КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби



страница9/10
Дата30.01.2017
Размер0.68 Mb.
#13883
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10

РикIкIен


Тема лъазабулаго, цере чIарал масъалаби:

I. РикIкIеналъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей (предметалъул къа-дар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бутIа);

2. Къадаралъул ва иргадул рикIкIеназе битIун суал лъей;

3. РикIкIенал битIун хъваялъул бажари лъугьинаби.

Цебехун абухъе, лъабабилеб классалъул цIалдохъабазда къадара-лъул рикIкIеназул ахиралда , иргадул рикIкIенгун суффикс хIисабалда абилеб рекIун, тарихазда цадахъ бугони, батIаго хъвазе лъараб гIола.

4. РикIкIенал предметиял цIаралгун рухьинаризеги (авар мацIалда къадаралъул рикIкIеналда хадуб предметияб цIар кидаго цолъул фор-маялда букIуна) тарихал гьоркьор ругеб текст битIун цIализеги ругьун гьари (рикIкIен хъвазе бегьула тарихаздалъунги рагIа-баздалъунги, цогидал каламалъул бутIаби гIицIго рагIабаздалъун хъвала).

РикIкIен цIалдохъабазда цIакъ хехго бичIчIула. Лъабабилеб классалъул цIалдохъаби, малъизе бугеб темаги бицинчIого, тексталги цIалун, рикIкIенал ратизе тIамуни, цо гьоркьоб течIого, ратула. Амма гьезда кIоларо гьеб рикIкIеналъ предметалъул къа-дар бихьизабулин, гьаб цоялъ ирга бихьизабулилан абизе. Кинаб рикIкIен жидеда цебе букIаниги, цIалдохъабаз абула рикIкIен бихьи-забулилан. Гьединлъидал тIоцебесеб дарсидаго цIалдохъабазда ри-кIкIеназ, предметал рикIкIунаго, гьезул къадар ва ирга бихьи-забулеблъи бичIчIизабизе ккола. Цоги цIалдохъабазда, предметияб цIар цадахъ гьечIони, рикIкIеназ гьезул я къадар, я ирга бихьиза-булареблъиги бичIчIизабизе ккола.
5I дарс

Тема. РикIкIен.

Дарсил мурад: рикIкIеналъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей, рикIкIе-налъул лексикияб магIнаялъулгун ва гьелъие лъолел суалазулгун лъай – хъвай гьаби, тексталъулъ рикIкIенал битIун хъвазе ругьун гьари.

I. ГъалатIазда тIад хIалтIи.

I. Диктанталда щварал къиматал аби.

2. Бищунго гIемер риччарал гъалатIазда тIад хIалтIи.

II. Дарсил мурад бицин. РикIкIеналъул хаслъиялдаги калама-лъулъ гьелъ тIубалеб хъулухъалдаги хадуб халкквей.

МугIалимас бицуна жакъа лъималаз цIияб тема лъазабизе буги-лан, цинги гьес лъимал тIамула, учебникалъул 116 гьумералдаса темаялъул цIарги, цIалдохъанасул суалги, 117 гьумералдаса тIасияб теорияб баянги цIализе. Хадуб 250 хIалтIиги тIубан, хIасил гьабула.

III. Предложениял гIуцIизеги рикIкIенал битIун хъвазеги ругьун гьари.

ЦIалдохъабаз цин 117 гьумералда бугеб гъоркьияб теорияб баян цIалула, цинги 25I, 252 абилел хIалтIаби тIурала.

IV. Дарсил хIасил гьаби.

- РикIкIеналъ щиб бихьизабулеб? РикIкIенал кинал суалазе жа-ваблъун рачIунел? Къадаралъул ва иргадулал рикIкIенал кин хъвалел?

V. Рокъобе хIалтIи (№ 253).


52 дарс

Тема. РикIкIеналъул хIакъалъулъ щвараб лъай гIаммлъизаби.

Дарсил мурад: тексталъулъ рикIкIенал ратизе ругьун гьари; рикIкIенал битIун хъваялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 253).

II. РикIкIенал предметиял цIаралгун рухьун рукIунеллъи би-чIчIизаби (№ 255).

III. РикIкIеналгун предложениял гIуцIи (№ 256).

IV. БицанкIабазе жавабал рати (№ 258).

V. Къадаралъул рикIкIеналда хадуб предметияб цIар кидаго цолъул формаялда букIин бичIчIизаби (№ 257).

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 259).

Глагол


Глагол лъазабулаго, цере чIарал масъалаби:

I. Глаголалъул хIакъалъулъ бичIчIи лъугьинаби.

Глаголалъул хIакъалъулъ бичIчIи кьолаго, батIи – батIияб лекси-кияб магIна бугел (ай предметалъул ахIвал – хIал, гIаламат, пред-метазул гьоркьоблъи ва гь. ц. бихьизабулел) глаголаздасан пайда босула. Лъималазда бичIчIизабизе ккола гьез киназго предметазул иш бихьизабулин ва щиб гьабулеб? щиб гьабилеб? щиб гьабураб? щиб лъугьараб? щиб хIалалда бугеб? щиб бугеб? абурал суалазе жаваблъунги бачIунебин;

2. ЦIалдохъабазул калам глаголаздалъун бечед гьаби, калама-лъулъ глаголал мухIканго хIалтIизариялъул бажари цебетIезаби.

Гьеб масъала тIубаялъул мурадалда цого магIнаялъул ва гIакса магIнаялъул глаголалги каламалъулъ хIалтIизаризе цIалдохъаби ру-гьун гьарула.


53 дарс

Тема. Каламалъул бутIа хIисабалда глаголалъул хIакъалъулъ би-чIчIи кьей.

Дарсил мурад: глаголалъул лексикияб магIнаялъулгунги гье-лъие лъолел суалазулгунги лъай – хъвай гьаби; нилъер калама-лъулъ глаголалъ тIубалеб иш бихьизаби.

I. Каламалъул бутIабазул хIакъалъулъ щвараб лъай такрар гьаби.

-Кина – кинал каламалъул бутIаби нужеда лъалел?

- Каламалъул бутIаби цоцаздаса кин нужеца ратIарахъулел?

- Щибаб каламалъул бутIаялъул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

МугIалимас дарсил мурад бицуна.

II. Учебникалъул 121 гьумералда бугеб цIалдохъанасул тIоце-бесеб суалалъе жаваб балагьи (№ 260).

III. Каламалъул бутIа хIисабалда глаголалъул хаслъабазда хадуб халкквей (122 гьумералда бугеб цIалдохъанасул суал цIали, 262 хIал-тIи тIубай ва теорияб баяналъулгун лъай – хъвай гьаби).

IV. Каламалъулъ глаголалъул бугеб кIвар бихьизаби (№ 261).

ЦIалдохъабаз гьеб хIалтIуе кьурал тIадкъаял тIурала ва гIуцIа-раб предложение цин глаголалгун, цинги глаголалги гьоркьор ри-ччан, цIалула.

- Нилъер каламалъулъ глаголал щибизе къваригIун ругел?

V. Суалаздалъун дарсил хIасил гьаби:



  1. Сунда абулеб глагол? 2. Глаголал кинал суалазе жаваблъун

рачIунел? 3. Глаголаз щиб бихьизабулеб?

VI. Рокъобе хIалтIи (№ 263) .



Калам цебетIезабиялъул 7 дарс


Тема. Сураталдаса сочинение.

Дарсил мурад: мугIалимас, лъурал суалазда рекъон, сураталда-сан хабар гIуцIизеги хабаралда (тексталда) цIар лъезеги бажари.

I. Суруталъулгун лъай – хъвай гьаби, гьелъул тема, аслияб пик-ру загьир гьаби; гьелда цIар лъей.



- Сураталъухъ кIвар кьун ралагье (№ 192).

- Художникас гьаниб щиб бихьизабун бугеб? (Лъималаз сура-талда тIасан батIи – батIиял пикраби загьир гьарула.)

- Сураталъул тема кинаб бугеб? Гьелда кинаб цIар лъезе бе-гьулеб? (Масала: “КIудадагун гара - чIвари” яги “Васгун гара – чIвари”.)

- Сураталъул аслияб пикру загьир гьабизин. Жиндирго сура-талдалъун художникасе щиб бицине бокьун бугеб? Жинца бахъа-раб сураталдехун гьесул кинаб бербалагьи бугеб? (Аслияб пикру гьадин загьир гьабизе бегьула: “Огь, дир ккараб гъалатI”.)

II. Хабаралъул гIуцIи бихьизаби.



- Текст сундаса байбихьизе бегьулеб?

(Текст байбихьизе бегьула жиндилъ аслияб пикру загьир гьабу-раб предложениялдаса. Гьелъ рес кьола хутIарал киналго предло-жениял аслияб пикру рагьиялде руссинаризе.)



-Аслияб бутIаялъулъ сундул хIакъалъулъ бицине кколеб? (ТIаби-гIат цIуниялда тIаса кIудадалги васасулги ккараб гара – чIвари-ялъул хIакъалъулъ бицине ккола.)

- Текст кин лъугIизабизе кколеб?

(Сураталда тIаса жиндирго пикру загьир гьабиялдалъун.)

Текст батIияб къагIидаялъги хъвазе бегьула: тексталъул байби-хьуда их бачIиналъул, ихдалил тIабигIаталъул бицуна; аслияб бутIа-ялъулъ васасул ккараб гъалатIалъулги гьелда сверухъ кIудадаги васасдаги гьоркьоб ккараб гара – чIвариялъулги бицуна; текст лъугIизабула васасул ккараб гъалатIалда тIаса жидерго пикру загьир гьабиялдалъун.


54 дарс

Тема. Предложениялда жаниб глаголалъ тIубалеб хъулухъ.

Дарсил мурад: глаголал каламалъулъ хIалтIизаризеги предложе-ниял членазде риххизаризеги ругьун гьари.

I. Цогидал каламалъул бутIабаздаса глагол батIабахъизе ругьун гьариялъул хIалтIи. (ХIалтIи тIубала кIалзул формаялда.)

МугIалимас гьаб хадусеб кочIол куплет цIалула ва кинал рагIа-баздалъун авторасда иш бихьизабизе бажарабилан баян гьабула.

Роол заман букIана,

НакIкI зодобе бахана.

ТIолабго нижер росу

РагIдукье ккезабуна.

- Глаголал рихьизаре. (МугIалимас текст предложениялккун кIиабизеги цIалула.)

- Цогидал каламалъул бутIабаздаса глагол сундалъун батIа-лъулеб?

II. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 263).

Цо чанго цIалдохъанас жидецаго ургъарал предложениял цIалу-ла, глаголал рихьизарула ва гьезие суалал лъола.

III. Глаголалъ предложениялда жаниб тIубалеб хъулухъалда ха-дуб халкквей. (123 гьумералда бугеб цIалдохъанасул суал цIали, 264 хIалтIи тIубай ва теорияб баяналъулгун лъай – хъвай гьаби.)

III. Предложениял гIуцIи (№ № 265, 266).

IV. Рокъобе хIалтIи (№ 269). Кицабазул магIнаялъе баян кьезе.
55 дарс

Тема. Глаголал – синонимал ва глаголал – антонимал.

Дарсил мурад: цого яги гIага – шагарал магIнаялъул глаголал-ги гIаксаб магIнаялъул глаголалги каламалъулъ хIалтIизаризе ру-гьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 269).

II. Дарсил мурад бицин.

- Жакъа дарсида нуж ругьунлъизе руго каламалъулъ глаголал мухIканго хIалтIизаризе. Нилъер мацIалъулъ гIемер дандчIвала гIа-га – шагараб магIнаялъулги гIаксаб магIнаялъулги глаголал. Гьеди-нал глаголазул нилъеца бицине буго.

III. Глаголал – синонимал тIаса рищи (№ 270). Гьезул цо – цоязулгун предложениял гIуцIи.

IV. Кьурал глаголазе цого яги гIага – шагарал магIнаялъул гла-голал ургъи (№ 271).

V. Глаголал – антонимазул хаслъи баян гьаби (№ 272).

VI. Учебникалъул 127 гьумералда бугеб теорияб баян цIали ва 273 хIалтIи тIубай.

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 274). ГIакса магIнаялъул глаголал Ра-тизе, гьезул цо – цоязулгун предложениял гIуцIизе.
56 дарс

Тема. Цо ва гIемер магIнаялъулги битIараб ва хъвалсараб магIна-ялъулги глаголал.

Дарсил мурад: цо ва гIемер магIнаялъулги битIараб ва хъвал-сараб магIнаялъулги глаголал жидер каламалъулъ хIалтIизаризе цIалдохъаби ругьун гьари.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 274). (ЦIалдохъабаз жи- децаго цоцазул хIалтIаби хал гьарула).

II. ГIемер магIнаялъул глаголазда хадуб халкквей (№ 275).

III. 128 гьумералда бугеб теорияб баяналда тIад хIалтIи. Миса-лазул анализ гьаби.

IV. Глаголал батIи – батIиял магIнабаздаги ккезарун, предложе-ниял гIуцIи (№ 276).

V. Хъвалсараб магIнаялъул глаголал хIалтIизариялда хадуб хал-кквей (№ 277).

VI. КечI рекIехъе хъвай (№ 280).

VII. Рокъобе хIалтIи (№ 279).


57 дарс

Тема. Пикрияб текст.

Дарсил мурад: пикрияб тексталъул хаслъабазулгун лъай – хъвай гьаби; тексталъулъ глагол хIалтIизабиялъул бажари цебетIезаби.

I. Рокъобе кьураб хIалтIул хал гьаби (№ 279).

II. Хъвалсараб магIнаялда глаголал хIалтIизаризе бугеб бажари цебетIезаби (№ 278).

- Кинал предложениязулъ глаголал хъвалсараб магIнаялда хIал-тIизарун ругел?

- Кинаб мурадалъе нилъеца предложениялъулъ рагIаби хъвал-сараб магIнаялда хIалтIизарулел? Мисалал раче. (Гьеб суалалъе цIалдохъабазда жаваб кьезе захIмалъани, мугIалимас жинцаго бицуна.)

III. Хабариял ва сипатиял текстал такрар гьари. Дарсил мурад бицин.



- Жакъаги нилъеца глаголазул бицина. Нуж ругьунлъизе ккола тексталъулъ глаголал мухIканго хIалтIизаризе. Кинал текстал ну-жеда лъалел? (Хабарияб текст, гьелъ цо кинаб бугониги ахIвал – хIалалъул бицуна ва щиб лъугьараб? щиб ккараб? абурал суалазе жаваблъунги бачIуна; сипатияб текст, гьелъ цо кинабниги ахIвал – хIалалъул, батIи – батIиял предметазул сипат – сурат кьола ва кинаб? абураб суалалъе жаваблъунги бачIуна.)

Текстал, хабариял ва сипатиял гурелги, пикриялги рукIуна.


МугIалимас лъимал тIамула цIалдохъанасул суал ва теорияб баян цIализеги пикрияб тексталъул хаслъиялда хадуб халкквезеги (№ 28I, 282).


Гьаниб мугIалимас цIалдохъабазул кIвар буссинабула пикрияб тексталъул гIуцIиялъул хаслъабазде.

Цин нужеца абизе ккола, далил бачун, бихьизабизе (чIезабизе) кколеб жо. Цинги, щай гурелъул абураб рагIигун предложениял-дасан пайдаги босун, гьеб жо хIужжабаздалъун чIезабула.

IV. Дарсил хIасил гьаби.

- Пикрияб тексталъул хIакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

V. Рокъобе хIалтIи (№ 283).




Сподели с приятели:
1   2   3   4   5   6   7   8   9   10




©obuch.info 2024
отнасят до администрацията

    Начална страница