Рух1иял церехъаби к1уядаги г1алимзаби г1емер рук1ана


«Исана т1ад т1амила, т1адеялъул лъим лъала»



страница2/4
Дата28.02.2018
Размер0.53 Mb.
#60523
1   2   3   4

«Исана т1ад т1амила, т1адеялъул лъим лъала» абураб цоги кици г1унт1изабула г1оралъ вас восун арай Гьидалъа эбелалде. Эбелалда вихьун вуго г1оралда т1ад восун жиндирго лъим лъаларев вас. Йохизеги йохун эбелалъ гьал раг1аби абун руго. Амма гьеб маг1наялда гуро жакъа гьеб кици х1алт1изабулеб. Гьеб х1алт1изабула «Инсан цевехун цойидасан унаро, дагь-дагьккун уна» абураб маг1наялда.

Цоги буго гьадинаб бицен. Ч1ужуялъ карщ гьабун буго ва росасда гьикъун буго, карщ лъик1аб бугищилан.



  • Карщни лъик1аб бугоан,- илан абун буго росас.

  • Мунги дунги гурони, анив бат1ияв чи гьеч1о гурищ,- ан ч1ужу тамашалъун хут1араб мехалъ, къарумав росас гьелда абун буго:

  • Гьедин гуроха дие къвариг1ун бук1араб, хьагги дунгоги рук1ине къвариг1ун бук1анилан.

  • Ц1акъ лъик1 ккун буго! Гьанже рук1а хьагги мунгоги!- ян ч1ужуялъ хазабун буго.

Гьелги гьелда рекъаралги г1емерал кицабиги биценалги руго маг1арулазул. Исана адабияталъул сонги бугелъул, т1ад ругел чиновниказеги х1ажат буго х1исаб гьабизе, гьаб нилъерго адабиятги ц1алулаго, ц1ар раг1арал умумузул къадруги ц1унулаго, г1адатияб мискинхалкъалъул т1алаб гьабизе. Х1ажат буго бицунеб харбидаса гьабулеб ишалде рач1ине ва унго-унгояб куцалъ маг1ишат г1уц1иялде т1аделъизе.

Х1асил-калам, дун даим божула нилъер г1агараб Дагъистаналдаги, к1удияб Россиялдаги кинабго лъик1абщиналде, ракълилаб ва талих1аб г1умруялде цебехун щулаго гали босулеб бук1иналда. Гьеб киналъего г1оло щивав чияс цо къат1ралъунг1аги тезе ккола ракьалда т1ад лъик1лъиялъулги берцинлъиялъулги мугьру ч1вараб г1аламат.



Мух1амад Х1АСАНОВ, К1уяда росу
ГЬОНОДИСЕЛ К1УДИЯБ ВАТ1АНИЯБ РАГЪДА
Дагъистаналъул щибаб росдалго г1адин, бечедаб ва гьарзаяб буготарих Гьонода росдалги. Гьеб бухьараб буго нилъер умумузул г1умру-яшавалда, гьезул бах1арчилъиялда. Ях1-намус ц1унаралги, халкъалъе г1оло г1умру кьуралги, кьурич1ого жидерго халкъалде бач1араб балагьалде данде унелги, умумузул ирсалъе хисич1елги, халкъалъул тарихалъе хилиплъич1елги г1адамал руго гьонодисел. Гьениса рахъана г1емерал машгьурал г1адамал, Шамил имамасул наиб ва Черкесиялъул имам Мух1амад-Амин (Асиялав), Россиялъул Бах1арчи Г1адилгерей Мух1амадт1агьиров, Дагъистаналъул халкъияв поэт Мух1амад Ах1мадов, академик Мух1амад Элдаров ва г1емерал цогидалги. Жиндир г1агараб Гьонода росдае сайгъат гьабун, Мух1амад Ах1мадовас хъвана коч1ол гьадинал мухъал:
«Гьале Кьилимег1ер… Гьелъул кьалбазда,

Кьурда т1егь кинигин бижараб росу.

Гьале дир Гьонода… Жаниблъиялда,

Ганч1ил бусабилъун сок1к1арал рукъзал».
Нусиялда лъабкъого ц1араки бугеб Гьонода росулъа К1удияб Ват1анияб рагъде ана 87 г1олилав. Ват1аналъе г1оло рух1 кьун, кьалул майданалда хут1ана 56 гьонодисев. Гьонодисезул, г1агараб Ват1аналда цебе т1адаб налъиги т1убазабун, т1ад вуссана 31 рагъухъан.
Сонал анаг1ан рик1к1алъулел руго доб К1удияб Ват1анияб рагъул тарихал, амма щивав чиясул рек1елъа бахъуларо зах1матаб, къваридаб заманалъул кьог1лъи. К1очон теларо цебесеб г1елалда 1941 соналъул22 июналда росдал жамаг1аталъул данделъи т1обит1изе ва даимго рек1елъа бахъулареб пашманаб хабар баян гьабизе районалдаса вач1арав вакиласул к1алъай, руччабазул г1оди ва бихьиназул чарахвей.

Росулъ хут1ун рук1инч1о руччаби, хараби ва г1исинал лъимал гурони, киналго бихьинал ун рук1ана г1оралъ ц1ул бачине.

Вах1шияв тушман т1аде к1анц1ун вугилан раг1идал, к1икъого чиясдасан г1уц1ун бук1араб бригадагун росулъеги рач1ун, хисана гьез зах1маталъул х1алт1ул алат, борчана ярагъ. Щивасул анищ, х1асрат бук1ана хехго рагъде щвезе, вах1шиял талавурчаг1и нилъер ракьалдаса нахъе рачахъизе.

Т1оцебесеб к1иго-лъабго анкьида жаниб 24 г1олилав кьун г1арзагун ана рагъде. Г1адатлъун лъугьун бук1ана рагъде унел г1олилазе цебесеб сордоялъ жамаг1аталъго ихтилат-кеп гьабун, нахъисеб къоялъ росдал раг1алдасан гьел т1орит1улеб. Харабаз гьезие насих1ат гьабулаан, рагъда маг1арулазул бах1арчилъиялдалъун, росдада т1анк1 лъоларедухъ рагъеян.

Г1агараб Ват1ан гитлерилаб фашизмаялдаса ц1унизе цоязда хадур цоял гьарун унел рук1ана росдал г1олохъаби. Нусиялда лъабкъого ц1араки бугеб росулъа рагъде ана 87 г1олилав. Анкьго хъизамалдаса рагъде ана лъаб-лъабал. Гьездасан Залмузада абулей г1аданалъул т1ад вуссинч1о лъабавго вас, Шихалиевазул хъизамалдасан – к1игоял.

Анц1го хъизамалдаса ана к1и-к1иял, амма Таймазовазул, Къурбановазул, Пахрудиновазул хъизамазул цонигияв т1ад вуссинч1о. Ват1аналъе г1оло рух1 кьун, кьалул майданалда хут1ана 56 гьонодисев.

Рагъана гьел Северияб Кавказалдаги, Москва, Ленинград эркен гьабулагоги, Германиялъул ракьалдаги.

Лъабго гьонодисев вук1ана рагъулал соназ офицерзабилъун. Майор Шихалиев Г1абдулат1ипица г1ахьаллъи гьабуна Финляндиялъул рагъда. Хадув вагъана Смоленскиялда, Москваялда. Ват1аналъе г1оло рух1 кьуна Польша тушманасдаса эркен гьабулаго.

Къарахъа Мух1амад, к1удияв лейтенант ч1вана Киевалда г1агарлъухъ. К1удияв лейтенант Мух1амадов Г1алибулат вагъана 312 дивизиялда Курский шагьаралда, Ленинградалъул ракьалда, Украинаялда. Гьев вук1ана ротаялъул командирлъун. Рагъда бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло, гьев мустах1икълъана к1иабилеб даражаялъул орденалъе ва г1емерал медалазе. Т1ад вуссана Г1алибулат лъабабилеб группаялъул инвалидлъун вахъун ва г1емерал соназ нухмалъи гьабуна Гъуниб райсобесалъе. Г1алибулатил вац Г1андисев вук1ана Ленинградалъулаб блокадаялда, лъукъана, т1ад вуссана лъабабилеб группаялъул инвалидлъун. Г1абдулат1ипги рагъдаса т1ад вуссана инвалидлъун.

Зах1матаб къисматалъул инсанилан рик1к1ине бегьула учительлъун х1алт1улаго К1удияб Ват1анияб рагъде арав Давудх1ажиев Мух1амад. Гьес нухмалъи гьабулеб отделениялъ къойида жаниб Сталинградалда ккараб рагъда лъабго-ункъоги тушманасул гьужум нахъ ч1валаан. Гьенив Мух1амад зах1матго лъукъана. Рагъ рак1алде щвеялъе, бащдал х1ат1алги гьенирго тун, к1иабилеб группаялъул инвалидлъун росулъе т1ад вуссана…

Рагъде аразда гьоркьоб хасаб бак1 ккола Мух1амадов Маккашарипица. Рак1алде ккола хунздерил т1алъиялда ругел ригъ арал г1адамазда гьоркьов къанаг1атги ватиларин Маккашарип лъаларев чиян. Гьев лъалаан рак1 разияв, махсаро-хоч1 бокьулев, кидаго аваданав, к1алзул пасих1лъи ц1ик1к1арав инсан х1исабалда.

Революция ккелелдего эменги хун хут1арав Маккашарип уна бечедав чиясул г1и хьихьизе, гьабула росулъ цебе ккараб х1алт1и. Цого-цо къохьол хъабарчаялъ т1убалаан рат1лиде бугеб х1ажалъиги. Г1емер бицунеб раг1улаан пачаясул х1укумат т1аса рехизелъун къеркьолеб бугин Россиялъул мискинхалкъилан. Г1емер заман инч1о, К1удияб Октябралъулаб революция бергьиндал, мискинхалкъ лъугьана ц1ияб маг1ишат г1уц1изе. Амма жанисел тушбабаз нилъер Ват1аналда багъаризабураб гражданазул рагъалъ халкъ т1амуна ярагъ кодобе босизе. Гьезул цебесеб кьерда вук1ана Маккашарипги. Дагъистаналдаго ц1ар раг1арав граждан рагъул бах1арчи, партизаназул командир Хъара Хъараев росулъеги вач1ун партизаназул ячейка г1уц1изе лъугьиндал, жеги 16 сон т1убач1ев Маккашарип, басриял хлвац1ихьиталги рет1ун, живги восейилан Хъараевасда цеве ч1едал, киназего кеп щун абула:



  • Ле, Маккашарип! Дуца партизанлъун лъугьун тушбабигун вагъизе ккани, гьонодисезда рогьбое балеб хъабхъил хьагал жеги г1емер кваназе ккела,-ян.

Кинан бугониги Маккашарипил гьариялъухъ балагьун, гьев вачуна партизаназул отрядалде…

Граждан рагъдаса хадув, Маккашарип х1алт1ула Лъарат1а районалдаса г1оралъ ц1ул бачунезул бригадаялда.

1933 гьев гочуна Хунзахъ районалъул Хъах1ик1к1ал абулеб росулъе. Гьебго соналъ вищула росдал Советалъул председательлъун. Ват1анияб рагъде байбихьигун, кьун г1арзагун уна рагъде. Юхнов шагьар бахъулаго ккараб рагъда зах1матго лъукъула, сахлъун хадув уна нахъеги фронталде. Могилёв шагьар эркен гьабулаго к1иабизеги лъукъула. Бищунго зах1матаб ругъун щола Тисси г1ор бахунаго. Гьанже гьев т1ок1алъ рагъде вит1изе бегьуларилан тохтурзабаз бицунеб раг1араб мехалъ, гьесул пикру ккола цодагьаб мадар лъугьарабго, рагъде лъутизе. Х1акъикъаталдаги, гьес гьедин гьабизеги гьабула.

Маккашарипица г1ахьаллъи гьабуна Польша, Чехословакия, Венгрия эркен гьабиялъе г1оло рагъазулъ, лъукъана щуго нухалъ. Гьесул рагъулаб нух лъуг1ана, Фашистияб Германиялда т1ад бергьенлъиги босун, Подстам абулеб шагьаралда.

Рагъда бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло Маккашарип мустах1икълъана 1 ва 2 –абилеб даражаялъул «Баг1араб ц1ва» ва 3-абилеб даражаялъул «Реццалъул» орденазе. 1945 соналъул май моц1алъул ахиралда г1агараб Гьонода росулъе т1ад вуссингун, гьев вищула росдал колхозалъул председательлъун. Мух1амадов Маккашарип вук1ана лъабабилеб группаялъул инвалидлъун, персоналияв пенсионерлъун. Гьев мустах1икълъана к1икъоялда анц1го соналъ коммунистияб партиялъул мухъилъ вук1иналъул х1урматалда кьолеб бук1араб каранда балеб г1аламаталъе. Хвана 1994 соналъ.

Гьонодаса Баширов Мух1амад вагъулев вук1ана 18 гвардиялъулаб дивизиялда «Гьит1инаб ракьалда» («Малая земля»). Гьениб щвараб ругъун сахлъигун, гьит1инав командир Мух1амад вагъана Кубаналда, Эстониялда, Эльба г1оралда, Польшаялъул армиялда цадахъ контрразведка «Омершалда» цадахъ. Польша эркен гьабиялъе г1оло рагъда г1ахьаллъи гьабуралъухъ Баширов Мух1амад мустах1икълъана Польшаялъул ункъо медалалъе, оборонаялъул председатель И.В.Сталинил реццалъулал цо чанго грамотабазе. Г1емераб заманаялъ Баширов х1алт1ана Гъуниб районалъул санаториялда.

Г1емерал зах1матал рагъул нухалги нахъа тун, т1ад руссана к1иабилеб группаялъул инвалид Мух1амадов Султанбег, рагъул ва зах1маталъул ветеранал Гъайирбегов Г1абдулманап, Г1абдурах1манов Мухтар, Х1амзатов Ах1мад, Гьиматов Мух1амад, Султ1анов Х1ажи ва цо-цо цогидалги.

Гьонодисезул, г1агараб Ват1аналда цебе т1адаб налъиги т1убазабун, т1ад вуссана 31 рагъухъан. Гьезул курмул ц1ун рук1ана орденаз ва медалаз, амма гьезул рек1елъа бахъулеб бук1инч1о рагъуца жидер г1агаразда. Росуцоязда лъурал ругънал. Т1ад руссарал лъугьана бат1и-бат1иял маг1ишатиял бут1абазда х1алт1изе, хисана солдатазул рет1ел ва ярагъ зах1маталъул алатазухъ. Г1алимух1амадов Х1ажи рагъдаса хадусел соназ х1алт1ана фермаялъул заведующийлъун, росдал Советалъул председательлъун.

Жамаг1аталъ абула Исупил Мух1амадил ва Написатил чармил ратилин рак1алилан. Жиндир мунагьал ччураяй, щуго васасе г1умру кьурай Написатица абулаан: «Рагъуе васал гьарурай эбел йиго дун»,- илан. Написатил рос, щуго васасул эмен Исубил Мух1амад гьонодисезда лъалаан «Баг1арав партизан» абун. Гьев вук1ана партизаназул ц1ар арав командир, Хъара Хъараевасул лъик1ав гьудул.

Написатил ва Исупил Мух1амадил т1оцевесев вас Г1абдулбасир гьавуна 1918 соналъ. Гьонода росулъ байбихьул школаги лъуг1изабун, 1934 соналъ ц1ализе лъугьана Буйнакскиялде аварпедучилищеялде. Училище лъуг1ун хадув х1алт1ана Лъарат1а лъай кьеялъул отделалъул инспкторлъун ва гьенисан 1939 соналъул сентябралда ана Советияб Армиялде. Т1оцеве ккана Дальный Востокалде, гьенисан рагъ байбихьилалде цеве, рагъулаб часталда цадахъ вит1ула Украинаялде. Гьениб хъулухъ гьабулаго байбихьана К1удияб Ват1анияб рагъ. Г1ахьаллъи гьабуна Винница, Одесса, Полтава, Харьков шагьаразда ккарал г1асиял рагъазулъ. Харьков шагьаралда вагъулаго, Г1абдулбасир лъукъана ва сахлъун хадув т1адвуссана рагъулаб часталде. 1943 соналъ хасаб х1укмуялдаса хадув, Ват1аналда лъай бугел учительзабазде бук1араб х1ажалъиялдалъун рокъове т1адвуссана ва Гьонода росдал школалда математикаялъул учительлъун х1алт1ана. Цадахъго т1убазабуна школалъул завучасул хъулухъги. 1949 соналдаса 1959 соналде щвезег1ан х1алт1ана школалъул директорлъун. 1959 соналда Г1абдулбасир Мух1амадов вищана Гьонода росдал колхозалъул председательлъун ва гьелъие нухмалъи гьабуна 1965 соналде щвезег1ан. Заочно ц1алун лъуг1изабуна Северияб Осетиялъул университет ва щвана историялъул учителасул т1адег1анаб лъай. 1965 соналдаса 1985 соналде щвезег1ан х1алт1ана историялъул учительлъун, 1985 – 1989 соназ х1алт1ана Гьонода росдал Советалъул председательлъун. Кидаго рит1ухъав, т1адкъараб ишалдехун рак1бац1ц1адав Мух1амадов Г1абдулбасирие 1957 соналда кьуна «Дагъистаналъул школазул мустах1икъав учитель» абураб х1урматияб ц1ар. Гьесул каранда Ват1аналъ бана 2 орденги 9 медальги. Ват1аналъеги халкъалъеги г1емерал пайдаял ишалги гьарун, г1умруялъул 77 сон барав гьесие Аллагьасул къадар щвана 1995 соналда.

Написатилги Исупил Мух1амадилги к1иабилев вас Жамал, баг1араб дипломалда Буйнакскиялъул аварпедучилище лъуг1ун хадув, х1алт1изе вит1ана Ц1унт1а районалде ва гьенив комсомолалъул райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун вищана. Комсомолалда х1алт1улаго, 1940 соналда армиялде унел ц1унт1адерил 45 чи г1олохъабазул бет1ерлъиялда ц1унт1адерил муг1рул къот1ун Грузиялде унеб нухда, т1аде т1ун бач1уна г1азул г1анси. Гьеб къокъаялъул 10 г1олохъанчи цевехун ворч1ула. Жамал хут1ула г1ансикье ккарал 35 г1олиласда гьоркьов. Лъабго къоялъ ц1унт1адерил жамаг1аталда цадахъ х1алт1ула Написат вас г1аздал г1ансида гъорлъ валагьулей. Ункъабилеб къоялъ батула гьесул жаназа. Васасул жаназаги малиялда лъун, лъелго росабалъа росабалъе рилълъун, Написат цо чанго къоялдаса щола Гьоноде. Гьеб соналъ Жамалил т1убалаан г1иц1го 20 сон.

Написатил ва Исубил Мух1амадил лъабабилев вас Исуб рагъда цересел соназ эменгун цадахъ Къах1иб Госбанкалда бухгалтерлъун х1алт1улев вук1ана. 1941 соналъ гьес г1арза кьола жив рагъде вит1еян. «К1удияв вац рагъдаги вуго, хадусев армиялде унаго г1ансикьги ккун хвана, дица анив вук1ун гьабизе жо гьеч1о»,- ян абула Исубица эбелалда. Исуб вагъана Сталинградалъул рагъда минометалъул ротаялъул отделениялъул командирлъун. Ростов шагьар эркен гьабулаго ккараб рагъулъ к1удияв сержант Мух1амадов Исуб зах1матго лъукъана ва хвана 1943 соналъул 31 октябралда. Вукъун вуго Запорожье областалъул Орехово шагьаралда. Гьеб соналъ Исубилги г1умруялъул 20 сон т1убалаан.

Написатил ва Исубил Мух1амадил ункъабилев вас Мух1амадил г1умру ц1акъго къокъаб бук1ана. Росулъ школаги лъуг1изабун, Мух1амад х1алт1изе къах1иве уна. Лъаг1алидаса гьениса Лъарат1е ккола ва 1942 соналъ росдал г1адамазда цадахъ Мух1амад Буйнакск шагьаралде окопал рухъизе зах1маталъул армиялде вит1ула. Рагъ Грозный шагьаралде аск1обе щун бук1ана, х1алт1изе кколаан 14-16 саг1аталъ, квание сордо-къоялъе кьолаан белъараб макароналъул 200 грамм. Гьенив Мух1амад зах1матго унтана ва 1943 соналъ хвана. Гьеб соналъ Мух1амадил г1умруялъул т1убалаан 17 сон.

Написатил ва Исубил Мух1амадил щуабилев вас ккола, нилъеда г1емерисезда лъик1го лъалев, Гьонода гьоркьохъеб школалъул учительлъун х1алт1улев вук1арав жиндир мунагьал чураяв Юсупов Гьимат. Армиялдаса вуссаралдаса Дагъистаналъул университеталъул историкияб факультетги лъуг1изабун, х1алт1улев вук1ана росдал школалда тарихалъул учительлъун ва жинцаго г1уц1араб бечедаб музеялъул директорлъун. Гьиматица бажарун цо чанго соналъ нухмалъи гьабуна Гьонода росдал колхозалъе, 17 соналъ бажарун т1убазабуна г1агараб росдал школалъул завучасул хъулухъ.

Х1алт1улъ росарал бергьенлъабазе г1оло жиндир мунагьал чураяв Гьиматие кьуна «Дагъистаналъул мустах1икъав учитель» абураб ц1ар. Росдал г1емераб тарих данде бак1арана Юсупов Гьиматица ва басмаялда бахъана «Гьонодисел» абураб халкъалъ гъираялда ц1алараб т1ехь ва ц1алдолез лъик1го къабул гьабуна гьесул «Маг1арулал годек1анир» абураб т1ехьги.

Гьединаб бук1ана щуго васазул эбел ва эмен, лъабго вас рагъуе кьурал, г1умруялъ гьезухъ угьдулаго ч1ег1ер бахъич1ел Написатилги Исубил Мух1амадилги къисмат. Гьединаб буго, К1удияб Бергьенлъиялъе г1оло биги г1ет1ги г1одобе т1олаго къеркьарал гьонодисезул васазулги, г1олеб г1елалъе мисалалъе ракьалда хут1изе абадиялъего нахъа тараб бах1арчияб нух.


( Пайда босана Гьимат Юсуповасул «Гьонодисел» абураб т1ехьалдаса ).


ЛЪИМАЛАЗУЛ АСАРАЛ
К1уяда росдал Г1урала гьоркьохъеб школалда х1алт1улеб буго «Г1агараб ракь лъазабиялъулгун адабияталъул» кружок. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, Россиялъул Журналистазул союзалъул член, РФялъул г1аммаб лъай кьеялъул мустах1икъав х1алт1ухъан, рахьдал мац1алъул ва адабияталъул учитель Х1асанов Мух1амадица.

Кружокалъул г1ахьалчаг1аз жигараб г1ахьаллъи гьабула г1агараб росдал, районалъул таварих лъазабиялъулъ, бак1арула гьелда хурхараб материал, хъвала куч1дул, харбал ва макъалаби.

Ц1алдохъабаз гьаб г1агараб заманалда хъвана г1агараб т1абиг1ат ва Ват1ан бокьиялда, патриотикияб темаялда хурхарал куч1дул. Гьезул цо-цоязулгун нужер лъай-хъвай гьабулеб буго жакъа нижеца.
ДИР АНИЩ

Дир к1удадал каранда,

Киг1ан медалал ругел.

Рик1к1ине гьал кверазда

Килщалцин г1олел гьеч1о.
Тушман т1аде к1анц1идал,

К1удада, Ват1ан ц1унун,

Ц1ум г1адин вагъун вуго

Гитлерил аскаралгун.


Ахирги бергьенлъигун

Росулъе вуссун вуго.

Гьанже гьев ц1ар раг1арав

Векьарухъанги вуго.


Дунги к1удада г1адав,

Г1адамазе вокьулев

Векьарухъан вук1ина

К1удияв г1ураб мехалъ.



ХУЧИЯРОВ Шамил, 5 аб. Класс
ВАТ1АН

Ват1ан, мун бокьула ракьалда дие,

Дирго рух1алдаса, рек1ел х1асраталъ.

Дие мун бокьула дун г1ураб росу,

Рек1еда т1оцебе т1огьол мах1 ч1вараб.
Муг1рул т1аралъуда т1амула цебе,

Т1егьараб г1агараб К1уяда росу.

К1к1аламухъ гьарзаяб, гьобол хирияб,

Кьилимуг1рул каранлъ гъапуллъун ккараб.


Дуе дун къулула, къадруги ц1унун,

Къадруял васазул Ват1ан мун батун.

Дир эбел-инсуца амру гьабураб

Улкадул щулияб г1аркьел мун бук1ун.



Г1АБДУЛАЕВ Мух1амад, 5 аб. Класс


ДИР КЕТУ

Дир буго ц1акъаб кету,

Ц1ар гьелда Барсик буго.

Гьеб багъулеб жо буго,

Бихьун кету толареб.
Гьелъ г1емер г1унк1к1ал ккола,

Гьелъ рокъоб г1адлу лъола.

Хъварщи бахъаралъубе

Ч1варкьун балагьун ч1ола.


Гьелъий дун ц1акъ йокьула,

Дие гьебги бокьула.

Барсикан ах1анани,

Аск1об бекерун щола.



ИБРАГЬИМОВА Пат1имат, 6 аб. Класс


Т1АБИГ1АТ

Дида росдал свери

Суратин ккола,

Хъах1аб кагъаталда

Дица бахъараб.
Лъоб Кьилимег1ерги

Кьуч1аб ях1-намус,

Маг1аруллъиялъго

Бет1ер къулараб.


Т1абиг1ат белъидал,

Йохун г1ола дун,

Дир лъимерлъиялъе

Т1огьол мах1 щвалеб.


Т1олго берцинлъиялъ

Сверун ккола дун,

Сабураб, недегьаб

Бакъул нур ч1валеб.



Г1УСМАНОВА Пат1имат, 6 аб класс

Г1АТ1АХИНК1АЗУЛ КЕЧ1

Бисмиллагь хиралъиялъ

Хъвазин хинк1азул хабар.

Ниг1матазул байрамалъ

Босизин цебе сурсат.
Дун нек1о заманаялъ

Залимаб квен бук1ана,

Пирогал, капризазул

Х1илла-макру бергьана.


Базаразде щваниги,

«Пиражк1аби» ратула.

Бертабалъе кканиги,

«Голудцаби» кванала.


Киналниги данделъун,

Даран-базарги цолъун,

Дир бук1араб берцинлъи

Буго цебеса т1аг1ун.


Дунги г1ат1ахинк1лъидал,

Т1аде бахъана жакъа.

Дирго гьунар бихьизе,

Т1аг1ам ц1ехон ц1ар кьезе.


Гьанже г1ат1-т1ех кваналеб

Кибго гьеч1еб мехалда,

Мех-мехалъг1аги нижер

Нужеца адаб гьабе.


Аллагь разияб г1амал

Г1адамазеги кьеги.

Халатаб ризкъиги щун,

Рохаги нилъер рак1ал.


Аминат ва Хадижат МАНАПОВАЛ, 8 аб. Класс


ДИЕ БОКЬИЛААН…

Кьилимег1ералъул борхалъиялда

Бокьилаан дие памятник лъезе.

Цойги бокьилаан гьел кьурабазда

Кьуч1ал бах1арзазул х1акъикъат хъвазе.
К1к1уяда, дур муг1рул рорхатал руго,

К1к1алал г1одоблъуда ахалги руго.

Гьекъон г1орц1уларел иццалги руго,

Гьоц1ог1ан гьуинал пихъалги руго.


Лъоле Кьилимег1ер – кьурабазул хан,

Доле Гъуниб кьуру – кьуч1 меседил ссан.

Зодихъе г1унт1арал лебалал муг1рул,

Гьез рачел жемараб г1агараб росу.



АСИЯЛОВА Пат1имат, 8 аб. Класс


Х1АНЧ1И

Роржун унел руго рик1к1аде х1анч1и,

Х1асратаб ракьалде руссине хьулгун.

Гьел муг1рузде руго нахъралагьулел,

Рагъул гъугъаялъул гьаракь раг1игун.
Гьезий бокьун буго т1адгьаваялда

Гьарзаяб, эркенаб лазат босизе.

Т1асан ралагьидал ракьалда кибго

Ракълилаб, г1ащикъаб г1умру бихьизе.


Т1егьараб Дагъистан, г1урччинал муг1рул,

Г1азу-ц1адалъ гуреб чурунгут1изе.

Берцинаб г1умруялъ рохизарурал

Разиял, эркенал гьурмал рихьизе.



НАЖМУДИНОВА Байгинат, 8 аб. Класс

ВАТ1АНАЛЪЕ Г1ОЛО…

Ват1аналъе г1оло, халкъалъе г1оло,

Хирияб рух1 кьезе х1адур вуго дун.

Дир х1урматияб борч – маг1арул намус

Борхатго ц1унизе гьедун вуго дун.
«Эбел» - гьеб раг1идулъ азарго маг1на,

Азарго бат1ияб рек1ее асар.

Гьелъулъ дида даим цебе бач1уна

Эбелалъул гьумер, инсухълъи – Ват1ан.


Ват1ан, къо бач1индал х1ет1е тарани,

Тела эбелалъул рахь х1арам гьабун.

Улка, мун ц1унизе ц1адав инч1они,

Инсул т1агъуралъе гъаримлъила дун.



Х1АЖИЕВ Мух1амад, 11 аб. Класс

ИХ

Гъут1би т1егьалел руго,

Т1угьдул раккулел руго.

Т1олабго берцинлъиялъ

Берал рагьулел руго.
Гьанже дунял гьимидал,

Гьуинал мах1ал руго.

Маг1арухъе х1анч1азул

Х1асратал гваял руго.


Хъах1аб халг1атги рехун,

Муг1рул г1урччинлъун руго.

Ракьул х1ухьелги бахъун,

Рекьул х1ал бергьун буго.


Ихдалил гьогьомиялъ

Гьал рак1ал т1адагьлъула.

Т1олабго ч1аголъиялъ

Ч1урканаб накъиш лъола.



МУХ1АМАДОВА Майсарат, 11 аб. Класс

РУХ1ИЯБ ЦЕБЕТ1ЕЙ
ЦОГИ МАДРАСАЯЛЪ НУЦ1БИ РАГЬАНА
Араб рузман къоялъ К1уяда росдал жамаг1аталъул г1емерисел г1адамал данделъун рук1ана Г1урала росулъ ц1идасан бан лъуг1араб мадрасаялъул нуц1би рагьизе. Т1ат1ала цо чанго соналъ росдал жамаг1аталда цеве живго лъугьун, мадраса баялъе х1ажатаб сурсат-алат ч1езабун, жиндирго махщалида рекъон мух1канаб х1алт1и гьабун, гьеб кинабго раг1алде бахъинабуна жамаг1атчи Г1абдурах1имов Г1абасица. Гьелъие жидедаса бажарараб кумек гьабуна к1уядерил г1адамазги. Гьеб къоялъ гьелъул х1урматалда т1обит1ана росдал мавлидги.

  • Гьаб ккола К1уяда росулъ бан раг1алде бахъараб лъабабилеб мадраса. Гьабсаг1ат гьадинабго мадраса х1алт1улеб буго Агъада росулъги, гьенив ц1алулев вуго к1икъого лъимер-мутаг1илзаби,- ян абуна данделъиялда к1алъай гьабурав росдал мажгитазул имам Мух1амадов Микаг1илица. – Жакъа нилъеца киг1ан ч1ух1арал мадрасал раниги ва месед-г1арацалъ гьел къач1аниги, гьенир ц1алулел ва г1елму малъулел мутаг1илзаби гьеч1ебг1ан мехалъ, киг1ан дагьабниги пайда гьеч1о. Нилъеца щивас ях1 бахъизе ккола мадрасаялде лъимал рит1изе. Гьеб т1адаб буго эбел-инсуда. Кинабниги х1арамабщиналдаса, мехтизарулеб г1аракъи-чагъиралдаса, ц1алеб хъалияналдаса, наркотикалдаса рик1к1ад гьавула бац1ц1адаб исламияб диналъ чи. Бищунго аслияб – адаб. Гьеб гьеч1о жакъа г1олеб г1елалъулъ. Балагьеха, квешлъиялда хехго ватула инсан, амма лъик1лъи батизе г1едег1улел рихьуларо нилъ. Хварав чиясул хабада Къуръан ц1ализе чи гьеч1елги руго цо-цо росаби. Гьеб бегьулеб жо гуро. Бихьулищ гьаб заманаялъгицин иш ккараб бак1. Нилъ х1инкъизе ккола гьелдаса. Жакъа нилъер гьаб мадрасаги Аллагьас бищунго лъик1аздасан цояблъун гьабун батаги, г1емерал лъимал жанир ц1алилеб, г1алимзаби гьарзалъилеб, росдадаго баракат лъелеб. Амин!

Гьединалго пайдаял рук1ана цогидазулги к1алъаял.

Киназго цо г1адин рахъ ккуна гьеб лъик1аб ишалъул, рак1-рак1алъ баркала кьуна ва Аллагьасул баракат-кири щвагиян гьарана мадраса барав Г1абасие ва гьелъие квербакъаразе. Мавлидалда рук1ана лъик1ал ва маг1наял ваг1заби, ах1ана нашидал-туркаби. Гьелъул ахиралда гьабуна гьари-дуг1а ва гьарзаяб садакъа.
Мух1амад Х1АСАНОВ
СУРАТАЗДА: Г1урала ц1ияб мадрасаялъул мина ва мавлидалда


ШКОЛАЛЪУЛ Г1УМРУ
ПАТРИОТИЯБ НУХДА ТАРБИЯ

Исана К1удияб Бергьенлъиялъ 70 сон т1убаялъул юбилеялда дандч1вай гьабизе, киса-кибго г1адин, лъик1аб х1адурлъи гьабулеб буго К1уяда росдал Г1урала гьоркьохъеб школалдаги. Цебеккунго х1адур гьабураб хасаб планалда рекъон, т1орит1улел руго бат1и-бат1иял тадбирал. Гьанжег1агар школалъул байбихьул ва ч1ах1иял классазул ц1алдохъабаз т1обит1ана г1урусазул шаг1ирзабаз патриотикияб темаялда хъварал куч1дул чвахун ва пасих1го рек1ехъе ц1алулезул байрам. Гьеб сайгъат гьабун бук1ана К1удияб Бергьенлъиялъ 70 сон т1убаялде. Лъик1го цере рахъана киналго классазул ц1алдохъаби. Школалда х1адурлъи гьабулеб буго гьединабго байрам маг1арулазул шаг1ирзабазул куч1дузулги т1обит1изе.

Каталог: storage -> files
files -> Дир къадруяб Гъуниб, Ц1ар бугеб Гъуниб
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Дарган мез ва литература дуч/ух/ели бяркъла х/янчи
files -> 1. Вопрос: Граждан рагъалъул темаялда хъвараб асар бихьизабе. М. Хуршилов «Сулахъалъ нугIлъи гьабула»; М. Мухlамадов «Манарша»; М. Саидов «Наборщик». Вопрос
files -> Школьный этап Даргинский язык 5 класс 2014-2015 учебный год
files -> «Хъах!абросулъа Мах!муд»
files -> Ибрагьим Утарбиев гьавуралдаса 100 сон т1убай
files -> «формирование нравственных качеств и патриотических чувств учащихся при изучении творчества расула гамзатова»
files -> Мух1амад Х1асанов рагъуе васал кьурай мух1амад Х1асанов


Сподели с приятели:
1   2   3   4




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница