Лекция № Байбихьи. § Мац1алъул цо-цо г1аламатал


§ 26. Гьаркьилал гьаркьал релълъин



страница3/7
Дата01.02.2018
Размер0.94 Mb.
#53122
ТипЛекция
1   2   3   4   5   6   7
§ 26. Гьаркьилал гьаркьал релълъин.

Г1емер къадар бихьизабулеб г1емерлъул форма лъугьунелъулги, ц1иял раг1аби лъугьунелъулги, лъабабилеб свериялда рекъон падежазде сверулелъулниги авар мац1алда цо хасаб т1ел жодор лъугьунел раг1абазул хадусеб слогалъул гьаркьилалъ цебесеб слогалъул гьаркьилаб жиндаго релълъинабула. Гьелда манзилияб гьаркьилал релълъин (яги «г1аксияб сингар­монизм») абула. Гьеб гьаркьилаб релълъин мисалаздалъун бихьизабилин:

1. 1) и—а: кьили кьалал; миччил маччлал (муччлул); жини —- жанал; щинк1ил щанк1лал (шунк1лул); кьибил кьалбал; хьибил — хьалбал...


  1. и — о: кьили кьолол; миччил моччлол; жини жонол; ц1мбил ц1олбол; кьябил — кьолбол; хьибил — хьолбол...

  1. и — у: г1ин г1ундул; т1икъва — т1укъби (т1укъбузул)...

  1. и—е: нилъ нелъер, ниж нежер; михъ — мехъал;
    к1икъого — к1екъого, билет белет, белтал.

  2. Гьаркьилал релълъиналъул законалда рекъон, хадусеб слолъул гьаркьилалъ цебеселъул гьаркьилаб жиндаго релълъинабуларо, предметиял ц1арал дагьаб къадар бихьизабулеб гleмерлъул формаялда ругеб мехалда: а) кьилиял, миччилал, жиниял, кьибилал, щинкЫлал, хьибилал, г!инал, михирал, т1икъваял; б) ц1ил — ц1илал, к1ил к1илал, к1илик1ал, гь. ц-

Рачарал мисалаз (I) бихьизабулеб буго хадусеб слогалъулъ рач1унел а, о гьаркьаз цебеселъулъ бугеб и гьаракь г1емерисеб мехалъги, е, у гьаркьаз цо-цо мехалъги, жододаго релълъинаби. Гьелдаго цадахъ, гьаркьилал цоцада т1убан релълъунелги руго г1емерисел бак1азда, амма цо-цо раг1абиыиги гьезул формабиыиги лъугьунелъул дагьал релълъунги (цоцаде гlaгap-лъунги) хут1улел руго: михъ михъал; кЫкъого к/екъого.

II. У—о: нуж ножор, муч мочол; г1ус — г1осол; нус носол; т1ут1 — т1от1ол; гъуд гъодол; г1уч! г1оч1ол; рукъ—рокъоб, гъ. ц.

Гьаб законалъе предметиял ц1арал мук1урлъуларо, г1еме-рабниги дагьабниги къадар бихьизабулеб формаялда ругеб мехалъ: а) гъуд гъудал; г1уч1 — г1уч1ал; г1ус г1усал; б) гъудал, г1уч1ал, г1усал; (г1ем. къад.)

Гьал мисалаздасан нелъеда лъана хадусеб слогалъулъ бач1унеб о гьаракьалъ цебеселъул у гьаракь г1емерисеб мехалъ жиндаго релълъинабулеб бук1инги гьелъие мук1урлъуларел формабазда жодолъ гьеб хиси кколел раг1аби рук1унеблъиги. Гьелда т1адеги, нелъеда бич1ч1ана, ударение т1ад бук1ин - бук1унгут1иялда бараб жо гьаркьилаб гьаракьалъ цояб цоялда релълъинабиялъул бук1арабани, «б» пункталдаги гьезда релълъаралъурги ругел раг1абазулъ хиси ккезе кколеб бук1ин.

III. 1) е — а: эгъе — агъалда, х1ет1е — х1ат1ал, цер царал, гъеж — гъажалда, чед чадал, т1ехь т1ахьал, къед — къадал (къадал — хас. п.), керен каранда, мег/ер маг/арда, бече бачал, т/алъел —т/алъалаби, гь. ц.

Гьаб законалъе предметиял ц1арал мук1урлъуларо, дагьаб къадар бихьизабулеб формаялда ругеб мехалда: эгъе эгъеял; х1ет/е ~ х/ет/еял; цер еёрал; чед чедал; керён керёнал; мег1ер мег1ерал, гь. ц.

2) е — о: эгъе — огъохъат; т/ехь т/охьол; т/егь т1огъол; къехь — къохьол; щекъер — щокъроб; х/ехь х/охьол; кеч/ коч/ол.

Предметиял ц1арал, дагьаб къадар бихьизабулеб г1емерлъул формаялда ругеб мехалъ, гьеб законалъе мук1урлъуларо: эгъе эгъеял; т!ехь т/ехьал; т/егь т/егьал; щекъер щекъерал.

3) е — у: т/ехь т1ухьдул; къехь — къухьдул, лъен —лъундул, мег/ер муг/рул, эбел улбул.

Предметиял ц1арал гьаб законалъе мук1урлъуларо, дагьаб къадар бихьизабулеб г1емерлъул формаялда ругеб мехалъ: къехь къёхьал, лъен лъёнал, мег/ёр — мег/ёрал, эбёл — эбёлал.

4) е — и: эмен инсул.

5) ве — о: хъвек — хъокол, къверкъ къоркъол, гъвет1 гъот/ол.

Гьаб законалъе мут1иг1лъуларо дагьаб къадар бихьизабулеб г1емерлъул формаялда гьелги гьелго г1адинал цогидалги предметиял ц1арал: хъвек хъвёкал, къверкь — къвёркъал, гъвет1 гъвёт1ал.

6) ве — у: хъвек хъукдул, къверкъ къуркъбузул, гьвеэр гьуърул, квелъ кулъдул; квен кундул, ч1ч1ел кунч1ч1ул; ххвен ххундул, гь. ц,

Дагьаб къадар бихьизабулеб г1емерлъул формаялда ругеб мехалъ, предметиял ц1аразулъ гьаркьилал доцада релълъуна-ро: хъвек — хъвёкал, квенч1ч!ёл квенч1ч1ёлал, гь. ц.

III абилеб пункталда рачарал мисалаздасан нелъее баянлъана: цо бугониги, хадусеб слогалда рач1уяел а, о, у гьаркьилаз цебеселда бугеб е, гьезул щибаб хадуб бач1анщинахъе, жододаго, г1емерисеб мехалъ, релълъинабулеб буто, к1иабизе бугони, ве гьаракь бугеб слогалда хадуселъулъ угьа-ракьыиги о гьаракьниги бач1ани, гьез гьеб жододаго релълъй-набула кидаго. Гьелда т1адеги, нелъеда лъана е гьаракь и гьаракьалъ жиндаго релълъинабураб цо мисал гурого батулеб гьеч1еблъи.

IV. 1) о — а: хоно хшал, гожо гъжая; сон -— с&нал, хоб хабал (хабзал), нодо — надалда, сордо — сардал, ц1о­ко ц1акал. гьоко гьакал, гьобо гьабал, горо гарал, ч1орто ч1артал, торг/о тарг1ал, гь. ц,

Гьаб законалъе мук1урлъуларо дагьаб къадар бихьизабу­леб г1емерлъул формаялда гьелги гьединалго предметиял ц1арал ругеб мехалъ: хоно хоноял, гожо гожоял, сон сонал, хоб хобал, гьобо — гьобоял, гь. ц. 2) о—у: г1ор г1урул.

V 1) а —е: рак/ — рек/ел, Г/ахьалч/и г/ехьел, Хъарани — хъерен. Гьаб тайпаялъул хиси кколелги кколарелги бак1азул г1урхъиги г1адлуги цогидазул г1адаб гьеч1о, бат1ияб буго: хиси кибго кколаро: К/ахъ к/ахъиял, Лъарат/а лъаратЫ-сел, гь. ц.

2) а — о: мала молол, жал — жодор, раса росол. лачен лочнол, ханжар хонжрол, ракьа рокьол, гь. ц.

Дагьаб къадар бихьизабулеб г1емерлъул формаялда гьелги гьел г1адиналги предметиял ц1арал ругеб мехалъ, гьел гьаркьилал релълъиналъул законалъе мут1иг1лъуларо: мали-малиял, раса-- расаял, лачён лачёнал, ханжар ханжрал, ракьа ракьаял, гь. ц.

3) а —у: ханжар — хунжрул, лълъар лълъурдул, г1ач1ар г1уч1рул; хъабарча хъурчул, таманча тунчул, лачен лучнул, раса русбузул, хъазахъ хъузхъул, катан кутнул; г1ала г!улбузул (г/улби), гь. ц.

Гьаб законалда рекъон цебесеб слогалъул гьаркьилаб хадуселда релълъунаро, предметиял ц1арал дагьаб къадар би­хьизабулеб г1емерлъул формаялда ругеб мехалъ: раса — ра­саял, ханжар ханжарал, гь. ц.

4) ва — у: гванда гундбузул, гундул, гундби; кварт!а курт!бузул, курт/би; хвванча хунчбузул, хунчби; к/ваяча —к1унчбузул, к!уннби; къвач1а къуч/бузул, къуч!би, гь. ц.

Гьаб законалъе мук1урлъуларо дагьаб къадар бихьизабулеб г1емерлъул формаялда ругел предметиял ц1арал: гванда — гвандаял, к1ванча к1ванчаял, хъабарча хъабарчаял, хванча хванчаял, къвач1а къвач1аял, гь. ц.

Рачарал мисалаздасан нелъеда лъана хадусеб слогалъулъ рач1арал о, у гьаркьаз цебеселъул а, ва гьаркьал кидаго жодо­даго релълъинарулел рук1ин.

Цо хасал гьаркьилал гъорлъ ругел слогал гьаркьилал гъорлъ ругел слогазда хадур рег1улелъул (падежазде свери-ялдаги г1емер къадар бихьизабулеб г1емерлъул форма лъугьунелъулги, ц1иял раг1аби лъугьунеб мехалдаги) авар мац1алда хадур рач1унез цере ругел гьаркьилал жододаго релълъинарула. Гьеб законалъул аслиял г1аламатал ккола: 1) кваранидасан квег1идехун гьеб х1алт1и; 2) авар мац1алда гьаркьилал релълъин жеги хвеч1еб, гьабсаг1атги бат1ияб мац1алъул раг1абазулъцин хиси ккезабулеб бук1ин (печь почол, катан - кутнул, билет белтал...) 3) гьаркьилал релъ­лъин г1емерисеб мехалда лъабабилеб свериялда рекъон падежалде сверулел раг1абазулъ кколеб бук1ин; 4) жиб релълъунеб гьаракь жинда релълъунеб гьаракьалда т1убангоги т1убач1огоги (аи бащдаб) релълъунеб бук1ин; 5) гьаркьилал релълъиналъул закон к1ут1би ц1ут1ун рахъулел (ва, ве, ви) гьаркьал гьаркьикъаллъун гьеч1ого, гьаркьилаллъун рук1иналъе нуг1лъи гьабулеб бук1ин; б) хисараб аслу лъугьиналъеги ц1иял раг1аби лъугьиналъеги г1емерисел бак1азда гьаркьилаб релълъиналъул к1вар ц1ик1к1араб бук1ин.

Гьаркьилал релълъиналда рекъон, раг1улъниги гьелъул форма падежалданиги бугеб мехалъ ккарал хисаби литературияб мац1алда хисухъе хъвала. Гьелда рекъон, хисухъе, хъвач1они (ай цоккураб фонетикияб принципалда рекъон хъвач1они), абизего абулареб куцалъ абизеги хъвазеги ккола: кеч! — коч!ол аб. бак1алда кеч1ол; кьибил кьолбал аб. бак1алда кьилбол; лъади – лъудби аб. бак1алда лъадиби, гь.ц.
Лекция № 11-12.

§ 27. Слог.

Щибаб мац1алдаго г1адин, авар мац1алдаги руго слогазде раг1и бикьиялъул ч1ван къот1арал законал. Слогалъул гlypхъиги гьел законаз ч1езабула. Нелъерго калам х1арпаздалъун хъвани, гьел законалги слогалъул тайпабиги рук1ин бихьизабизе к1ола.



Гьаркьилазда гьоркьоре кколел гьаркьикъазул къадаралде балагьун, авар мац1алда раг1и слогазде бикьула гьал хадусел законазда рекъон:

1. К1иго гьаркьилалда гьоркьобе ккараб гьаркьикъалда кверщел хадусеб гьаркьилалъ гьабула: а) бе-че, г1а-ка, ба-си, кье-г/ер; б) ба-ч/а-на, бе-ц/ц/а-на, ба-г/а-раб; в) а-на-, э-бел, э-мен, а-хил, А-са-ду-лагь, а-х1и, у-неб, гь. ц. (стр.30)



2. К1иго гьаркьилалда гьоркьоб, цоцада цун, бугеб к1иго бук1а, лъабго бук1а, ункъго бук1а гьаркьикъалъул ахириселда, кверщел хадусеб гьаркьилалъги хут1аразда цебесеб гьаркьи лалъги гьабула: а) ас-лу, ун-го, ун-та, ун-ге, ин-ч1о,их-дак;
б) муг1-рул, рукъ-зал, г!ур-дул, т1ан~к1ал, маг1-на, ицц-дай, Ас-х1аб, тай-па, гван-да; в) щван-т1их, щвант1-хил, хъурт-ма, хъурт~мил, гван-да, гунд-би, г1унк1к1, г!унк1к1-гун, гван-гва-ра, гунг-рул, х1ан-к,1ва-ра, х1унк1-рул; xlan-къва, х1уикъ-би, куркь-би; г) ми-нис-тер-ство, сви-де-тель-ство, гь. ц.

3.Гьаркьилалъ кверщел гьабула жинда цебе бугеб бук1а, хадуб бугеб бук1а, к1иябго рахъалда бугеб бук1а гьаркьикъалда: а) иц, ицц, оц, их, ас, цо, ци, ца; б) ма, на, бо, ле, къо, ц1а, ц1ц1е, чу, чи, йа (-я), йо (-ё); в) лал, лол, лъел, лъел, лъелъ, лъалъ, бер, бол, бел, бал, бил, т1ор.

Слогалъул тайпаби. Каламалъул гьаркьазул жиндилъ бу­геб къадаралъухъ балагьун, авар мац1алъул слогалъул ункъо бат1ияб тайпа буго: 1) цох1о гь а р к ь и л а л д а с а н г1уц1а-раб слогалда т1оцебесеб тайпаялъул абула: а (буюрул ф.),у (бу-голъиялъул ф.); а-на, — у-на, и-на, А-са, э-бел, э-мен; 2) цо гьаркьилалдасанги цо гьаркьикъалдасанги г1уц1араб слогалда к1иабилеб тайпаялъул абула: а) цо, къо, къе, те, ц1а; б) бу-г!а, г1a-ба, хъа-ба, бо-г1о-ло, да-да, ба-ба, гьо-ло, бе-че, ц!ва-би; в) оц, иц, ицц, ах, ун; 3) Цо гьаркьи­лалдасанги кIиго гьаркьикъалдасанги г1уц1араб слогалда лъабабилеб тайпаялъул абула: а) х1ан, нах, гьан, рахь, xlop, xlyp, гoxl, лах1; б) рукъ-зал, гьал-бал, ригь-зал, вац-г1ал; 4) лъабго гьаркьикъалдасанги цо гьар­кьилалдасанги г1уц1араб слогалда ункъабилеб тайпая­лъул абула: панкъ, къверкъ, панз, хьварс, март!, гвенд, г1арч1, къарт1, хвенч, г!арз, халкъ.

Цебехун бицараб жоялдасанги рачарал мисалаздасанги нелъеда лъана: а) лъабабилебги ункъабилебги тайпаялъул слог кидаго къараб, т1оцебесеб кидаго рагьараб бук1ин; б) к1иабилеб тайпаялъул слог гьаркьикъалдалъун лъуг1улеб бугони, къараб (оц, иц, ах), гьаркьилалдалъун лъуг1улеб бугони, р агьар а б (цо, ци, ца) бук1ин; в) авар мац1алда слог, гьаркьилаб гьаракь гьеч1ого, лъугьунгут1и; г) гьаркьилалъ гьаркьикъалда гурого, гьаркьикъалъ гьаркьи­лалда кидаго управление гьабулареблъи, гьединлъидал, слогалъул аслулъун кидаго гьаркьилаб бук1ин; д) слогазул тайпаби слогазде каламалъул чвахиниги гьелдаго гъорлъ раг1иниги бикьулел законазда рарал рук1ин, гь. ц.



Каламалъул чвахиялда бат1а гьабураб жибго гьаркьилал­да бук1а, гьелъ гьаркьикъабгунниги гьаркьикъалгунниги цадахъ г1уц1араб цолъиялда бук1а слог абула.

Цо кинаб бугониги формаялда бугеб раг1и г1уц1ун бук1уна (стр. 31)цониги ц1ик1к1унниги слогаздасан. Цо слогалдасан лъугьараб раг1уда цо слогалъул, к1игоялдасан лъугьаралда — к1иго слогалъул, лъабгоялдасан лъугьаралда - лъабго слогалъул, ункъоялдасан лъугьаралда — ункъо слогалъул... раг1и абула. Масала: ах, оц (1 слогалъул); г1елму, мегьед (2 слогалъул); могоро, гонеги (3 слогалъул); вач1унаро, векьарана (4 слога­лъул) раг1абигун гьезул формаби руго.

Баян. 4 аб. тайпаялъул слогалъул ахирисеб гьаркьикъалдаги гьаркьилалдаги гьоркьоб авар мац1алъул раг1абалъ г1емерисеб мехалда н, м, л, р, в, й гьаркьазул цояб бук1уна (къверкъ, панз, гвенд...)

Авар мац1алъул раг1абазул авалалда кидаго 2 гьаркьикъаб бук1унаро.



§ 28. Раг1аби слогазде рикьун мухъидаса мухъиде росиялъул бит1ун хъвай.

Мухъилъ гьинч1еб раг1и бикьун босула, гьедин цоялдаса цогияб мухъиде босараб раг1ул бут1аялда бикьунбос абула.



  1. Мухъилъ х1арпазе бак1 г1олеб бугони, бикьунбослъун лъабабго (2, 3, 4) т1адехун рехсараб слогалъул тайпаялъул цояб ккезе бегьула. Цох1о гьаркьилаб (1-себ тайпа) бикьун босуларо.

  2. Мухъилъ х1арпазе бак1 г1еч1они (слог бикьиялъул законаздаса кьураниги), г1урал гьенирги тун, г1еч1ел х1арпаздасан г1уц1араб бикьунбос нахъияб мухъде бачуна.

Щибаб мац1алдаго г1адин, авар мац1алдаги т1оцебесеб нух беццараб (аслияб) ккола, к1иабилеб абуни, какараб (аслияб гуреб), амма рее къот1аралъуб батулеблъун ккола.

  1. К1игониги (сс, чч, цц, кк, хх, ва, ве, ви лъ, хъ, къ, гъ; кь, хь; ч1, чl, к1, г!, х/, т1) ункъониги (ч1ч1, ц1ц1, kIkI, лълъ), г1аламаталдасан г1уц1арал х1арпазул цоялдалъун хъвалел каламалъул гьаркьазул цонигияб к1и бихъизе бегьуларо. Масала, бикьун бослъун ба-ц!ц1а-даб абураб раг1улъ бац1-ц1адаб кколаро, гьелдаго релълъун цогидаб бак1алдаги.

  2. Цо xlapп, раг1улъа бат1а гьабун, я т1асияб мухъида толаро, я гъоркьиялде босуларо: а-на, у-на, ри—и...



Лекция № 13-14.

§ 28. Ударение

Бицунеб жо г1енеккарасда бит1ун бич1ч1изе к1алъалес жин-дирго каламалда жаниб цо хасаб раг1иниги, раг1улъ слогниги, гьаракь борхизабиялдалъун, цогидаздаса бат1аго к1вар кьун, абула. Гьелда ударение абула.

Авар литературияб мац1алда ударение х1алт1изабула: Ра (стр. 32)г1и бит1ун абиялъеги, ц1ияб раг1и лъугьинабиялъеги, раг1ул форма лъугьинабиялъеги, предложениялъулъ бищун абизениги лъазениги бокьараб раг1уде к1вар буссияабиялъеги, гь. ц. Ма­сала, г1opтo, ч1орто, горо, хоно, гьорчо, г1оммо, г1оно, нодо, гозо, Х1оцо, Г1оч1ло, Хочо, къаси, радал, метер, сордо, сардал, мач1у абурал раг1абалъ ударение к1иабилеб слогалда т1ад гьабула, т1оцебеселда гьабуни, раг1абазул маг1на бич1ч1изе квек1ен гьабула. Гьединго, т1оцебесеб слогалде ударение кко-лел раг1аби: наку, к1алу, гъалу, г1узру, макъу, г1анк1у, ч1алу, маргьу, загьру, макру, къадру, г!елму, жакъа, лъик1аб, квешаб, гордо, х!алт1и, зулму — к1иабилеб слогалде гьебги бачун абу­ни, маг1наялъе зарар ккун, бит1ун рич1ч1уларо. Гьединлъидал, раг1улъ ударение бук1ине кколеб бак1 лъазабиялъ лйтерату­рияб мац1 бит1ун бицине бигьа гьабула, раг1ул маг1на бит1ун бич1ч1изабула.

Жинца хъулухъ сундулъ т1убалеб батаниги, гьелде балагьун, ударение бук1уна:



  1. раг1улги, б) раг1ул формаялъулги.

  2. а) предложениялъулги, б) логикиябги.

1. а) Цо слогалдаса цоги слогалде жиб босиялдалъун цо раг1ул цоги раг1и лъугьинабизе х1алт1изабулелда раг1ул уда­рение абула: гьоц/о гьоц1о, рагъи рагъи, pazlu раг1и, къот1и къотий, бугьун бугьун.

б) Раг1ул цо формаялдаса цоги формаялде жиб босиялда­лъун гьелъул цо форма цогиялде сверизабизе х1алт!изабулелда раг1ул формаялъул ударение абула: к1ац1анак1анц1ана, гъарщана гьарщана, кьабг1ана — кьабг/ана, гЫял г/иял, къадал къадал, каналканал, ц1улал ц1улал, муг/рул муг/рул, гулал -гулал.



2. Цо слогалдаса цоги слогалде жиб босиялдалъун цо калимаялъул цоги бат1ияб маг!наялъул калима лъугьинабизе х1алт1изабулелда логикияб ударение абула: сахлъи гьеч1о-лъи сахлъй гьеч/олъи, бак/лъи лъазе бак1лъй лъазе, унти лъазе унти лъазе, гь. р.

Раг1ул цо формаялдасан цоги форма лъугьинабулелъул ударение я т1оцебелдаса к1иабилеб слогалде, я к1иабилелдаса цоабилелде гочунелги бак1ал дагьал гьеч1о. Масала, г1анхвара, х1анк1вара, къадако, мег1ер абулел цолъул формаялда ругел раг1абаздасан г1емерлъул форма лъугьинабулеб мехалъ, к1иабилеб слогалдаса ударение т1оцебеселде гочуна: г1унхрул, х!унк1рул, къудкул, муг1рул; цо нухалъ гьабураб, лъугьараб иш бихьизабулеб араб заманалъул формаялда ругел глаголаздасан (кьабгЛаяа, к1анц1ана, гьарщана, дв&н-кана) такрарлъул форма лъугьинабулелъул, ударение т1оцебесеб слогалдаса к1иабилелде бач1уна (кьабг/ана, к1анц1ана, гьарщана, дванкана).

К1иго, я ц1ик1к1ун слогазул жибго жиндаго ч1араб (лекси ки б) маг1на бугел раг1абазулъги гьезул формабазулъги гурого, цо слогалъул лексикияб маг1на бугел раг1абалъги ва гьеб жодор гьеч1ел, цох1ого цо цогидазе хъулухъалъе х1алт1и- зарулел раг1абалъги ударение бук1унаро. Щай гурого, цо бугони, ударение цо слог цогиялда, яги цогидазда данде ккун, гьаракь борхизабун, гьездаса бат1а гьаби кколелъул; жинда данде кквезе к1иабилеб слог гьеч1они, цо слог сунда гъорлъаха бат1а гьабилеб; к1иабизе бугони, ударение т1ад бук1уна кидаго лексикиябниги грамматикиябниги маг1наялъе жинца кьуч1лъиги гьабулеб гьаркьилаб (раг1иялъул) рахъалъги цогидал слогазда гьоркьоб жиб ц1ик1к1араб слогалда. Гьалъие нуг1лъи гьабулел мисалаллъун ккола: муг1рул — муг1рул, г1йял г!иял, т1улал т1улал, рйкьи рикьй, рахъи — рахъй, ба-ч/ин бачЫн, гь. р.

Авар литературияб мац1алъул роценалда гьаркьилаб гьа­ракь цо кинаб бугониги слогалъулъ халат бахъинабиялдалъун гьабулеб ударение — музыкалияб ударение — гьеч1о, амма гьеб буго Пандадерил г1орч1ван эхере ругел маг1арул мац1 бицунел росабазул абияздаги (Муни, Инхо, Игъали..., Бо-лъихь р-н) Хвахит/а росдал г1адамазул абиялдаги (Лева-ши р-н), гь. ц. росабалъ. Масала, чуги баяЫрабииии? Гьаниб предложениялъул к1иабилеб раг1ул ахирияб слогалъул гьаркьи­лаб гьаракь и ункъго-щуго и цолъараб Надин халат гьа-бун буго.



§ 30. Ударениялъул къаг1идаби.

1. Авар мац1алда ударение къвег1иса рик1к1ун кваранидехун кидаго к1иабилеб слогалдаса рик1к1аде кколаро. Масала: 1) эмён, эбёл, вацлъй, яцлъй, имг/ачу, ункъалу, цинйг1алг гьоббл, гьудул, гьоркьдхъан; сасу, мач!у, Хочб, ахйхъан, гьабй-гьан, богдгьан; 2) ймг1ал, ункъг1ал, мадугьал, лъёт1ахъан, рёч!ч1ухъан, <в6рч1ухъан, х!алт1ухъан, вокьулев, йдкьулей, лъй-к1аб, квёшаб, бёцЫб, кйнаб, бёцаб, рёкъаб, бахъана, бухъана, бётЫна, т1уна; жакъа, г/ёбса, т/dca, гъоркьа, бакъулъ, мдкъ-рокь, жаниб, гь. ц.

Лъабабилеб, ункъабилеб... слогалда авар мац1алда ударе­ние кидаго т1аде кколаро. Гьабго къаг1ида роценлъун буго журарал раг1абазе, калимабазе, гьединго предложениязеги текстазеги. Масала, к1иабилеб слог ударение т1ок1аб рик1к1аде щолареб г1урхъи бук1ин бихьизабула: 1) г/ин т1амуге, т1алаб гъабйзе, бай бйхьана, т1ад вуссарав, нахъ вуссарав, мекъи ккарав; х1ал кьёзе, квер бакъйзе, бертен гьабизе, х1ал-хьи гьабизе, цебёбухь, квербац1ц1, рекМлхвей, г1 урччйнгобарщ, хЫмагага, дхцер, 6цх1ут1, мажбикъ, х1амагъаикъ, эбёлхвад, х!алч1ахъад, маххукъебед, хадучи, къайца-дахъ, авал-къоно; к1алт/у~къоно; 2) хвезе вахъаравани; къот1изе ккараб г1аркьел; бахъараб г/ус, ц!йрарабжо; бдрч1араб килищ; биххараб квер, квер биххарав чи; квешаб пихъ, гьуйнаб гени; ц!ек1аб курак; т1аг1амаб квен; чалухал берал; 3) нилъер умумузул адаб рехйч1ел, гъанир маг/арулал г!емёрал руго (А. М.), Цо дуда бер ч!вараб саг1ат бач1ани, бач!ун хинлъилаан хасало рии. Хвеч1ого мун йихьун, хьул дир буссани, дунял бец1лъиларо, бакъ т!ерхьинаро, (Хъ.р.М.); — Эбел, мунищ г!антай, дунищ г1адалай, г!елмуги жагьлуги борцунел ругел? Вице, к1иязулго кинал нилъ тохал, канлъиги бец!лъиги ц!азе лъугьарал? (Ц1. XI.) Гьал мисалаздасан бихьула калимаялда жаниб, к1иго-лъабго paгlye г1ахьалаб ва гьел гъоркье рачунеб цо гурого ударение гьеч1олъи.

2. Цолъул формаялда ругел предметиял ц1аразулъ ударе­ние к1иабилеб слогалда т1ад бук1уна. Масала: 1) хонд, сонд, бог!6ло, к!ерёло, pozlopo, техтёро, мих1й, гъунй, г1агъдй, т1ахь-дй, кутан, хъутан, катан, къалам, калам, г!алам, г1ажам, салам, мег1ёр, гьужум, къег!ёр, бет1ёр, кьенсёр, рет!ёл, къек1к1вёл, кверщёл, дег}ён, релъён, керён, кинй, жинй, итнй, занй, сани,



гъурущ, къурущ, гь. р.

Гьаб г1аммаб къаг1идаялъе мук1урлъуларо т1оцебесеб сло­галда ударение бугеб ункъогог1ан предметияб ц1ар. Мисалал: г1азу, г!анк1у, гЛалу, гъалу, ч!йлу, г!адлу, г!узру, макьу, мар-гьу, макру, загьру, къадру, г!ёлму, мугьру, зулму, с&бру, гь. р.



Лекция № 15-16.

§ 31. Орфография.

Литературияб мац1алда бит1ун хъвадаризе ч1езарурал къаг1идабазул системаялда орфография абула.

Авар литературияб мацДалъул орфографиялъул кьоч1ое, т1убан литературияб мац1алъул норма ч!еч1ел мац1азего rlaдин, фонетикияб принцип босун буго. Авар мац1алъул орфография фонетикиябг^ун морфологияб принци-пазул кьуч1алда т1ад г1уц1ун бугин аслияб куцалъан абизе бегьула. Цогидал принципазда рекъон хъвадариялъ авар мац1алъул бит1ун хъваялда жаниб дагьаб бак1 ккола.



Авар орфографиялъул принципал. Авар мац1алъул орфо-графиялда бит1ун хъвадаризе х1алт1изарула: фонетики-ябги, морфолог и ябг и, шарт1иябги, м а г I н а д у-лабги принципал.

1. Фонетикияб принцип абула литературияб мац1лда абухъе раг1абиги гьезул формабиги хъваялда. Щияб раг1иниги раг1ул формабиниги лъугьунелъул, гьелъул аслуялъулъ кколеб хиси, фонетикияб принципалда рекъон, хъваялъулъ ц1унула. Морфологияб принципалдайин абуни раг1ул аслу кибго цо къаг1идаялъ, хисич1ого хъвала Фонетикияб принципалда рекъон хъвала:



  1. Жододасан ц1ияб раг1иниги раг1ул формабиниги лъугьунаго, аслуялъулъ я гьаркьилал, яги гьаркьикъал гьаркьал хисулел раг1аби: т1ехъ т1ахьал т1охъол т1ухьдузул т1ахьазул; г1ус г/осол; гьоло гьалал — гьалал; т1амах т1анхал; г1адамал -г1адан, гь. ц.

  2. Раг1улелщиналъур щ, чч, кк, к1к1, хъ, гьаркьалги цо
    хасал раг1абалъ хх, лълъ, ее, цц, ч1ч1, ц1ц1 гьаркьалги:
    баккана, руккел; к1к1ал, hclkIkI, бек1к1ана, хъабахъ, бахъана,
    хъалахъ; ххине, релълъине, буссине, бич!ч!изе, бац1ц1ияе, гь. р.

Авар мац1алда аптек, фабрик, минут, секунт, резин, котлет, школ, газет, авар мац1алда абухъе, аи фонетикияб принципал­да хъвала.

Морфологияб принцип абула раг1иниги гьелъул форманиги, бат1и-бат1иял фонетикиял шарт1азда хисухъе хъвач1ого, кибго цого къаг1идаялъ, хисич1ого, хъваялда. Морфологияб принципалда рекъон хъвала:

1) Гъугъал гьаркьазда дадахъ ккедал, гъугълъулел зирарал гьаркьал: б, д, г, гь, ж (хъапчилалъул бак1алда — хъабчил; г1ксаялъул бак1алда г!агса, гъещт!аялъул бак!алда гъежда, гь. ц.).

Шарт1ияб хъвай абула я раг1и, я гьелъул форма фонетикиябниги морфологиябниги г1аламаталда мугъ ч!вай гьабун, аи шарт1 ч1езабун хъваялда. Шарт1ияб хъваялда рекъон хъва­ла рек1унниги, рат1ат1унниги, гьоркьоб дефис лъунниги: 1) т1оцебесеб слогалда ударение бугел к1иго слогалъул предметиял цГаразул ахиралда -у хъвала, о- гьаракьдай, у- гьаракьдай бугебан щаклъи ккани: гЫкълу, г!елму, наку, макьу, нису. сипу, гъеду, гь. ц. Гьаниб бит1ун хъваялъул къаНидаялъ мугъ ч1валеб буго раг1ул фонетикияб г1аламаталде — ударение т1оцебесеб слогалда букГиналде — аи фонетикияб шарт1алде.



  1. К1иабилеб слогалда ударение бугел предметиял ц1аразул т1оцебесеб слогалъулъ, О гьаракьдай раг1ула, У гьаракь­ дай раг1улаян, щаклъи кколеб бугони, кидаго у хъвала (гьумер), щаклъи ккеч1они — о хъвала (гьобо, г!оммо).

  2. Падежазул ахиразулъ -ее-, -цц-, -лълъ- гьаркьал paгlyлел ругони, кидаго -с-, -ц-, -лъ- хъван тола: гьасс гьас,гьесс гьес; дицца дица, дуцца дуца; ясалълъ ясалъ. Гьаниб бит1ун хъваялъул къаг1идаялъ мугъ ч1вай гьа-
    булеб буго раг1ул падежияб формалъул фонетикияб г1аламаталде.

  3. К1иго я ц1ик1к1ун кьибилалдасан г1уц1арал хасал ц1арал рек1ун хъвала: Х/ажимух1амад, Г1алимух1амад, Къадимах1амад, Аслангерей, Салгерей, Нуцалхан, Дибирмух1амах!ажи.

6) Кьибил такрарлъун лъугьарал раг!аби гьоркьоб дефис лъун хъвала: цо-цо, kIu-kJu. Гьаниб кьибил такрарлъи морфо­логияб г1аламат ккола. Дефис гьоркьоб лъун хъваялъ гьеб шарт1 бук1иналда мугъ ч1валеб буго.

Маг1наялъулаб принцип абула цо бич1ч1и цогиялдаса бат1а бахъизе, маг1наялде балагьун, гьел бат1и-бат1ияб куцалъ хъваялда.

Маг1наялъулаб хъваялда хъвала:

1) Бак1алъул падежазул ахиралда — н: Дун Хунзахъа вачгана —■ Дун Хунзахъан вач!ана. Эбел хуриса йач1ана Эбел хурисан йачгана. Хунзахъа, хуриса абураб мехалъ гьеиив жанивго вукТарав чи гьениса вач1ун вук1ин бич1ч1ула, Хунзахъан, хурисан абураб мехалъ цоги бак1алдасан вач1унаго, Хунзахъ росулъан, аи росу къот1ун, ун вук1ин бич1ч1ула, гьединго хур къот1ун, аи хурисан, вач1инги бич1ч1ула. Гьеле гьеб к1иго бат1ияб маг1на жубангут1изе, к1иго

бат1ияб куцалъ хъвала гьел падежазул ахиралги.

2) Частицаялъулги деепричастиялъулги щаклъи ккунгут1изе, аи к1иго бат1ияб маг1на бат1а бахъизе, частица рек1ун, деепричастие бат1а т1ун хъвалеб бак1: Эмен нух ккун вуо —эбел г1урумухъккун уней йиго.



  1. Глагол рек!ун, предметияб ц1арги глаголги бат1а т1ун:
    ц1одор лъана — ц1одбрлъана; баян лъана — баянлъана; къа-дар лъана — къадарлъана; к1одд лъана — к1одблъана.

  2. Предметияб ц1ар наречиялдаса бат1аго, гьелдасан
    лъугьараб наречие рек1ун: Доба нахъа рукъ буго — Доба нахъарукъ буго, гь. ц.

Каталог: http schools
http schools -> Мезличила баянти
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
http schools -> «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
http schools -> Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа


Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница