Лекция № Байбихьи. § Мац1алъул цо-цо г1аламатал



страница4/7
Дата01.02.2018
Размер0.94 Mb.
#53122
ТипЛекция
1   2   3   4   5   6   7

Лекция № 17-18.

МОРФОЛОГИЯ

Раг1абиниги гьезул формабиниги лъугьиналъул бицунеб грамматикаялъул бут!аялда морфология абула. Морфологиялъул объект ккола раг1иги, гьелъул формабиги, гьезул г1уц1иги.

§ 32. Раг1ул г1уц1и,

Щибаб жибго жиндаго ч1араб рагГул лексикиябги грамматикиябги маг1на бук1уна. Раг1ул граммати­кияб маг1на загьир гьабулеб бут1а раг1аби цоцадехун ру-хьинарураб мехалъ баянлъула:

I. вас, яс, xleтle, бац1ц1ин, бокьи.

II. 1) в-аса-с й-аса-лъ-ул х1ет1е б-ац1ц1-ана;



  1. й-аса-лъ в-аса-ул xlexle б-ац1ц1-ана;

  2. кати-ца жинди-р-го х1ет1е б-ац1ц1-ана;

  3. куту-з (ца) жодо-р-го х1ат1а-л р-ац1ц1-ана.

I. абилеб пункталда гъоркь ругел раг1абазда гьоркьоб щибго рухьенго гьеч1о, II абилелда гъоркь ругезул абуни, раг1аби цоцада рухьинарун руго гьезул бут1абаз (авалалда -в, -и, -б, -р, бакьулъ-р; ахиралда -л, -с, -лъ, -е, -ул, -з, -ца, -ана). Рат1а гьарун скобкабазда жанире рачарал раг1ул бут1аби ра-г1абазда гьоркьоб рухьен ч1езабизе рач1унел руго.

Грамматикияб маг1на кьолел бут1аби гъорлъа нахъе реха-ни, цо-цо раг1абазул хутГараб бут!аялда тГубараб лексикияб маг1на бич1ч1изабизе к1оларо. Масала, ас, -аса, -кати, -куту, -xla — т1а, -окь, -ац!ц1, -асаз, -жодо, -жинди — раг1ул бут1абаз-да грамматикияб маг1на кьолел бут1аби -в, -й, -б гь. р. — гьеч1ого раг1иялъул т1убараб лексикияб маг1на загьир гьабизе к1оларо.

Грамматикияб маг1на бихьизабулел г1аламатал нелъер мац1алда рук1уна: б) раг1ул ахиралда гурого рук1унарелги (замсшабазул, падежазул...), б) раг!ул авалалдаги, бакьулъги, ахиралдаги рук1унелги (цЫрулал классазул цолъулги г/емер-лъулги формаби рихьизарулел) .

Гьал мисалазулъ ах, хур, чан абурал раг1аби цо чанго бат1ияб маг1на жодор бугел раг1абазе (ахихъан, ахихъанлъи; хурухъан, хурухъанлъи; чанахъан, чанахъанлъи) г1ахьалал руго. Цо чанго paгlye Наммаб лексикияб маг1наялъул кьуч! лъолеб раг1ул бут1аялде кьибил абула. Надехун рачарал мисалазулъ цо чанго раг1иялъе кьалбаллъун руго—ах, хур, чан. Цо кьибил жодое Нахьалал раг1абазда кьибил цоял раг1аби абула. Масала, гьединал раг1абилъун ккола ахихъан, ах'п-хъанлъи; хурухъан, хурухъанлъи; чанахъан, чанахъанлъи. Аслу бук1уна раг!ул кьибилалда данде кколебги кколаребги:

а) Раг1ул кьибилалда дандеги кколеб, маг1на бугел бут1абазде биххизеги бегьулареб раг!ул бут!аялда гьабич1еб аслу абула. Масала, гьабич1еб аслулъун т1адехун рачарал мисала­зулъ ах, хур, чан ккола.

б) Кьолболъ хиси ккун бук1а, ц1ияб раг1иниги раг1ул форманиги лъугьинабулаго т1аде щибниги бач1ун хисун бук1а, -гьабич1еб аслуялдасан хисарабниги гьабурабниги аслу лъугьуна. Масала, хисараб аслу ккола ахил абураб раг1ул формаялъе-ахи-, гьабураб аслу ккола ахихъанас абураб paгlye — ахихъан. Гьединго хуру- хисараб аслулъун ккола хурул абураб хаслъул падежалъе.

Хурухъан абураб гьабураб аслу ккола. Хисараб аслулъун рик1к1уна жиндилъ рагьаралниги рагьукъалниги гьаркьазул хи­си ккараб аслу:

т1ехь — хисич1еб аслу — т!охьол — хисараб аслу г1еч — хисич1еб аслу — г\ечул — хисараб аслу. Гьабураб аслу ккола, аслуялда т1аде суффикс жубан лъугьараб. Гьабураб аслу лъугьуна хисич1ебниги хисарабниги аслуялде суффикс жубан:

Tloxьo-(-л) — хисараб аслу;

3) гьобо —гьабич1еб аслу; гьаби-(-л) — хисараб аслу;



гьабигьан — гьабураб аслу;

гьабигьанлъи — гьабу­раб аслу;

Раг1ул хисич1ебниги хисарабниги аслуялда хадур рег1ун ц1ияб лексикиябниги, лексикиябгун грамматикиябниги маг1на кьолел гьелъул бут1абазда суффиксал абула. Гьел х1алт1и-зарула аслияб куцалъ ц1иял раг1аби лъугьинаризе.

Гьел киналго (кьибил, суффикс, ахир) раг1ул бут1аби (морфемаби) ккола. Гьелги, жодоца т1убалеб хъулухъалде балагьун, к1ийиде рикьула: а) жибго жиндаго ч1араб: кьибил; б) кьибилалъе хъулухъ гьабулел: суффикс, ахир.

§ 33. Раг1аби лъугьин.

Авар литературияб мац1алда раг1аби лъугьуна:


  1. Раг1ул кьалбал журанги.

  2. Раг1ул кьалбазде суффиксал журанги.

  3. Ударениялъ бак1 хисунги.

  4. Цо каламалъул бут1а цогиялде сверунги.

1) Раг1ул кьалбал ж уран лъугьунелъул лъабго бат1ияб т1ел буго:

а) Раг1ул кьалбал цоцалъ щулаго цолъарал, аи рат1а т1езаризе бегьуларел: х1амагага, оцх!ут1, дандерижи.

б) Раг1ул кьалбал цоцалъ щулаго цолъун рахъинч1ел, ай жодода гьоркьоб цоги раг1и лъезе бегьулел: г1ин т!ами, бет!ер бахъи, квер бакъи.

в) Раг1ул цебесеб бут1а хадусеб бут1аялъе определениелъун кколел: г!ечул гъеет! г1ечугъвет1, г1урччинаб хер — г1ур- ччинхвр.

а) Жубараб раг1и — г1ужрукъ — лъугьун буго г1уж абураб предметияб ц1аралде рукъ абураб предметияб ц1ар жубан; г1ужрукъ абураб раг1иялъ т1убанго бат1ияб маг1на бич1изабулеб буго.

б) Гьелъул г1аксалда, г1ин т1ами абураб глаголияб ц1аралъ г1енекки абураб маг1на кьолеб буго, амма гьеб раг1ул, бат1ат1ун абуниги, маг1на хисулеб гьеч1о: Г1инги дицаго т1амилин,дуцаго хабар бице.

в) Ц1ороберал абураб раг1иялъулъ бугеб ц!оро (л) абураб
раг!ул цояб бут1аялъ берал сундул ругелали загьир гьабулеб

2) Р а г I у л кьибилалде т1аде суффикс жуба.

Бат1иял каламалъул бут1абаздасан раг1аби лъугьуна:

Чанахъан абураб раг1и лъугьун буго чан абураб предметияб ц1арул хаслъул падежалде т1аде — хъан суффикс жубан, ахирги гьоркьоса т1аг1ун: чана (л)-хъан, гьоко, гьаки (л)-хъан.

Т1инч1аб абураб прилагательное лъугьун буго аслияб падежалда бугеб предметияб ц1аралда т1аде -а- суффиксги жубан, хадуб классияб г1аламатги рег1ун: т!инч!a-б на, г/акъил-а-в чи.

К1иго, анц1го абурал рик1к1еназул хаслъул падё^сЖлде^три-лагательноялъул -а- суффиксги жубан, хадуб классияб г1аламатги рег1ун, прилагательное лъугьун буго: кЫйил -а -б, анц1ил -а -б,

Гьумерлъи — ишаралъиялъул ц1арубак1азде т1аде -а- суф­фикс жубан лъугьуна бак1 бихьизабулеб наречие: доб-a, гъоб-а, лъоб-а, гьудуб-а, гьугъуб-a, гьулъуб-а...

Нух, чан абурал предметиял ц1аразда т1аде -а- суффиксги жубан, хадуб классияб г1аламатги рег1ун наречие лъугьуна: нух-а-в, чан-а-в; нухав (кив?) хyтlapaв вас ватана. Чанав (к и в?) xyтlapaв вас ватана. Гьанир нухавги чанавги бак1 бихьизабулел наречиял ккола.



3 Т1оцебесеб слогалда ударение бугеб мехалъ, херлъи, лъик!лъи, гь. ц. раг1аби глаголиял цIарал ккола. К1иабилеб слогалде гьеб гочиналдалъун гьезул предметиял цIарал, ай ц1иял раг1аби, лъугьуна: ц1ек1лъи, херлъи, лъик1лъи. Чурпа ц1ек1лъи лъида лъарабгьаб родол ц!ек1лъи щиб? Къади херлъи дида лъалароак: херлъи гьвелъи, гь. ц.

К1иго (яги ц!ик!к1ун) раг1абаздаса г1уц1араб раг1иялда жубараб раг1и абула.

Ударениялъ бак1 хисиялдалъун цого кьибилалъул раг!ул ц1ияб раг1и лъугьиналдаса бат1а бахъизе ккола бат1и-бат1иял кьалбазул, ударение т1оцебесеб слогалда бугебги раг1и. Гьелъие мисалалъун ч1ола рагъи абурабги ра′гъи абурабги к!иго бат1ияб кьибилалъул раг1аби.

Цо каламалъул бут1а цогиялде сверунги лъугьуна ц1ияб раг1и: берцинай, гьит1инав, х1алакъав абурал прилагательноял г1адал ц1арал г1адамазда лъураб мехалъ хасал ц1арал, ай предметиял ц1арал, лъугьуна: Гьит1инав Берцинай, Х1алакъав.

Г1олилав, г!оркьилав, бах1арав абурал предметиял ц1аралги гьединго прилагательнояздасан лъугьарал предметиял ц1арал руго.


Лекциязул дарсал

1 лекция.

Кавказалъул мац1азул х1акъалъулъ къокъал баянал.

Маг1арулазул къадар, г1умру гьабулел районал.

Авар мац1 малъиялда цереч1арал масъалаби.

Кавказалъул мац1азул х1акъалъулъ къокъал баянал.

Кавказалда ругел г1емер бат1и-бат1иял мац1азде гъорлъе уна авар, дарги, лезги, лак ва табасаран мац1ал. Авар мац1алде гъорлъе уна хъвай-хъваг1ай гьеч1ел мац1азул г1анди ва ц1ез группабиги. Г1анди группаялде гъорлъе уна: г1андадерил, к1арат1асазул, ч1амалазул, г1ахьвалазул, т1индадерил, балъхъадерил, к1ванадасезул, гъодоберисезул, мац1ал. Ц1ез группаялъул ккола: ц1езазул, бежт1адерил, гьунзисезул, хъварщисезул, гьинухъазул мац1ал. Г1аммаб къаг1идаялда гьезда авар-г1анди-ц1ез мац1ал абула.

1989 соналда бук1араб халкъазул хъвай-хъваг1аялда рекъон маг1арул мац1алда к1алъалезул къадар 600 азаргоялдасаги ц1ик1к1уна. Гьездасан цох1о Дагъистаналда руго 500 азаргоялдасаги ц1ик1к1ун чи. Кавказалъул рагъдаса хадуб цо бут1а маг1арулазул гочана Турциялде. Гьезул къадар 10 азаргоялде бахуна.
Маг1арулазул къадар, г1умру гьабулел районал.

Гьабсаг1аталда маг1арул мац1 бицунезул аслияб къаг1идаялда г1умру гьабулел районал ккола: Хьаргаби, Гумбет, Гъуниб, Казбек, Шамил, Лъарат1а, Унсоколо, Хунзахъ, Ч1арада, Бабаюрт (21%), Буйнакск (27%), Гъизилюрт (77%), Лаваши ва Хасавюрт (33%), Гъизляр (29%), Тарумовск (18%), Новолак (14%), Рутул (р. Кусур), Белокан, Закатала районал (44,100 чи).

Маг1арул мац1 бицуна г1анди ва ц1ез мац1азул районаздаги: Г1хьвахъ, Болъихъ, Ц1умада, Ц1унт1а. Маг1арул халкъалъ гьединго г1умру гьабулеб буго Дгъистаналъул шагьараздаги: Мах1ачхъала (20%), Буйнакск (41%), Гъизилюрт (57%), Сухокумскалда, Каспийскалда, Избергалда, Дагъистаналъул - Огниялда, Дербенталда ругезул къадар лъазабун гьеч1о. 65 азаргоялде г1агарун маг1арулаз г1умру гьабулеб буго Дагъистан ва Азербайджан бахун къват1ибехун.
Авар мац1 малъиялда цереч1арал масъалаби.

Рук1инесел учительзабазда маг1арул литературияб мац1 гъваридго лъазабиялда цереч1арал аслиял масъалаби ккола:



  1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби.

  2. Пасих1го ц1али цебет1езаби.

  3. Каламалъул культура борхизаби.

Маг1арул мац1 практикаялда х1алт1изабизе лъаялъул мурад буго:

  1. Фонетикаялъул, лексикаялъул, раг1и лъугьиналъул ва хисиялъул, грамматикаялъул стилистикаялъул, пунктуациялъул х1акъалъулъ лъай щвей.

  2. Бит1унхъвай ва лъалхъул ишараби камиллъизари.

  3. Раг1абазул нахърател бечелъизаби.

Гьединлъидал, школалда мац1 малъизе х1адурлъулев учителасда лъик1го лъазе ккола маг1арул литературияб мац1 практикаялда х1алт1изабизе, бач1унеб г1елалъе щулияб ва гъваридаб лъай кьезе, гьезулъ гьеб лъай практикаялда х1алт1изабизе бажари ва ругьунлъи лъугьинабизе.
2 лекция.

Авар литературияб мац1 ва гьелъул хъвай-хъваг1аялъул тарих. Авар мац1 малъиялъул к1вар. Байбихьул классазда гьеб малъиялъул методика.

Маг1арул т1ахьазда, журналазда, газетазда хъвалеб жо, телевизоралдасан, радиоялдасан кьолел маг1арул передачаби рук1уна маг1арул литературияб мац1алда. Литературияб мац1 ккола хъвазеги, ц1ализеги, к1алъазеги жиндир норма ч1езабураб мац1. Гьеб нормалъун ч1езабун буго авар литературияб мац1алъе кьуч1лъун босараб северияб наречие, жинда гъорлъеги гьадинал районал унеб: Казбек, Унсоколо, Хунзахъ, Буйнакск, Лаваши, Хасавюрт, Гъизилюрт районазул авар мац1 рицунел росаби.

Авар халкъалъул маг1ишат цебет1еялда рекъон, цо чанго нусго соналъ цебе киналго аваразе г1ахьалаб к1алзулаб мац1 цебет1езе байбихьун буго. Доб заманалда гьелда болмац1, ай халкъияб мац1илан абулеб бук1ун буго. Гьеб болмац1алда, дагь-дагьккун, литературиял асараллъун кколел куч1дул, харбал, къисаби, маргьаби, лъугьа-бахъинал хъвазе байбихьана. Ахирги гьеб мац1 хъвай-хъваг1аялъулаблъун, литературияб мац1лъун лъугьун буго. Амма гьанже заманалда бугеб литературияб мац1 бечелъиялъе к1удияб к1вар буго маг1арул литературияб мац1алъул диалектазул, говоразул, ай киналниги сверелазул.

Инсаният бижаралдаса нахъе, гьелда цадахъ рижун рач1арал г1аламатазул цояб ккола мац1ги. Инсанас г1умру гьабула г1иц1го обществоялда, г1аламалда гьоркьоб. Гьединлъидал гьев кидаго цогидал г1адамалгун гьоркьоблъиялда вук1уна, г1адамаз жидерго пикраби, анищал, рек1ел асарал цоцазе баян гьаризе къвариг1уна мац1. Гьеб щулаго бухьараб буго г1адамасул пикруялда, г1акълуялда. Раг1абазулъ, раг1абазул дандраязулъ, предложениязулъ, каламалъулъ загьирлъула нилъер г1акълуялъ, пикруялъ, нилъеца ургъараб жоялъул х1асил. Гьеб х1асил загьир гьабизе, бицине, гаргадизе нилъее къвариг1уна мац1. мац1алъ кумек гьабула г1адамал цоцазда рич1ч1изе, бет1ербахъи гьабизе х1ажатал шарт1ал г1уц1изе, т1абиг1аталъул къуваталда данде къеркьезе. Гьелъул кумекалдалъун г1адамаз жидерго г1умруялъул х1албихьиял цоцазе баян гьарула, цо г1елалъухъа цоги г1елалъухъе гьеб х1албихьи кьола. Гьеб киналъго кумек гьабула къойидаса къойиде х1алт1ул шарт1ал бигьа гьаризе, г1елму, техника, экономика, культура церет1езаризе. Гьединго маг1арул литературияб мац1 малъи к1вар бугеб ишлъун ккола, гьеб литературияб мац1 киналго авар-г1анди-ц1ез группаялда гъорлъе унел маг1арулазе г1аммаб, г1ахьалаб мац1 кколелъул, гьелъул кумекалдалъун киналго маг1арулаз цоцазда гьоркьоб бухьен ккола, г1умруялъул къвариг1арабщиналъе х1алт1изабула. Цоги, нилъеца цебехун абухъе, гьел киналго мац1азул фонетикияб, лексикияб ва грамматикияб рахъги релълъараб буго. Гьединлъидал авар мац1алда т1ад х1алт1арал г1урусазул, гуржиязул ва нилъерго г1алимзабазги абулеб буго гьел киналго мац1ал цо мац1алдаса лъугьарал ругилан.

1-4 классазда маг1арул литературияб мац1 малъиялъул методикаялда рекъон лъималазда малъизе ккола гьал хадусел бут1аби: 1. Хъвай-ц1али; 2. Грамматика; 3. Бит1унхъвай ва пунктуация; 4. Пасих1го ц1али; 5. К1алзул ва хъвавул калам. Гьеб щуябго лъай кьеялъул бут1а цоцазда бухьараб буго, гьединлъидал х1адурлъиялъул классалдаса байбихьун 4 классалде щвезег1ан гьеб бухьен т1езе биччач1ого рачине ккола рахьдал мац1алъул дарсал.
3 лекция.

Авар мац1алъул диалектал, бак1алъулал сверелал, х1алт1изарулел районал ва росаби.

Маг1арул мац1 бицунел г1езег1анго росабалъ литературияб мац1алда данде кколарел г1емерал раг1аби х1алт1изарула жидерго к1алъаялъулъ. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула маг1арул мац1алда г1емер х1алт1изарулел раг1абаздаса цояб «лъаларо» абураб раг1и. Маг1арулазул бат1и-бат1иял росабалъ гьеб литературияб раг1ул бак1алда абула «гьайнаро, гьамаро, лъанаро, лъадиларо»: «гьекъезе – гьекъеде, къеде, къолоде»; «ц1ализе – ц1алде, ц1алле, ц1алзи» ва гь.ц. мисалал г1емерал рачине бегьула. Гьел мисалаз бихьизабулеб буго нилъер маг1арул мац1алъул г1емерал бак1азулал сверелал рук1ин. Мац1алда жанир ругел гьел сверелазда абула диалектал абун. Диалектазда гьоркьоб бат1алъи бук1уна фонетикиял, грамматикиял, лексикиял г1аламатаздалъун. Диалектазул, ай сверелазул бицунеб г1елмуялда диалектология абула. Диалектал авар литературияб мац1алда жанир г1емерал руго. Нилъеца цебехун бицухъе, маг1арул литературияб мац1алъе кьуч1лъун росун руго хунздерилги, бакъбаккулги, бакът1ерхьулги диалектал. Гьел диалектазда к1алъала Хунзахъ, Унсоколо, Гумбет, Казбек, Гъуниб, Лаваша, Буйнакск районазул росабазул г1адамал. Диалектаз литературияб мац1 бечед гьабизе кумек гьабула. Жидер фонетикиял, лексикиял ва морфологиял хаслъабазде балагьун, маг1арул мац1 бикьула к1иго к1удияб группаялде, наречиялде:

1. Северияб наречие – диалектал: Салатавиялъул, хунздерил, бакъбаккул.

- Салатавиялъул диалекталда к1алъала Казбек, Гумбет районазул г1адамал.

- Хунздерил диалекталда – Хунзахъ ва Унсоколо районазул г1адамал.

Бакъбаккул диалекталда – Буйнакск, Хьаргаби, Лаваша районазул г1адамал.

2. Югалъул наречие – диалектал: г1андалазул, ансухъдерил, бакълъухъезул, гьидерил, закаталаялъул, къаралазул, к1усуразул.

Г1андалазул диалект – Гъуниб районалъул киналго росаби.

Ансухъдерил диалект – Лъарат1а районалъул росаби.

Бакълъухъезул диалект – Шамил районалъул дагьалго росаби ва Гъуниб районалъул Къорода росу.

Гьидерил диалект – Шамил районалъул дагьалго росаби ва Ч1арада районалъул Урухъ-Сот1а росу.

Закаталаялъул диалект – Белокан, Закатала районазул росаби.

Къаралазул диалект – Ч1арада районалъул росаби.

К1усуразул диалект – Рутул районалъул К1усур росу.


Авар мац1алда т1ад х1алт1арал ва х1алт1улел ругел г1алимзаби.

Гьединаздасан ккола:



  1. П.С. Паллас – хъвана авар мац1алъул словарь (200 раг1и).

  2. И.А. Гюльденштет – «Путешествие по Кавказу и Грузии» т1ехь (270 раг1и).

  3. Г.Ю. Клапрот – Авар мац1алъул грамматикаялъул очерк.

  4. А. Шифнер – «Авар мац1 лъазабиялъул х1албихьи», т1ехь – авар грамматика.

  5. Мух1амад Хандиев – автор азбука, грамматика, хрестоматия.

  6. П.К. Услар – 25 соналъ х1алт1ун вуго дагъистаналъул ва кавказалъул мац1азда т1ад. Хъвана авар мац1алъул грамматика.

  7. Ч1ик1аса Айдемир – Кумек гьабуна П.К. Усларие ва жинцаго къват1ибе биччана «Куч1дул ва маргьаби» абураб т1ехь.

  8. Р. Эркер – Кавказалъул мац1азул т1ехь (545 раг1и авар, лак, дарги, лезги, ц1ез, г1анди мац1азда).

  9. А.М. Дирр - Дагъистаналъул г1исинал мац1азул грамматика. Буйнакск, реалияб училищеялъул учитель.

  10. Проф. Л.И. Жирков – Авар мац1алъул грамматика, «Аварско-русский словарь».

  11. Г1абдулат1ип Шамхалов – «Авар мац1алъул бит1унхъвай».

  12. Шахназаров Х1ажи – 3-4 классазе авар мац1алъул ц1алул т1ехь.

  13. А.А. Бокарев – Авар мац1алъул глаголалъул раг1а-ракьаналде щун ц1ех-рех гьабула. «Авар мац1алъул синтаксис».

  14. М.-С. Саидов – Авар мац1алда предложениялъул т1ирит1арал членал. Ш.И. Микаиловгун цадахъ «Г1урус-авар словарь». Жиндирго «Авар-г1урус словарь».

  15. Ш.И.Микаилов – Хъвана къиматал т1ахьал. «Авар мац1алъул бит1унхъвай». Словарал, диалектазул х1акъалъулъ, Байбихьул классазе хъвай-ц1алиялъул методика.

  16. А.С.Чикабава, И.И.Церцвадзе. Авар мац1алъул грамматика.

  17. Т.Е.Гудава –Сравнительный анализ глагольных основ аварского и андийского языков.

  18. З.М.Магомедбекова - Х1алт1ана г1ахьвалазул ва к1арат1асезул мац1азда т1ад.

  19. Я.Х1.Сулейманов, М.Г1.Г1абдулаев – Педучилищеязе авар мац1алъул ц1алул т1ехь.

  20. Г.И.Мадиева – Пособия по фонетике, морфологии, синтаксису аварского языка.

  21. М.М.Магомедханов - Аслияб тема фразеология аварского языка.

  22. ГЬаб заманалда авар литературияб мац1алда ва гьелъул диалектазда т1ад х1алт1арал ва х1алт1улел ругел г1алимзаби:

  23. К.Ш. Микаилов, П.А.Саидова, Д.С.Самедов, С.К.Сулейманова, Д.Р.Гаджиева, И.А.Дибиров, М.Г.Исаев. И.А.Исаков, З.М.Маллаева, М.И.Магамедов, Б.М. Атаев, М.А.Магамедов, М.М.Нурмагомедов, С.З.Алиханов, Г.К.Казиев, М-Б.Д-Г.Хангереев.



Дагъистаналъул шагьарал, гъениб маг1арулазул къадар
Халкъалъул цо бак1алдаса цоги бак1алде гочиналъул х1асилалда Дагъистаналъул шагьаразда маг1арулазул къадар сон бахъанаг1ан ц1ик1к1унеб буго.

Мах1ачхъала-19% маг1арулал,

Буйнакск-41%,

Гъизилюрт-57%.

Хут1арал шагьаразда бугеб къадар жеги лъазабун гьеч1о.
Байбихьул классазда букварь байбихьилалде цере гьарулел х1алт1аби.

Букваралда байбихьилалде гьаризе кколел х1алт1абазул к1вар бугезул цояблъун ккола ц1алиялъул ва хъваялъул х1алт1абазде лъимал х1адур гьари. Гьелъие к1иго анкьалде г1агарараб заман къвариг1уна. Гьел къоязда жаниб учителас лъималазулгун лъик1аб лъай-хъвай гьабизе ккола; лъималазда гьоркьор хъвазе ва ц1ализе лъалел ругищали, х1арпал лъалел ругищали, кинал х1арпал лъалелали, суратал рахъизе лъида лъалелали, лъида кинал куч1дул рек1ехъе лъалелали, харбал лъида лъалелали, кин гьел рицунелали, кеч1 ах1изе лъида лъалебали баянал ц1ехон лъазаризе ккола. Гьелго къояз гьаризе ккола лъимал ц1алдезе ва хъвадаризе х1адур гьарулел х1алт1абиги.

Букварь лъазабизе байбихьилалде гьаб лъабго мурадалде щвезе ккола учитель:


  1. Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби;

  2. Г1инт1амизе лъай ва берзул балагьи цебет1езаби;

  3. Кваранаб квер хъвадаризе лъазе х1адур гьаби.

1. Ц1алдохъабазул калам цебет1езабиялъе лъималазул жидерго г1умруялъул, лъугьа-бахъиназул темабазул бицен гьабулеб метод х1алт1изабизе ккола. Гьединал накъитазе лъималазул ихдалил, риидалил, хасалихълъиялъул г1умруялъ, гьединго кьиндалил квачарал къоязги кьола бечедаб материал: расанди, х1аял, рак1гъеялъе гьез гьарулел ишал, бат1и-бат1иял лъугьа-бахъинал, рохьоре, г1алхуде, лъарахъе, г1урухъе, маг1арде, ахикье, х1орихъе ва хъещт1езе араб мехалъ карал г1ажаибал лъугьа-бахъинал. Щибаб накъит учителас лъималазе суалал кьун гьабила. Бицунеб хабар къокъаб, 5-6 предложениялъул бук1ина.

  1. Церехун рехсарал накъитазда хадур цун гьарила х1ажатал, каламалъул лугби церет1езарулел упражнениял, гьединан лъимал ругьун гьарила г1инт1амизе, г1инт1амун гьаркьал бат1а гьаризе лъаялъ гьел нахъа гьабизе бугеб х1алт1улъ гьаркьал ва гьезул х1арпал лъазаризе ругьунлъила.

Лъималазул калам цебет1езабизелъун учителас суратаздасанги пайда босизе ккола. Суратазулгун гьабулеб х1алт1уца лъималазул каламгун г1инзул ц1одорлъи цебет1езабула, бер ц1одор гьабула, суратазда ругел г1иси-г1исиналги жал рат1а гьаризе лъала, гьелдалъун х1арпал, слогал, раг1аби лъазе, раг1абазулъ х1арпал, гьаркьал лъазе кумек лъугьине буго лъималазе.

3. Х1адурлъиялъул гьеб заманалда кваранаб квер хъвадаризе ругьун гьабиялъе кьезе ккола к1удияб к1вар. Гьелъие г1оло кваранаб кверзул килщазе гьарила бат1и-бат1иял хъваялъул, мухъал ц1аялъул, г1адаталго суратал рахъиялъул х1алт1аби, нахъа хъвазе ругел х1арпазул накъищал, х1уччал рахъизе т1амила лъимал.

Азбука лъазабизег1ан цебеккун гьабулеб х1адурлъиялъулъ лъималазда гьал хадур рехсарал ишал лъазе ккола:


  1. Учителасул суалазе цох1о раг1иялдалъун гурел, т1убараб предложениялдалъун жаваб кьезе лъай.

  2. Къокъалго харбал рицине лъай (5-6 предложение).

  3. Учителас цебе бицун, хадуб лъималаз бицун, рек1ехъе г1исиналго куч1дул, кицаби, бицанк1аби лъай.

  4. Калам предложениязде, предложениял раг1абазде рикьизе лъай.

  5. Раг1аби слогазде ва гьаркьазде рикьизе лъай; гьаркьазул слогал, слогазул раг1аби абизе лъай.

  6. Партаялда нахъа бит1ун г1одор ч1езе лъай; тетрадь цебе лъезе лъай, хъвадарулеб къаг1идаялда; къалам, ручка кквезе ругьунлъи, гьел х1алт1изаризе лъай


4 лекция.
Авар литературияб мац1алъул гьаркьазул система, орфоэпия, графика.
Каламалъул гьаркьазул бицунеб г1елму ккола фонетика. Фонетика нилъее къвариг1уна нилъеда г1елмияб къаг1идаялъ кинаб бугониги мац1, гьелъул сверел яги диалект лъазабулаго, ц1алул ва хъвавул къаг1идаби ч1езарулаго, г1уц1иялъул ва лъугьиналъул бицунаго. Фонетикаялъ бицуна рагьукъалги рагьаралги гьаркьазул, гьел лъугьунеб, бак1алъул, куцалъул, гьаркьазул, хисабазул, слогазул, ударениялъул, рагьукъал гьаркьал цере-нахъе ккеялъул (метатеза). Киналниги мац1азулъ х1арпаздаса гьаркьал ц1ик1к1ун рук1уна. Маг1арул мац1алда цо-цо раг1абазулъ цо гьаракьалъе к1иго х1арп бук1инеги бегьула: ч1ч1вад, к1к1ал, баккана, махх, ччуг1а, ицц, ххвел, лълъар, ц1ц1е. буссине. Е, Ё, Ю, Я х1арпаз к1и-к1и гьаракьги кьола: яч1ана [йач1ана], егана [йэгана] юссана [йуссана] ёлка [йолка].

Фонема ккола цо гьаракь, раг1ул бищун гьит1инаб бут1а. Гьеб хисиялдалъун раг1ул лексикияб маг1наги грамматикияб формаги хисула: Бер – пер, ц1ер – ч1ер; ражи – рази – ракъи; мах1 – мал – мац1 – малъ – маг1; оц – иц – ун – ин; би – бо – бу/; нилъ – нолъ – налъи: боси – босе; ц1али – ц1але; к1анц1и – к1анц1е; х1алт1и – х1алт1е; ана – уна – ина;

Гьал мисалаз бихьизабулеб буго фонетикаги морфологияги цоцазда бухьараб бук1ин.

Киналниги мац1аздаго г1адин авар мац1алдаги рагьукъалги рагьаралги гьаркьал руго: рагьукъал гьаркьал рук1уна зираралги (рац1адал) ва гъугъалги.

Лъугьунеб бак1 х1исабалде босун, рагьукъал гьаркьазул буго 9 т1ел:


  1. К1ут1бузулал: и, в, б, м.

  2. Цабзазулал: д, т, т1, з, с, ц, ц1, н, сс, цц, ц1ц1.

  3. Дабазулал: ж, ш, ч, ч1, р, щ, чч, ч1ч1.

  4. Хьолбохъан рахъулел: лъ, кь, л, лълъ.

  5. Гьоркьосеб мац1алъ рахъулел: й.

  6. Нахъисеб мац1алъ рахъулел: ч, к, к1, хь, кк, к1к1.

  7. Тамахаб хвенехалдалъун рахъулел: гь, х, хъ, къ, хх.

  8. Мукъулукъалдалъун рахъулел: ъ, гъ.

Рахъулеб куц х1исабалде босун, рагьукъал гьаркьазул буго 4 т1ел:

  1. Гьаркьил лугби цоцалъ гъункизарун рахъулел: б, д, г, и, т, к, т1, к1, ъ.

  2. Лугбузда гьркьоб х1ухьел ине бак1 хут1ун рахъулел: в, з, ж, й гъ, г1, с, ш, лъ, х, х1, гь, сс, щ, лълъ, хх.

  3. Аффрикатал: ц, ч, хъ, ц1, кь, къ, цц, ц1ц1, чч, ч1ч1, кк, ч1, к1к1.

  4. Сонорниял: м, н, р, л.

- Зирарал ккола хъудиги гьаракьги жиделъ бугел: б, в, д, з, ж, г, гъ, гь, г1.

- Гъугъал ккола цох1о хъудиялдалъун рахъулел: и, ф, т, т1, с, сс, ш, щ, к, к1, кк, к1к1, х, хх, х1, ъ.

- Сонорниял ккола жиделъ хъудиялдаса гьаракь ц1ик1к1арал: м, н, р, л. Гьел ккола зирарал, данде гъугъал гьеч1ел.

- Данде зирарал гьеч1ел гъугъал ккола: ц, цц, ц1, ц1ц1, ч, чч, ч1, ч1ч1, къ, хъ, кь.

Рагьарал гьаркьал абулаго гьаракь гурони хъуди бук1унаро ва гьел халат абизе бегьула. Авар мац1алда 5 рагьараб гьаракь буго: а, и, э – к1ут1бузул гурел ва о, у – к1ут1бузулал.

Орфоэпия ккола бит1араб литературияб мац1алда к1алъазе ч1езабураб къаг1ида. Орфоэпиялъ диалектазда, сверелазда к1алъалев чи литературияб мац1алде ругьун гьавула. Гьеб ккола учителасул аслиял масъалабазул цояб.

Масала: лит. – хоб, хур, хъах1аб, бук1ине, т1ад, т1ох;

диал. – х1об, х1ур, хах1аб, бук1де, ад, огь;

Графика – ккола гьаркьал х1арпаздалъун хъвай. Гьаракь абула ва раг1ула, х1арп хъвала ва бихьула. Авар мац1алъул графика щибаб гьаракьалъе х1арп бихьизабураб буго.

Киналниги мац1азулъ х1арпаздаса гьаркьал г1емер рук1уна. Гьединан маг1арул мац1алдаги 46 х1арп ва 66 гьаракь (фонема) буго.

Слог ккола цо рагьараб гьаракьидасаги цо яги цо чанго рагьукъаб гьаракьалдасаги г1уц1араб раг1ул бут1а. Раг1улъ бугеб рагьараб гьаракь рик1к1ун слогги бук1уна.

- Рагьараб гьаракь ахиралда бугеб слогалда рагьараб абула: ро-су, ке-ту, га-гу, га-ма, га-ли, ма-ли.

- Рагьукъаб гьаракь ахиралда бугеб слогалда къараб абула: иц, их, бис, пан-дур, х1ас-рат, къо-ло-хъан, маг1-дан.

- Авалалдаги ахиралдаги рагьукъаб гьаракь бугеб слог рахараб ккола: кан, кун, бер, рас, сас, кар, ч1ер, ч1ор. Цо рагьараб гьаракь слог ккола, амма мухъидаса мухъиде босизе бегьуларо: я-ч1а-на, у-на, а-на, и-на.

Ударение ккола раг1улъ цо слог цогидаздаса гьаракь борхун аби: т1абиг1ат, къисмат, ислам.

Авар мац1алда ударение хисиялдалъун раг1ул:

а) маг1на хисула: раг1и – раг1и, рагъи – рагъи, гьари – гьари;

б) форма хисула: г1иял – г1иял, сапнал – сапнал, лъарал – лъарал.


Каталог: http schools
http schools -> Мезличила баянти
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
http schools -> «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
http schools -> Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа


Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница