КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби


Калам цебетIезабиялъул 8 дарс



страница10/10
Дата30.01.2017
Размер0.68 Mb.
#13883
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10

Калам цебетIезабиялъул 8 дарс


Тема. Ругьунлъиялъул изложение.

Дарсил мурад: цадахъго гIуцIараб планалда рекъон, хабарияб тексталъул хIасил (содержание) бицине бугеб бажари цебетIезаби.

I. Изложение хъвай, тексталъулгун лъай – хъвай гьаби (№ 3I9).

Текст цин мугIалимас, цинги цIалдохъабаз цIалула ва хIаси-лалда тIасан цоцазе суалал кьола; тIехьалдаса суалал цIалула.

II. Хабаралъул анализ гьаби ва цадахъго план гIуцIи.



- Текст лъабго бутIаялде бикье. Щибаб бутIаялда цIар лъе.

Мисалияб план.

  1. ЛъарахIинчI бачIин;

  2. ГьитIинаб гьобол;

  3. Их.

III. Лексикиябгин синтаксисияб хIалтIи.

IV. БитIун хъвазе захIматал рагIабазда тIад хIалтIи (лъарахIинчI, гордо, гIурччинаб).

V. Текст цоги нухалъ цIали.

VI. Изложение хъвай.

VII. Хал гьаби.

VIII. Рокъобе хIалтIи (№ 353).


58 дарс

Тема. Глаголазул заманал.

Дарсил мурад: глаголазул заманазулгун ва гьезие лъолел суала-зулгун лъай - хъвай гьаби.

I. ГъалатIазда тIад хIалтIи.

II. МугIалимас кьураб темаялда тIасан предложениял гIуцIи ва, баянги кьун, хъвай.

-Нилъеца жакъа тIабигIаталда батIи – батIияб заманалда ккараб лъугьа – бахъиналъул хIакъалъулъ предложениял гIуцIила.

-Цебего, нилъ гьелда тIасан кIалъалелде, тIабигIаталда кинал хиса – басиял ккун ругел? (ГIазу биун буго. (ГIазу биана.) ХIанчIал тIад руссун рачIана.)

-ГьабсагIаталда, нилъ кIалъалеб заманалда, тIабигIаталда кинал хиса – басиял кколел ругел? (Киса – кибего гъутIби тIегьалел руго.)

- Нилъ кIалъан хадуб тIабигIаталда кинал хиса – басиял ккезе ругел? (ГъутIбузда пихъ бижизе буго. ( ГъутIбузда пихъ бижила.))

- Авар мацIалда глаголал заманазде хисула. Глаголалъул заман ун-къо буго: араб, гьанже, бачIунеб ва гIахьалаб заман. Нужеца хъварал предложениязулъ кинал глаголаз цебего, нилъ кIалъалелде лъугьараб иш бихьизабулеб? (биун буго, биана, рачIана.) Гьел рагIаби кинал суалазе жаваблъун рачIунел?

-Кинал глаголаз гьабсагIат, нилъ кIалъалеб мехалъ лъугьунеб иш бихьизабулеб? (тIегьалел руго.) Гьеб глагол кинаб суалалъе жаваб-лъун бачIунеб? Нилъ кIалъалеб мехалъ лъугьунеб иш гьанже зама-налъ бихьизабула.

-Кинал глаголаз нилъ кIалъан хадуб лъугьунеб иш бихьизабулеб? (бижизе буго, бижила.) Гьел глаголал кинал суалалъе жаваблъун рачIунел? Нилъ кIалъан хадуб лъугьунеб иш бачIунеб заманалъ бихьи-забула.

Авар мацIалда гIахьалаб заманги буго. Гьелъги цо хасаб заман гьечIого, иш бокьараб заманалда (цебеги, гьанжеги, хадубги) лъу-гьунеблъи бихьизабула ва щиб гьабулеб бугеб? абураб суалалъе жаваблъунги бачIуна.

III. Глагол заманазде хисараб куцалдеги гьезие лъурал суалаз-деги кIвар кьей (№ 284); 132 гьумералда кьураб теорияб баяналда тIад хIалтIи.

IV. Глаголалъул заманал рихьизаризе ругьун гьариялъул хIал-тIаби (№ 286, 287).



- Глаголалъул заман кин лъазабизе (чIезабизе) бегьулеб? (Суалаз-далъун.)

V. Рокъобе хIалтIи (№ 288).



59 дарс

Тема. Глаголалъул араб заман.

Дарсил мурад: суалазул кумекалдалъун араб заманалъул глаго-лал ратIа гьаризе ва хисизаризе ругьун гьари; гIадатал ва состави-ял араб заманалъул глаголал каламалъулъ битIун хIалтIизариялъул бажари лъугьинаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 288).



- Нужеца хисарал глаголазда гьоркьоб магIнаялъул рахъалъ Ки-наб батIалъи бугеб?

II. Суалаздалъун араб заманалъул глаголал ратIа гьаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 289). (Бицун.)

III. Предложениял гIуцIизеги глаголал хисизаризеги ру-

гьун гьариялъул хIалтIи (№ 290). (Бицун.) Теорияб баян цIали.

IV. Таблицаялда рекъон, глаголал хисизари (№ 291).

V. Араб заманалъул глаголал каламалъулъ битIун хIалтIизаризе ру-гьун гьариялъул хIалтIи (№ 294).

VI. Дарсил хIасил гьаби.


  • Глаголалъул заман кин лъазабизе (чIезабизе) кколеб?

Араб заманалъул глагол кинал суалазе жаваблъун бачIунеб? Мисалал раче.

VIII. Рокъобе хIалтIи (№ 292).


60 дарс

Тема. Глаголалъул бачIунеб заман.

Дарсил мурад: бачIунеб заманалъул глаголал ратIа гьаризе ва, суалазда рекъон, гьел хисизаризе бугеб бажари лъугьинаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 292).

ЦIалдохъабаз тексталъулъ ругел глаголал абула, гьезие суалал лъола ва заман бихьизабула.

II. БачIунеб заманалъул глаголал каламалъулъ битIун хIалтIиза-ризеги гьезие суалал лъезеги ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 295).

III. Предложениял гIуцIизе ва бачIунеб заманалъул гIадатал ва составиял формаби лъугьинаризе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 296).

IV. БачIунеб заманалъул глаголал лъугьинариялъул бажари цебе-тIезаби (№ 297). (Бицун.)



  1. Предложенияздасан текст гIуцIи (№ 298).

  2. Теорияб баян цIали.

  3. Рокъобе хIалтIи (№ 301).



6I дарс

Тема. Глаголалъул гIахьалаб заман.

Дарсил мурад: гIахьалаб заманалъул глаголал ратIа гьаризеги гьезие суалал лъезеги бажари; гIахьалаб заманалъул глаголал кА-ламалъулъ битIун хIалтIизаризе бажари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 301).

II. Дарсил мурад бицин ва 141 гьумералда бугеб теорияб баян цIали.

III. ГIахьалаб заманалъул глаголазе битIун суал лъей ва гьел ратIа гьари (№ 302).

IV. Суалазда рекъон, хабар гIуцIи (№ 304).

V. ГIахьалаб заманалъул глаголал каламалъулъ битIун хIалтIи-зари (№ 305, 306).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 307).

Калам цебетIезабиялъул 9 дарс


Тема. Изложение.

Дарсил мурад: Планалда рекъон, гъалатIал риччачIого, изложе-ние хъвазеги батIи – батIиял каламалъул бутIаби мухIканго хIалтIи-заризеги бажари.

I. Тексталъулгун лъай – хъвай гьаби (№ 136).

Цин мугIалимас, цинги цIалдохъабаз жидецаго текст цIалула. Ха-дуб цIалдохъабаз тексталъул хIасилалда тIаса цоцазе суалал кьола.

II. ТIехьалдаса план цIали ва, гьелда рекъон, хабар бицин.

III. Текст хъвай.

IV. Хал гьаби.



62 дарс

Тема. Глаголалъул гьанже заман.

Дарсил мурад: суалазул кумекалдалъун гьанже заманалъул гла-голал ратIа гьаризеги цогидал заманаздаса гьел лъугьинаризеги ба-жари. ЦIалул бажари борхизаби ва калам цебетIезаби.

I. ГъалатIазда тIад хIалтIи гьаби. Дарсил мурад бицин.

II. Гьанже заманалъул глаголал щиб гьабулеб бугеб? щиб лъугьу-неб бугеб? абурал суалазе жаваблъун рачIунеллъи бихьизаби (№ 309, теорияб баян цIали).

III. Сураталде балагьун, текст гIуцIи (№ 308).

IV. Гьанже заманалъул глаголал лъугьинари (№ 310).

V. Рокъобе хIалтIи (№ 311).



63 дарс

Тема. Глаголал заманазде хиси.

Дарсил мурад: глаголал заманазде хисизе бугеб бажари цебе-тIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 311).

II. Дарсил мурад бицин.

III. Глаголал заманазде хисиялда хадуб халкквей (№ 312).

ЦIалдохъабаз, таблицаялда рекъон, ине, кIанцIизе абурал глаго-лал заманазде хисула ва, баян кьолаго, хъвала.

IV. Глаголал заманазде хисизе ругьун гьариялъул хIалтIи (№ 316).

V. Глаголалги бачIунеб заманалде хисун, текст, тIаде балагьун, хъвай (№ 315).

VI. Эркенаб диктант (№ 317).

МугIалимас текст тIубанго цIалула.

- Гьаб текст хабариябищ яги сипатиябищ бугеб?

- Тексталъулъ гIанкIил сипаталъул кина – кинал хаслъаби ри-хьизарун ругел?

МугIалимас текст кIиабизеги цIалула ва цIалдохъаби гьелъулъ гла-голал ратизеги гьезул заман бихьизабизеги тIамула.

МугIалимас текст, бутIабаздеги бикьун, цIалула, цIалдохъабаз хъвала ва глаголазда гъоркь хIучч цIала.


  1. Рокъобе хIалтIи (№ 314).


64 дарс

Тема. Глаголал предметияб цIаргун рекъон ккей.

Дарсил мурад: жинсиял глаголазулгун лъай – хъвай гьаби; пред-ложениялъулъ рагIаби рекъон ккезаризе бугеб бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 314).

II. Жинсиял глаголазулгун лъай – хъвай гьаби (№ 320).

III. Предложениял членазде риххи ва 148 гьумералда бугеб цIалдо-хъанасул суалалъе жаваб кьей (321 хIалтIи ва теорияб баян).

IV. Предложениялъулъ рагIаби рекъон ккезаризе ругьун гьари (№ 322). (Бицун.)

V. ГъалатIалги ритIизарун, текст хъвай (№ 326).

VI. Дарсил хIасил гьаби.

- Предметиял цIаралгун глаголал кин рекъон кколел?

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 323).

65 дарс

Тема. Контролияб диктант.

Дарсил мурад: Глаголалъул хIакъалъулъ щвараб лъаялъул хал гьаби.

ЦIунцIраги миккиги.

ЦIунцIра лъарахъе, лъим гьекъезе, ана. Гьулчун бачIараб кара-челалъ гьеб лъелъе ккезабуна. МиккигъотIода букIана цо микки. Гьелда цIунцIра гъанкъулеб бихьана. Миккиялъ гьелъие кумекалъе гъотIодаса цо тIамах рехана. ЦIунцIра тIанхиде бахана. Гьелъул кумекалдалъун къватIибе борчIана ва цIакъ бохана.

Гьелдаса хадуб чанахъанас, микки кквезе, цIалкIу гъуна. Микки цIалкIикье ккезехъин букIана. ЦIунцIра чанахъанасул хIатIиде баха-на ва хIанчIана. Чанахъанас хIетIе хъасана. ЦIалкIида бухьун букIараб квар цIазе кIочана. Мугьалги рищун, миккиги боржана.

ТIадкъаял. I. Щуабилеб ва анцIила цоабилеб предложениял чле-назде риххизе. 2. Ункъабилеб ва анлъабилеб предложенияздаса гла-голал жал рекъон ккарал предметиял цIаралгун, ратIа росун, хъвазе.
ЛъагIалида жаниб лъазабураб материал такрар гьаби.

66 дарс

Тема. Предложениялъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби.

Дарсил мурад: каламалъулъ предложениялъул ва рагIул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ щвараб лъай мухIкан гьаби; каламалъулъ предложениял битIун хIалтIизариялъул бажари цебетIезаби.

I. “Предложение” ва ”РагIи” абурал бичIчIиял дандекквей (№ 330).

ЦIалдохъабаз суалал цIалула, жалго жидедаго чIун, гьезие жава-бал кьола, ва, жаваб битIун кьун бугищали хал гьабизе, учебни-калда ралагьула. ТIехьалдаса мисалал хъвала, жидецагоги рачула.

II. Предложениял членазде риххи (предложениялъул синтаксисияб разбор) (№ 332).

- Предложениялъулъ магIнаялъул рахъалъ цоцада рухьарал Ра-гIаби кин ратулел? (Цояб рагIудаса цогиялда суал лъеялдалъун.)

- Сунда абулеб рагIабазул дандрай?

III. Предложениял гIуцIи, гIакса магIнаялъул рагIаби ургъи (№ 334).

IV. Рокъобе хIалтIи (№ 331) .

67 дарс

Тема. Тексталъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби. РагIул магIнаял бутIаби.

Дарсил мурад: тексталъул хаслъабазул хIакъалъулъ цIалдохъабазе щвараб лъай мухIкан гьаби; рагIул магIнаял бутIабазул (морфема-базул) хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 331). Дарсил мурад би- цин.

II. Тексталъул хаслъабазул хIакъалъулъ щвараб лъай такрар гьаби (№ 335).

III. Текст гIуцIи (№ 337).

IV. РагIул магIнаял бутIабазул щвараб лъай гIаммлъизаби (№ 341).

V. Суффиксазул кумекалдалъун цIиял рагIаби лъугьинари (№ 340).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 342).
68 дарс

Тема. Каламалъул бутIабазул хIакъалъулъ щварал баянал такрар гьари.

Дарсил мурад: предметияб цIаралъул, прилагательноялъул, глаго-лалъул хIакъалъулъ цIалдохъабазе щвараб лъай гIаммлъизаби; гьел цоцаздаса ратIа рахъизеги каламалъулъ гьездасан пайда босизеги бугеб бажари цебетIезаби.

I. Диктант хъвай. Тексталъулъ каламалъул бутIаби рихьизари (№ 346).

II. Жиде – жидее хасал гIаламатаздалъун каламалъул бутIаби дандекквей (№ 347).

III. Текст гIуцIи, предметияб цIар ва прилагательное гъорлъ ру-гел рагIабазул дандраял рати (№ 350).



IV. Заман хутIани, 355 хIалтIи тIубай. (Бицун.)

6 Гьанибги хадубги скобкабазда жаниб кьун буго учебникалда ругел х1алт1абазул номерал.

7 РагIул фонетикияб разбор гьабулеб къагIида учебникалда кьун буго (4 номер).

8 Диктант т1обит1улеб къаг1ида цебехун бихьизабун буго.

9 “Раг1абазул дандрай” абураб бич1ч1иялъулгун ц1алдохъабаз хадусеб дарсида лъай – хъвай гьабула.



Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница