Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана



страница3/4
Дата28.02.2018
Размер0.53 Mb.
#60523
1   2   3   4

Гьелдаго цадахъ, г1уц1адго нухда ана г1агараб Ват1ан бокьиялъул, патриотиябгун интернационалияб темабаздасан г1уц1ун, ц1алдохъабазе т1орит1арал рагьарал дарсалги. Школалда 1-11 классазул ц1алдохъабазда гьоркьоб лъазабун буго «Бищунго лъик1аб къадал газета» абураб Бергьенлъиялъул къоялъул х1урматалда конкурс. Гьединабго конкурс лъазабун бук1ана «Бищунго лъик1ав лъаг1алил ц1алдохъан» абурабги. Гьеб конкурсалда бергьенлъи босана 8 аб. Классалъул ц1алдохъан Асиялова Пат1иматица ва гьей йихьизаюна районалъул къецазда г1ахьаллъи гьабизе. Т1аде г1агарлъулеб бугеб Бергьенлъиялъул къоялъул х1урматалда рехсараб школалъул ц1алдохъабаз ва учительзабаз цадахъ лъугьун т1обит1ана субботник. Сверухълъи бац1ц1ад гьабун, школалъул ахикь гъут1би к1урун, кинабго рахъалдасан азбар-къоно берцин гьабуна гьез.

Гьаб лъаг1ел адабияталъул сонлъун лъазабун бук1инги х1исабалде босун, хасаб к1вар кьолеб буго ц1алдохъабазул творческияб махщел батизе ва гьеб жеги камил гьабизе. Гьеб мурадалда т1орит1ана бищунго лъик1 ва маг1наялда сочинениял, куч1дул, харбал хъвазе ва квералъ суратал рахъизе гьунар бугел ц1алдохъабазул церерахъинал.

Школалъул хасаб планалда рекъон х1исабалде босун буго жакъа нилъгун гьеч1ел Совет Союзалъул Бах1арчи Саг1аду Г1алиевасул ва К1удияб Ват1анияб рагъул ветераназул нахъе ругел лъудбузулгун ва лъималазулгун дандч1ваял т1орит1изеги. Гьанир цо-цоял рехсаниги, г1емерал тадбирал руго исана ц1алул соналъ школалда т1орит1арал.

Гьеб киналъго квербакъила т1аде г1олеб г1елалъулъ г1агараб Ват1аналде рокьи куцазеги, нилъер бах1арчиял умумузул тарих гьезда лъазабизеги.
Мух1амад Х1АСАНОВ

_______________________________________________

КУЛЬТУРАЯЛЪУЛ Г1УМРУ
ЮБИЛЕЯЛЪУЛАБ СОНАЛЪУЛ Х1УРМАТАЛДА

К1уяда росдал Г1урала библиотекаялда г1езег1ан тадбирал гьарулел руго исана К1удияб Бергьенлъиялъ 70 сон т1убалаго ва Адабияталъул сон нухда т1обит1улаго. Гьеб киналъулго г1уц1ун буго хасаб план ва гьелда рекъон гьабураб х1алт1ул руго лъик1ал х1асилалги. Хасго школалъул учительзабигун ва ц1алдохъабигун цадахъ лъугьун т1орит1улел тадбирал нухда уна г1уц1адго ва тартибалда. Гьанжеялде библиотекаялда гьабун раг1алде бахъун буго Бергьенлъиялъул къоялъул х1урматалда дагъистаниял – Совет Союзалъул Бах1арзазул г1умруялъул ва гьезул бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ г1ат1идго бицунеб, гьезул суратаздалъун берцинго къач1араб стенд. Г1уц1ун буго К1удияб Ват1анияб рагъул темаялда хъварал маг1арул ва г1урус хъвадарухъабазулгун шаг1ирзабазул т1ахьазул хасаб бок1он. Гьеб киналъго библиотекаялъул ц1алдолезе рес кьола х1ажатаб т1ехь хехго батизе ва рагъулаб темаялда ругел т1ахьазул сиях1 т1аса бищизе.

Гьединго, Адабияталъул соналъул х1урматалда библиотекаялда г1уц1ун руго бат1и-бат1ияб заманалда маг1арул ва г1урус хъвадарухъабаз ва шаг1ирзабаз хъварал т1ахьазул выставкаби, юбиляразул хасал бок1нал, стендал ва цогидабги.
Мух1амад Х1АСАНОВ
ДАНДЕРУССИНАЛ
БАХ1АРЧИЯСУЛ ЯСАЛЪУЛГУН ДАНДЧ1ВАЙ
Араб итни къоялъ К1уяда росдлал Г1урала гьоркьохъеб школалда т1обит1ана Совет Союзалъул Бах1арчи Саг1аду Давудович Г1алиевасул яс Меседу Г1алиевалъулгун ц1алдохъабазул ва учительзабазул дандч1вай. Цебеккунисеб планалда рекъон, гьеб х1адур гьабун бук1ана К1удияб Бергьенлъиялъ 70 сон т1убаялъул х1урматалда. Меседуда цадахъ школалде яч1ун йик1ана гьелъул яс Усаматги. Г1алиева Меседу ккола тохтур. Жиндир г1умруялъ гьей х1алт1ана К1уяда ва Къорода росабазул участкаялъулал больницабазда тохтурлъун, нухмалъи гьабуна рехсарал больницабазе. Жакъа къоялъ К1уяда росдал больницаялъе бажарун нухмалъи гьабулеб буго гьелъул яс-тохтур Усаматица.

Данделъи рагьана ва, цебераг1иялъулаб к1алъай гьабун, Совет Союзалъул Бах1арчи Саг1аду Г1алиевасул г1умруялъул ва гьес нахъа тараб рагъулаб нухалъул х1акъалъулъ бицана Г1урала гьоркьохъеб школалъул директор, тарихалъул учитель Ах1мадхан Абакаровас. Хадув к1алъазе вахъарав школалъул завуч, рахьдал мац1алъул ва адабияталъул учитель Мух1амад Х1асановас рехсана Бах1арчиясул х1акъалъулъ цо-цо баянал, бицана жакъа гьесул мисалалда ц1алдохъабазе ва г1олеб г1елалъе тарбия кьеялъул бугеб к1удияб к1варалъул, киналго ах1ана г1агараб Ват1ан бокьизе, гьелъие рит1ухъаллъун рук1ине. Школалъул учитель, ветеран, г1емераб заманаялъ Г1урала школалъе нухмалъи гьабурай Г1абидат Рамазановалъ Совет Союзалъул Бах1арчиясул яс меседу Г1алиевалъе баркала кьуна заман батун жидехъе гьоболлъухъ яч1аралъухъ ва бицана гьев ч1агояб мехалъ Саг1аду Г1алиевасулгун жидер рук1арал рак1алдаса унарел дандч1ваязул, цебе ч1езабуна гьесул г1умру ва рагъдаса хадусеб зах1маталъулаб х1аракатчилъи. Гьений к1алъазе яхъарай Меседу Г1алиевалъ рак1-рак1алъулаб баркала кьуна г1иц1го Бах1арзазул ва рагъул ветераназул гуребги, гьезул лъималазул-жидер гьединаб адаб ва къадру гьабулеб школалъул учительзабазул коллективалъе ва раг1и кьуна, кидаго ц1алдохъабазда ва учительзабазда цадахъ лъугьун, х1ажаталъуй кийго гьезие кумекалъе ятизе, гьарана ц1алулъ, х1алт1улъ ва тарбия кьеялъулъ ч1ах1иял бергьенлъаби.

  • Жакъа нилъ данделъун руго нилъер умумул рак1алде щвезаризе, гьез нахъа тараб зах1матаб нух г1олеб г1елалъеги мисаллъун бук1ин бихьизабизе,- ян абуна гьелъ.

  • Биччанте даим нилъер умумул нилъгун рук1ине, гьезул Бах1арчилъиги, г1агараб Ват1ан бокьиги, ракьалде бугеб г1ащикълъиги г1умруялъего анищлъун хут1изе.

Жидерго лъик1ал церерахъинал рихьизаруна 5-11 классазул ц1алдохъабаз. Гьез рек1ехъе ц1алана ва ах1ана Бах1арчиясде гьарурал куч1дул, гьаруна кьурдаби ва рихьизаруна рагъул темаялда хурхун бат1и-бат1иял сценкаби.

К1уяда росулъа Совет Союзалъул Бах1арчи Саг1аду Г1алиевасул яс Меседулгун Г1урала гьоркьохъеб школалда т1обит1араб дандч1вай ана ц1алдохъабазе тарбия кьеялъул т1адег1анаб даражаялда. Абизе ккола гьеб гьезие унго-унгояб рагьараб дарслъун хут1анилан. Школалъул дирекциялъ х1исабалде босун буго гьединал тадбирал г1иц1го юбилеялде гуреб, гьеб лъуг1ун хадубги тартибалда т1орит1изе.
Мух1амад Х1АСАНОВ,

К1уяда росу
Сураталда: Дандч1ваялдаса цо-цо лах1затал

ПАРАХАЛЪИЯЛЪУЛ ХЪАРАВУЛЛЪУДА

РАЙОНАЛДА БУГО Ч1АРА-ХЬАРАБ Х1АЛ

Экстремизмалъул, терроризмалъул ва г1олилазда гьоркьоб наркомания т1ибит1изабиялъул рахъалъ Россиялда т1адго г1адин, Дагъистаналдаги жакъа цо-цо бак1азда буго х1алуцараб ах1вал-х1ал. Гъуниб районалдаги цо-цо росабалъ батула гьеб киналдаго аск1об хасаб к1вар кьезе ккараб х1ал. Гьелъул ва районалда парахалъи ц1униялда сверухъ гьабулеб бугеб аслияб цо-цо х1алт1ул х1акъалъулъ ОМВДялъул начальник, полициялъул полковник Х1айбулагь Мух1амадовасдаги нижер мухбирасдаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари. Рехсараб отделалъе гьес нухмалъи гьабулеб буго 2013 соналъул март моц1алдаса нахъе.

Цодагьав цеве Гъуниб районалъул полициялде щварав дида, цо бат1ияб ч1агояб ах1вал-х1алалъ рак1а-рахарун, х1алт1уде г1едег1ун унел ратана гьелъул х1алт1ухъаби. Гьеб гьезул щибаб къойилаб г1адатияб иш бугилан бицана гьениб.

ОМВДялъул начальникасул кабинеталде щун гара-ч1вари байбихьилалде цебе, Х1айбулагь Мух1амадовас абуна полициялъул х1алт1и киналг1аги политикиял суалазда хурхинабизе бегьуларилан. Жидер иш бугила г1адамазда гьоркьоб г1адлу-низам ц1уни, гьабулеб ишалда гъорлъ рит1ухълъи ва рац1ц1алъи бук1инаби. Гьеб гьедин гьеч1ебг1ан заманалда, г1умру-яшав гьабизе г1адамазе шарт1ал ч1езаризеги ч1ара-хьараб ах1вал-х1ал районалда бук1инабизеги политикиял суалал рорхулел киналг1аги идарабазул къуват г1езе рес гьеч1илан т1адеги жубана гьес. Бищун аслияб жо бугила щивав гражданинасул рак1бац1ц1алъи, гьабулеб лъик1аб ишалъулъ тавакалалда цеве вахъине гьес бахъулеб х1аракат ва щивав чи г1агараб Ват1аналъул патриотлъун вук1ин. Гьеб рахъ ц1унани, ц1унун бажарула борхалъиялда г1ураб маг1арул намус-ях1.


  • Х1айбулагь, киса-кибго т1ибит1ун буго жакъа экстремизм, терроризм ва г1олилазда гьоркьоб наркомания. Дуца кинаб къимат кьолеб гьеб рахъалъ районалда бугеб ах1вал-х1алалъе?

  • Цоги-цогидал бак1азда данде ккун, гьеб рахъалъ районалда гьабсаг1аталда цо ч1ара-хьараб х1ал бугониги, руго росаби хасаб хъаравуллъиялде росарал. Аслияб куцалъ гьел ккола Кудалиб, Сугъралъ ва Гъуниб. Цо-цо цогидал росабиги руго гьеб рахъалъ бербалагьиялда гъоркь ругел. Церехун рехсарал ва цогидалги росабазул жамаг1атазул ва администрациязул бут1рузул х1аракаталда цадахъ лъугьун, гьабураб х1алт1ул х1асил лъик1аб рахъалде хисулеб буго жакъа къоялъ. Гьаниб абизе ккола, щибаб росулъе щун, ОМВДялъул х1алт1ухъабаз т1орит1ула жамаг1атазулгун дандч1ваял, школазда ц1алдохъабазулгун гара-ч1вариял. Росабалъ ругел участкаялъулал инспектораз рак1бац1ц1адго т1убазабула т1адаб х1алт1и. Кинабниги щаклъи бугеб ишалда раг1а-ракьанде щун гьел гъорлъе раккула ва х1аракат бахъула бугеб х1акъикъат мух1канго лъазабун, такъсир ва х1алихьалъи г1ужда рагьизе. Росабазул школазде щун, ц1алдохъабазда гьоркьоб бат1и-бат1ияб темаялда бич1ч1и кьеялъул х1алт1и т1обит1ула санаде рахъинч1ел лъималазда гьоркьоб х1алт1и гьабиялъул рахъалъ ОМВДялъул отделалъ. Хасго экстремизмалда, терроризмалда ва наркоманиялда данде рагъ гьабизе г1олилал ах1улел гара-ч1вариялгун г1емер цере рахъуна гьелъул х1алт1ухъаби росабазул школазда. Ахираб заманалда гьеб рахъалъ районалда бугеб ах1вал-х1ал беццизег1анасеб х1алалда гьеч1ониги, профилактикияб х1алт1ул х1асил ккеч1ого хут1уларо.Т1убанго районалдаса т1аг1ун гьеч1ониги, цебеялда данде ккун, г1емерго дагьлъизаруна опиум, марихуана г1адал наркотикал гъорлъ бугеб ч1ах1 г1езабулезул къокъаби, ч1аго гьабуна экстремизмалдегун терроризмалде данде гьабулеб х1алт1и. Квешаб рахъалдехун гьет1аразе рес кьолеб буго бит1араб нухде рач1ине. Гьез гьеб т1аса бищич1они, тамих1алде ц1ач1ого рорч1уларо. 2014 соналда такъсирчаг1аз ч1вана районалдаса лъабго полициялъулав. Бокьараб дин босани, инсанасе гьеб буго лъик1лъиялъе г1оло бугеб жо. Амма диналъул байрахъалда гъоркьги рахъун, г1адамал ч1вайги, законияб пачалихъалъул кверщел т1аса рехизе, гьеб хисизе ах1иги, гьелда данде рагъиги – гьеб буго унго-унгояб уголовнияб такъсир. Гьединал ишал гьарулезде данде гьабизе буго цадахъаб къеркьей. Гьел т1атинаризе ккола, ц1азе ккола тамих1алде. Экстремизм-терроризмалъул бицен нилъер г1емерлъун буго, амма гьелда сверухъ гьабулеб цадахъаб х1алт1и дагьаб буго. Г1адлу-низам ц1униялъул идарабаз жидерго т1адал ишал т1уразаруниги, халкъалъул кумек гьеч1они, гьаб киналдего балагьал рачунеб х1алихьалъиялда данде къеркьеялъул х1асилал бигьаго ккезе рес гьеч1о.




  • Цоги, сунца нужер рах1ат хвезабулеб жакъасеб къоялъ?




  • Халкъалъе х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъул мурадалда, районалъул ОМВДялъул х1алт1ухъабаз г1емерал тадбирал т1орит1ана г1адамазухъа изну гьеч1ого гьез рокъоб ц1унун бугеб ярагъ нахъе бак1ариялда сверухъ. «Г1арац кьун ярагъ нахъе босиялъул» х1акъалъулъ Дагъистан Республикаялъул х1укуматалъул хасаб х1укму бук1ана араб 2014 соналъ. Балъго бат1и-бат1иял яргъилал алатал г1адамаз рокъор ц1униялъул г1езег1ан х1ужаби т1атинаруна районалда ва гьел ц1ана законалъул т1алабалда рекъон тамих1алде. Г1езег1ан гьабсаг1атги ратула, кьвагьулеб ярагъ органаздаса балъго гьабун, рокъор ц1унаралги. Гьединазде гьари буго, балъго гьабун теч1ого, г1адамазул г1умруялъе х1инкъи бугеб ярагъ жалго лъугьун, районалъул ОМВДялде щвезабеян. Гьеб гьедин гьабич1езда аск1об кинабг1аги гурх1ел бук1ине гьеч1о законалда рекъон ва, гьелда хадуб ч1езабун буго кьварараб хъаравуллъи.




  • Исана т1убана К1удияб Ват1анияб рагъда Бергьенлъи босаралдаса 70 сон. Кинаб х1адурлъигун цебе бахъараб Гъуниб районалъул полиция гьеб гьайбатаб байрамалда дандч1вай гьабизе?




  • Гьайгьай, ц1ар хисаниги, кидаго нилъер милиция бук1ана патриотикияб нухдасан инсан куцалеб къебелъилъун. Исана гьеб гьайбатаб Бергьенлъиялъул байрамалда нижер Гъуниб полициялъул коллективалъ дандч1вай гьабуна к1удияб гъираялда. Цоцалъ гъункарал, гьудуллъи-вацлъи хириял, инсанасул х1алхьи ва парахалъи ц1унизе х1адурал г1олохъаби руго нижер. Районалъул росабалъ гьеб ц1унизе квербакъула участкабазда ругел инспектораз. Ц1арал рехсеч1ониги, руго рак1бац1ц1адго, мисалияб куцалъ х1алт1улелги. Дун разияв вуго районалъул ГИБДДялъул ва ППСалъул х1алт1удасаги. Г1агараб Ват1аналда цебе т1адаб налъи т1убазабулаго, хъачагъазул хъубал квераздасан ч1ван хварал г1олохъаби рак1алде щвезариялъе ОМВДялъул минаялда цебе бан раг1алде бахъана гьезие лъураб обелиск-памятник. Гьабула гьезул хъизан-лъималазе х1ажатаб кумекги. Бищунго аслияб, Гъуниб ОМВДялъул полициялъуласул ц1ар т1адег1анаб даражаялда ц1унизе т1адаблъун гьабун буго щивав х1алт1ухъанасда. Гьесдаса кьварун т1алаб гьабула г1агараб Ват1аналда ва гьелъул халкъалда цебе т1адаб налъи рак1бац1ц1адго ва рит1ухъго т1убазабизе, цогидазе мисалияллъун рук1ине. Гьеб буго жакъа нижер щивас Бергьенлъиялъул нухдасан тарич1ого цере ине бахъулеб х1аракат.




  • Спорталдехун кинаб бугеб нужер гьоркьоблъи?




  • Нижер буго волейболалъул рахъалъ т1аса бищараб команда. Жидерго х1аялгун гьеб цебе бахъуна районалда ва республикаялда т1орит1улел къецазда, руго лъик1ал т1оцересел бак1азул х1асилал. Исана г1ахьаллъи гьабуна К1удияб Бергьенлъиялъ 70 сон т1убаялъул х1урматалда Кудалиб росулъ т1обит1араб волейболалъул спартакиадаялда.




  • Нужер х1алт1улъ лъидаса кумек ва квербакъи щолеб, щиб х1ажат бугеб жакъа къоялъ?




  • Кумек гьабула росабазул администрациязул бут1руз, школазул нухмалъулез, мажгитазул церехъабаз, Херазул советаз ва жамг1иял г1уц1абаз. «Рит1ухълъиялъул къуваталда дур божел батани, дур кумек гьеч1ониги гьеб жибго бергьуна»,- абун хъвана французазул г1алимчи Ж.Ростаница. Жамаг1атазул кумекалдалъун гьабулеб ишалъулъ рит1ухълъиялъ т1алъи босизе бук1иналда рак1ч1ола дир.


Гара-ч1вари гьабуна Мух1амад Х1АСАНОВАС

СУРАТАЛДА: Х1. Мух1амадов

ДАНДЕЛЪИ
РАЙОНАЛЪУЛ БЕТ1ЕРАСУЛГУН ДАНДЧ1ВАЙ
Гьал г1агарал къоязда К1уяда росдал жамаг1аталда дандч1вай гьабизе вач1ун вук1ана «Гъуниб район» МОялъул бет1ер Пахрудин Мух1амадов. Рузман къоялъ росдалго жамаг1ат бак1арараб бак1алда цеве вахъун, гьес баян кьуна гьабураб ва гьабизесеб х1алт1ул, К1уяда росдае х1ажатал суалазул ва цере ч1арал масъалабазул бицун, гьабуна г1ат1идаб гара-ч1вари. Кьилимаг1ардаса Гъуниб мег1ералде щвезег1ан лъабкъоялда анц1гоялдасаги ц1ик1к1ун кули жаниб бугеб к1удияб росдае нухмалъи гьабизе бигьаяб иш гьеч1ониги, гьелъул бет1ер Г1алиев Г1абдулжаница т1уразарулел т1алабаздаса разиго вук1ана гьев ва росдал жамаг1ат. Масала, роц1ц1инабулеб буго шагьранухал къач1аялъул масъала, республикаялъул планалде босун буго, росулъе г1ат1идал х1авузалги лъун, лъим бачиналъул суал ва т1уразаризе х1аракат бахъулеб буго гьелда рекъарал цогидал ишалги. Росдал г1адамаз ва данделъиялда к1алъазе рахъарал Ж.Нурулаевас, Г1,Г1абдурах1имовас, М.Х1асановас, С.Саг1адулаевас, М.Мух1амадовас, Г1.Г1умаровас ва цогидазги баркала кьуна районалъул бет1ер П.Мух1амадовасе гьеб киналъего квербакъаралъухъ. Гьезул цо-цояз рорхана Х1енда ракьандаса байбихьун Ругъжасан тирун, К1уядаса Гъунибе щвезег1ан шагьранух гьабиялъулги суал. Гьединго бицана росулъ жакъасел т1алабазда данде кколеб спортивияб зал гьеч1олъиялъулги х1акъалъулъ. Ахиралда, районалъул бет1ерас раг1и кьуна жиндаса бажарулебщиналъе кумек гьабизе, к1вар бугел суалал х1укуматалъул т1адег1анал идарабазда цере лъезе. Росдал жамаг1аталда абуна, квер кващун лъан гурони, кьуч1 гьеч1ел гьодорал харбазда божугеян ва х1акъикъиял ишазде т1аделъизе нек1ого заман щун бугилан. Росдал ва районалъул г1адамал цолъун иш гьабич1они, ч1орогоял раг1абаз щибго пайда кьезе гьеч1олъиялдаги рак1ч1езабуна гьес.

К1уяда росдал г1адамазе ц1акъ рек1ее г1ун бугоан Бакълъухъа г1алимчи Х1асан-х1ажияс рузманалда гьабураб ваг1заги. Къуръаналъул аятал ва исламияб дин щивасе рек1ее бокьахъе х1алт1изабизе бегьуларилан абураб маг1наялда бицана гьес. Т1ад тарав х1акимчиясе мут1иг1лъизе кколиланги абуна, гьев кинаб миллаталъул чи ватаниги бат1алъи гьабич1ого. Инсанасул рек1ел х1алимлъиялъе, нафсалда кверщел лъеялъе, цоцазулъ гьудуллъи-гьуинлъи бижиялъе г1оло исламияб диналдаса пайда босизе жамаг1ат ах1ана Х1асан-х1ажияс. Рихьдае гьабулеб ва политикаялда гъорлъе лъугьунеб жо дин бук1унарилан бич1ч1изабуна гьес, гьелъие кьуч1ал далилалги рехсон.

Гьединаб киназего пайдаяб ах1вал-х1алалда ана рехсараб данделъи ва гьелдаса разиго хут1ана к1уядерил жамаг1ат.
Мух1амад Х1АСАНОВ, нижер мухбир

ПЛАН

работы корреспондента газеты «ГУНИБ» Гасанова М.А. на 3-й квартал 2015 года.
Для усовершенствования и своевременного выполнения заданий информационного материала и их качественного освещения на районной газете планирую следующие пункты критерий:


  1. Раз в месяц побывать в обслуживаемые поселения Куяда, Корода, Карадах и Гонода данного участка для ознакомления с положением и для беседы с населением, чтобы правдиво и точно определить данные информационного материала для газеты.

  2. Встречать с населением во время пятничного намаза, учитывать их интересы по выбору материала для публикации на газете.

  3. Подготовить информационные материалы для газеты на тему о сельской жизни, об образовании, о медицине, культуре, спорте, жизни, перспективе и проблемах сельской молодежи, их правозащите на сегоднешний день, об охране окружающей среды и т.д. – систематически в течение года.

  4. Подготовить материал о работе и проблемах дома Культуры сел. Гонода – июль 2015 г.

  5. Подготовить статью о работе МО «Сельсовет Кородинский» о перспективах и проблемах развития горного села в современных условиях в форме журналистского расследования, привлекая сельское население – июль 2015 г.

  6. Собирать материалы о подготовке образовательных учреждений – школ и детских садов участка (Куяда, Корода, Карадах и Гонода) к новому учебному году, их материального и духовного состояния и обеспечения – август 2015 г.

  7. Подготовить интервью для газеты главы администрации МО «Сельсовет Куядинский» Алиева Абдулжана М. – август 2015 г.

  8. Встречать с духовными лидерами – имамами мечетей, директорами образовательных учреждений и населением Куядинского, Кородинского и Гонодинского участка, определить состояние воспитания детей и молодежи в духе патриотизма и интернационализма, подготовить материалы для публикации на газете – систематически в течение года.

  9. Принять участие на рейдах, собраниях и встречах, собирать материалы для публикации на газете – по плану газеты, систематически в течение года.

  10. Провести рейды на медицинские учреждения сел. Куяда, Корода, Карадах и Гонода, анализировать работу участковых больниц и ФАПов – медицина: обслуживание населению и опубликовать материалы на газете как журналистские расследования, учитывая мнения и заинтересованные предложения сельского населения.

  11. Следить и контролировать проблемы и жалобы населения участка и принять меры для своевременного их устранения – систематически в течение года.

  12. Подготовить материалы для газеты о ходе подготовки на выборы и проведения выборов местного самоуправления и Народного Собрания в сентябре 2015 г. – до октября 2015 г.

  13. Привлекать читателей к газете и увеличить число подписчиков на участке.

  14. Текущую работу корреспондента выполняется согласно по указаниям и заданиям редакции районной газеты «Гуниб».


Корреспондент газеты «ГУНИБ» ГАСАНОВ Магомед Алиханович.

АДМИНИСТРАЦИЯЛЪУЛ ИШАЛ
Х1АРАКАТ БАХЪУЛА БЕГАВУЛАС
К1уяда росу буго районалда жаниб бищунго ч1ах1ияздасан цояб. Гьениб г1умру гьабулел г1адамазул къадаралъул рахъалъ гуребги, росулъ ругел кулабазул г1емерлъиялъул рахъалъги кьерда бищунго цебесеб бак1 ккола К1уяда росдаца. Лъабкъоялда анц1гоялде г1агарун буго гьениб г1адамаз г1умру гьабулеб кули. Кинабго рахъалдасан х1исаб гьабун данде босани, бит1ахъего Хунзахъ районалда ругел росабаздасаги ц1ик1к1ун ратила гьел гьенир. Росдаца вищун тарав бегавуласеги бигьаго бук1унаро, кинабго рахъалдасан зах1матаб гьаб заманалда, щивав чи разияб х1алалъ х1алт1и г1уц1изе. Амма гьеб киналдего квер щун, росуцоял разияб х1алалъ гьеб гьабизе х1аракат бахъулеб буго К1уяда росдал администрациялъул бет1ер Г1алиев Г1абдулжаница.

Бищунго аслияблъун ккола Къородаса К1уяде щвезег1ан унелги, росулъ жанир кулабахъе ругелги шагьранухал. Гьал г1агарал къоязда, гьелъие х1ажатаб сурсатги т1алаб гьабун, байбихьун буго нухазде чабах-ракьги баччун бан, гьел къач1азе. Бегавуласул раг1абазда рекъон, росдае кват1ич1ого т1алаб гьабизе буго, хасгьабун жанисел нухал къач1азе бульдозерги.
Мух1амад Х1АСАНОВ, К1уяда росу

ЕГЭ – 2015
«ИСАНА Т1АД Т1АМИЛА, Т1АДЕЯЛЪУЛ ЛЪИМ ЛЪАЛА»
Кици г1унт1изабула авар г1оралъ вас восун арай Гьидалъа эбелалде. Эбелалда вихьун вуго г1оралда т1ад восун жиндирго лъим лъаларев вас. Йохизеги йохун, эбелалъ гьал раг1аби абун руго. Амма гьеб маг1наялда гуро жакъа гьеб кици х1алт1изабулеб. Гьеб х1алт1изабула «Инсан цевехун цойидасан унаро, дагь-дагьккун уна» абураб маг1наялда.

Балъгояб жо гуро ЕГЭ лъималаз гуреб, эбел-инсуца кьолеб бук1анилан абуниги. Амма жакъа гьелде кьолеб к1вар ц1акъго кьварараб ва х1алуцараб бук1иналъги батила, цо-цоязе гьеб мах1ниги рек1ее г1олеб гьеч1еб. Гьеб гьедин бук1ине нек1ого х1ажат бук1ана, щай абуни, лъимал гьелде ругьунлъизеги, рит1ухъаб лъай щвезе школалда х1аракат бахъизеги. Гьелдаго цадахъ, цоцазда гьоркьоб ц1алдохъабазул бат1алъи гьабун, экзаменалда ращалъи гьабич1они, гьеб буго квеш ккараб жо. Лъималазул ва эбел-инсул гьелда божилъи хваралдаса, хвезе буго гьаб нухалъги ЕГЭялъул къадру-къимат.
Мух1амад Х1АСАНОВ


ЛЪАЙ КЬЕЙ
МАГ1АРУЛ МАЦ1АЛЪУЛ УЧИТЕЛЬЗАБИ РАЗИГО ХУТ1АНА
Гьал г1агарал къоязда Дагъистаналъул махщелгун лъай камил гьабиялъул институталда к1иго анкьил курсазда ц1алулел рук1ана маг1арул бат1и-бат1иял районазул ва цо-цо шагьаразул школаздаса рахьдал мац1 ва гьелъул адабият малъулел учительзаби – кинавниги 30 чи. Гьел рук1ана Гъуниб, Лъарат1а, Болъихъ, Шамил, Ц1унт1а, Бежт1а, Лаваши, Буйнакск, Хасавюрт, Гъизляр районаздаса ва Мах1ачхъала, Каспийск шагьараздаса учительзаби. Бит1ахъе бицани, к1удияб гьудуллъи-вацлъиялъги, цоцазул х1албихьи г1ахьал гьабизе щвараб ресалъги разиго хут1ана гьел киналго. Гьаниб абич1ого г1оларо, цебеялде данде ккун, лъик1аб рахъалдехун к1удияб хиса-баси буго институталда. Буго, институталъул мина жанисан ва къват1исан къач1ан, узданаб рац1ц1а-ракъалъиги, сундулъго г1адлу-низамги, учительзабазул гьабулеб рак1унтараб бербалагьиги, сундулъго т1аса-масаголъи биччач1ого, гьезул махщел ва лъай камил гьабиялда сверухъ гьабулеб г1адлияб т1алабчилъиги.

Гьеб киналдаго аск1об щибаб къойилаб хъаравуллъи ва насих1атияб бербалагьи бук1инабуна институталъул филологияб кафедраялъул методист, к1удияй преподаватель Райгьанат Юсуповалъ. Г1уц1ана «Мастер-класс» рагьарал дарсал, гьоркьор лъун дандрана бат1и-бат1иял темабаздасан г1уц1арал проекталъулал х1алт1аби, т1орит1ана г1елмиял бах1сал, г1уждаса кьуризе теч1ого ц1алана пайдаял лекциял. Бищунго ниж рохараб жо, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда дандч1вай бук1ана гьелъул председатель, Дагъистаналъул халкъияв поэт Мух1амад Ах1мадовгун. Гьенир рук1ана маг1арулазул шаг1ирзаби ва хъвадарухъаби Махсут1 Зайнулг1абидов, Мух1амад Патах1ов, Мах1муд-Апанди Мух1амадов, Г1айшат Малачиева, Мух1амад Г1абдулх1алимов, Асх1абг1али Х1асанов, Мух1амад Г1абдулг1азизов, Г1айшат Г1алиева ва цогидалги. Бицана жакъа маг1арулазул адабияталъул бугеб ах1вал-х1алалъул, школалда гьеб ц1алдохъабазда малъиялда сверухъ дандч1валел к1вар бугел масъалабазул, цоцазе кьуна цо чанго к1вар бугел т1адкъаялги, рук1ана кант1изариялъул нухал рагьулел насих1атиял к1алъаялги. Масала, жакъа ц1алдолезухъе щолел гьеч1о маг1арул шаг1ирзабазул ва хъвадарухъабазул т1ахьал, ц1алул программаялда гъорлъе рачун гьеч1о гьоркьохъеб г1елалъул хъвадарухъабазул асарал. Г1иц1го «Х1акъикъат» газеталдаса ц1алун гуреб, гьеч1о маг1арул мац1 ва адабият школалда малъулев учителасе пайда босизе методикияб литература. Литературияб «Гьудуллъи» ва лъималазе бахъулеб «Лачен» журналал дагьго хъвалел ругин абураб пикруялде рач1ана данделъиялда.

Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов


Сподели с приятели:
1   2   3   4




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница