Лекция № Байбихьи. § Мац1алъул цо-цо г1аламатал


Байбихьул классазда хъвай-ц1али малъиялъул методика



страница5/7
Дата01.02.2018
Размер0.94 Mb.
#53122
ТипЛекция
1   2   3   4   5   6   7

Байбихьул классазда хъвай-ц1али малъиялъул методика.

Анализ ва синтез щиб кколеб.
Байбихьул классазул ц1алдохъабазда хъвай-ц1али малъиялда цебеч1араб аслияб масъала буго к1ванаг1ан хехго бигьаго ва пасих1го лъималазда ц1алиги хъвай-хъваг1айги лъазаби. Гьелдаго цадахъ хъвай-ц1алиялъул дарсаз ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езабиялъеги кумек гьабизе ккола. Лъимал ругьунлъизе ккола:

а) учителас кьурал суалазе т1убарал ва бит1арал жавабал кьезе.

б) Суратазухъ балагьун ва лъималазул г1умруялдаса лъугьа-бахъиназул маг1на бугел гьит1иналго харбал рицине.

в) Лъималазул раг1абазул къадар бечед гьабизе, мух1кан гьабизе, тартибалде ккезабизе.

Хъвадаризе малъулаго хъваялъул рац1алъиялде, х1арпазул формабазде, х1арпал раг1абазулъ бит1ун рухьинариялде кьезе ккола аслияб к1вар.

Хъвай-ц1али малъиялъул х1алт1и бергьенлъиялда ин бараб буго т1оцебе учителас гьеб ишалда х1алт1изабураб методалда. Гьаниб аслияб г1унгут1и буго хъвай-ц1али малъиялъул бат1и-бат1иял т1ахьал гьеч1олъи. Гьелъие бат1и-бат1иял г1урус т1ахьалги бегьула х1алт1изаризе. Амма учитель, цох1о аслияб литератураялдаса методазде мугъч1вай гьабун ч1еч1ого, дарс жинцаго кьолел методал ургъизе, гьел гъварид гьаризе х1алт1ани бит1араб бук1ина.

Т1оцебе, нилъер школазда аналитикиябгун-синтетикияб метод т1ибит1араб бук1ин х1исабалдеги босун, хъвай-ц1али малъулаго учителасда лъазе ккола каламалъул лугбузул х1акъалъулъ, гьаркьал рахъулеб ва лъугьунеб бак1 ва куц. Гьелъ лъималаздаги х1арп-гьаракь бич1ч1изабизе бигьалъи кьола. Рагьукъал гьаркьал гьезул тайпабазде рикьун кьунани лъазаризе бигьалъула. Маг1арул щуябго рагьараб гьаракь халат рахъизе к1олеблъи бич1ч1изабизе ккола лъималазда. Мац1алда гьоркьор ругел к1и-к1и гьаракь кьолел Е, Ю, Я х1арпал, рук1ухъе, х1арпаллъун хъвала. Ё х1арп цох1о г1урусалдаса рач1арал раг1абазулъ хъвала бук1ухъе. Нилъер мац1алда раг1абазулъ к1иябго гьаракь [йо] хъвала: йорч1ана, йосана, йортана, йорхатай, йо!, йохана. Хъвай-ц1али малъулаго, гьаркьазул х1исабги гьабун, цин бигьаял гьаркьал малъизе ккола лъималазда, гьел ккола рагьарал, цинги дагь-дагьккун рач1ина зах1матазде.

1. Букваралъул х1арпазулгун лъай-хъвай гьабулаго хъвавулъги ц1алулъги бат1алъи гьеч1ел, данде кколел раг1аби рищизе ккола.

2. Рагьарал гьаркьазул т1оцере лъазаризе лъик1аб бук1ина а, у, э, хадур о, и.

3. Рагьукъалги букваралда бихьизабураб къаг1идаялда цоцада хадур.

4. Ф, ы, ъ, ь х1арпал бищунго нахъа лъазаруниги бегьила.

Хъвай-ц1али малъиялъул бищунго бит1араб метод буго раг1абазулъ гьаракь-х1арп бат1а гьабизе ругьунлъи. К1иабизеги, раг1ул анализ ва синтез цадахъ бачине ккола. Методги цох1о гьаркьазулаб, ялъуни цох1о х1арпазулаб, цох1о г1инзулаб бук1ине бегьуларо. Гьеб бук1ине ккола гьаркьилабгун-х1арпазул ва берзулабги цадахъ. Гьеб метод аналитикиябгун-синтетикияб ва гьаркьазулгун-х1арпазул, г1инзулгун-берзул бук1ине лъик1аб буго. Гьединаб методалъ лъималазе кумек гьабула бищун хехаб ва пасих1аб ц1али, калам хехго цебет1еялъе. Анализалъ лъималазе кумек гьабула раг1удаса гьаракь-х1арп бат1а гьабизе.

Синтезалъ малъула гьаракь-х1арп дандбан раг1и лъугьинабизе. Гьединго гьез кумек гьабула раг1удаса слогал рат1а гьаризе ва слогазул раг1аби лъугьинаризе. Гьеб кидаго цадахъ бачине ккола.

5 лекция.
Рагьарал ва рагьукъал гьаркьазул рахъулеб бак1 ва куц.
Рагьарал гьаркьал абулаго, цох1о гьаракь бук1ин гурони, хъуди бук1унаро. Гьел рахъулаго, к1алги рагьун, х1ухьел, цебе квек1ен гьеч1ого, къват1ибе биччала. Гьединлъидал рагьарал гьаркьал халатрахъун абизе к1ола. Маг1арул гьаркьилаб системаялда щуго рагьараб гьаракь буго: [а, у, э, о, и]. Киналго рагьарал гьаркьал рикьизе бегьула к1ут1бузулазде ва к1ут1бузул гурезде. К1ут1бузулал рахъулаго к1ут1би цере ц1ут1изарула. У бахъулаго ц1ик1к1ун ц1ут1изарула, О бахъулаго дагь ц1ут1изарула.

Мац1алъул цебесеб, гьоркьосеб, нахъисеб бут1а борхиялде балагьун, гьезда цебесеб, гьоркьосеб, нахъисеб кьералъул абула.



И, Э А У, О

Мац1 эхеде борхиялде балагьун, т1асияб (и, у), гьоркьосеб (э, о), гъокьияб кьералъул (а) абула.



Ы гьаракь г1урус мац1алдаса рач1арал раг1абазулъ гурони, нилъерго раг1абазулъ бук1унаро. Гьел г1урус раг1аби абулаго, нилъеца ы – ялъул бак1алда и абула, амма хъвазе ккола г1урус раг1улъ бугеб къаг1идаялда ы гьаракь: промышленность, музыка, лыжаби; кавычкаби, переходныяб.

Рагьукъал гьаркьал рахъулаго к1алзул гьодорлъиялда х1ухьелалъе цо кинаб бук1аниги квек1ен ккеч1ого хут1уларо. Гьел рахъулаго хъуй кколеб бак1 ва куц х1исабалде босун, рагьукъал гьаркьал рикьула к1иго бут1аялде:

а) Рахъулеб бак1 х1исабалде босун гьезул 9 группа буго:

1. К1ут1бузулал: п, в, б, м.

2. Цабзазулал: д, т, т1, з, с, ц, ц1, н; сс, цц, ц1ц1.

3. Дабаздалъун рахъулел: ж, ш, ч, ч1, р, шш, чч, ч1ч1.

4. Мац1алъул хьолбохъан рахъулел: лъ, кь, л, лълъ.

5. Гьоркьосеб мац1алъул: й.

6. Нахъисеб мац1алъул: г, к, к1, хь, кк, к1к1.

7. Тамахаб хвенехалдалъун рахъулел: гъ, х, хъ, къ, хх.

8. Фарингсалдалъун рахъулел: г1, х1. (щокъросан).

9. Мукъулукъалдалъун рахъулел: ъ, гь.

б) Рахъулеб куц х1исабалде босун 4 группа буго:

1. Лугбал гъункизарун рахъулел: б, д, г; п, т, к; т1, к1, ъ.

2. Рич1и ккун рахъулел: в, з, ж, й, гъ, г1; с, ш, лъ, хь, х, х1, гь; сс, щ, лълъ, хх.

3. Аффрикатал: ц, ч, хъ; ц1, ч1, кь, къ, цц, ц1ц1, чч, ч1ч1, кк, к1к1.
Морфология – мац1азул г1елмуялъул цо бут1а.

Раг1ул нилъеца хал гьабула к1иго рахъалдасан: жанисеб, маг1наялъул рахъалдасан ва къват1исеб, формаялъул рахъалдасан. Маг1наялъулаб рахъалъул бицуна лексикаялъ, раг1ул формабазул, гьездалъун лъугьунел грамматикиял маг1набазул г1аламатазул бицуна морфологиялъ. Раг1ул лексикияб ва грамматикияб маг1на кидаго цояб цоялда бухьараб буго. Раг1ул лексикияб маг1на цо бук1уна, амма формаби рук1уна бат1и-бат1иял. Жиб-жиб грамматикияб формаялъул бук1уна жиндирго грамматикияб маг1наги. Ц1ад, бакъ, шаг1ир, т1ехь, бац1, ци – гьал раг1абазул лексикияб рахъ бат1ияб буго, грамматикияб рахъин абуни цо буго, гьел ккола аслияб падежалда, цолъул формаялда ругел предметиял ц1арал.

Предметияб ц1аралъул грамматикиял категориял ккола:

- класс (1грамм. класс, 2 гр. класс, 3 гр. класс).

- форма (цолъул, г1емерлъул, цо чанголъиялъул).

- падеж (г1адатаб, бак1алъул).

Глаголалъухъ балагьани, хъвазе, к1анц1изе, ине, воржине, гьабизе, ах1изе, абурал глаголазул лексикияб рахъ бат1ияб буго, грамматикияб рахъ релълъараб буго, гьал киналго глаголалъул мурадияб форма ккола.

Глаголалъул грамматикиял категориял ккола:

- заман (араб, бач1унеб, гьанже, г1ахьалаб).

- наклонение (т1алабияб, хабарияб, суалияб, шарт1ияб).

- такрарлъи маг1на бук1ин.

Цо-цо раг1абазул форма цо бук1аниги, маг1на бат1ияб бук1уна: сон (лъаг1ел) – сон (къо); нилъ (алат) – нилъ (ц1арубак1).


Раг1ул морфологияб г1уц1и.

Раг1ул маг1на бугеб бут1а ккола морфема. Гьел рук1уна аслиялги, кумекалъулалги: кето – кати-л, кати-ца, кати-да, кати-хъ, кати-кь;



Вас – васас-у-л, васас-е, вас-а-с, вас-ас-д-а, васас-у-хъа.

Гьал раг1абазул буго аслуги ахирги. Ахир нахъе рехун хут1араб раг1ул бут1а аслу ккола. Ахир ккола жиб хисарун раг1уе ц1ияб маг1на кьолеб бут1а.

Раг1ул киналго формабазе г1ахьалаб бут1а ккола кьибил.

Гьабураб аслу бут1абазде биххула: гьоко-чи; г1алим-чи, гьаби-гьан, бет1ер-гьан, коч1о-хъан.

Гьабич1еб аслу бут1абазде биххуларо: баба-л, к1одо-л, дада-л.

Хисараб аслу ккола аслияб падежалда тун цогидазда бат1ияб, хисараб бук1ин.


Ас. Акт. Хас. Кьов. Жинда

Бече бачи-ца бачи-л бачи-е бачи-да

Вас васа-с васас-у-л васас-е васас-да

Г1алилав Г1алила-с Г1алиласу-л Г1алилас-е Г1алилас-да

Кьибилалда т1аде жубан ц1ияб маг1на раг1уе кьолеб бут1а суффикс ккола: гьерси-хъан, питна-чи, х1алт1у-хъан, коч1о-хъан.


Каламалъул бут1аби.
Маг1наялде ва предложениялда жаниб т1убалеб хъулухъалде балагьун раг1аби к1ийиде рикьула: жалго жидедаго ч1аралги ва кумекалъулалги. Жалго жидедаго ч1арал раг1аби предложениялда жанир бет1ерал яги бет1ерал гурел членаллъун рук1уна. Дир вацас сон маг1ардаса цо лъик1аб куй бач1ана.

Гьаб предложениялъулъ киналго киналго раг1аби жалго жидедаго ч1арал раг1аби ккола, гьезул лексикияб маг1наги грамматикияб формаги буго щибалъул. Гьел предложениялъул членаллъунги ккола щибаб.

Кумекалъул раг1абазул грамматикияб маг1на бук1уна, лексикияб бук1унаро. Гьезулъ морфологияб хиси кколаро, предложениялъул членаллъунги рук1унаро, гьез раг1абазда гьоркьоб бухьен бихьизабула. Нижехъеги вач1аха, Ах1мад. Мунго мунгойищ чай гьекъолев вугев, Г1али? Батирцин гурищ вач1арав? Довг1анав мунги г1елев. Гьенир ги, ха, го, йищ, цин, г1анав ккола кумекалъул раг1аби. Гьез раг1абазе бухьен яги бат1и-бат1ияб асар кьола.

Предложениялда жаниб т1убалеб ишалде балагьун раг1аби каламалъул бут1абазде рикьула. Гьел киналго рикьула 2 бут1аялде, яги группаялде:

1. Жалго жидедаго ч1арал: предметияб ц1ар, прилагательное, рик1к1ен, ц1арубак1, глагол, наречие, причастие, деепричастие.


  1. Кумекалъул: хадурег1ел, частица, союз, междометие.

Мац1алда жанир каламалъул бут1аби хисарулел рук1уна ва цояб цоялде сверизе бегьула: бах1арав – пр.ц1. ва прилагательное; Бах1арай – хас.ц1. пред.ц1ар; гъоб – ц1арубак1 – гъоба – наречие.
Байбихьул классазда гьаркьал ва х1арпал лъазари.

Анализалъул ва синтезалъул хасал упражнениял.

Жеги лъималазда лъалареб гьаракь-х1арпалъулгун лъай-хъвай гьабулеб дарсил план г1ага-шагарго гьадинаб бук1ине бегьила:



  1. Ц1ияб гьаракь гьоркьоб бугеб раг1и бати, бищи.

  2. Гьеб раг1уда т1ад слогалккун ц1ияб гьаракь бат1а гьабиялъе ва жубан, слогал, слогазул гъобго раг1и лъугьинабулел упражнениял гьари.

  3. Ц1ияб гьаракь гъорлъ бугел раг1аби лъималаз ургъи.

  4. Ц1ияб гьаркьил х1арп бихьизаби. Гьеб х1арп гъорлъ бугел раг1аби ц1али.

  5. Букваралдаса ц1ияб гьаракь-х1арп гъолъ бугел раг1аби ц1али ва хъвай.

  1. Ц1ияб гьаракь гъорлъ бугел раг1аби учителасул яги лъималазул харбаздасан ратила. Харбал учителасул суалаздалъун яги суратазухъ балагьун г1уц1ула. Къвариг1араб ц1ияб гьаракь гъорлъ бугеб жавабалъул бицанк1оги бегьила лъималазе кьезе.

  2. Цин цебе ц1ияб гьаракь, цинги х1арп лъазабула. Бищунго лъик1 бук1ина ц1ияб гьаракь раг1удаса бат1а гьабуни. Рагьарал гьаркьал лъазаризе гьел жалго слогаллъун кколел раг1аби росани лъик1 бук1ина: э-бел, э-мен, а-мма, у-читель, ю-ссана. Рагьарал гьаркьал рат1а гьарулеб мехалъ гьел халат ц1ан абуни лъик1аб бук1ина.

Рагьукъазда гьоркьорги руго жал дагьалг1аги халат ц1ан абизе бегьулел гьаркьал. Гьел рагьаразде журазе бигьаял рук1уна. Гьебго къаг1идаялда гьаркьал цоцадаса рат1а гьаризеги гьел бигьаял руго.

  1. Ц1ияб гьаракь гъорлъ бугел раг1аби лъималаз ургъун ратиялда цебеч1араб масъала буго лъималазда гьаб параялъ лъазабураб гьаракь цогидал раг1абазулъ бат1а гьабизе лъазаби. Учителасул т1адкъаялда рекъон лъималаз ц1и лъазабун бахъараб гьаракь раг1ул бет1ералда, бакьулъ ва ахиралда жалго ургъун батула.

Ц1алдохъабазе ц1иял раг1аби рахъизе зах1малъулеб бугони, учителас бигьалъиялъе лъимал жалго т1аде кколел х1алт1аби гьарула:

а) Гьабсаг1ат лъазабураб гьаракь гъорлъ бугеб ц1аралъул предмет бихьизабила.

б) къвариг1араб гьаракь гъорлъ бугеб ц1аралъул т1ад бахъараб сурат бихьизабила.

в) къвариг1араб гьаракь гъорлъ бугеб жаваб кьезе суал кьела.

4 Ц1ияб гьаракь бат1а гьабиялъул ва жубаялъул упражнениял гьарун хадуб лъималазда гьеб гьаракьалъул х1арп бихьизабизе ккела, ва гьеб х1арпалъухъ балагьун гьелъул гьаракь абизе ругьун гьарила:

а) рагьарал гьаркьазул х1арпазда лъурал ц1арал гьаркьалго г1адин бит1ахъе абила: а, у, о, и, э.

б) е, ё, я, ю,- халат ц1ач1ого, къот1изарун абила.

в) халатккарал рагьукъал гьаркьазул х1арпал халат ц1ан абила: ррр, ссс, ххх, шшш.

г) къокъккарал гьаркьазул х1арпал къот1изарун къокъго абила: б, и, г, к, к1, д, т, т1, ц,ц1, ч,ч1.

К1иго слог бугеб раг1и босулеб бугони,гьеб раг1и бук1ине ккела к1иябго рагьараб слог бугеб: га+ма, ра+са, ма+ли, га+гу, т1а+т1и, ц1а+ли. Къот1араб азбукаялъул х1арпаз лъималаз партабазда т1ад цин слогалккун, Цинги слогал данде гьарун т1адехун рехсарал раг1аби рищила ва цин цо-цо – ккун щивас, хадуб классалъ цадахъ ц1алила.

5 Цо-цо нухалъ лъималазда ц1ияб гьаракь ва гьелъул х1арп лъазабиялъул дарс раг1аби ц1алиялдалъун лъуг1изабизе бегьила, цо-цо мехалъин абуни, х1арпазул элементал, х1арпал, гьел х1арпал гьоркьор ругел раг1аби хъваялдалъун лъуг1изабизе бегьила. Гьенибги учителас жиндаго лъик1 бихьараб къаг1ида данде ккезабизе бегьила.
Анализалъул ва синтезалъул хасал упражнениял.
Лъималаз г1инда раг1уналдасаги берда бихьуналдасаги жалго квалквадун гьабулеб ишалъги дагьабги лъик1 лъазабула къвариг1араб х1алт1и. Жидецаго гьарулел х1алт1абаз лъималазул гъира базабула ц1али лъазабиялъулъ. Лъималазе ц1акъ бокьула къот1араб азбукагун х1алт1изе, линейка къаламгун бат1и-бат1иял х1уччал ц1азе, суратазда т1ад х1алт1изе, гьаб заманалда бат1и-бат1иял мультипликацияздаса пайда босизе. Амма гьединал х1алт1абазе дидактикияб материал цебеккунго х1адурун бук1ине ккола.

Гьеб къаг1идаялда дарс г1уц1улеб бугони, рак1алдаса ине бегьиларо гьал хадусел шарт1ал:

а) Щибаб дарс такрар гьабун ц1али гуребги ц1ияб материалалдалъун гьабулеб ц1алиялъеги рес рекъезабизе ккола.

в) Щибаб гьединаб дарсида цин т1убараб классгун гьабизе ккела х1алт1и учителасул кумекалдалъун. Хадуб гьелъул мисалалда лъималаз жидецаго гьабулеб х1алт1иги г1уц1ила учителасул нухмалъиялда гъоркь. Лъимал, т1оцебесеб ц1али учителас малъулеб мехалъ, х1арп-х1арпккун ц1алиялдаса ц1унизе ккела.

Церехун лъарал гьаркьазе ва х1арпазе х1алт1изабулеб анализалъул ва синтезалъул ц1акъ къимат бугеб къаг1ида буго г1инт1амун абулел раг1абазулъ гьаркьал рат1а гьаризе лъай (анализ) ва гьел раг1аби х1арпаздалъун рихьизаризе ва хадуб ц1ализе к1вей (синтез). Лъик1аланго гьединал упражнениял гьарун хадуб, х1алт1ул хасият хисизабизе ккела: ц1алдохъабаз раг1аби слогазде рикьула, хадурго гьел раг1аби къот1араб азбукаялъул х1арпаздасан рищула ва ц1алула. Гьелдаса хадуб гьеб х1алт1и гьадин гьабила: раг1и учителас абулеб куцалъухъ г1инт1амила, цинги жидецаго абила гьеб раг1и, хадуб гьеб раг1ул гьаркьал х1арпаздалъун рихьизарула ва бицараб раг1и ц1алула. Гьединабго х1алт1и цоги къаг1идаялъги гьабизе бегьила.

а) Гьоркьоса цо,к1иго, яги лъабго х1арп камурал ц1аралги т1ад хъварал суратал рикьила, лъималазда т1адкъала камурал х1арпалги хъван раг1аби лъаян;

б) К1иабилеб х1алт1и бук1уна къот1араб азбукаялъул х1арпаздасан гьел раг1аби рищизе ва ц1ализе. Гьеб къаг1идаялъул ц1акъго квег1енлъи буго класс к1ийиде бикьун, къец бан, х1алт1и кьуни. Хъвай-ц1али малъиялъул аналитикиябгун-синтетикияб метод буго цоги гьадинаб: слогал кьун гьелде т1аде г1олареб слог жубан раг1и лъугьинаби, раг1ул цо х1арпалъул бак1алда цоги х1арп лъун, цо слогалъул бак1алда цоги слог лъун, кьурал слогазул ва х1арпазул раг1аби лъугьинарун ва гь.ц. Раг1абазулъ цо х1арп цогидалъ хисиялъул упражнениязул мурад буго лъималазда маг1на лъан, бит1ун ва хех ц1ализе малъи. Гьеб х1алт1и учителас къот1араб азбукаялъул к1удиял х1арпалгун доскаялда цебе гьабизе ккола. Масала, учителас доскаялда цебе мали абураб раг1и бищун лъуна, лъималаз ц1алана жинди-жиндиего, цояс раг1изабун. Учителас м х1арп нахъе босун, гьелъул бак1алда г лъола, лъималаз ц1алула гали абун. Учителас г нахъе босун, лъола г1, лъималаз ц1алула Г1али абун. Учителас г1 нахъе босун, лъола къ, лъималаз ц1алула къали абун. Лъола с, ц1алула сали. Гьединал упражнениял бегьула гьаризе гьадинал раг1абазул: ч1ор, т1ор, къор, кор, лъор, гор, т1ала, бала, рала, ххала: х1ехь, т1ехь, къехь, чехь, вехь: гозо, гожо, горо, гомог. Ц1ияб маг1на кьолел раг1аби г1уц1иялъул упражнениял т1аде ц1иял гьаркьал ва слогал жураялдалъун гьаризе бегьула: г1ер – ме+г1ер, гьор – гьор+чо, г1уж – г1уж+рукъ, мугъ – т1и+мугъ, гъеж – к1и+гъеж, рагъ – я+рагъ.

Гьал т1адехун рихьизарурал анализалъул ва синнтезалъул къаг1идабазул г1ураб пайда буго ц1али лъазабиялъе. Гьез кумек гьабула ц1алдохъабазда раг1ул слогалъулаб ва гьаркьилабгун х1арпазулаб г1уц1и хех ва бигьаго лъазе. Гьелда бан лъималазда ц1ализе ва хъвазе хехго лъазе буго.



6 лекция.
Предметияб ц1ар. Предметияб ц1аралъул бит1унхъвай.

Цо-цо х1арпазул бит1унхъвай.
Предметияб ц1ар ккола жибго жиндаго ч1араб каламалъул бут1а. Гьелъул грамматикияб формаги бук1уна, лексикияб предмет маг1наги бук1уна. Гьел маг1наялъухъ балагьун бат1и-бат1иял руго:

а) х1айван, г1адан, милъиршо, аздагьо, х1ор, мина, хеч.

б) т1абиг1аталъул г1аламатал: гьури, пири, ц1ад, г1азо, щоб.

в) халкъалъул ишал: собрание, рищи, кьурди, бертин, гвай.

Авар мац1алда предметияб ц1аралъул руго гьадинал грамматикиял категориял: г1аммаб ва хасаб, жинс, яги грамматикияб класс, цолъул ва г1емерлъул форма, падеж, раг1и лъугьиналъул суффиксал. Гьел категорияздалъун предметияб ц1ар к1ола цогидал каламалъул бут1абаздаса бат1а бахъизе.

1. Предложениялда жаниб бищунго г1емер предметияб ц1ар х1алт1изабула подлежащеелъун (субъектлъун) аслияб, актив, кьовул ва жинда падежазда. Гьеб бат1и-бат1иял падежазде ккей бараб буго глагол переходный ва непереходный бук1иналда ва глаголалъул цогидал маг1набаздаги. Масала, Булатги Эльдарги заманго иналде гьудулзаби лъугьана. (аслияб п.). Хъаничаца гьоркьоб къот1изабуна Салимил бицунеб маргьу. (актив п.). Меседое бокьана г1урул раг1алда г1одой к1усизе. (кьовул п.). Каву бахарабго Чупаласда вихьана кьодаса г1едегун вач1унев к1иго рек1арав. (жинда п.).

2. Предложениялда жаниб предметияб ц1ар бит1араб дополнениелъун (объектлъун) ккезе бегьула: Масала, Командирас васасул эбел-инсухъе баркалаялъул кагъат хъвана. (бит1. доп.). Гьав бах1арчиясе тушман ц1акъ вокьулароан. (бит1. доп.). Ах1мадица к1удияв вацас бицараб хабар рит1ухъ гьабуна. (бит1. доп.).

3. Предметияб ц1ар хъвалсараб дополнениелъунги ккола: Масала, Доб къоялъ инсуца васасда ц1акъ г1емер кант1изесеб хабар бицана. (хъвалс. доп.). Яс ц1акъ рокьукъго ялагьана дов г1олиласухъ. (хъвалс. доп.). Мадугьалзабазул лъимал кидаго к1одода сверун лъугьун рук1унаан. (хъвалс. доп.).

4. Хаслъулги аслиябги падежазда предметияб ц1ар определениелъунги х1алт1изабула: Ясалъул раг1аби х1еренго рещт1ана васасул каранда. (хаслъ. п.). Лъимадул макьу т1уризабуна къват1исан бахъараб кьвагьиялъ. (хаслъ. п.). Хочбарихъе ч1ух1арав ханасул хабар бач1ана. (хаслъ. п.). Щибав манг1аруласда авар мац1 лъазе ккола. (асл. п.). Г1урус халкъалъул кумекалдалъун т1ибит1ана Дагъистаналда гьаб нилъее машгьураб мац1. (асл. п.). Шалбуздаг мег1ер рик1к1уна нилъер гьаниб ц1акъ борхатаблъун. (асл. п.).

5. Предметияб ц1ар ккезе бегьула составияб сказуемоялъул ц1арулаб бут1алъун: Салимги Асадги цоцадаса т1оларел гьудулзаби руго. (ц1арулаб бут1а). Ч1ег1еравги, Каримулаги, Х1ажиги бергьарал зурмихъаби, къолохъаби, кьурдухъаби руго. (ц1арулал бут1аби). Ниж ччуг1ихъаби руго, ниж гамихъаби руго. (ц1арулал бут1аби).

6. Бак1алъул падежалда х1алт1изабураб предметияб ц1ар цо-цо мехалъ х1аллъун ккола: Доб телалъул кварида микки х1алалъ рещт1ана. (х1ал). Нижер рагъидул мокърукь милъиршоялъ бусен гьабуна. (х1ал). Асмаца чемоданалъуб бук1анщинаб къайи къват1ибе бахъана. (х1ал).
Предметияб ц1аралъул бит1унхъвай

1. Кули, нус, муч, х1уби, г1ус, г1уч1, чу, гьури г1адал раг1аби падежазде хисизарулаго, кьибилалъулъ бугеб у гьаракь о гьаракьалде буссуна: колол, носоца, мочол, х1ободе, г1осокь, г1оч1оца, чол, гьороца. Амма г1ор – г1уруца, г1урул, г1урулъе.

2. Рокъоб, зодоб, г1одоб г1адал раг1абазулъ о хъвала.

3. Ударение т1оцебесеб слогалда бугел ва ахиралда у, о хъваялъулъ щаклъи кколел предметиял ц1аразул ахиралда у хъвала: г1елму, г1акълу, щукру, г1азу, пагьму, росу, гьоц1у.

4. К1иабилеб слогалда ударение бугел раг1абазул ударениялде гъоркье кколеб гьаркьилаб гьаракь, раг1ухъе хъвала: хоно, гьоло, мач1у, рахъу, накку, чахъу, гьоц1о.

5. Лъабго слогалъулал раг1абазулъ ахиралда о, у хъваялда щаклъи ккани, кибго о хъвала: могоро, х1елеко, мадиро, Меседо, ц1улакьо, хенеро, свердиро, расанк1о.

6. К1иабилеб слогалда ударение кколел, т1оцебесеб слогалъулъ у о ялъулъ щаклъи кколел раг1абазулъ у хъвала: гьумер, г1урхъи, т1ухьи, гурде, х1ухьел, жубай, ц1умур, хъумур, тумар, хут1ел.

7. Чи, чаг1и, ч1ужу, руччаби абурал раг1аби суффиксаллъун х1алт1изарун ругони, рек1ун хъвала: колхозчи, хъулухъчи, зах1матчи, колхозчаг1и, хъулухъчаг1и, колхозруччаби, колхозч1ужу, хъулухъч1ужу, зах1матруччаби.

8. Г1адамал щиб росулъаяли бихьизабулеб раг1ул аслияб гурелщинал падежазе суффикслъун кколеб дер е х1арпалдалъун хъвала: г1андал –г1андадерил, г1андадерица; хунз – хунздерица, хунздерие; г1еш – г1ешдерица, г1ешдерил, г1ешдерие.

9. К1иго раг1и цоцаде жубан лъугьунеб цох1о маг1на кьолеб предметияб ц1ар жубан хъвала: квербац1ц1, хинк1бахъ, хонобах, габурбухь, т1инч1най, зах1маткъо.

10. Лъабабилеб свериялъул хаслъул падежалда бугеб цо-цо предметияб ц1аралдаса жубараб раг1и лъугьуна ахиралдаса л х1арпги нахъе ун, т1аде цогидаб предметияб ц1арги жубан: бачибокь, солог1уч1, х1амизаз, къоркъот1амах, гьакибер, цидурукъ, маг1ирукъ, куракугъвет1, лъарах1инч1, харибак1. ц1ороберал, бакъанимех, рогьалимех, гозог1оркь, гьац1учед, бидурихь, канапиц1, маг1азукъалал.

11. Амма ц1ц1елмегеж, чолх1ет1е, цидулквач1, г1адалнах, ц1адалх1ама, бесдалмах1у г1адал раг1аби хаслъул падежалъул л ц1унун хъвала.

12. Прилагательноялъул аслуялде т1аде предметияб ц1ар жубан лъугьарал предметиял ц1арал журан хъвала: баг1арг1еч, баг1армесед, Ч1ег1ерг1ор, ч1ег1еркару, ч1ег1ергьоло, баг1аргьоло, хъах1микки, чаргъедо, бетарахь.

13. Гьединго наречиялде т1аде аслияб падежалда бугеб предметияб ц1ар жубараб раг1и рек1ун хъвала: г1одонак1к1, цебераг1и, хадурег1ел, хадулъел, Т1асажунгут, Гъоркьаинхо, нахъарукъ, гъоркьбак1, нахърател.

14. Рик1к1еналде т1аде предметияб ц1ар жубан лъугьарал журарал раг1аби рек1ун хъвала: лъабг1ин, ункъракь, анкьракь, ич1ицц, ункъбер, ункъбок1он, к1игъат, нусибет1ер, щут1ала.

15. К1иго раг1и цоцаде жубан, г1ага-шагараб маг1на кьолеб ц1ияб раг1и гьоркьоб дефис лъун хъвала: хур-хер, г1анк1у-х1елеко, росу-ракь, боц1и-панз, азбар-къоно, хъарщи-ц1ул, ях1-намус, хух-бурут1, г1ачи-бачал, рет1ел-хьит, рец-бакъ, нису-нах, раг1и-хер, гьумер-к1ал, гура-шурун, хинк1-минк1.

16. Аслияб падежалда бугеб предметияб ц1аралде т1аде наречие жубан лъугьарал предметиял ц1арал рек1ун хъвала: мегежхалат, ц1арберцин, г1инхалат, чехьк1одо, чехьквеш, къвалхалат, куцквеш, мах1квеш, агъазгьеч1, къайицадахъ, г1амаллъик1, рач1халат, к1алк1одо, бет1ерк1одо, г1амалк1одо.


Каталог: http schools
http schools -> Мезличила баянти
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
http schools -> «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
http schools -> Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа


Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница