нилъеца куцазе ккола гьелде. Медицинаялъул х1алт1ухъабазги х1алк1ун бербалагьи гьабизе ккола гьеб киналдего. Нилъецаго нилъго унтудасаги жагъаллъиялдасаги ц1унич1они, гьелде рег1улев цоги бат1ияв чи щвеларо нилъей.

Х1асил-калам, лъазе бокьилаан, кинаб пикрудай гьалда т1асан цогидазул бугеб?
Мух1амад Х1АСАНОВ, К1уяда росу

НУЖЕЕ ХЪУЛУХЪ КИН ГЬАБУЛЕБ?
ЖАВАБЧИЛЪИ ГЬЕЧ1ОЛЪИ ККОЛАРИЩ?
Гъуниб районалъул Къорода ва Гьонода росабазул колхозалги цолъизарун, Аварг1орул раг1аллъиялдаса эхеде гьаруна ахбазаналъул пихъ бижулел ч1ах1иял ахал. Доб мехалъ гьел ахаз к1иябго росдал г1адамазе кьолаан к1удияб хайир, гьабулаан киналго зах1матчаг1и т1аделъун гьезие х1ажатаб хъулухъги. Гьале т1аде щвана риидалил ниг1мат – ахазукьа ахбазан ва цогидабги пихъ бак1арулеб заман. Жакъа щиб х1алха гьениб бугеб, г1адамазе кинаб хайир кьолеб бугеб пихъил гьел ахаз ва гьел лъалъазеги пихъ къабул гьабизеги кинал шарт1ал ч1езарун ругел? Гьел ва цогидалги суалазул ц1ех-рех гьабурав нижер мухбирасе, росабазул г1адамазул цо-цояз кьурал баяназда рекъон, гьадинаб жаваб щвана.


  • Гьайгьай, исана ахбазан бижун буго гьарзаго, амма лъалеб гьеч1о гьелда гьабизе кколеб жо,- абун бицана Къорода росулъа Г1исаев Мух1амад-Дибирас. - Нижеда мадугьалихъ бугеб консервал гьарулеб Гьолокь завод жеги х1алт1улеб гьеч1о. Гьанжего-гьанже пихъ къабул гьабизе байбихьанилан раг1ана К1ик1униб бугеб консервазул заводалъги. Пихъидасан, хасго ахбазаналдасан щолеб цо к1удияб хайирго гьеч1о маг1арухъ. Х1исаб гьабураб мехалъ, ахикьа цо килограмм ахбазаналъул бак1араралъухъ кьезе кколеб буго 5 гъурущ. Заводалде щвезег1ан машинаялда гьеб рехаралъухъ кьолеб малъич1ого, заводалъ пихъ къабул гьабулеб буго ц1акъго учузго, г1иц1го 8-9 гъурщиде.

Къородисезул Кьот1а росдал г1адамазе гьекъолеб лъим ч1езабизеги сверухълъиялда ругел ахал лъалъазеги лъураб насос х1алт1улеб гьеч1елдаса унеб буго 3-4 сон. Амма гьелъул т1алаб гьабулев чи гьеч1о жакъа къоялъ. Жиндир заманалда ахал лъалъазе лъим щвеч1о исанаги. Гьелъул х1асилалда, ахбазаналъул пихъил гъут1би руго ракъвалел, жибго ахбазанги бижун буго ц1акъго тату гьеч1еб, г1исинаб. Гьабсаг1ат гьеб бащахун унеб бук1аниги, гьелъ кьолеб хайир гьеч1олъиялъ, г1адада ракьде гъун хвезехъин буго ахбазан. Россиялъул шагьаразде рик1к1аде рехун аниги, г1емерисеб гьеб нухдаго хола.

  • Цо чанго соналъ цебеги лъик1го х1алт1улеб бук1ана Маг1либеги Къородеги ва сверухълъиялдеги г1унт1ун лъим кьабулеб к1удияб насос лъураб лъел станция,- абун бицана Къорода росулъа учитель Г1исаев Г1исаца. Амма гьеб жакъа къоялъги гьеч1о х1алт1улеб. Гьелъул х1асилалда, лъалъач1ого хут1ана къородисезул Г1арадунух1иб абулеб бак1алда 28 гектаралда ругел ахбазаналъул ахал. Росдал бет1ерлъун Исмаг1илов Занкилмух1амад вугелдаса нахъего х1алт1ич1еб гьеб, х1исаб гьабеха, гьелдаса нахъе сверана анц1гоялдасаги ц1ик1к1ун сон, хисана къородисезул к1иго бегавул Лах1иялов Ах1мад ва Ах1мадов Мух1амадкамил. Гьеб жалго росдал г1адамазулги ва гьезие нухмалъулезулги жавабчилъи гьеч1олъи ва тасамах1лъи кколарищ? Т1ок1абги бат1ияб ц1ар лъезе гьелда лъаларо.

  • Лъабго-ункъо соналъ цебе иххица ун хвана росдал лъим кьабулеб насос, дунги цогидалги цере лъугьун, ц1идасан гьеб босун буго, амма гьеб лъезе х1ажалъулеб 300-400 метр кварил ч1езабун бажарич1олъиялъ, хадуб бехъерхъизабуна х1алт1и,- ян бицана Къорода росдал жамаг1атчи Г1исаев Мух1амад-Дибирас. – Ахал лъалъазего г1адин, гьекъолеб лъимги къанаг1алъун руго жакъа Къородисезул Кьот1а росдал г1адамал, жалго гьел лъим гьарзаяб Аварг1орул мухъил жаниблъиялъул раг1аллъиялда г1умру гьабун ругониги.

Гьеб киналъулго х1акъалъулъ ц1ехезе, Къорода росдал нухмалъулезул жавабияв чи цог1аги кодов щвеч1о. Ахиралда вук1арав росдал бегавулги хъулухъалдаса нахъе анилан бицана.

Исана кват1ич1ого т1аде щвела, г1агарлъулел ругел, росабазул Собраниязул депутатал ва гьезул бут1рул рищулел рищиял. Гьебмехалдаг1аги цо иман-ях1 бугел росабазул депутатаздаги ва гьезул бут1руздаги ц1арал ч1вазе г1едег1илел ратила нилъ. Абиги гьеч1ищха, «жамаг1атал кинал ратаниги, гьединалго рук1унила гьезул нухмалъулелгиян». Вореха, хадубккунг1аги тохлъизе рук1инарин нилъ!
Мух1амад Х1АСАНОВ, «Гъуниб» газеталъул хасав мухбир
ЛЪИМАЛАЗУЛ Х1УХЬБАХЪИ
ЛАГЕРАЛДА БУГО АВАДАНЛЪИ ВА РЕК1ЕЛГЪЕЙ
Гьал г1агарал къоязда х1алт1изе лъугьана К1уяда росулъ ц1идасан бан раг1алде бахъараб лъималазул х1ухьбахъиялъулаб лагерь. Гьениб бугеб ах1вал-х1алалъухъ ва ч1езарун ругел шарт1азухъ балагьизе щвана нижер мухбир. Гьесул жиндирго бералда бихьаралда т1адеги, гьелъул х1акъалъулъ гьадин бицана рехсараб «Здоровье» лагералъе нухмалъулев Г1алиев Мурадица.


  • Мурад, баркатаб батаги гьебги, къокъаб баян кьуни бокьилаан нужер лагералъул х1акъалъулъ.




  • Лагералда лъималазе ч1езарун руго лъик1ал шарт1ал ва гьел гъираялда г1енеккула нижер малъа-хъваязухъ, т1адкъаязухъ, т1убазабула кинабго х1ажатаб жо,- абун бицана Г1алиев Мурадица. – Гьанир нижеца т1аса рищун х1алт1улел руго махщел ва лъай бугел лъик1ал тарбиячаг1и: Мух1амадова Муъминат – к1удияй тарбияч1ужу, Г1усманов Мух1амад, Жаватханов Жаватхан, Г1ерцалов Шамил ва цогидалги. Гьединго тарбиячаг1илъун гъираялда х1алт1улел руго лъималазда цадахъ Нугъай районалдаса гьанире рач1арал г1олилал ясал Акимова Альзира ва Бияхъаева Альмира. Медх1алт1ухъан ккола тохтур Сайпулаева Усамат. Богогьаби – Г1усманова Гулишат, Ибрагьимова Индира ва Магьдимух1амадова Хадижат. Кваназе квен лъималазе нижер гьаниб кьола сордо-къоялда жаниб 4 нухалъ, гьеб х1адур гьабула татуяб, т1адеги ч1езабула пихъ ва бахчадул бат1и-бат1иял ниг1матал. Кинабго гьеб ч1езабун буго медх1алт1ухъанасул бербалагьиялда гъоркь.

Лагералде гьабсаг1ат къабул гьабун буго 100 лъимер. Хадубккунги гьел къабул гьаризе руго 2 нухалъ, ай 27 августалде щвезег1ан.


  • Аслияб куцалъ, киса рач1арал лъимал ругел лагералда х1ухьбахъи гьабулел?




  • Гьел руго Нугъай районалдаса, Мах1ачхъалаялдаса, Гъизилюрталдаса, нилъерго Гъуниб районалдаса ва г1агараб К1уяда росулъаги.



  • Кинал х1аял т1орит1улел нужеца лъималазе ва гьезул х1ухьбахъиялъе кинал шарт1ал ч1езарун ругел?




  • Цебеккунго х1адур гьабураб планалда рекъон, нижеца лъималазе г1уц1ула бат1и-бат1иял х1аял, къецал, росдал тарихиял бак1азде экскурсияби ва цогидабги. Ч1езарун руго гьезие кеч1-бакъаналъе ва кьурдуе кружокалги.




  • Аслияб жо, к1вар кьола г1адада гьезул заман ине биччач1ого, гьел пайдаяб ишалде руссинаризе, лъималазул г1адлу-низам буголъи ва гьезул тарбия кьеялъул рахъ борхизабизе. Гьеб киналдего к1вар буссинабун, нижер х1алт1уе к1удияб кумек гьабулеб буго хас гьабун лагералда рухьинарун ругел Гъуниб ОМВДялъул х1алт1ухъаби Мирзоев Ах1мадица ва Х1ажиев Шамилица. Нижеца хадубккунги х1аракат бахъулеб буго лъималазул х1ухьбахъи жавабияб х1алалъ нухда т1обит1изе.




  • Баркала.

Гара-ч1вари гьабуна Мух1амад Х1АСАНОВАС
Суратазда: Лагералъул гьумер ва гьениб лъималазул бат1и-бат1иял лах1затал
Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов


Сподели с приятели:
1   2   3   4




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница