Лекция № Байбихьи. § Мац1алъул цо-цо г1аламатал


Цо-цо х1арпазул бит1унхъвай



страница6/7
Дата01.02.2018
Размер0.94 Mb.
#53122
ТипЛекция
1   2   3   4   5   6   7

Цо-цо х1арпазул бит1унхъвай.

1. а) Раг1уда жаниб рагьукъаб гьаракь хадуб бач1унеб рагьараб гьаркьидаса т1езабизе ъ хъвала: масъала, къуръан, съезд, субъект, объект, объявление.

б) Цо-цо раг1абазулъ гамза абулеб гьаракь бихьизабизеги ъ хъвала: гьуърул, Муъмин, вабаъ, Г1айнаъ, Г1азраъ.

2. а) Маг1арул мац1алда й х1арпалъ т1убараб рагьукъаб гьаракь кьола, хъвай-хъваг1аялда йе, йу, йа хъвач1ого, е, ю, я хъвала: екеризе, ессаризе, еч1ч1аризе; юкъаризе, юссине, юбка; яч1ине, ячине, ятизе, ялагьизе.

б) Й х1арп хъвала, о и х1арпазда цебе ккараб мехалда: йортизе, йихха-хочи, йорч1изе, йиго, йо, йосизе, йохизе, йигьизе;

3. Маг1арул мац1алда рагьукъал гьаркьал рихьизарулел к1ирекъарал х1арпазул бит1унхъвай гьадинаб буго: хх, сс, лълъ, кк, к1к1, чч, ч1ч1, цц, ц1ц1 хъвала хадусел раг1абазулъ ва гьезул формабазулъ: махх, биххизе, раххан, ххине, ссан; билълъине, релълъине, лълъар; ккуна, накку, баккана, ккал; к1к1ал, нак1к1, рик1к1, к1к1ара, к1к1уй; баччизе, ччуг1а, ччобори, ччуй, ччук1и, ччут, руччаби; беч1ч1изе, ч1ч1вад, рич1ч1, бич1ч1изе; беццизе, ицц, ццин; бец1ц1изе, буц1ц1ине, бац1ц1ине, ц1ц1е.

4. Авар литературияб мац1алда рекъон хъ, ш, щ раг1абазулъ раг1ухъе хъвала: хъаба, хъабахъ, хъабарча, хъарахъ, хъвадарухъан; шагьи, шал, шар, школа; щиб, щуго, щар, вач1анищ, щаклъи, щоб.

5. Лъи суффиксалъул кумекалдалъун ц1ияб раг1и лъугьунаго [д, т] гьаркьал гьоркьоса нахъе уна хадусел раг1абазул: къебед – къебелъи, бечедаб – бечелъи, зах1мат – зах1малъи, щулатаб – щулалъи, пасатаб – пасалъи, инжитаб – инжилъи.


Байбихьул классазда букваралъул заманалда хъвадаризе ва ц1ализе малъиялъе къвариг1унеб материал.
Хъвай-ц1али малъулеб заманалда учитель 5-6 дарсиде цевеккунго х1адурун вук1ине ккола. Жакъа кьолеб дарсги цебе кьуралда бухьинабизе ккола. Дарсалги цо ч1араб методалда рачине ккола, щаян абуни, жакъа цо метод, метер цоги метод х1алт1изабуни лъималазе зах1малъизе буго хъвай-ц1алиялда хадур гъезе, кьолеб жо бич1ч1изе. Гьебги х1исабалде босун, т1оцебе лъималазухъ рук1ине ккола букваралги къот1арал азбукабиги. Азбукаби ц1унизе ххамил кесекалъул гьабураб касса, кассаялъул к1иябго гьумералда х1арп рик1к1ун цо-цо рукъ, щибаб рукъалъуб алфавиталда рекъон цо-цо х1арп лъела, т1асан гьеб х1арпалъул ишараги хъван бук1ина. Сук1араб мехалъ касса букваралдаса к1удияб бук1инаро. Рагьарал х1арпал ругел рукъазда т1ад баг1араб кьералъ, гьел бат1а гьарун, хъвани лъик1 ккола. Цо дагьаб к1удияб касса гьабила доскаялда аск1ор лъезе ч1ах1иял х1арпазе. Гьел т1ад лъезе хъарщал, яги цоги щиб бук1аниги ургъизе бегьула. Щибаб классалда бук1ина цо-цо т1ил-указка, квариг1араб жо доскаялда бихьизабизе. Дарсие къвариг1анщинаб жо учителас цебеккунго х1адурила: доскаялда мухъал рахъила, мел, биччараб ва бакъвараб ч1орто, х1аропал лъолеб планка, т1ил-указка: лъималазул къвариг1анщинаб балагьила: букварь, тетрадь, къалам, ручка, къот1араб азбука: зама-заманалдаса учителас лъималазул хал гьабила, жиде-жидер бак1алда г1одор ч1ун ругищали, рит1ун кколеб куцалда, хасго хъвадарулеб мехалъ. Учитель живгоги сабураб х1алалда вук1ине ккела.

7 лекция.
Предложениялъул бет1ерал членал.

Подлежащее.

Предложениялъулъ жидеца аслияб пикру загьир гьабулел раг1абазда бет1ерал членал абула. Маг1арул предложениялъулъ лъабго бет1ераб член бук1уна: подлежащее, сказуемое, бит1араб дополнение. Васас бет1ер къунц1ана. Ясалъ т1егь бет1ана. Вехьас куй хъуна. Аздагьоялъ х1айван ч1вана. Цараца мокъокъ ч1вана.

Предложениялда жаниб подлежащее ккола жинца иш гьабулеб, ялъуни жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб раг1и - бет1ераб член.

Бац1ица х1ама ч1вана. Вацас хер хъвана. Эбелалъ вас къват1иве вит1ана. Художникас сурат бахъана. Гьал предложениязул бац1ица, вацас, эбелалъ, художникас абурал раг1абаз бихьизабулеб буго жидеца иш гьабулеб бук1ин.

Апрелалда гъут1би т1егьала. Ччуг1а лъарал чвахиялда данде уна. Эмен вихьигун, ясал г1одизе лъугьана. Боц1и рокъобе бач1ана. Гьал предложениязулъ гъут1би, ччуг1а, ясал, боц1и абурал раг1абаз жидер х1акъалъулъ бицен гьабулел предметал рихьизарулел руго.

Маг1арул мац1алда подлежащее бук1уна ункъго бат1ияб падежалда: аслияб, актив, кьовул, жинда. Гьеб бат1и-бат1иял падежазда бук1ин бараб буго сказуемоелъун ккараб глагол бухьараб (переходный) ва т1адч1араб (непереходный) бук1иналда.

1. Подлежащее – аслияб падежалда, сказуемое - т1адч1араб (непереходный) глагол. Вас армиялдаса вуссана. Яс росасе ана. Лъимер г1одулеб буго.

2. Подлежащее – актив (эргативный) падежалда, сказуемое – бухьараб (переходный) глагол. Векьарухъанас хур бекьана. Г1умарица болъон ч1вана. Бах1аралъ берцинаб кьурди гьабуна. Васас квераз къали кьабана.

3. Подлежащее – кьовул падежалда, сказуемое – бухьараб (переходный) глаголалъ бокьи, х1ажалъи, къвариг1ин бич1ч1изабулеб буго. Щивасе бокьула жиндирго Ват1ан. Нухги рик1к1алъун, гьесие машина х1ажалъана. Дунял бец1лъилалде ясалъе рокъобе нух босизе къвариг1ана.

4. Подлежащее – жинда падежалда, сказуемое – бухьараб (переходный) глаголалъ бихьизабулеб буго бич1ч1и, бихьи, раг1и, лъай, бати, ч1алг1ин, к1очен, сури, зах1малъи маг1на. Васасда инсул масъала бич1ч1ана. Эхеде валагьаравго васасда ясалъул гьумер бихьана. Рик1к1адасан гъосда зурма-къолол сас раг1улеб бук1ана. Имамасда лъараг1 мац1 лъик1 лъалаан. Ах1мадида билараб к1ул батана. Ч1ужуялда мехтарав росасул харбал ч1алг1ана. Хъулухъ щвейгун гьесда гьалмагълъи к1очана. Ц1огьал росдадаго сурана, ва эбел-инсуда гьеб ц1акъ зах1малъана.

Баян. Актив падежалда бугеб раг1иялъ жиндалъун иш гьабулеб алат бихьизабулеб бугони, гьеб хъвалсараб дополнение ккола. Масала: Ясалъ эбелалъе (хъ.доп.) машинаялъ(хъ.доп.) гурде букъана.
Подлежащеелъун колел каламалъул бут1аби.


  1. Предметияб ц1ар: бах1арчи кьалда холла, х1алихьат рокъов холла.

  2. Ц1арубак1: мунги – хан, дунги – хан, чуязе хер лъица балеб?

  3. Предметияб ц1аралъул бак1алда х1алт1изабураб:

а) Прилагательное: Гьет1аралъ бит1араб раг1ад кьоларо.

б) Рик1к1ен: Цояс бо г1уц1уларо, цо ганч1ица си баларо.

в) Причастие: Х1алт1арасда лъала хинк1азул т1аг1ам.

г) Глаголияб ц1ар: Ц1али хазина буго. Бикъи сурукълъи буго.

д) Кумекалъул каламалъул бут1аби. Унго междометие ккола. Ги союз буго.

е) Раг1абазул г1уц1и подлежащеелъун. Радал баг1ар - къинаб, къаси баг1ар – х1ораб. Радал вахъарасе – кьег1ер ц1уяб. Цох1о квералъ хъат ч1валаро.



Диалогазул хаслъаби.
Диалогалъул гара-ч1вари лъугьине ккани, бищун дагьав к1иго чи вук1ине ккола. Гьениб г1ахьаллъи гьабулез абулеб щибаб предложениялда реплика абула. Гьел репликаби рук1ине бугьула цо раг1иялъул, предложениялъул, коч1ол къаг1идаялда абулеб ва хъвараб диалог г1уц1ун бук1уна цо куплеталдасан, ай 4 мухъалдасан, х1атта т1убараб монологалдасан. (Ц1. Х1амзат, т.1. стр. 61-71; стр. 246-247).

Диалогалъул щибаб реплика ц1ияб мухъдасан цебе тиреги лъун байбихьула. Гьенир авторасул раг1аби рук1унаро.



- Дуца щив валагьулев, Ах1мад?

- Г1али къвариг1ун вук1ана.

- Эвг1аги щибизе дуе, гьабсаг1атги гьанив вук1ана.

- Вац вач1ун вуго армиялдаса гьесул.

- Вах1, рохел бицине цеве ккезейищ дуе къвариг1араб?

- Дунго цеве ккезе къвариг1ун бук1ана, Ах1мад.

- Гъоле вач1унев вихьула, хехлъи гьабе Г1али.

Диалог тиреги ковычкабиги х1алт1изарунги хъвазе бегьула. Гьединазда бит1араб каламги бук1уна, авторасул раг1абиги камуларо.



- «Мун лъил вас?» - ан гьикъана дица гьит1ичида.

- «Ах1мадханил вуго» - Ян данде къот1ана васас.

- «Эмен шагьаралдаса вуссаравищ? Ц1ар щиб дуда?».

- «Г1алихъилич буго, жеги вуссинч1о жакъа вач1уна», - ян жаваб кьун, гьев цевеса т1ерхьана.

Букваралдаса хадур гьарулел х1алт1абазул методика.

Предложениял, г1исинал текстал, харбал, куч1дул ц1ализе малъи.
Букваралда ругел х1арпал лъуг1ун хадуб байбихьул ц1алиялъул х1алт1и лъуг1уларо. Азбука лъуг1ун хадуб лъимал ц1алул т1ехьалдаса хабар ц1ализе т1амизе бегьуларо. Гьелде х1адурлъи гьабуни лъик1аб бук1ина. Гьединлъидал цин лъималазда ц1ализаризе ккола хасаб куцалда рищарал текстал. Гьелги рук1ина к1удиял гурел харбал, куч1дул, маргьаби. Байбихьуда ц1алул материал х1адурила цо, к1иго ва лъабго слогалдаса г1уц1арал, ц1ализе бигьаял предложениял. Хадуб раг1аби, предложениял ва текстал цо дагьалго халат гьарила. Харбал рук1ине ккела лъималазда маг1на бич1ч1улел, ц1ализе гъира ккезабулел. Харбазулъ г1ахьаллъулел чаг1и лъимал, лъималазда лъалел г1алхул ва рукъалъул х1айванал, жанаварал, х1анч1и рук1ине ккела. Лъугьа-бахъинал лъималазда рич1ч1улел рук1ине ккола.

Букварь лъазабун хадуб учителасул суалазда рекъон г1исинал харбал, куч1дул, маргьаби ц1али ва гьезул разбор гьаби гьоркьоб къот1изе тезе бегьиларо т1оцебесеб ц1алул т1ехьалъул материал ц1ализе байбихьизег1ан.

Гьеб х1алт1уе учителас х1адурила къокъабго план:


  1. Лъимал ц1ализесеб асар бич1ч1изе х1адур гьари.

  2. Учителасул ц1алиялда хадуб кьолеб цо-к1иго суал.

  3. Ц1алдохъабаз ц1али, цин киназго жидеего, хадуб цояс, яги к1иго-лъабгояс раг1изабун.

  4. Асаралъул содержаниялда т1ад х1алт1и:

а) учителасул суалазе жавабал кьей.

б) Ц1иял раг1аби ва зах1матал предложениязе баян.

5. Т1убан хабар ц1идасан ц1али, раг1изабун к1игояс.

6. Ц1алараб кеч1, яги хабар рек1ехъе лъазаби. Гьединан, цин учителас, хадуб лъималаз ц1алун, дагьа-дагьабккун рек1ехъе лъазабила ц1алараб асар.


8 лекция.
Прилагательное. Гьелъул бит1унхъвай.\

Прилагательное ккола жинца предметияб ц1аралъул гьоркьоблъи, бет1ергьанлъи, ц1акълъи-г1аламалъи, сипат, предметалъе кьолеб къимат бихьизабулеб раг1и. Масала:



Шамилил чармилаб хвалчаца тушбаби къот1-къот1ун ралел рук1ана. (гьоркьоблъи). Залимхан чармилаб рак1алъул абрек вук1ана (ц1акълъи) (хасият).

Рик1к1адаб хъах1илаб ралъад бахун доб рахъалъан нижехъе роржун рач1уна милъиршаби (манзил, кьер). Гьесул бугеб маг1ишат цо гьит1инабго рукъги ункъбок1онаб стол-бак1ги бугоан (гьит1инлъи, форма).

Нуц1а къирарабго, рокъоб жаниса г1ажаибго гьуинаб мах1 бахъана (т1аг1ам). Ц1одорав ва лебалав вас вук1иналъ батила мун киназего рек1ее г1олев, Ах1мад (г1адамасул хасият, г1амал).
Прилагательноялъе хасиятал г1аламатал.


  1. Лексикиял:

а) кьер – хъах1аб, ч1ег1ераб, баг1араб, г1урччинаб.

б) т1аг1ам – гьуинаб, ц1ек1аб, кьог1аб, ц1амх1алаб, ракьул.

в) форма – гургинаб, лъабок1онаб, ункъбок1онаб, халатккараб.

г) роцен – к1удияб, гьит1инаб, борхатаб, т1уцаб, халатаб, къокъаб.

д) рахъ-мухъ – квег1аб, кваранаб, цебесеб, нахъисеб, гъоркьияб, т1асияб.

е) заман – жакъасеб, метерисеб, херав, бах1арав, радалисеб.

ё) ц1акълъи, хасият-г1амал - ц1одорав, г1акъилав, гьайбатав, х1алимай, берцинаб, сурараб.

  1. Морфологиял:

Маг1арул мац1алда прилагательноялъул рук1уна:

а) грамматикияб класс (жинсияб г1аламат)



ц1одорав вас (1 гр.кл.).

ц1одорай йас (2 гр.кл.).

ц1одораб чу (3 гр. кл.).
гьайбатав вац (1 гр.кл.).

гьайбатай яц (2 гр.кл.).

гьайбатаб чу (3 гр.кл.).

б) Цолъул ва г1емерлъул форма:



ворхатав гьудул – рорхатал гьудулзаби

йорхатай мадугьал – рорхатал мадугьалзаби

борхатаб мег1ер – рорхатал муг1рул

г1урччинаб рохь – г1урччинал рохьал

гьуинаб пихъ – гьуинал пихъал

гургинаб стол – гургинал столал

кваранаб къват1 – кваранал къват1ал

къасисеб лъугьа-бахъин – къасисел лъугьа-бахъинал

сурараб х1айван – сурарал х1айванал

в) Маг1арул мац1алда предметияб ц1аргун цадахъ прилагательное падежазде сверуларо, гьелъ жиндир хасият бихьизабулеб предметияб ц1ар гурони:

асл.п. – г1урччинаб байрахъ, меседил ц1ва

акт.п. – г1урччинаб байрахъалъ, меседил ц1ваялъ

хас.п. – г1урччинаб байрахъалъул, меседил ц1ваялъул

кьов.п. – г1урччинаб байрахъалъе, меседил ц1ваялъе.




  1. Синтаксисиял:

Предложениялда жаниб прилагательное бук1уна:

а) определениелъун:



Лъик1аб гьава, гьуинаб лъим гьарзаяб улка буго Дагъистан. Рукьалда баг1арал ч1алал рухьарал г1олохъаби Х1асанида аск1оре рач1ана. Мух1умица т1ад рет1ун бугоан г1урччинаб къат1ипадул гьабураб хъабарча.

б) сказуемоелъун:

Муг1рул каву г1ат1идаб, г1алхул берал ц1одарал.

в) составияб сказуемоелъун ц1арулаб бут1алъун:



Гьал муг1рул ц1акъ г1урччиналги рорхаталги руго. Исана картошка ч1ах1ияб бижун буго. Нижер росдада цебе к1к1ал кутакалда гъваридаб буго.

Жалго бат1аго х1алт1изарурал прилагательноял предметиял ц1аразул бак1алда ч1ола. Гьел падежаздеги сверула ва подлежащеелъунги, бит1араб дополнениелъунги, хъвалсараб дополнениелъунги рук1уна:



Гьанжеса ч1ег1ералъ хъах1аб къезабуна. К1удияс гьит1инав аск1ове ах1ана. Бергьарас къурасухъа торг1о бат1а гьабуна.
Качествоялъулал, гьоркьоблъиялъулал, бет1ергьанлъиялъулал прилагательноял.

Маг1наялде ва г1уц1иялде балагьун прилагательноял лъабго бат1ияб т1елалде рикьула:



  1. Качество (ц1акълъи) бихьизабулел прилагательноял рук1уна г1адатаб, лъик1аб, ц1акъаб даража бугел.

Гьаб т1агъур берцинаб буго (г1адатаб). Гьаб цояб дагьабги берцинаб буго (г1адаталдаса лъик1аб). Добб т1агъур бищунго берцинаб буго (т1адег1анаб даража). Г1али къуватав чи вуго (г1адатаб). Рамазан дагьавги къуватав вуго (г1адатаб гуреб даража). Г1усман бищунго (ц1акъго) къуватав чи вуго (т1адег1анаб даража).

  1. Гьоркьоблъиялъулал прилагательнояз бихьизабула предметазда гьоркьоб материалияб, заманияб, бак1алъулаб ва къадаралъулаб гьоркьоблъи.

Наибас, чот1еги вахун, г1арцулаб хвалчен лъалиниса бахъана (материалияб). Ч1ужуги рокъой йик1инч1ого, ва, сонисебго квен-т1ехги столалда лъун, кваназе лъугьана (заманияб). Гъоркьияб т1алаялдаса т1асияб т1охдеги вахун, Иманг1али васасде ах1т1езе лъугьана. Васас эбелалда рохел бицана жиндие жакъа щуйилаб къимат щванилан, эбелалъ хал гьабидал, гьениб лъабилаб ва к1ийилаб къиматал ратана.

3. Бет1ергьанлъиялъул прилагательнояз предметалъул бет1ергьанлъи бихьизабула (дураб, инсулаб, Г1абасилаб).



Дирабги жибго тун, дурабго щай рет1унареб гьеб т1агъур, Асх1аб? Инсулаб т1имугъги т1аде бахинабун, Шарабудин годек1анивехун къокъана. Асх1абг1алилал чахъаби диразде гъорлъе ккун ратана жакъа.
Качествоялъулал прилагательноязул хаслъи.

1. Качествоялъулал прилагательнояз даража-къадар, дагьлъи, ц1ик1к1ин, ц1акълъи бихьизабула.



Лъик1аб къо х1ехьеч1ес, квешаб къо х1ехьолеб (г1адатаб). Метерисеб къо дагьабги лъик1аб бач1инеб, дир лъималан сабурго к1алъана к1одо (заманияб гьокьоблъи, г1адаталдаса лъик1аб качество). Бищунго лъик1ал санал рук1ана ниж студенталлъун рук1араб заманилан жиндирго г1олохъанлъи рак1алде щвезабуна вацас (т1адег1анаб даража, бет1ергьанлъиялъул – 2 абилеб).

Кьарияб – жеги кьарияб – бищун кьарияб,

Гъваридаб – дагьабги гъваридаб – ц1акъго гъваридаб.

Гвангъараб – жеги гвангъараб – ц1акъго гвангъараб

Г1емераб – дагьабги г1емераб – ц1акъго г1емераб.

Дагьабги, жеги, ц1акъго, бищунго абурал даражаялъул раг1аби качествоялъулаб прилагательноялда цадахъ лъезе бегьула, амма гьоркьоблъиялъулаздаги бет1ергьанлъиялъулаздаги цадахъ бегьуларо.

Абула: х1алакъаб, дагьабги х1алакъаб, ц1акъго х1алакъаб.

Абуларо: дагьабги меседилаб, ц1акъго инсулаб.

Качествоялъул прилагательноязул бук1уна бат1абахъиялъул формаги: гьит1инаб – гьит1инабаб, ч1ах1ияб – ч1ах1иябаб, халатаб – халатабаб, бух1араб – бух1арабаб.

Бух1араб босуге гьеб чед, цо дагьаб хинаб босе. Гьит1инабаб рокъоб те жакъа бурут1, Х1осен. Халатабаб щай босулареб гьеб т1ил, Хамиз, къокъабаб г1унт1ич1ого бук1ине бегьула т1огьибе. Ч1ах1иябаб бак1аре гъот1одаса пихъ, лъимал.
Прилагательноял лъугьин.
Прилагательноял рук1уна г1адаталги жураралги.

Г1урччинаб – бец1г1урччинаб, херг1урччинаб; т1огьилаб – кант1огьилаб; хъах1аб-рахьхъах1аб, г1азухъах1аб; берцинаб – берци-берцинаб; баг1араб – билбаг1араб.

Прилагательноял лъугьуна бат1и-бат1иял къаг1идабаз:


  1. Суффиксаздалъун: оц-а-б, багьа-я-б, аслу-асли-я-б, мисал – мисал-ия+б, т1огьол – т1огьол-а-б, Х1амидие-се-б, Разияе-се-б.

  2. К1иго раг1и жубан: лах1+ч1ег1ераб – лах1ч1ег1ераб, бец1+хъах1илаб – бец1хъах1илаб, т1улал+кьераб – т1улалкьераб.

  3. Кьибил такрарлъун: ц1ия-ц1ияб, ч1ег1е-ч1ег1ераб, барща-барщараб, гьуи-гьуинаб.

Жакъа практикантас мисалияб дарс кьуна. Байбихьул классазда аслияб масъала буго хъвай-ц1али малъи. Разияесеб квен эбелалъ къандалъоялда гъоркь бахчана хинго бук1ине. Лах1ч1ег1ераб сордо къот1ун ана гьев росулъе эбел-инсуде щвезе. Барща-барщараб хурма гъот1одаго бет1улеб бугоан х1анч1аца.

Прилагательноялъул бит1унхъвай.

1. Кьибил такрарлъун лъугьунел прилагательноял дефис лъун хъвала: баг1а-баг1араб, кьер-кьераб, бат1и-бат1ияб, чар-чараб, жинди-жиндираб.

2. Журарал прилагательноязул маг1наялъул чучлъи ялъуни кутаклъизаби бич1ч1изабулел «ккараб, мах1аб, кьераб, х1алаб, лах1, г1азу, ц1о, бил, рахь, ц1иркъ, кан» абурал раг1аби прилагательноялъул бет1ералда яги ахиралда ругони рек1ун хъвала: баг1арккараб, ч1ег1ерк1к1убаб, бихьинмах1ав, лах1ч1ег1ераб, г1азухъах1аб, рахьг1адинаб, г1урччинккараб, г1урччинкьераб, лъимх1алаб, билбаг1араб, ц1иркъчараб, кант1огьилаб.

3. Рик1к1еналъул кьибилалде т1аде –гъатаб, -т1алаяб, -багьаб, -бок1онаб г1адал раг1аби журан лъугьарал прилагательноял рек1ун хъвала: к1игъатаб, щут1алаяб, к1ибагьаб, ункъбок1онаб, к1ит1алаяб.

4. Предметияб ц1аралде т1аде –мах1аб, -х1алаб, -кьераб/, -ккараб жубан лъугьарал прилагательноял рек1ун хъвала: оцмах1аб, салих1алаб, ц1иркъикьераб, чабахъккараб, нак1к1укьераб.

Байбихьул классазда грамматикаялда т1ад жиб-жиб классккун гьарулел х1алт1абазул методика.
Гьоркьохъеб школалда предложениялъе гьадинаб определение кьола: «Т1убараб пикру бич1ч1изабуледухъ сок1к1арал раг1абазул я цо раг1ул г1уц1иялде предложение абула». ГЬебго къаг1идаялда, байбихьул школалда кьолеб определение цо дагьаб бигьалъизабураб бук1ине бегьила: «Т1убараб пикру жинца бич1ч1изабулеб раг1абазул дандрай предложение ккола» абун. Цох1о раг1иялдалъун лъугьунеб предложениялъул х1акъалъулъ ц1алдохъабазда гьоркьохъеб шлолалда бицина.

Х1адурлъиялъул классалда цин к1иго, цинги лъабго раг1иялдаса г1уц1арал бигьаялго предложениязда т1ад х1алт1иялъе, гьел г1уц1иялъе кумек гьабила ва малъила учителас. Предмет бихьизабун, гьелъ гьабулеб иш бицине т1амун, учителас суалал кьун т1амила лъимал предложение г1уц1изе ва бицине. Цадахъго малъила предложениялъул бет1ералда к1удияб х1арп, ахиралда т1анк1 лъезеги.

Т1оцебесеб классалъул к1иабилеб бащдаб лъаг1алиде лъимал ц1ализе ругьунлъун рук1уна, гьезда г1исинал харбал ц1ализеги, ц1аларалъул маг1на босизеги лъала, учителасул суалазул кумекалдалъун ц1алараб жо бицинеги лъала. Грамматикаялъул дарсаз гьел раг1абаздалъун т1убараб пикру лъугьунеблъи бич1ч1иялде рачуна.

К1иабилеб классалда предложениялъул бицунаго учителас т1охьода ругел суратазухъ балагьун лъималазе суалал кьела. Гьаниб аслияб к1вар буссинабизе ккола лъималаз кьолел жавабал т1убарал рук1иналде. Гьелъул х1асилалда лъимал щибаб т1убараб пикру раг1абазул дандраязулъ бук1иналде рач1уна. Гьел раг1абазул дандрайги предложение бук1ин бич1ч1ула. Предложение раг1абаздасан г1уц1улеблъи лъазе упражнениял гьарила.


9 лекция.

Причастие. Гьелъул бит1унхъвай.

Причастиялъулъ глаголалъулги прилагательноялъул г1аламатал рук1уна. Гьелда глаголалдасан лъугьараб прилагательноеянги абизе бегьула.


Балагьараб мехалъ ханжар барав чи

Хунзахъ базаралда нагагьги гьеч1о.

Лъунщинаб маг1ирукъ г1ун батиларо

Г1арал, херехь руго хунжрулги раччун.
Басриял хьалбаца г1одоре ц1арал

Г1урдулищха рокъор рекъарал ругел?

Мокърукьан даларал мохмохил рач1ч1аз

Рухулел бут1рузда дунги гурх1ула.

Гьал коч1ол мухъазулъ ругел «балагьараб, бараб, лъунщинаб, ц1арал, рекъарал, даларал, рухулел» абурал раг1аби прилагательноялъул кинаб? кинав? кинал? абурал суалазе жаваблъунги рач1уна, глаголалъ г1адин, иш маг1наги бич1ч1изабула.

Причастие бук1уна г1адатабги жубарабги. Г1адатаб причастиялъул лъабго бат1ияб заманалъулаб формаги бук1уна. Араб заманалъул причастие: бергьана - бергьараб, къуна –къураб, букъана – букъараб. Бергьарас къурав толареб, тамашаяб заман бач1ун буго гьанже. Гьукъараб жо гьуинаб бук1унаян бицен буго халкъалъул. Гьеч1олъиялъул форма: бергьич1еб, къеч1еб, гьукъич1еб. Бач1унеб заманалъул причастие: ах1ила – ах1илеб, раг1ила – раг1илеб, бух1ила – бух1илеб.

Дица ч1ужу ячунеблъи дудаги раг1илеб, раг1арабго мунги берталъе ах1илев, вач1инч1они дур рак1ги бух1илеб.


Каталог: http schools
http schools -> Мезличила баянти
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
http schools -> «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
http schools -> Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа


Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница