Лекция № Байбихьи. § Мац1алъул цо-цо г1аламатал



страница2/7
Дата01.02.2018
Размер0.94 Mb.
#53122
ТипЛекция
1   2   3   4   5   6   7
§ 10. Антонимал. Цоцада данде лъолеб маг1наялъул, цо кьолболал гурел, раг1абазда антонимал абула. Антонималлъун рук1уна, рик1к1енги, кумекалъул каламалъул бут1абиги тун на-хъиялщинал, киналго каламалъул бут1аби. Мисалал:

а) роц!ен — кьерхен; сордо — къо, рокьи-кьал (предметиял ц1арал);

б) ч1ег1ераб — хъах!аб; берцинаб—сурукъаб (прилагательноял);

в) дун—мун, ниж—нуж, нелъер—чияр (ц1арубак1ал);

г) вач1ана — ана; вуго — гьеч!о; ц/орола — хинлъула (гла­голал);

д) цебе—хадуб, къад—къаси;гъоркь—т1ад; лъик!го—квешго (наречиял).

Предметияб ц1аралъул бак1алда х1алт1изабураб кумекалъул каламалъул бут1а — междометие — ккезеги бегьула антонимлъун: ма бокьулев — кье рихарав, баркала (дуе)! наг1ана (дуе)!

Т1адехун рачарал мисалаз цояб цоялде данде лъолеб маг1иа бич1ч1изабула, Гьединабго маг1наялъул рук1уна нахъиял

антоним алги.

Антонимал г1емерисеб мехалъ х1алт1изарула лъиениги сундуениги къимат кьолелъул, гьезие хасиятал г1аламатазул, рахъазул бицунелъул; предметалниги, г1адамалниги лъугьа-бахъарабниги, цоцада данде ккун, баян гьарулелъул гь. ц. Гьелъ каламалъул пасих1лъи бег1ерлъи, мух1канлъи, къокълъи ц1ик1к1инабула.



Г1исинал ч1ах1иял, бах1арал херал.

Вихьжал руччаби рахъана къват1ир (X. К.)

Лекция № 5.

ФРАЗЕОЛОГИЯ

§ 11. Каламалда жаниб раг1абазул рухьен биххизе бегьулебги бегьуларебги (щулалъарабги) бук1уна: 1) Волгоградалда ккарал рагъазул гьалда нек1ого бицен раг1ана. (М. С.) 2) Дуда царал мах1 буго.

Т1оцебесеб предложение маг1на бугел бут1абазде биххизе бегьула; (бицен раг1ана) гьелда раг1ана, нек1ого раг1ана, рагъазул бицен гь. ц. К1иабилеб предложениялда гьоркьоб бугеб царал мах1 абураб калималъул раг1аби цодаздасарат1а гьаруни, раг1абазул сок1к1еналъул маг1на думалъго хисула: «Дуда царал мах1 буго» абураб раг1абазул сок1к1еналъ сих1ирав, оборав, ц1одорав, лумияв чи вук1ин бич1ч1изабулеб батани, «Дуда царал буго, яги дуда буго, яги дуда мац1 буго» абураб сок1к1еналъ бат1ияб маг1на кьолеб буго.

Каламалда жанир ругел бут1абазде риххизеги бегьуларел, жодоца цох1о маг1на кьолел раг1абазул сок1к1еналда фразеологиялъул сверелал абула. Фразеологиялъул сверелазе хасиятаб жолъун ккола гьел цо раг1иялдалъун хисизе бегьулел рук1ин. Бут1абазде биххизе бегьулареб раг1абазул сок1к1ен предложениялда жаниб цох1о членлъун бук1уна.



Дуца х1ажиг1исал хъулухъ жибго те. Гьеб предложениялъулъ х1ажиг1исал хъулухъ абураб биххулареб сок1к1ен бит1араб дополнениелъун буго. Биххулареб рухьен, к1иго раг1улго г1адин, т1убараб предложениялъулги бук1уна: Г1ин т1ами (г1енекки), квер бакъи (кумек), къо бихьи (эах1малъи) рак1 ч1ей (божи). б) Досул ц1ани маг1арде рахун руго (мехти). Дица дур хъабчил г1арада гьабила (вачахъила).

Фразеологиялъул сверелазда гьоркьоре уна: идиомал, кицаби, бицанк1аби, абиял.



Жал г1уц1арал раг1абазул маг1наялде данде жодор аслияб маг1наги кколарел, гьединлъидал, бат1ияб мац1алде руссинаризеги к1оларел раг1абазул биххулареб сок1к1еналда идиомал абула. Х1ажиг1исал хъулухъ, царал мах1, к1алзул гьури, квер бакъи, гь. ц.

Фразеологиялъул сверелазде гьоркьоре уна я раг1абазул маг1на аслияб маг1наялде г1агарал, яги гьеб данде кколел, амма цоцадаса рат1а гьаруни, жодор маг1на хисулел раг1аби (хварав чи — къадарав, жибго лъим г1адин лъала, рохь г1адин буго, расниги гьеч1о. мах1ниги бук1инч1о, бет1ер бекун балагьана).

Фразеологиял сверелазде гьоркьоре уна к1ирек1арал ц1арал- киназдаго лъалареб бук1иналдалъун диалектизмалъун бук1ана, амма гьанже гьелъ гьениб щулияб бак1 ккуна. Диалектизмабаз художествоялъул асаразда жаниб цо-цо героязул (персонажазул) образ рагьизе кумек гьабула. Авар мад1алда сверухъ цолъулеб цо чанго диалект буго (балагье ... гь.), гьездасан литературияб маиДалде рач1арал г1емерал диалектизмабиги руго. Литературиял диалектизмаби:

К1алъай - гап

Гъалду – гъелдареч

Пурч1ина - гьохъ


Рида - г1айран – (Закатала)

Кат1ари – къама – (Сугъралъ)

Гьец1о – г1уц1- (Г1андалалъ)

Чияк1о – урело – (Игьали)

Чанта – цахма (Ч1охъ)

Цо-цо диалекталъул раг1аби, литературияб мац1алде гьоркьореги рач1ун, литературияллъун лъугьуя руго. Масала: гьури абураб раг1и хундерил диалекталдасан бач1араб буго литературияб мац1алде. Щай абуни, гьебгун кьибил цоял раг1абалъ северияб диалекталъул г1емерисез гь-ялъул бак1алда п абулелъул (пузе — гьвизе...)


Лекция № 6.

§ 15. Терминал. ЦохЛо бич1ч1иялда лъураб ц1аралда термин абула. Гьединлъидал термин цох1о маг1наялда гурого х1алт1изабуларо. Масала: зоб, бакъ, прилагательное, трактор, космос,



Чгь. ц. Жиб-жиб г1елмуялъул жинди-жиндие хасал терминал рук1уна.

Грамматикаялъул: суффикс, наречие, подлежащее.

Росдал маг1ишаталъул: комбайнер.

Спорталъул: реч1ч1ухъан, лъет/ахъан, векерухъан.

Х1исабалъул: алгебра, геометрия, лъабоч1он.

Медицинаялъул: пинцет, йод.

Авар литературияб мац1алда терминазул хазина бечелъула:

а) Авар мац1алъулго раг1аби терминаллъун х1алт1изарунги.

б) Бат1ияб мац1алдасан терминал росунги.

в) Бат1ияб мац1алъулазда г1уц1и релълъинабун, авар мац1алде терминал руссинарунги (калькаби). Мисалал: а) къадахъан, зурмихъан, богогьая, еецарухъан, вехь, ворч1ухъан, ессарухъан, ахихъан, бецабакъ; б) х1укумат, пачалихъ, колхоз,
совхоз, политика, г/елму, школа, вуз; в) цебераг1и, хадулъел, ц1арубак1, гь. ц.
§ I6. Словаразул х1акъалъулъ г1аммаб баян.

Цо хасаб иргаялда лъурал раг1абазул т1ехьалда словарь абула. Масала: Орфографиялъул словарь. Г1емерисел словаразда раг1аби сок1к1ун рук1уна гьеб мац1алъул алфавиталда ругел х1арпазул иргаялда рекъон.

§ 17. Авар мац1алъул словарал.

«Аварги г1урусги мац1азул словарь» къват1ибе биччана Л. Н. Жирковас 1936 аб. соналъ Москва шагьаралда.

1938 аб. соналъ Микаг1илов Шигьабудиница Мах1ачхъалаялда бахъана «Авар мац!алъул орфографиялъул словарь». 1940 аб. соналъ Мах1ачхъалаялда къват1ибе биччана «Терминзул словарь».

1955 аб. соналъ бахъана комиссиялъ ц1и гьабун къач1араб «Авар орфографиялъул словарь» Ш. И. Микаг1иловасул ц1аралда гъоркь Мах1ачхъалаялда.

1951 аб. соналъ М. С. Саидовасулги, Ш. И. Микаг1иловасулги авторлъиялда гъоркь историялъулги, мац1алъулги, литератураялъулги Институталъ биччана «Г1урусги аварги мац1азул словарь» («Русско-аварский словарь»). Гьеб буго бищун г1емер (37.000) авар мац1алъул раг1аби жанир ругеб словарь.


Лекция №5.

ФОНЕТИКА

§ 18. Мац1алъул гьаркьилаб рахъалъул бицунеб мац1алъул г1елмуялъул рикьиялда фонетика абула. Мац1алъул гьар­кьилаб рахъ абураб бич1ч1иялъ жанире р'ачуна: каламалъул гьаркьал, гьезул лъугьиы, хиси, ударение (к1варкьей), слог г1адал суалал.

Авар мац1алъул фонетикаялъул щуго рикьи буго:

I. Каламалъул гьаркьал лъугьин.

II. Каламалъул гьаркьал хиси.


  1. Каламалъул гьаркьал (фонемаби).

  2. Слог.

V. Ударение.

§ 19. Каламалъул гьаркьал лъугьин.

Каламалъул гьаркьал рахъулел лугби ккола: мац1, к1ут1би, мукъулукъил къоно, щекъер, гьуърул, маг1арзукъалал, гьаркьил гарц1ал, гь. ц. Каламалъул гьаракь цониги к1игониги лага х1алт1ун лъугьунаро. Гьеб лъугьинабула каламалъул аппарата-лъул лугбузул цадахъабги цок1алабги х1алт1иялъ.

Гьаракъ бахъулаго, бат1и-бат1иял лугби г1ахьаллъиялде балагьун, каламалъул гьаркьал цоцаздаса рат1алъула.

§ 20. Каламалъул гьаркьал рикьи.

I. Г1уц1иялъухъ балагьун, каламалъул гьаркьал рикьула: а) гьаркьилаздеги, б) гьаркьикъаздеги.

Гьаркьилалги гьаркъикъалги гьаркьал цоцаздаса рат1а гьарулеб г1урхъилъун ккола, гьаркьилаб гьеч1ого, гьаркьикъалда слог лъугьинабизе к1унгут1и, гьаркьилалъул цох1о жиндиргоги слог лъугьунеб бук1ин.



Бац1ц1адаб гьаракьалдасан, г1уц1арал каламалъул гьаркьазда гьаркьилал абула: а-, э-, и-, о-у.

Бац1ц1адаб гьаркьида гъорлъе гъугълъи (хъуй) жубанниги гъугълъиялдасанниги лъугьарал каламалъул гьаркьазда гьар (Стр. 19) кьикъал абула: м—б—п, в, д—т—т1, з—ее—с, цц—ц—ц1 — ц1ц1; ж—ш—щ, чч—ч—ч1ч1, н, л—лъ—лълъ, (л1)—кь, й, г—к—к1—kIkI, кк—хь, гъ—хх—х, къ—хъ, rlxl—гь,—ъ.

§ 21. Гьаркьилал гьаркьазул рикьи.

Цо т1ел гьаркьилал гьаркьазул к1ут1би цере ц1ут1изарун, доги т1ел гьел цере ц1ут1изарич1ого, рахъула. Гьеб к1иябго г1аламатги кьоч1ое босун, гьаркьилал рикьула: 1) к1ут1бу-зулаздеги: ва, ве, ви, у, о. 2) к1ут1бузул гурездеги: а, э, и.

Гьаркьилал гьаркьал лъугьинаризе кГалдиб мац1 лъабго бат1ияб х1алалда ч1ола. Цо бугони, мац1 гъоркьияб нилъуялда (чанагъалда) жаниб т1амун лъураб х1алалда ч1ола, гьелда мац1алъул гъоркьияб борхи абула. К1иабизе бугони, мац1 къвак1араб хвенехалде г1агарлъизег1ан эхеде борхула, гьелда т1асияб борхи абула. Лъабабизе бугони, мац1 гьеб к1иябго (гъоркьиябги т1асиябги) борхиялда гьоркьохъеб борхи абула. Гьеле гьеб мац1алъул лъабабго аслияб борхиялде балагьун, гьаркьилал гьаркьал рук1упа:



  1. Мац1алъул гъоркьияб борхиялъулал: а—ва.

  2. Мац1алъул гьоркьохъеб борхиялъулал: о—ве—э(е).

  3. Мац1алъул т1асияб борхиялъулал: у—ви—и,

§ 22. Гьаркьикъал гьаркьазул рикьи.

Каламалъул гьаркьал рикьи лъабго бат1ияб буго: а) кала-малъул гьаркьаз г1адамасул г1ундузе гьабулеб асаралде балагьун: б) каламалъул аслиял лугбузде балагьун; в) гьел лугбуз каламалъул гьаркьал рахъулел къаг1идабазде бала-гьунги.



I. Каламалъул гьаркьаз г1адамасул г1ундузе гьабулеб аса­ралде балагьун, каламалъул гьаркьикъал гьаркьазул рикьи.

Гьаркьикъал гьаркьазул цо т1ел бац1ц1адаб гьаракьалдасангун гъугълъиялдасан, цоги т1ел гъугълъиялдасан (хъуялдасан) г1уц1ун бук1иналъухъ балагьун, гьаркьикъал гьаркьал к1ийиде рикьула:



  1. 3 и р а р а л гьаркьикъал: в, б, д, р, л, и, м, г, з, ж,гъ, г1.

  2. Гъугъал гьаркьикъал: п, т1, к, кк, к1, к1к1, кь, къ, ъ,гь, х, хх, хь, хъ, х1, лъ, лълъ, (л1), с, СС, ш, щ, ц, цц, ц1, ц1ц1, ч, чч, ч1, ч1ч1.

л1 — авар алфавиталда бугеб xlapn гуро, гьеб буго мац1алъул, хьол-бохъан бахъулеб гъугъаб аффриката: борл1изе, л1ар, гь. ц.

Жодолъ бац1ц1адаб тоналъул гьаракь гъугълъиялдаса ц1ик1к1арал зираразда сонориял гьаркьал абула: р, н, м, л, в, й, хут1арал сонориял гурел ккола: б, д, ж, г, гъ, гl.

Гъугъал гьаркьикъал рикьула: а) къокъккараздеги; б) халатккараздеги:

а) с, ч, ц, ш, лъ, х, хъ, хь, гь;

б) се, чч, щ, лълъ, хх, кк, xl;



а) ч1, ч1, к1;

б) ц1ц1, ч1ч1, kIkI;
а) л, м, н, р;

Авар мац1алъул п, т1, к, кь, (л1), къ, хъ, ъ х1арпаздалъун хъвалел гьаркьазда гьоркьоб халатккей — къокъккей батизе затГмалъула, амма гьезул— п, т1, к, кь, къ, ъ — х1арпаз хъва­лел гьаркьазда «лахIзаталъулал» абунги абула, гьездаго гъорлъе м, н, к1 х1 арпаздалъун хъвалел гьаркьалги уна.

II. Гьаркьикъал гьаркьал рахъулелъул аслияб х1алт1и гьа-булел лугби рук1уна. Гьеле гьединал лугбузухъ балагьунги гьабула гьаркьикъазул классификация:


  1. К1ут1бузулал: а) м—б—п; б) в.

  2. Логьиса мац(алъулал: I. а) н—д—т—т1; б) з—-се—с;
    в) цц—ц—ц1—ц1ц1. 2. а) ж—щ—ш; б) чч—ч—ч1— ч1ч1; в) р.

  3. Хьолбохъагун т1огьиса мац1алъулал: а) л—лъ—лълъ;
    б) (л1) — кь.

  4. Бакьулъа мац1алъулаб — й.

  5. Нахъаса мац1алъулал: а) г—к—к1—kIkI; б) кк—хь.

  6. Мукъулукъил къанилал: а) гъ—хх—х; б) къ—хъ.

  7. Мукъулукъилал: г1—xl—гь.

  8. Гьаркьил гарц1азулаб —ъ.

§ 23. Каламалъул гьаркьал. Рахъулеб къаг1идаялде ба­
лагьун, гьаркьикъал рикьула:

  1. Каламалъул лугбузул гъункараб дандекъай х1ухьлаца циндаго рагьизабун рахъулездеги: б, п, м, д, т, т1, н, кь, г, к, к1, къ, ъ.

  2. Каламалъул лугбузул чучаб дандекъай х1ухьлаца къваридаб рич1иялде (къварилъиялде) рагьизабун, хадуб х1ухьел гьезул хьалбазда лъурун рахъулездеги: ц, цц, ц1, ц1ц1, чч, ч1, ч1ч1, (л1), кк, хъ.

  3. Каламалъул лугби данде Нагарлъун лъугьунеб къварилъиялъул (карат1алъул) хьалбазда х1ухьел лъурун рахъулез­деги: в, з, сс, с, ж, щ, ш, л, (л1), лъ, лълъ, й, хь, хх, гl, xl, гь. р.


Лекция № 7-8

§ 24. Гьаркьикъал гьаркьал рахъиялъул баянал.



I. в—; —м—; —б—, —п— гьаркьал к1ут1бузда гьоркьор рахъула; —в—, —б—, — н— гьаркьал рахъулелъул гьаркьил гарц1ал х1алт1ула, гьединлъидал, гьелги зирарал гьаркьал ккола, —п— гьаракь бахъулелъул гьел х1алт1уларо, гьедин-лъидал, гьебги гъугъаб гьаракь ккола. —П—, —б— гьаркьал к1ут1бузул цоцада цураб гъунки х1ухьлаца т1езабун лъугьуна, амма —п— бахъулелъул, —б— гьаракь бахъулелъул г1адин, каламалъул аппараталъул ччорбал, къач1ого, чучго рук1уна, гьединлъидал, —п— лъугьинабулеб мехалъ, к1утбузул гъунки рагьиялдаго цадахъ кГалдисан дагьабго х1ухьелги к1анц1ула. Бахъулеб мехалъ каламалъул лугбузул ччорбал, —п— ба­хъулелъул г1адин, чуч теч1ого, къан рук1унелъул, гьаркьил гарц1алги х1алт1уы, —б— зирараб лъугьуна. Гьедин —б— бахъулелъул х1алт1улел каламалъул лугбузда гьоркьоб маг1азукъалазул резонаторги г1ахьаллъун лъугьуна гъугълъулареб —м— гьаракь. —В— гьаракь ракьанлъаби (бокЬгал) гурого данд цвич1ел к1ут1бузул ч!инт1араб гьодорлъи х1ухьлаца рагьизабиялдаго цадахъ нахъаса мац1 т1асияб хвенхидехун борхунги гьаркьил гарц1ал х1алт1унги бахъула.

II. 1. —Н—, —д—, —т—, —т1— гьаркьал рахъула т1огьиса мац1алдаги т1асиял цабзаздаги гьоркьор, —н—, — д—, —т—, —т1— гьаркьал рахъула т1асиял цабзазда цураб т1огьиса мац1 х1ухьлаца т1езабун. —Д— лъугьинабулелъул гьебго х1алт1уда цадахъ. гьаркьил гарц1алги х1алт1ула, гьединлъидал, гьебги зирараб гьаракь ккола. —Д— гьаракь бахъулелъул калама­лъул лугбуз гьабулеб х1алт1улъ маг1арзукъалазул резонаторалъги г1ахьаллъи гьабун лъугьуна —н—. Гьаркьилал гарц1алги х1алт1изарич1ого, чучго каламалъул аппараталъул лугбузул ччорбалги тун, бахъула т1асиял цабзазде данде къараб т1огьиса мац1алъул гъунки гьаркьилал гарц1азул гъункиялдаго цадахъ к1алдиб бук1араб х1ухьлаца т1езабиялдалъун —т1— гьаракь бахъулелъул. каламалъул аппараталъул лугбу­зул ччорбал, чучлъич1ого, къазарун рук1уна, гьединлъидал, гьаракь бахъулелъул хадуб х1ухьел к1анц1уларо.

2. —цц—, —ц , —ц1ц1— гьаркьал рахъула мац1алъул т1о-гьалъул т1алъиялдаги т1асиял цабзазул балаздаги гьоркьоб. — Ц— гьаракь бахъулелъул каламалъул лугбузул ччорбал чучго рук1уна, гьединлъидал, гьелда чуч а б абула, —цц—гьа­ракь бахъулеб мехалъ гьел, — ц— бахъулелъулалдаса, къан рук1уна, гьединлъидал, гьелдаги к ъ а р а б абула. — Ц— ба­хъулелъул, каламалъул аппараталъул лугбузул ччорбал чучго рук1иналъ, хадуб цодагьаб х1ухьелги к1анц1ула, —цц—бахъу­лелъул к1анц1уларо. — Ц1—, — ц1ц1— гьаркьал рахъула т1асиял цабзазул балазда цураб т1огьиса мац1алъул т1алъиялъулги цоцада цурал гьаркьил гарц1азулги гъунки к1алдиб бук1араб х1ухьлаца т1езабиялдалъун. —Ц1— до лах1заталда жаниб къокъ ккезабун (чучго) бахъулеб батани, —ц1ц1гьа­ракь, гьелъул г1аксалда, халатккезабун (къан) бахъула. Гьединлъидал —ц1— гьаракьалда къокъккараб, —ц1ц1— гьаракьалда халатккараб абула,

3. —3—, —сс—, —с— гьаркьал рахъула т1огьиса мац1а-лъул раг1ал т1асиял цабзазул балазде г1агарлъун лъугьунеб гьодорлъиялда жанисан къват1ибе балагьизабураб х1ухьел гьеб гьодорлъиялъул хьалбазда лъуриялдалъун. —3—, —ее— гьар­кьал рахъулелъул каламалъул лугбузул ччорбал къан рук1уна, —с— бахъулелъул гьел чучго рук1уна, гьединлъидал, —сс— гьаракьалда къараб, —с— гьаракьалда чучаб абула. —3— гьаракь бахъулелъул гьаркьил гарц1алги х1алт1ула, —сс, —е—рахъулелъул х1алт1уларо.

4. —Чч—, —ч—, —ч1—, —ч1ч1— гьаркьал мац1алъул т1о-гьалъул т1алъи т1убан т1асиял цабзазул щобазда данде къан, гъункун, х1ухьелалъ гьеб гъункиги рагьизабун, цабзаздаги ма-ц1алъул т1огьалдаги гьоркьор лъугьуна. —Чч—, —ч1ч1— гьаркьал рахъулелъул каламалъул аппараталъул ччорбал къа­зарун ва —ч—, —ч1— гьаркьал рахъулелъул чуч рук1уна. Гьединлъидал, — чч—, —ч1ч1— гьаркьазда къаралиланги —ч—, —ч1— гьаркьазда чучалиланги абула. —41—, —ч1ч1— гьаркьал рахъулелъул гьаркьил гарц1ал цоцалъ тункула.

5. —Ж—, —ш—, —щ— гьаркьал рахъулелъул т1огьиса мац1алъул бег1ерлъи гъоркьиял цабзазда нахъег1одобе биччан бук1уна. Мац1алъул цебесеб рахъалъул (кваранабги квег1абги) к1иябго хьибил т1асиял цабзазул кваранабги квег1абги щобалда данде гъункун, къан, ва бакьулъа рог1ороккараб бугьун г1адин, бук1уна. —Ж—, —щ—, —ш— гьаркьал лъугьуна мац1алъул цебеса ва бакьулъа рахъалдаги цабзазул щобалдаги гьоркьоб лъугьунеб гьодорлъиялъул хьалбазда жанисан балагьизабураб х1ухьел лъурун. —Ж—гьаракь бахъулелъул гьаркьил гарц1ал х1алт1ула, —ш—, —щ— гьаркьал рахъулелъул х1алт1уларо. Каламалъул аппараталъул ччорбал къан бахъани, —ш— гьаракьалъул —щ— гьаракь (щ-шш) лъугьуна. —Щ— гьаракьалда къараб абула,—ш— гьаракьалда чучаб абула.

6. —Н—, —р,— гьаркьал рахъулелъулги мац1алъул т1огь т1асиял цабзазул щобазда цула ва гьеб ургьисан бач1унеб xlyхьелалъ бич1изабула. —Н— гьаракь бахъулелъул, цабзазул що­базда цуралъуса мац1алъул т!огь турк1изабич1ого, бигьаго би-ч1изабула. —Р— гьаракь бахъулелъул, к1иц1ул — лъабц1ул мац1алъул т1огь цабзазул щобазда кьабг1изабулеб куцалъ, к1алдисан х1ухьел къват1ибе к1анц1изабула.

III. —Л—, —лъ, —лълъ, (л1), —кь— гьаркьал цабзазулги дагьабго мац1алъулги я квег1аб, я кваранаб къват1исеб хьолбохъан рахъула. —Л—, —лл— гьаркьал рахъулелъул, гьаркьил гарц1ал х1алт1ула. —Лъ, -лълъ,—л1—гьаркьал рахъулелъул х1алт1изаруларо. —Лъ, —л— гьаркьал рахъулелъул, каламалъул аппараталъул лугби (ччорбал) чучго, ва —лълъ— гьаракь бахъулелъул, къан рук1уна. Гьединлъидал, —лълъ— гьаракь бахъулелъул, к1аркьеналъул жаниблъиялдаги бакьулъа мац1алъул хьибилалдаги гьоркьоб гьел рахъизе лъугьунеб гьодорлъи (карат1) —л—, —лъ гьаркьал рахъизе лъугьунелдаса, къваридаб бук1уна. —Лъ— гьаракь бахъулаго, хадуб х1ухьел к1анц1ула, —лълъ— гьаракь бахъулелъул, гьеб х1ухьел къват1ибе к1анц1уларо; х1ухьел къват1ибе к1анц1и к1анц1унгут1и калама-лъул аппараталъул лугби (ччорбал) чучгониги къанниги гьар­кьал рахъиялда бараб буго. Гьединлъидал, —л, —лъ— гьаркьазда чучал абула, —лълъ— гьаракьалда къараб абула.

—Л1, —кь—гьаркьал г1усазул кьеразда нахъасан г1усал — цабзазул къват1исеб хьолбохъан (рахъалдасан) жанисеб к1аркьен гьезда цун лъугьараб гъункиги бич1изабун къват1ибе балагьизабураб х1ухьел г1усаздаги жанисеб к1аркьеналдаги лъурун лъугьуна. —Кь— гьаракь, —л1— гьаракь бахъулеб мехалда данде ккун, гьаркьил гарцГал цоцалъ кьабг1ун лъугьуна.

IV. Бакьулъа мац1алъул тГасияб рахъ къвак1арабги xlepeнабги хвенхиде г1агарлъизег1ан борхун лъугьунеб гьодорлъи-ялда жанисан къват1ибе балагьизабураб х1ухьелалъги, гьелъ к1алдиб гьабураб резонаторалъул кумекалдалъунги гьаркьил гарц1ал х1алт1изариялдалъунги лъугьуна —й— гьаракь.



V. Г, —К, —к1, к1к1, кк, —хь— гьаркьал нахъаса мац1алдаги къвак1арабгун х1еренаб хвенхазул Норхъода лъугьуна. —К—, —к1—, kIkI— гьаркьал къвак1араб хвенехги лъуг1ун х1еренаб хвенех бай бихьулеб бак1алда данде нахъаса мац1алъул т1алъи къан лъугьунеб квек1ен гъуърулъан къват1ибе балагьизабулеб х1ухьелалъ т1езабун лъугьуна. —KI—, —к1к1 гьаркьал рахъулелъул рехсараб каламалъул лугбузул х1алт1уда цадахъ гьаркьил гарц1ал цоцалъги кьабг1ула. —К1к1— гьа­ракь бахъулелъул рехсараб квек1ен т1ун гьодорлъиялде (карат1алде) сверунва ургьисан бачГунеб х1ухьел гьелъул хьалбазда лъурун бахъула. Гьелъул г1аксалда, — к1, —к— гьаркьал ра­хъулелъул мац1алъ гьабураб квек1ен т1езабун лъугьуна. — К—гьаракь бахъулелъул, хадуб х1ухьел к1анц1ула. —KI—гьа­ракь бахъулелъул, —к— гьаракь бахъулелдасаги, —к1к1— гьа­ракь бахъулелъул, гьел кГиялгорахъулелъулалдасаги, мапДалъул т1алъи (ч1абар) хвенхида цула. —Хь—kIkI, кк— гьаркьал рахъулеб мехалъ, —к, — к1, г— гьаркьал рахъулеб мехалдаса каламалъул аппараталъул лугби (ччорбал) къан рук1уна. — К— гьаракьалъе гьабулеб х1алт1уда цадахъ гьаркьил гарц1ал х1алт1изарун (сородизарун) —г— гьаракь лъугьуна. —Хь—гьа­ракь нахъаса мац1алдаги къвак1арабги тамахабги хвенхазул г1орхьода лъугьунеб гьодорлъиялъул (карат1алъул) хьалбазда гьуърулъан къват1ибе балагьизабун бач1унеб х1ухьел лъурун лъугьуна. VI. —Гъ, хх, —х, —хъ, къ— гьаркьал ургьиса къват1ибе балагьизабулеб х1ухьелалъ мацТалъул т1алъиялда (ч1абаралда) хъвараб (цураб) мукъулукъил къанил т1огьбат1а гьабун соро-дизабиялдалъун лъугьуна. Гьединлъидал, гьезда мукъулу­къил къанил ал абун абула, —гъ— гьаракь бахъулеб ме­халъ, гьаркьил гариДалги х1алт1ула. —Гъ, х— гьаркьал ра­хъулеб мехалъ, мукъулукъил къанил т1огь маиДалъул т1алъи-ялда хъван — хъвач1ого бугеб мехалъ ургьиса къват1ибе ба­лагьизабун бачГунеб х1ухьел гьезда гьоркьоб лъугьунеб къва-рилъиялда (гьодорлъиялда) лъурун рахъула. —Хх— гьаракь бахъулелъул, —гъ, —х— гьаркьал рахъулеб мехалда данде ккун, гьезие бук1унеб гьодорлъи дагьабги къварилъула. Къанил т1огь мац1алъул х1охьода цулеб бак1алда къанида сверухъан лъугьарал карт1ал къварилъула. Гьел къварилъиялъе г1илла —хх— бахъулелъул каламалъул лугби (ччорбал) къай ккола. — Къ— гьаракь мац1алъул х1охьода мукъулукъил къоно цун лъугьараб квек1ен ургьисан балагьизабураб х1ухьелалъ т1еза-бун ва гьелдаго цадахъ гьаркьил гарц1ал цоцалъ кьабг1ун ба­хъула. —Хъ— гьаракь мац1алъул х1охьода мукъулукъил къоно цун лъугьунеб квек1ен ургьиса къват1ибе балагьизабулеб xlyхьелалъ бич1изабун ва цинги мукъулукъил къанил т1огьалдаги мац1алъул х1охьодаги гьеб х1ухьел лъурулелъул мукъулукъил къоно сородизабун бахъула. —Хъ— гьаракь бахъулелъул гьар­кьил гарц1ал цоцалъ кьабг1уларо. —г1— гьаракь гъуърулъа къват1ибе балагьизабулеб х1ухьлаца гьаркьил гарц1ал дагьалго сородизарун (х1алт1изарун) ва щекъералъул жанисел (ч1укъу-налъул) ччорбазгун к1алдиб мац1алъ резонатор г1уц1ун лъугьу­на. — Гь—, —xl— гьаркьал мукъулукъил жаниблъиялъул хьал­базда гьуърулъан рахъула, —гь— гьаракь бахъулеб мехалде данде ккун, —xl— гьаракь бахъулелъул, мукъулукъил ччорбал къан рук1уна. Гьединлъидал, —xl— гьаракьалда къараб, —гь— гьаракьалда чучаб абула.

—Ъ— ишараялдалъун хъвалеб гьаракь гьаркьил гарц1ал цоцалъ кьабун лъугьуна, аи х1ухьлаца гьаркьил гарц1аз гъункун гьабураб квек1ен т1езабун лъугьуна.



Лекция № 9-10.

§ 25. Гьаркьикъал гьаркьал хисигун релълъин.

Авар литературияб мац1алъул роценалда г1емерисел зирарал гьаркьал (б, д, ж, з, гъ, г) гъугъазда цадахъ ккараб ме­халъ, гъугълъула, амма гьеб хъвавулъ х1исабалде босуларо: 1. бп > пп: гьеб пайдау-гьеп пайда; гьаб пал > гьап пал; доб параялъ > доп параялъ; гъоб пири > гъоп пири; щиб пил? > щип пил? хоблъун > хоплъун; гьаблъиялъ > гьаплъиялъ; г1еблъун буго > г1еплъун буго. 2. а) дт > тт: гьод, тун бат1ияб > гьот тун бат1ияб; мегьед тункун > мегьет тункун; къед танкун > къет танкун; гъеб мурад тун бат1ияб > гьеб мурат тун бат/ияб; бечед толаро > бечет толаро; т1ад турут т1аме > т1ат турут т/аме; б) длъ>тлъ: мурадлъун буго>муратлъун буго; налог т1ад лъун > налок т1ат лъун; г1адлъун буго > г1атлънн буго; гъудлъун тана > гъутлъун тана; д, — лъи суффиксалда цебе, т — ялде свери гуребги, т1аг1инеги т1аг1уна цо-цо г1амлъул маг1наялъул рагТабалъ: бечед+лъи ( = бечетлъи) бечелъи; къад + лъи ( = къатлъи) > къалъи; т1ал + лъи ( = т1атлъи > т1алъи; (амма: г/ад + лъи > г/атлъи, гъуд + лъи лъана > гъутлъи лъана г1адал раг1абиги руго); в) дхх > тхх: медххун-метххун (-меххтун); г) дкк>ткк: т1ад ккуна>т1ат ккуна; мегьед ккалана>мегьет ккалана; чед ккун буго>чет ккун буго; къад ккана дун ахикьан'Жъат ккана дун ахикьан; д) дк>тк: мегьед кун>мегьет кун; чед кун > чет кун; гъуд, кунге>гъут кунге; къад кан бакуге^жъат кан бакуге; гьод камуна~> гьот ка-муна; къед кутакаб буго>къет кутакаб буго; 3. а) жщ>щщ: мегеж щун буго>мегещ щун буго; гъеж щун буго>гъещ щун буго; б) жт1>щт1: гъеж + т!а>гьещт/а; в) жч1ч1>щч1ч1: гъеж ч1ч1езабе>гъещ ч1ч!езабе; мегеж ч/ч/урх/ана>мегещ ч1ч1урх1ана; г) жт>щт: гъеж тункула>гъещ тункула; мегеж тоге> мегещ тоге; 4. а) зсс>сссс: маза сиялда буго>масса ссиялда буго; булдуз ссан г/анлъана > булдусс ссан г1анлъана; б) зщ > ссщ: г1арз щвана > г1арсс щвана; маз щун буго > масс щун буго гъ. ц.




Каталог: http schools
http schools -> Мезличила баянти
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 9 класса 2014-2015 учебный год программаялъе баян
http schools -> Кьурбанова Дарган мезла кружок бирнила методика Мях1ячкъала 2010 д
http schools -> Литература бик1уси жузличи хасбарибси методикала пособие. Мях1ячкъала Сагаси Къаякент 2010 д
http schools -> «Авар мац!алъе хасиятал рагьукъал гьаркьал в ах!арпал»
http schools -> Гъалбац1ги Г1анк1ги
http schools -> Рабочая программа По учебному курсу «Родного языка» 6 класс «Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб»
http schools -> Рабочая программа по родной литературе для 8 класса 2014-2015 учебный год 8 класс (68 саг1ат) 8 калам цебет1езаби
http schools -> Театрализованная игра: «Шамилил хъала»
http schools -> Старшая группа


Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница